Эрмениялъул «рикьи»

Россиялъул Федерациялъеги Дагъистаналъеги дарслъун хутӏила

Ахираб лъабго анкьалъ Эрмениялда букӏана хӏалуцараб хӏал. Гьелъ рахӏатхвезабуна Кремлялъулги.

Лъиданиги лъаларев ва вузалда цӏалунги вахъинчӏев журналист Никол Пашинянихъа бажарана гӏаламго къватӏибе бахъинабун. Пашинян ккола Эрмениялъул парламенталъул «Выход» абураб фракциялъул цевехъанги. Николил нухмалъиялда гъоркь Эриваналъулги республикаялъул цогидал шагьаразулги къватӏазда лъабабго анкьалъ унел рукӏана нухмалъиялде дандечӏарал митингал. Гьез тӏалаб гьабулеб букӏана республикаялъул премьер-министрлъун вищарав Серж Саргсян нахъе айилан. 2008-2018 соназда Серж Саргсян вукӏана Эрмениялъул президентлъун ва апрелалда гьев вищана премьер-министрлъун. Гьесул бакӏалда Никол Пашинян теян тӏалаб гьабулеб букӏана эрменияз.

Кинаб хӏалкӏолъиги балъголъиги хӏалтӏизабун, Н. Пашинянихъа бажарараб кинабго халкъ къватӏибе бахъинабун? Кавказалда кинаб хӏасил ккезе бегьулеб гьединаб лъугьа-бахъиналъул? Кинал дарсал щвезе бегьулел гьелдаса Россиялъеги Дагъистаналъеги? Гьел суалазе жаваб кьезе хӏалбихьила гьаб макъалаялда.

Политикиял реформаби

Ахираб кӏиго соналъ Эрмениялда тӏоритӏана Конституциялъул реформаби. Ахирги, президентасул нухмалъиялъул бакӏалда, тахида тана парламенталъулаб нухмалъи. Гьанже республикаялъул нухмалъулевлъун кколаан хӏукуматалъул председатель. Гьевги вищизе ккола парламенталъ – Эрмениялъул Миллияб собраниялъ. Гьелдаса цеве президентлъун 10 соналъ вукӏана С. Саргсян. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏого, Сержил хиял лъуна премьер-министрасул хъулухъалдаги республикаялъе нухмалъи гьабизе.

Серж ккола Карабахалъул эрменияв. Карабахалъулал руго мугӏрузул халкъ, ай магӏарул халкъалъе хасиятаб гӏамал бугеб къавм, рагъухъаби. Абизе ккола, карабахалъулал-эрмениязда гъорлъ гӏемер руго удиналги – V гӏасруялдаго, ай Кавказалъул Албаниялъул заманалда, насранияб динги босун чӏараб лезги мацӏалъул рикьилъун кколеб некӏсияб къавм. Гӏагараб 20 соналъ Эрмениялъул нухмалъиялда рукӏана карабахалъулал. Гьездаса свакан букӏана тӏолабго республика, тӏоцебесеб иргаялда – культурияблъунги цивилизациялъулаблъунги рикӏкӏунеб Эриван. Карабахалъулал гӏемер руго пачалихъиял идарабаздаги, бакӏалъул олигархазда гьоркьорги; гьез нухмалъи гьабулеб буго низам цӏунулелгун къуваталъул идарабаздаги. Гьединлъидал халкъалъул хьул букӏана премьер-министрасул хъулухъалде гьанжениги батӏияв чи вищиялде.

Халкъалъул хьулалги хӏисабалде росун, Никол Пашинян марталдаго, ай 17 апрелалда рукӏинесел рищиязде хӏадурлъизе цевеккунго, сапаралъ вахъана. Гьев щвана районаздеги, росабалъеги, шагьараздеги. Дандчӏвана гӏадамалгун, гӏолилалгун. Халкъ гьесда божулеб букӏана, щайгурелъул гьевги ккола «хӏалбихьи гӏемерав къеркьохъан». Кӏицӏулниги туснахъалъув вукӏана (гӏаммаб къагӏидаялъ хӏисаб гьабуни, щугогӏан соналъ) – масала, 2008 соналда халкъ багъа-бачаризабуралъухъ; цебелъураб масъала тӏубазабулев ва халкъалъегун ватӏаналъе ритӏухълъи цӏунарав вукӏиналъ – гьеб Николица тасдикъ гьабуна гӏумруялъул хӏужабаздалъун: 1994 соналда, политикияб хӏаракатчилъи сабаблъун, гьев нахъе витӏана Эриваналъул университеталъул филологияб факультеталъул ункъабилеб курсалдаса.

