Хӏалтӏулев чи чед камун кидаго хутӏуларо
Гьал къоязда Шамил районалъул Гӏурада росулъе щварал нижер заман гӏечӏо росдалгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рес ккана гьениса ункъо километралъ рикӏкӏад, лъарал мухъда бугеб, Мухӏамад Магӏангаловасул магӏишаталде щвезе. Цӏикӏкӏун кӏудияб гьечӏониги, магӏишат буго хӏажатал шартӏаз хьезабураб, мухӏканго гӏуцӏараб. Гьениб ккана нижер Мухӏамадилгун гьадинаб гара-чӏвариги.
— Мухӏамад, щиб магӏишатха дур бугеб?
— Цо гектар ракьалъул гӏатӏилъиялда буго аслияб куцалда генул, гӏечул, куракул гъутӏби чӏараб ах, буго цӏибил. Пастӏаналда рекьула овощал, пер-ражи, охцер-помидор ва цогидабги. Буго 13 найил тӏала. Цер-цакьуялъ толарого рукӏиналъ гӏанкӏуял дица гьанир хьихьуларо, буго 20-25 чӏороло ва 7 хъаз. Гьабсагӏаталда гьаниб буго 7 баси, 2 гӏачӏар ва 2 бече, росулъ (рокъоб) хьихьула 3 бечӏчӏулеб гӏакаги.
— Дуца ижараялъе босизегӏан кинаб бакӏ гьаб букӏараб?
— Гьаб буго дир хъизамалъул умумузул букӏараб ракь-кули. Гьезулго рукӏарал гъутӏби пасат гьарулел ратун, 2000-абилел соназда дица байбихьана гьаниб хӏалтӏи гьабизе, ижараялъе босана 2010 соналда. Доб мехалъ гьаб букӏана рехун тараб, цо-цо бокьал-къадал чӏвадназде сверараб, заз-хъархъил цӏураб авал. Дица кинабго цӏигьабуна, къачӏана, чӏезабуна лъел низам, бачана ток.
— Гӏеч-гени магӏарухъ ругьунаб, лъалеб нигӏмат буго. Кин гьанибе ккараб цӏибил, гьелъие дандекколищ мугӏрузул шартӏал?
— Гьаниб гӏадин цӏакъаб цӏибил киб букӏунеб? Цӏакъ хехго барщулеб, кутакалда тӏагӏамаб, гьуинаб, нижеца «чол берин» абулеб цӏибил букӏуна гьаниб. Гьаб мухъалда гӏезегӏан руго рехун тарал цӏолбол ахал, гьел хӏалтӏизарулел чагӏиги гӏемер гьечӏо.
— Боцӏи гьанаейищ хьихьулеб яги рахьищ хӏалтӏизабулеб?
— Рахьдал нигӏматазул бича-хиси дир гьечӏо, гьел хӏалтӏизарула хъизамалъул тӏалабал тӏураялъе. Чӏагояб боцӏи ялъуни хъураб боцӏул гьан, гьезул цӏикӏкӏараб къадарги букӏунарелъул, бичиялъул щибниги къварилъи букӏунаро. Хаслихъе бусби сверухъ ругел росабалъа гӏадамаз росула хвел нухда тӏамиялъе. Гьан, аслияб куцалда, кьола Хӏебда бугеб райпоялъул тукаде, базаркъоязда дицагоги бичула.
— Ахикьа нигӏматал, наязул гьоцӏо киреха кьолел?
— Дир ах буго гӏолохъанаб, пихъ кьезе жеги заман щвечӏеб, щун хадуб кьелаха Гьолокь ва цоги бакӏазда ругел заводазде. Цӏибил буго дирго хъизамалъеги тӏаде вачӏарав гьоболасеги кьезе гӏураб. Ункъабилеб сон буго дица наял хьихьизе байбихьаралдаса, гьездасанги гьабин абизе хайир жеги босичӏо. Гъол чӏоролаби руго, гьезул гьан-ханал даруял ругин абулелъул, рекӏелгъеялъе хьихьулел жал.
— Боцӏуе кӏалцӏи-хер кин хӏадурулеб?
— Гьаб буго накалде бахараб гӏазу баниги гьеб гӏодоб чӏолареб, цо-кӏиго къоялдасан кинабго биунеб авал. Гьединлъидал хасалоги бусби дица гъола къватӏире. Аслияб куцалда харил хӏажатаб къадар хӏадурула дица, гьанир аскӏорго руго гьеб хъвалел бакӏал. Лъагӏалие босизе кколеб жо буго къараб харил 100-150 танг. Унсоколо росдада гӏагарлъухъ буго гьеб бичулеб база, гьениве ун босула къваригӏараб кӏалцӏи (хъап 200-300 гъуршиде), гьанисаго босизе ккани, гьеб дие чӏола 400-500 гъуршиде.
