10 маялда 90 сон тӏубана машгьурай кочӏохъан гьаюралдаса
Араб гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъи. Магӏарул кочӏол маданияталде, ракӏчӏараб галиги тӏамун, ячӏана Чӏарада районалъул Цӏуриб росулъа Хӏурия Кантулова.
Дир гӏелалъул ва дагьалги цӏикӏкӏарал магӏарулазда лъикӏ лъала Хӏуриял кечӏ. Гьелъул кучӏдузул борхалъиялда жеги-жеги тӏавап гьабулел руго мугӏрул чӏужугӏаданалъул намус-яхӏги тӏадегӏанлъиги.
Сон 90 сон тӏубана халкъалъе йокьулей кочӏохъаналъ. Ва газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазда ракӏалде ккана гьелда юбилей баркизе.
Дун гьелъул рокъое лъугьунаго, дица гьелъие махсара гьабуна:
— Ахӏея, Хӏурия, цо халкъияб кечӏ, — илан.
Битӏун бицани, ракӏал-децин ккечӏо гьелъ ахӏилилан. Сабураб гьаркьидалъун гьей кечӏ ахӏизе лъугьиндал, дун дагьайго йихха-хочун лъугьана.
— Дирго вокьулесе кьурайани дун,
Гӏурда кьегӏер гӏадин, ясандилаан,
— илан Гьаракӏуниса Гӏайшатил бакъаналда халкъияб кечӏ ахӏулеб букӏана гьелъ.
Гьале доб магӏаруллъиги гьелъул берцинлъиги. Гьеб боржунеб букӏана хъачӏал кьурабазухъеги, кьурабиги рикьизарун лъугьарал къваридал сухъмахъазухъеги, сухъмахъаздасан хьвадарал захӏмалъи-гӏакъуба бихьарал магӏарулазухъеги.
Тӏоцебесеб кечӏ Хӏурияца ахӏана гӏагараб районалъул Кьорош росдал школалда щуабилеб классалда цӏалулеб мехалда. Гьеб букӏана Цӏадаса Хӏамзатил рагӏабазда партия беццун ахӏулеб кечӏ. Цӏалдохъабазда гьоркьор тӏоритӏарал къецазда гьелъ босана тӏоцебесеб бакӏ. Гьеб къоялдаса нахъе боржана мугӏрузда тӏасан Хӏуриял кечӏ.
Хӏурия хӏалтӏана районалъул газеталъул редакциялда – гьелъ хӏарпал рищизе кколаан.
Гьей ккола рагъул соназул яс. Кӏудияб хъизам (лъабго васги лъабго ясги), ватӏан цӏунизе арав эмен. 13-14 сон барай Хӏурия хӏалтӏана колхозалда бригадирлъун, фермаялъул заведующаялъун. Амма киса-кибего гьейгун букӏана кечӏ. Гьеб кочӏое эркенлъи щвечӏого букӏинеги бегьулаан, Хӏуриял гӏумруялъул гьудул Кантулов Мухӏамадица кочӏое роржен кьечӏебани. Киназего гуро дандекколей лъади-кочӏохъан.
Къойидаса къойиде машгьурлъулеб букӏана магӏарул бакъназда ахӏулеб Хӏуриял кечӏ. 50-абилел соназда гьей ахӏана Махӏачхъалаялде, радиокомитеталда хӏалтӏизе. Къобахъанагӏан цӏубалеб, тӏегьалеб букӏана кочӏохъаналъул пагьму-гьунарги.
Гьей гӏахьаллъана Москваялда тӏобитӏараб фольклоралъулаб фестивалалдаги. Дагъистаналдаса гӏолилалъул кочӏоеги гьаркьиеги хъатчӏвана СССРалъул батӏи-батӏиял шагьаразда.
Лъабго соналъ радиокомитеталдаги хӏалтӏун, гӏагараб районалде тӏадюссана Хӏурия. Мухӏамадги хӏалтӏизе лъугьана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун, Хӏурия – гьебго отделалъул хӏалтӏухъанлъун. Гьел щвечӏел магӏарул районалги росабиги рукӏун ратиларо доб заманалда.
1985 сон. Гӏумруялдаса ватӏалъана Мухӏамад Кантулов. Кочӏолгун къо-мехлъикӏ гьабизехъин букӏана Хӏурияца. Амма гьелда ракӏалде рачӏана Мухӏамадица абулел рукӏарал рагӏаби:
«Хӏурия, кечӏ буго дур рухӏ. Дуца гьеб рухӏалъе чӏаголъи кье. Гьеб чӏаго букӏине буго, дуца кечӏ ахӏулебгӏан заманалъ. Щиб къварилъи-захӏмалъи духъе бачӏаниги, кечӏ рехун тоге». Гьединаб букӏана Мухӏамадил васигат.
Цохӏо кечӏ ахӏизе гуребги букӏана Хӏуриял махщел – гьелда лъалаан юкъаризеги, хьухьаризеги, ессаризеги, шалал-квербацӏцӏалги рукъулаан, гьезда расеналги угьулаан гьелъ. Гьединал руччабазда магӏарухъ абула чӏужуберцинилан. Гьединай йикӏана ва жакъаги йиго Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Хӏурия Кантулова.
Жакъасеб магӏарул кочӏол дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ гьикъидал, гьелъ абуна жиндие бокьулила Гӏайшат Насрулаевалъ ва Хадижат Жамалудиновалъ умумузул бакъназда ахӏулел кучӏдузухъ гӏенеккизе.
— Кочӏолъ батана дида талихӏ ва цӏидасанги гӏумру байбихьизе рес букӏарабани, кочӏодаса инкарги гьабилароан, — илан абуна Хӏурияца.
Гьанжеги дида рагӏулеб бугин ккола магӏарул радиоялъул диктор Патӏимат Рамазановалъул гьаракь. Гьелъ лъазабулеб буго:
— Ахӏулеб буго Хӏурия Кантуловалъ, — илан. Ва нахъеги чвахулеб буго магӏарул кечӏ. Гьелъ нухарегӏана дунги Хӏуриял минаялъуса.
Биччанте Хӏурия Кантуловалъул кочӏолаб дунялалда тӏегьарал тӏугьдузул махӏалъ сверухълъиго цӏезе.