Премьер-министр вищулеб данделъи тӏобитӏулеб къоялъ Эрмениялъул парламенталъул минаялда цебе букӏараб митингалда гӏемер чи гӏахьаллъичӏо. Амма парламенталъ С. Саргсян премьерлъун вищараб мехалда, митингазде вахъана нус-нусазар чи. Саргсянида бичӏчӏана бигьаго гьеб масъала тӏубазабун бажарулареблъи, ва гьес Пашинян ахӏана гара-чӏвариялъе. Николица жаваб кьуна, жив вачӏине вугин гӏицӏго Саргсян нахъе иналъул бицунеб бугониян абун. Хадусеб къоялда 10 соналъ президентлъунги кӏиго анкьалъ премьерлъунги вукӏарав Сержица абуна, Пашинян витӏарав вугин ва лъазабуна жив хъулухъалдаса нахъе иналъул хӏакъалъулъ. Хӏалчӏахъад, Саргсян, гьелеха унго-унгояб эрмениязулаб гӏакъиллъи! Халкъалъе гӏоло, жиндирго мурадалги кӏочонтун, нахъе ана гьев, ва гьесул бажари гӏуна жинца биччантараб гъалатӏ битӏизабизеги.

Амма митингал гьелдалъун лъугӏичӏо. Щайгурелъул парламенталда вугев Республикаялъулаб партиялъул 58 депутатас, ай цӏикӏкӏарасеб къадаралъ, Пашиняние гӏуцӏана гьев хӏакъир гьавулебин абизе рес бугеб экзамен. «Кин духъа, анкьалъ гурони Карабахалъул рагъда гӏахьаллъичӏев ва гьебмехалдаги гӏицӏго хандакъал рухъарав чиясухъа, бажаризе бугеб республикаялъул Бетӏерав командующиясул хъулухъ тӏубан, генералзабазе нухмалъи гьабун? Щиб дуца гьабизе бугеб, Евразиялъул экономикияб союзалда гьоркьоса Эрменияги бахъун?» — гьединал гӏемерал суалал кьуна гьез Николие.

Кьуна гьес гьезие жавабалги. Амма депутатал жавабазда разилъичӏо ва гьев вищичӏо премьерлъун: гьесие гӏечӏо микьго гьаракь. Нухмалъиялда бугеб партиялъул вакилзабаз хутӏизегӏан, хутӏарал киназго гьаркьал кьуна Пашиняние. Гьезда бичӏчӏана: Эрмениялъул майданалги къватӏалги халкъалъ цӏезарураб заманалда жидерго мурадазе гӏоло тӏирунчӏей мекъаб букӏин.

Парламенталъул данделъиялдаса хадубги Пашинян ана халкъалъухъе. Республикаялъул тахшагьаралъулги цогидал чӏахӏиял шагьаразулги гӏумру лъалхъизабуна гьез: къан рукӏана аэропорталги, шагьранухалги, пачалихъиял идарабиги. Гьезул гӏуцӏадго рахъиналдаса чӏухӏизе бачӏуна!

Микьабилеб маялда цӏидасанги ахӏана парламенталъул данделъи. Гьелда Пашинян вищана премьерлъун. Республикаялъулаб партиялъе щвана лъикӏаб дарс. Халкъалъул пикруялъухъ гӏенеккана гьев. Пашиняниде данде кандидатура лъечӏо цонигияс. Гьесие гьаракь кьуна 58 депутатас, гьесде данде – 42 депутатас ва цояс гьаракь кьеялдаса инкар гьабуна.

Эрмениязул ахӏи-хӏуралъул дарсал

1. Ахираб 2-3 соналъ, Украинаялъулги, Сириялъулги, Крымалъулги масъалабаздеги машгъуллъун, Россиялъул берзукьа рикъун ун руго Евразиялъулаб союзалда ругел къайицадахъал, гьездаго гьоркьоб Эрменияги. Хасго информациялъулаб политикаялъул рахъалъ. Ахирал лъугьа-бахъинал ккезегӏан ва кинабго къватӏиб загьирлъизегӏан, Россиялда лъалебцин букӏинчӏо гьениб бугеб хӏал. Эрмениязе цӏакъ бокьула жидер улкаялъул тарих ва гьеб хиса-сверизабизе хӏалбихьарав чиясде дандеги рахъуна гьел цокӏалго. Хасго тӏасалъугьунаро гьел, тарихалъул баяназулъ гъалатӏ биччалев политикасдаса яги журналистасдаса. Цолъиялъул рахъалъ гьездаса мисал босизе мустахӏикъаб халкъ буго.

