Чӏахӏ-хералъул ва рухӏчӏаголъабазул къадаралъул гьарзалъиялъул рахъалъ
Кавказалдаго бищун бечедаб бакӏ ккола Дагъистан
Россиялъул къанагӏатабги регионцин гьечӏин абизе бегьула Дагъистан гӏадаб чӏахӏ-хералдалъун ва рухӏчӏаголъабаздалъун бечедаб, тӏабигӏаталъул гьава-бакъ рекъараб бакӏ. Самур гӏоралъул ахада — субтропикалъул рохьал, республикаялъул северияб рахъалда — салул авлахъал, рорхатал мугӏрул, даим гӏаздаца рацарал цӏорол тӏогьал — гьарзаго кьун буго Бетӏергьанас тӏабигӏаталъул суратал. Гьеб бечелъиялдаса битӏун пайда босиялда хадуб хъаравуллъи гьабулеб, гьеб цӏунулеб идара ккола Россиялъул чанахъабазул ва ччугӏихъабазул ассоциациялда гьоркьобе унеб республикаялъул хӏалбихьиялъул чанахъабазулгун ччугӏихъабазул (ООРХ) «Дагестанское» магӏишат. Гьелъул председатель Завурбег Вахӏидовасулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.
— Кида гӏуцӏараб Дагъистаналда чанахъабазул ва ччугӏихъабазул цолъи? Кигӏанасеб къадар ракьул нужер бербалагьиялда бугеб?
— Чанахъаби Р. Сайпуевасдасан ва З. Танаевасдасан мухӏкан гьабуна гӏуцӏиялъул тарих. Гьездаги гьелъул бицун букӏун буго гӏемерал соназ республикаялъул чанахъабазул гӏуцӏиялъул председательлъун вукӏарав Хъара Хъараевас. 1943 соналъул октябрь моцӏалда, тӏадбан рагъ унеб заманалда, квана-гьекъолеб жоялъул рахъалъ расги лъикӏаб хӏалалда букӏинчӏеб Дагъистаналъул халкъалда кверчӏваялъул мурадалда, чанго чанахъанас хӏукму гьабула, Алмалоялъул хӏоразда аскӏоб маххул нухлул вагонги лъун, чанахъанлъи ва ччугӏихъанлъи гьабизе. Махӏачхъалаялъул маххул нухазул депоялдаса жидецаго данде гӏарацги рехун босараб гьеб вагон, чуязда нахъаги бан, цӏала Алмалоялде. Гьениб ккураб ччугӏа, щвараб чан бикьулаан сверухъ ругел росабазул гӏадамазе, битӏулаан Махӏачхъалаялдеги. Хадуб гьеб вагон лъураб бакӏалда гьабуна чанахъабазул база ва гьениб гьабсагӏаталда буго Алмалоялъул чанахъабазул магӏишат. Гьеб тарих, 1943 соналъул октябрь моцӏ рикӏкӏуна республикаялда чанахъабазул ва ччугӏихъабазул идара гӏуцӏараб мехлъун. Исана октябралда кӏодо гьабизе буго нижер цолъи гӏуцӏаралдаса 75 сон тӏубаялъул юбилей.
2014 соналде щвезегӏан нижер бербалагьиялда букӏана 1023 га ракьул ва гьениб гӏуцӏун букӏана чанахъабазул 37 магӏишатги. 2014 соналъул 17 июналда гьабураб Дагъистаналъул хӏукуматалъул № 277 хӏукмуялда рекъон, нижеда хадуб щула гьабуна 716,5 га ракьул. Чанахъанлъиялъул цо-цо магӏишаталги цолъизарун, гьениб гӏуцӏана чанахъанлъиялъул ва ччугӏихъанлъиялъул 29 магӏишат.
— Гӏага-шагарго лъалищ чан батӏияб чӏахӏ-хер, рухӏчӏаголъи Дагъистаналъул ракьалда бугебали?
— Анцӏ-анцӏ соназ зоологиялъулги биологиялъулги гӏалимзабаз, нижер идараялъул хӏалтӏухъабаз гьарурал цӏех-рехаз мухӏканго чӏезабун буго республикаялъул ракьалда бугеб флораялъул (чӏахӏ-хералъул), фаунаялъул (рухӏчӏаголъабазул) къадар. Гьелъул гьарзалъиялъул рахъалъ Кавказалдаго Дагъистан буго бищун бечедаб бакӏлъун. Нилъер гьаниб бижула 4500 тайпа чӏахӏ-хералъул, 89 батӏияб тайпа рахь кьун тӏанчӏи хьихьулел рухӏчӏаголъабазул, гӏалхул хӏайваназул, кӏикъого батӏияб тайпа борхьазул ва цогидалги хъуршун хьвадулел рухӏчӏаголъабазул, кӏикъоялда анцӏазарго батӏи-батӏияб хӏутӏ-хъумур. Лъаразда, гӏоразда, хӏоразда, ралъдалъ буго 123 тайпа ччугӏбузул, лъабнусго батӏияб тайпа хӏанчӏазул.
— Чан чанахъан ва ччугӏихъан вугев нужер хӏисабалда?
