Анкьил байбихьуда республикаялъул жамгӏияб гӏумруялда жаниб киназго кӏвар буссинабураб хӏужалъун кканин абизе бегьула СШАялдаса машгьурав речӏчӏухъан Кайл Снайдер Дагъистаналде гьоболлъухъ вачӏин. Социалиял гьинал цӏун руго магӏарул буртинаги ретӏун, магӏарул кьурдул бакъаналда гъоркь «лезгинка» кьурди гьабизе хӏаракат бахъулев Снайдерил роликазул.

Амма кинабго тартибалда бицинин. СШАялдаса машгьурав гугарухъан декабралъул авалалда вачӏана улкаялъул тахшагьар Москваялде. «АЛРОСАялъул Кубок» абураб гугарухъабазул официалияб гуреб турнир букӏана гьениб 3 декабралда. Гьенив цеве вахъана нилъер гугарухъабазда гьоркьов бищун тулакав спортсмен Гӏабдулрашид Сагӏадулаевги. 5:1 хӏисабгун Македониялъе гӏоло цеве вахъунев Мухӏамадхӏажи Нуров къезавуна «Танкица» гьел къецазда.

«Дагъистан букӏана духъ балагьун чӏун»

Гран-При «АЛРОСАялъул» турниралде, хӏурматив гьобол хӏисабалда, Гӏабдулрашидица гьениве ахӏарав чи вукӏана Кайл Снайдерги, хадув гьенисан Дагъистаналде гьев вачине нигатгун. Гъоркьиса Северияб Осетия-Аланиялъул тахшагьар Владикавказалда букӏараб гугарухъабазул турниралде вачӏиндал ахӏун вукӏана Гӏабдулрашидица Снайдер республикаялде гьоболлъухъ. Амма лъагӏалидасан гурони мугӏрузул республикаялде сапар бухьине регӏел ккечӏого батила, гьал къоязда вачӏана Дагъистаналде Снайдер. Кӏигониги нухалда къезеги гьавун вукӏана Гӏабдулрашидица гьев. Тӏоцебе — Токиоялда тӏобитӏараб Олимпиадаялъул риидалил хӏаязда, хадуб (кӏиго моцӏидасан гӏадин) Норвегиялъул тахшагьар Ослоялда дунялалъул чемпионаталда.

Кинабниги ункъо нухалъ дандчӏвана Снайдерги Гӏабдулрашидги ургуялда. Гьенив цохӏо нухалъ бергьана Снайдер (Париж — 2017 сон). Гьеб бергьенлъи кӏочон тезабулеб хӏалалда лъабго нухалъ чӏелги босана Гӏабдулрашидица. Киназдаго ракӏалда батила 2018 соналда эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда, Венгриялъул тахшагьар Будапешталда, букӏараб тарихияб реванш. 44 секундалда жаниб Снайдерил мугъ ургуялда цвизабуна Гӏабдулрашидица.

Ургуялда бугъби гӏадин къеркьолел рукӏаниги, гӏумруялъулъ бищунго лъикӏал гьудулзаби рукӏун руго. Тӏубанго гьеб якъинлъана Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда Гӏабдулрашидица тараб гьадинаб хъвай-хъвагӏаялъ: «Welcome to Dagestan, Snyderman45», — абун хъвана гьес ингилис мацӏалда. «Лъикӏ щварав, Снайдер, мун Дагъистаналде. Дир Ватӏан чӏалгӏун букӏана духъ. Гьанже хӏадурго вукӏа кавказалъулас гьоболасул гьабулеб хӏурматалъул кинабго берцинлъи дудаго бихьизе», — абун. Цоцада къвалалги ран, лъимерлъудасаго цадахъ гӏурал гьудулзаби гӏадин, гьимулел гьезул сураталъ асар гьабуна гӏемерав чиясе. Гьелго разиял гьурмал гӏемерал бакӏазда паркъана Дагъистаналде щведалги.

Щуабилеб декабралда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас тӏаде къабул гьаруна хӏурматиял гьалбал. Цохӏо Снайдерица гуребги, Ингушетиялдаса речӏчӏухъан Залимхан Картоевасги бана Гӏабдулрашидида гьоболлъи. Залимхан Картоевги Гӏабдулрашидил вукӏарав «дандияв» ккола. Живго гӏахьаллъараб тӏоцебесеб Олимпиадаялда, 2016 соналда Рио-де-Жанейроялда, гьесдасаги бергьун вахъун вукӏана Гӏабдулрашид Олимпиялъул чемпионлъун. Доб букӏана Гӏ. Сагӏадулаев 86 кг. цӏайиялда цеве вахъунеб мех.

