Имамзабазул гӏадатлъун лъугьун букӏана зама-заманалдасан кӏудияб лъугьа-бахъиналда цебе тӏолго халкъалъул вакилзабаз гӏахьаллъи гьабурал мажлисал ахӏулеб. Гьеб гӏадат батӏаго цӏакъ тӏибитӏана Шамил имамасул заманалда. Тӏоцебе гьев имамлъун вищулеб гьединаб данделъи букӏана 1834 соналда Гӏанди магӏарда. Чачаназулги Дагъистаналъулги гӏорхъода букӏиналъ гьеб цӏакъ санагӏатаб бакӏлъун букӏана гьединал ишазе.
Амма 1845 соналда данделъи тӏобитӏизе ккана гьанжесел Хунзахъ, Гӏахьвахъ ва Шамил районазда гьоркьоб бугеб Тӏалакъоро магӏарда. Хӏатӏирухьазда риччарал чуязул хӏихӏиялъул, хъубчул, чухъби, буртаби ретӏарал, тӏад къохьол тӏагърал лъурал гӏадамазул гаргаралъул, кьолеб ва буссинабулеб саламалъул, дугӏа-алхӏамалъул, бачунеб зикруялъул цӏун букӏана мугӏрузул тӏогьиб бугеб майдан. Гӏадамаз цоцазул лъай-хъвай гьабулеб, гьоболлъи ва гьудуллъи лъугьинабулеб букӏана. Лъебелал, цӏунтӏал, гьид, къехӏ, бакълъулал, гъунисел ва чӏарадисел, гӏахьвалазул тӏолалго къавмазул вакилзаби, багвалал ва чӏамалал, хунздерил тӏалъиялъул росабазул гӏадамал, чачаназул, даргиязул, лаказул, лъарагӏазул вакилзаби къоялги нухда ран, гьенире рачӏарал Дагъистаналъул халкъазул камурав чи вукӏинчӏо гьенив.
Шамилида цадахъ гьенир рукӏана гӏорхъаби цӏунун щиб, тушманасда хадуб хъаравуллъи ккун щиб, гӏандадерил мугӏрузда, нахъ бакӏазда, гъумекдерил рахъалда ва Даргъоб тарал хутӏизегӏан киналгоязде гӏунтӏун наибзаби, квер гӏунтӏулеб щибаб бакӏалдаса рачӏарал гӏалимзаби -цӏаларал чагӏи, гьездаго гьоркьор Гӏурадаса Муртазагӏалиги Сивухъа Гъазиясул Сагӏдуги.
Тӏалакъороб имамас гьединаб мажлис гьабиялъе гӏилла букӏана гӏурусазул аскарал тӏаде кӏанцӏизехъин рукӏин ва гьелда цебе тӏолабго мугӏрузул тӏалъиялъул халкъ ишалде бахъинабизе, гъункизабизе хӏажат букӏин ва тушманасул хӏинкъи нахъчӏваялъе план ургъизе ккей. Гьелда хурхун гьенир рищизе кколаан аскаралъе нусил бутӏрул, ярагъ, гулла-хер, квен-тӏех кин ракӏарилел ва ратизаризе ккелелали дандбазе, кинаб росдаца щиб кьелеб рагъда ругел муридзабазеяли мухӏкан гьабизе кколаан.
Тушман нахъчӏваялъе гьединаб кутакаб хӏадурлъи гьабизе ккеялъе гӏиллайин абуни букӏана гӏурус пачаяс Кавказалъул рагъазе ахир лъезе тӏадкъайги кьун, Чачаналдеги Дагъистаналдеги гӏурус генерал, 63 сон барав граф Воронцов витӏун вачӏун вукӏин. Гьелъул хӏакъалъулъ имамасухъе хабар бачӏана гӏурусазул аскаразда гьоркьор ругел балъго хӏалтӏулел гӏадамаз. Воронцовасе рагъуе ахир лъезе тӏадкъайги кьолаго пачаяс гьесде гӏарзцин бахъана рагъ цӏакъго халат бахъунеб бугин ва Россиялъул империялъул югалъул гӏорхъаби щулалъизаризе къваригӏун бугилан. Гьелде тӏадеги Европаялда цебе Россиялъул ва гьелъул армиялъул къадру гӏодобе кколеб букӏана мугӏрузул халкъал мутӏигӏ гьаризе кӏолеб гьечӏилан. Генерал Воронцовин абуни вукӏана рагъул кӏудияб хӏалбихьи бугев, Наполеониде, шведазде, турказде данде вагъиялъул хӏалбихьи ва икъбал бугев цӏар рагӏарав генерал.
