250 махӏачхъалаялъулас халгьабуна жидерго бидул тӏадецуялъул
250 махӏачхъалаялъулас халгьабуна
жидерго бидул тӏадецуялъул
Гьеб халгьаби дандеккезабун букӏана тӏолгодунялалъул бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналде данде къеркьеялъул къоялде. Республикаялъул медицинаялъул профилактикаялъул ва «Сахлъи» центразул, шагьаралъул №3 поликлиникаялъул специалистаз гӏадамазда бичӏчӏизабулеб букӏана бидул тӏадецуй рукӏалиде бачӏинабиялъе гьаризе кколел дарабазул.
— Зама-заманалдасан халгьабизе лъикӏаб буго бидул тӏадецуялъул. Бетӏер унтулеб гьечӏиланги абун, квер хьвагӏун гьеб тезе бегьуларо. Киназулго гуро бетӏер унтулеб бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиндал. Дагьа-макъаб хӏалалда гурони бетӏер унтулеб гьечӏониги, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏун букӏине бегьула. Гьеб цӏикӏкӏараб бугони, зарал ккола беразе, ургьисалабазе, рекӏее ва гӏадалнахуе. Гьелдалъун ккезе бегьула инсультги, — ян бицана медиказ.
Гьединго медицинаялъул идарабазда тӏобитӏизе буго рагьарал нуцӏбузул къо, гӏуцӏун буго «Сахлъиялъул школа». Гьениб унтаразда малъула жидерго бидул тӏадецуялъул халгьабизе.
Къокъго
ДГТУялда цебе бугеб гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталда къватӏибе биччан буго массажалъул кумекалдалъун горбогьод сахгьабизе хӏалтӏизабулеб алат.
Мугъ, габур, гъуждул унти — гьеб буго мугъзагьод унтиялъул, ялъуни букӏине кколелдаса цӏикӏкӏараб цӏайи чорхол букӏиналъул гӏаламат. Унти халатбахъунеб бугони, рес буго горбогьод унтизеги. Гьединлъидал лъикӏаб буго массаж гьабизе. Гьелъ сахгьабула ботӏрол ва цогидалги бакӏазул унти.
* * *
Республикаялъул клиникияб больницаялда унтарасе гьабуна цӏакъ захӏматаб операция. Унтарасул гӏадалнахуда бижун батараб жо нахъе босана. Тохтур-нейрохирург Шамил Садикъовас бицухъе, гьединал операциял цере Москваялда гурони гьарулел рукӏинчӏо. Гьеб ккола Дагъистаналъул хирургаз жидецаго тӏоцебе гьабураб операция.
Больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Имангӏалиевас бицана гьединал операциял гьаризе больницаялда киналго шартӏалги махщел тӏадегӏанал тохтурзабиги ругилан.