— Росулъа къватӏибехун бакӏги бугелъул, боцӏуе бацӏ-хъумуралъул хӏинкъи букӏунищ?
— Кигӏан бокьаниги бацӏалги чакъалабиги руго сверухълъиялда. Бачазе гьезул хӏинкъиги букӏуна, амма 2-3 лъагӏел барал, къокъа гьабун цадахъ ругел бусдузда щибниги гьабизе кӏоларо гьезда – боцӏулги букӏуна жидеего гӏураб гӏакълуги цӏодорлъиги. Гъоркьиса щибго тӏаса инчӏо дир, амма букӏана рии 5 хӏайван чӏварабги.
— Тӏад унел харжалги, бихьулеб захӏматги, тӏадбуссунебги данде босани, хайирго кколищ?
— Кӏвахӏаллъичӏого хӏалтӏани, зарал киданиги букӏунаро. Бокьоб жанибго, тӏубараб лъагӏелалъ хер-кӏалцӏиги кьун боцӏи хьихьулеб бугони, кӏудияб хайирги ккеларо, амма дир гьедин гьечӏо. Гьаб тӏабигӏаталда, къватӏибе гъун тӏубалеб боцӏиги бугеб заманалда рекъараб хайир щвечӏого букӏунаро. Мисалалъе, 25 азаргоялде 1-2 лъагӏел бараб баси босани, дица гьеб хьихьула 3-4 сон базегӏан ва гьелъ дие кьола 45-50 азарго гъуруш. Хаслихъе дица 3 бетӏер бичани, цо бетӏер уна хайиралде, кӏигоялъухъ нахъеги бусби росула.
— Бугеб магӏишаталда гӏей гьабун чӏезейищ ракӏалда бугеб яги…?
— Цо бакӏалда чӏани, чӏунго хутӏула. Боцӏи гӏемер гьабун гьанже данде ккеларо – хадув векерахъдизе кколеб хӏалтӏи дагьаб захӏмалъизехъин буго. Ракӏалда буго ах гӏатӏид гьабизе, гьелда цадахъго бокьун буго форель тайпаялъул ччугӏа гӏезабиялъул хӏалтӏи гьабизе.
— Гӏемеразул гӏарзал рукӏуна хӏалтӏи гьечӏин абун. Гьаб дуца гьабулеб яги гьаб мисалалъул хӏалтӏи цогидазги гьабизе ресал ругищ?
— Хӏалтӏуде гъираги рокьиги бугев чиясе кигӏан бокьаниги ресал руго. Балагье гьаб сверухълъиялде – эркенаб ракьги рехун тарал ахалги.
Босе ракь, хьихье боцӏи, гьаре ахал – лъица гьукъун бугеб? Лъицаниги гьечӏо. Дурго рес гӏоларого батани, босе къарзалъе пачалихъалъул гӏарац, гьабе хӏалтӏи. Хӏалтӏулев чи чед камун киданиги хутӏуларо. Мисалалъе, жеги дандчӏвачӏо дие къварилъи, дир хӏалтӏуе квалквал гьабулев чи ялъуни идара. Лъагӏалие кьола ижараялъухъ 1800 гъуруш, тӏурала налогазул суалал, лъугӏана иш – пачалихъалда цеве вацӏцӏад вуго, гьелъул рахъалдасан дун толарев чиги гьечӏо. Дун хӏалтӏуларого, ракь гӏадада тун букӏарабани, хӏакъаб жо, раккилаанха дидехун суалалги.
— Жакъа буго 9 май, байрамкъо. Мунин абуни вуго хӏалтӏуда…
— Байрамал рукӏун лъикӏ, амма ракьалда тӏад, боцӏигун хӏалтӏулев чиясул хӏалтӏул низам букӏуна дагьаб батӏияб. Нижер гьаниб буго цо аби: «Хӏебда бугеб «майищ» бокьилеб, заргӏанасеб нахищ абураб.
— Дуца кинабха тӏасабищулеб?
— Хӏебда бугеб «маялъ» чехь гӏорцӏуларо, чехь цӏезегӏан нах бугеб бакӏалдаго лъикӏ.
— Дур столалда тӏад буго «Хӏакъикъат» газета. Цӏалдезе бокьулищ дуе?
— Бокьула ва цӏалула, гуребани гьаб гьаниб букӏинароан.
Гӏабаш Гӏабашилов