— Кодоб билет бугев кӏиазарго чи вуго. Нижер хӏисабалда гьечӏел, цӏогьохъе чан гьабулел, ччугӏа кколел жеги гӏемер руго. Гьединазда абула браконьералин. Гьукъараб заманалда, бегьулареб бакӏалда чан гьабулезда хадуб хъаравуллъи кквезе нижер гӏуцӏиялда вуго ункъого егер. Щибаб соналъ, гьоркьохъеб хӏисабалда, нусгоялдаса цӏикӏкӏун хӏужа тӏатинабула цӏогьохъе тӏабигӏаталъул бечелъи хвезабулезул. Лъикӏал хӏасилал кьола республикаялъул Тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъул инспекторалги гӏахьал гьарун тӏоритӏулел рейдаз. Мисалалъе, гьедин тӏобитӏараб цо рейдалда ккуна браконьеразул кӏиго къокъа. Гьединго тӏатинабуна Бабаюрт районалда къаси-къаси чанаре рахъунел браконьералги. Чан гьабиялъе бихьизабураб заман буго сентябрь моцӏалдаса февралалъул авалалде щвезегӏан, гьелдаса хадуб гьукъараб буго, щай абуни, февралалдаса хадуб чундузул тӏинчӏ бахъиялъул сезон байбихьула.
— Чан чи вугев нужер штаталда, гьезие гӏарац киса кьолеб?
— Нижер штаталда вуго нусиялда анцӏго чи. Дагъистаналъул чанахъабазул ва ччугӏихъабазул цолъи ккола коммерциялъул гуреб, жамгӏияб цолъи. Пачалихъалъул бюджеталдаса нижее гӏарац кьоларо. Хӏалтӏухъабазе гӏарац кьола член-хӏакъалдаса бачӏараб ва чан гьабизе лицензия кьун щвараб гӏарцудаса.
— Чан гьабиялъе лицензия лъица кьолеб, гьеб тӏалаб гьабун батӏиял регионаздаса, къватӏисел пачалихъаздаса чанахъаби рачӏунищ?
— Лицензия кьола Махӏачхъалаялда Магидовасул къотӏноб №76 минаялъуб бугеб бетӏераб идараялъ, нижер гӏуцӏиялда гъорлъ ругел егераз ва чанахъанлъиялъулъ магӏишатаз. Гьелъухъ щвараб гӏарац уна чанахъанлъиялъул ва ччугӏихъанлъиялъул магӏишатазда биотехникиял хӏалтӏаби гьариялъе, хъаравуллъиялъул шартӏал лъикӏлъизариялъе, цо бутӏа хӏалтӏухъабазе мухьалъе.
Чан гьабиялъе лицензия тӏалаб гьабун нижехъе рачӏуна Северияб Кавказалъул республикабаздаса гурелги, Россиялъул централиял регионаздаса ва къватӏисел пачалихъаздасаги чанахъаби. Гьезулгун къотӏи-къаялги гьарун гӏуцӏула коммерциялъулал турал. Къотӏи-къаялда бихьизабураб чаниде гурого кьвагьизе ихтияр гьезул букӏунаро. Гьедин рачӏарал чанахъабазда цадахъ кидаго нижер егерги вукӏуна.
— Кинал чанахъанлъиялъул магӏишатал ругел лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏарал?
— Абизе бегьула киналго ругин тӏадаб иш намус бацӏцӏадго тӏубалел чагӏийилан. Гьедин букӏиналъин Россиялъул Чанахъанлъиялъулгун ччугӏа кквеялъул союзалъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда ругел гӏуцӏабазда гьоркьоб ахираб анлъго соналда жаниб нижер гӏуцӏи тӏоцебесеб бакӏалда бугеб. Хасгьабун абуни, тӏоцебе цӏар рехсела Тарумовкаялъул чанахъанлъиялъул магӏишат ва гьелъул нухмалъулев Олег Реутовасул. Гьев вуго жиндирго магӏишаталда лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏарав гӏуцӏарухъан гуревги, чанахъанлъиялъул гьабзазул хӏалбихьи бугев экспертги, таксидермистги (цӏоко-къехь къачӏалев ва чундузул чиякӏаби гьарулев чи). Мисалияб чанахъанлъиялъул магӏишат буго Гъизляралъул Ачиколалъул чанахъанлъиялъул магӏишатги. Гьениб буго чанахъанлъиялъул ва ччугӏа кквеялъул кӏиго база. Гьелъие нухмалъи гьабула Владимир Лысовас.
Казбекалъул чанахъанлъиялъул магӏишаталъул нухмалъулевлъун чанго соналъ хӏалтӏулев вуго Дада Эмеев. Буйнакскалъул чанахъанлъиялъул магӏишаталъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов вуго жиндирго ишалъе ритӏухъав, гӏагараб ракьалде рокьи бугев чи.
— Кинаб бухьен бугеб нужер республикаялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул министерствоялъулгун?
— Нижеца хӏалтӏи гьабула дандбан, цадахъ рекъон. Амма кӏиязулго руго жиде-жидеда рухьинарурал тӏалабал ва ракьал. Нижеца хӏалтӏи гьабула нижер балагьиялда гъоркь бугеб 716 гектаралда, министерствоялъ — республикаялъул пачалихъияб фондалъул ракьалда.
Гара чӏвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.