Ва гьале, 1845 соналъул маялъул ахиралда ва июналъул байбихьуда Грозныялдаса, Каспиялъул гӏодоблъиялдаса мугӏрузде балагьун бачӏунеб букӏана Кавказалъул рагъазул тарихалда киданиги бихьичӏеб, анцӏила лъабго генералас, гьоркьор гьунаралъул рахъалъ цӏар арал Клю- ки фон Клюгенау, Пассек, Меликов, Аргутинский, Викторов, Фрейгат гӏадал ва цогидалги генералал бетӏерлъиялда ругеб пехотаялъул 23 батальоналдаса, 1600 рекӏарасдаса, 1000 милициясдаса ва гӏурусазул рахъалде арал дагъистанияздаса данде гьарурал, 46 гӏарада бугеб, гучаб армия.
Гьеб цӏар рагӏараб, Кавказалда гуребги, югалъул рахъалда жинда релълъараб къей гӏурус армиялъе киданиги ккечӏеб походалъул ккараб хӏасил киназдаго лъала. Воронцовасул армия щущахъ биххизабуна, 3 азаргогӏанав чи чӏвана, гьездаго гьоркьов чанго генералги. Августалъул байбихьуда лъугӏараб гьеб рагъдаса живго Воронцов хӏалица ворчӏана асирлъуде ккечӏого. Гьеле гьеб рагъде хӏадурлъи гьабизе ракӏарун рукӏана имамасул муридзаби Тӏалакъоротӏе. Тӏадехунги абухъе, гьенир гӏахьаллъарал гӏалимзабазда гьоркьор рукӏана нилъеца рехсарал Муртазагӏалиги Сагӏдуги. Мажлис тӏобитӏиялъе бищунго жигараб квербакъи гьабурал гӏадамазда гьоркьов низам гӏуцӏулев, гара-чӏвариял тӏоритӏулев вукӏаразул цояв кколаан Гӏурадаса Муртазагӏали. Базалияв, куц-жинс рекъарав гӏалимчи ва рагъухъан хӏисабалда машгьурав гьев гьеб къоялъ майданалда киса-кивего вихьулаан. Шамил имамасдаги бихьула Муртазагӏалил тухалчилъиги, гӏетӏулъ тӏерхьун чугун гьев дове-гьаниве къваригӏел тӏубазе унев, хӏажатал гӏадамал има- масухъе ахӏулев, нахъе ритӏулев ва гара-чӏвариял гьарулев. Гӏолохъанав гьесул тулаклъиялда ва бажариялда рухӏдаллъарав имамас гьесда абула:
— Я, Муртазагӏали, гъоб мехалъ мун чӏван вукӏаравани щиб дица гьа- бизе букӏараб жакъа Тӏалакъоротӏа? — ян.
Ахирги, бакъаникакалги ран, нусил бутӏрулги рищун, щивав наибасда гьоркьор гьелги цогидалги къотӏабиги гьарун, Тӏалакъоротӏаса гӏаламалъул цо бутӏа Гӏандирехун тушман гӏагарлъулев вугеб рахъалде, цогидал жиде-жидер росабалъе аскаралде гӏадамал рахъинаризе, гулла-хер, квен-тӏех хӏадур гьабизе рагъарана. Жиндирго тӏадкъай тӏубазабизе Гӏураде Муртазагӏалиги ана. Ва унаго гьесда цебечӏана тӏоцебе имамасулгун лъай-хъвай ккараб ва гьев вихьараб куц.
