128 млн гъуруш — газ бачиналъе
Дагъистаналъул районазде газ бачиналъул суал гьоркьоб лъун букӏана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновас тӏобитӏараб данделъиялда. «Газпромалъул» программаялде босун букӏараб 125 объекталда гьоркьоса газ бачун бахъун буго 85-ялде. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, республикаялъул 11 районалда ва кӏиго шагьаралда бугеб 17 объекталде газ бачине буго 128 млн гъурушги харж гьабун.
Гьединго премьер-министрас тӏобитӏараб цогидаб данделъиялда бицана риххун унел ругел минабахъа гӏадамал гочинариялъул хӏакъалъулъ. «Нухлулаб карта» проект гӏумруялде бахъинабиялъул ва дандчӏварал захӏмалъабазул, гьабичӏого хутӏараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана данделъиялда гӏахьаллъарав бакӏал раялъул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас.
Иш тӏаде кколезда тӏадкъана, хехаб заманалда ругел гӏунгутӏабиги тӏатинарун ва тӏагӏинарун, минабазухъе гӏадамал гочиналъе шартӏал чӏезаризе. Махӏачхъалаялда бан лъугӏулеб буго анкьго гьединаб гӏемертӏалаялъулаб мина.
«Махӏачхъалаялда канализация гӏатӏид гьаби ва цӏигьабун къачӏай» объекталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги бицана хӏукуматалъул данделъиялда. Проект гӏумруялде бахъинабизе байбихьун букӏана 2015 соналдаго. Цинги гьоркьоб къотӏизе тун букӏана гьабулеб хӏалтӏи. Гьанжеги цӏидасан конкурс лъазабун буго, проекталъул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабиялъе. Гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Малик Баглиевас. Федералияб ва республикаялъул бюджетаздаса биччараб гӏарац харж гьабизе буго Махӏачхъала ва Каспийск шагьаразда канализациялъулал системаби рацӏцӏад гьариялъе. 9,7 километралъул манзилалда бан буго тоннелалъул коллектор.
Проекталда рекъон хӏалтӏаби гьарулелъул, дандчӏвалел цо-цо захӏмалъабазул бицана «Дирекция единого государственного заказчика-застройщика» ГКУялъул директор Мухӏамадгъази Мухӏидиновас.
ДРялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги пресс-хъулухъ