Сугъулдерицаги кӏодо гьабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏаралдаса 73 сон тӏубай
9 маялъул сагӏат ичӏго тӏубараб заман. Жидерго умумузул — рагъул гӏахьалчагӏазул сураталги кодор ккун, росдал майданалде ракӏарана жамагӏаталъул вакилзаби. Гьениса ана рагъдаса руссинчӏезе бараб памятникалда аскӏоре. Бахӏарзалги ракӏалдещвезарун, дугӏа-алхӏамги гьабун, сапар бухьана Накӏкӏазухъе.
Рагъ лъугӏаралдаса 73 сон тӏубаялъул хӏурматалда гьенибги митинг тӏобитӏана ва кӏалъазе рахъараз бицана рагъул кьогӏлъиялъулги захӏмалъиялъулги хӏакъалъулъ, киналго ахӏана рекъел, гьудуллъи, вацлъи щула гьабизе.
Митингалдаса хадуб жамагӏат данделъана росдал клубалда. Гьениб Сугъралъ росдал бегавул Мухӏамад Хӏажигӏумаровас бицана росулъ гьарулел ругел ишазул хӏакъалъулъ ва цо-цоязе кьуна Хӏурматалъулал грамотабигун Баркалаялъул кагътал.
Гьелдаса хадуб букӏана Накӏкӏазухъ росдал хӏакъалъулъ къватӏибе бачӏине хӏадурго бугеб тӏехьалъул цебелъей. Гьеб тӏехь данде гьабун буго Индира Сагитовалъгун Мухӏамад Абакаровас. Гьелдаса хъадуб данделъиялъул гӏахьалчагӏазда цере рахъана кочӏохъаби: Чӏарада районалдаса Муслимат Мухӏамадова, Салтӏаса Раисат Хӏажимухӏамадова ва Хунзахъ районалъул Буцӏра росулъа Салим Камилов.
Гьаниб баркалаялъул рагӏабазе мустахӏикъал руго кинабго тадбир щвалде щун нухда иналъе квербакъарал культураялъул хӏалтӏухъабиги квен-тӏех гӏуцӏарал киналгоги. Абизе ккола, цӏарал хъвачӏониги, гьеб къоялъ тӏолабго росдацаго унго-унгояб гӏаданлъигун яхӏалъул рахъалъ мисал бихьизабунин. Хӏатта, Россиялъул тахшагьаралда ругезцин бажарарабщинаб гьабуна тадбир гӏуцӏадго иналъе. Гьедин, Москваялда вугев Муса Каримовас росулъе хасав чи витӏун вачӏана рехсараб тадбиралъул видео бахъизе гӏоло. Гьес бахъараб материалги хӏалтӏизабун, росуцоязда ракӏалда буго видеоролик къватӏибе биччазеги.
Жакъа нилъ разилъизе мустахӏикъаб хӏужа ккола гьединал тадбиразда гӏолилаз жигараб гӏахьаллъи гьабулеб букӏин. Гьелъ бихьизабулеб буго кьалул майданалда нилъее гӏоло рухӏ кьурал умумузе тӏаде гӏолеб гӏел ритӏухъаблъун хутӏулеб букӏин.
Мухӏамад Абакаров,
РФялъул Журналистазул союзалъул член