Гьеб ккана лъабго-ункъо соналъ цебе. Доб риидал гьидерил ва хӏебдалазул рахъалда муридзабазул къокъагун цадахъ росабалъа росабалъе щун сверулев вукӏунаан имам. Щибаб росулъ гьес хал гьабулеб букӏана гӏадамазул рукӏарахъиналъухъ, диналъул бугеб хӏалалъухъ ва гьебго заманалда рагъде рачине бегьулел гӏолохъабазухъ, гьезул бугеб хӏадурлъиялъухъ. Гьедин унаго имам щвана Гӏурадеги. Гьев вачӏиналъул хабар лъарал росдал гӏадамал ракӏарана годекӏанире. Жамагӏаталъул хӏал-хӏукму, диналъул, цӏаларал чагӏазул ахӏвал-хӏал цӏехана имамас. Росдал дибирасги цогидазги мухӏканго бицана имамасда. Ва гьелдаго цадахъ бицана Муртазагӏали абурав гӏолохъанав, цӏакъ гьунар бугев цӏаларав чи вукӏиналъулги. Аммайин абу- на гьез, Муртазагӏалица росдал рахӏат хвезабун бугин цӏаларав чи вукӏиналъухъги балагьичӏого, руччабазда хадув лъугьунев вукӏиналъ. Имамасул цӏакъ ццин бахъана. Жин- да аскӏове ахӏейин абуна. Ва гьале вачун вачӏана Муртазагӏали. Гьикъа- бакъарун лъугӏидал, гӏадамазул гӏарзалъулги бицун, имамас абуна шаргӏалда рекъон мун чӏвазе кко- лин. Цинги имамас гьесул лъаялъ- ул хал гьабизе байбихьана. Батӏи- батӏиял гӏелмабаздаса, цӏакъаб лъай бугев чияс гурони жаваб кье- зе кӏоларел, захӏматал кьуна суа- лал гьес, Муртазагӏалица гӏараб мацӏалда имамасул киналго суала- зе мухӏканал жавабал кьола, имам битӏахъего бахиллъула гьесул лъаялда ва цӏакъго кьварараб гӏадлу гьабичӏого тола. Гьелдаса нахъе имамасеги халкъалъеги хъулухъ гьабуна Муртазагӏалица Кавказалъул рагъ лъугӏизегӏан. Гьидерил рахъалъул наиблъунги тӏамун вукӏана гьев.
80-абилел соназда, гьесул лъайги къадруги хӏисабалде босун, ТемирХан-Шураялда гӏурусаз гӏуцӏараб шаригӏаталъул судалъул тӏоцевесев судиявлъун тӏамун вукӏана гьев. Гьесул ахирисеб гӏумру живго вижараб Гӏурада росулъ ана. Унтарав гьесде ваккизе Гӏураде щварав Инкваличиласул Дибирас жиндирго гьудуласухъе хъвараб кагътида бицунеб буго гьев кӏващул унтиялъ унтун вукӏиналъул ва черхалда рукел букӏиналъул. Муртазагӏалил хоб буго Гӏурада росулъ.
Гьесдаго цадахъ Тӏалакъоротӏа вукӏана Сивухъа Сагӏдуги.
Гьеб цӏар рагӏараб майдан росдал гӏалахалъул гӏорхъуда букӏиналъ гьенир рукӏана росулъа цогидал гӏадамалги. Гьелъие цоги гӏилла букӏана – 1843 соналда сахъадерил наиблъун тӏамурав Хӏажимурадил амру тӏубазабун данделъиялде бакӏарараб гӏаламалъе къваригӏарабтаралъе рахъун рукӏана гьенире гьел. Сагӏдуйин абуни вукӏана хунздерил тӏалъиялда гӏезегӏан машгьурав, жинцаго квералъ хъварал ва данде гьарурал тӏахьал нахъе тарав гӏалимчи. Рехсараб данделъиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏаялги гьес гьарун руго.
Нилъее нахъе хутӏараб гьесул аслияб тӏехь буго «Паризаяб жоялъул рахас» («Сулак гӏайин») абураб, жинда жанибе диналъе ва гӏелмуялъе хӏажатал батӏи-батӏиял гӏелмабазул асарал, гьезие баянал, малъа-хъваял ракӏарараб цӏакъ бицатаб мажмугӏ. Араб гӏасруялдаго гьеб ккун буго Гӏочӏлоса Мухӏамаддибир абурав чиясухъе. Гьесухъан щун буго Унсоколоса Гӏабдулкаримил Гӏабдула абурав чиясухъе, гьесул хъизамалъухъа бихьизе гьеб тӏехь щвана дихъеги. Сахъадерил мадрасаялдаса, росдал ва къватӏиса рачӏарал мутагӏилзабазда гӏараб гӏелму малъулел гӏалимзабазул тухум лъугьун букӏана Сагӏдул. Тӏалъиялда лъалев гӏалимчи вукӏана гьесул вас Яхӏяги. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цеве хварав кӏудияв Сагӏдул цӏар лъурав Сагӏду вукӏана машгьурав халкъияв тохтур.