2. Россиялъул таможенниказги, низам цӏунулел ва цогидал идарабазул хӏалтӏухъабазги квалквал гьабулеб букӏана нилъер улкаялда дарам гьабизе рачӏарал эрмениязе. Гьелдаса разигьечӏолъи загьир гьабилъун ккола «Выход» абураб партия гӏуцӏиги. Бегьуларо, гьел нилъедаса кирениги тӏоларо, унаро абураб принципалда рекъон союзниказулгун бухьенал гӏуцӏизе. Уна. Цӏакъ бигьагоха тӏолел. Хасго хиса-басиязда хадуб халкколеб СШАги букӏаго. Бачӏинахъего Пашинянил рахъги ккуна Америкаялъ. Щайгурелъул къватӏазда митингал гӏуцӏун хадуб гӏемерисел улкабазда букӏуна низам хвей ва гьелдаса гӏакъилго пайда босула СШАялъ.

3. Премьер Пашинянил нухмалъиялда гъоркь цӏияб Эрмениялъ хӏаракат гьабизе буго батӏи-батӏиял рахъазулаб къватӏисеб политика гӏуцӏизе. Гьелъ жидеего нухал ратизе руго РФялдаги, ЕвАЭСалдаги, ОДБКялдаги гьоркьобги кӏичӏардулаан. Гӏемераб жо бараб букӏина СШАялъул рагӏудаги. Гьениб гӏумру гьабулеб буго гӏемерал эрменияз. Руго гьел Конгрессалдаги Пачалихъияб департаменталдаги. Амма гьеб сухъмахъалъ кире рачине ругелали абизе захӏмалъула. Гьединлъидал, СШАялъул рахъ рихьдаеги ккун, дир пикруялда, Россиялъулгун бухьенал камиллъизаризе нухал ратизе хӏаракат гьабизе буго букӏинеселъул тӏалабалда бугеб Эрмениялъ. Мадугьалихъ бугеб Азербайжанги, гучаб къуватги бакӏарун, рецӏел босизе къачӏанго бугелъул. Щиб кканиги, кумек гьаричӏого тӏубаларо Эрмения (гьебги букӏине бегьула балъгояблъун).

4. Иргадулабги нухалда эрменияз дуналалъего бихьизабуна политикияб культураялъулги демократиялъулги тӏадегӏанаб мисал. Биял гӏодор тӏечӏого, цоцаца рухичӏого, халкъалъул гӏуцӏадлъиялдаса пайдаги босун, гӏакълу-тадбир тӏокӏал церехъаби-къеркьохъабиги рищун, гьез хӏакъикъаталдаги тӏобитӏана «бархаталъулаб революция». Халкъалъ бихьизабуна, хӏажатаб мехалда, цокӏалго мурад тӏубазе рахъунеблъиги, киназего рихун-чӏалгӏараб нухмалъи тӏасарехизе бажарулеблъиги. Нилъееги дарслъун букӏа: бегьуларо ахиргьечӏеб хӏалбихьи гьабизе халкъалъул; бичӏчӏизе ккола, «тӏасагъоркье хъущтӏун унеб поездалдаса» заманалда рещтӏине кколеблъи. гьеб буго Россиялъеги Дагъистаналъеги цӏакъ лъикӏаб дарс. Кӏалдиб лъуни, килищ хӏанчӏуларел «винтиказдаса» гӏуцӏараб пачалихъ букӏунаро демократияблъун. Демократияблъун ккола жиндиргоги дандиясулги адаб гьабулел гӏадамаздаса гӏуцӏараб жамагӏат. Гьединаблъун букӏана нилъер умумузул демократия: жамагӏатазда узденазги жамагӏатазул цолъабазда гьезул вакилзабазги гӏакълуги дандбан, гьарулаан кӏвар бугел хӏукмаби. Гьединаб демократия тӏадбуссинаби ккола жакъа аслияб мурадлъун.

Денга Халидов,

ДГУялда цебе бугеб Геополитикаялъулги тарихиялгун политикиялги цӏех-рехазул НИИялъул директор, Геополитикиял масъалабазул академиялъул президиумалъул член