Сергей Меликовас гьалбал хӏурматалда къабул гьаруна. Снайдерие баркала кьуна, океанги бахун, мугӏрузул республикаялде вачӏине тӏамураб таваккалалъухъ, захӏматаб, хӏалкъараб мехалда гьаниве щвезегӏан вачӏине батараб заманалъухъ. Бицана Дагъистан, кьварараб ракь букӏаниги, берцинаб, тӏогьода росарал расалъабиги, гӏазулъан рецӏцӏулел иццаз берич гьабураб, роцӏараб гьаваялъул ракь букӏиналъулги. Кьуна къиматал сайгъаталги, цадахъ чӏун рахъана сураталги. Гьеб киналъго хинаб асар гьабунин ккола Снайдериеги. Суратазда гьев тӏокӏав чӏечӏого гьимулев вукӏана.

Меликовасулгун дандчӏваялдаса хадур Каспийскиялде ана Снайдерги Сагӏадулаевги. Гьениб, анкьабилеб декабралда, «Вольник» абураб турнир букӏине кколаан. Гьенив цеве вахъине кколаан Снайдерги. Амма гьесул дандияв Жабрагӏил Гӏалиханов унтун вукӏиналда бан, гьезул дандчӏвай нахъбахъана. Кин батаниги, гӏадада течӏого, Каспийскиялда, Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда бугеб спортивияб комплексалда гьитӏинабго пресс-конференцияги кьуна Снайдерица.

Каспийскиялдаса хадуб Снайдер щвана Хасавюрталде. Гьениб гьес гӏисинал речӏчӏухъабазда мастеркласс бихьизабуна. Дандчӏвана Гиннессил чӏелазул тӏехьалде восарав, Хасавюрталдаса гӏун вачӏунев речӏчӏухъан Мухӏамадрасул Мухӏамадовгун. Сундул хӏакъалъулъ гьес Снайдерие бицарабали балъголъилъун хутӏана, шавкъалда гьесда цо жо бичӏчӏизабулев вугоан сураталда гьитӏинав речӏчӏухъан, кӏвар кьун гьесухъ гӏенеккун Снайдерги.

Хасавюрталдаса нахъвуссун Махӏачхъалаялде щварав американав дандчӏвана нилъер цоги речӏчӏухъан Гӏабдусалам Хӏадисовгун. Чанго соналъ Снайдерги гьевги дунялалъул чемпионаталда дандчӏван рукӏана. Гьениб Гӏабдусаламие битӏккун букӏинчӏо.

Бокьана Снайдерие магӏарухъ хӏадур гьабураб тӏагӏам

Лъабго къоги гӏодоблъиялда бан, гӏемерал бакӏаздеги щун, микьабилеб декабралда жиндирго ватӏаналде, Чӏарада районалде ана гьалбалги рачун Гӏабдулрашид. Цӏуриб гьел рачӏиналде кинабго хӏадурун букӏана. Вертолеталдаса гьел рещтӏиндал, гӏадатлъун билълъухъе, чед-цӏамгун дандчӏвай гьабуна гьезда. Магӏарул корохъ бежараб чадил тӏагӏамалъул хӏал бихьидал, разиго хутӏана Снайдерги. Гьалбадерилгун аслияб дандчӏвай букӏана Цӏуриб бугеб спорткомплексалда. Гьитӏинавги кӏудиявги, гӏемерав чи вакӏарун вукӏана гьениве, океанги бахун мугӏрул тӏогьиб бугеб росулъе щвезегӏан вачӏарав речӏчӏухъанасухъ балагьизе. Кучӏдул ахӏана, кьурдана. Чӏарадисезул хъабал юкка ретӏарал гӏолохъанал ясаз кьурдизе къабул гьавуна Снайдерги. Расги лъачӏониги, хӏетӏеги босана, гӏебеде кверги битӏун, махщелго гьечӏониги кьурдизе хӏаракатги бахъана. «Балагье, балагье Снайдер «Лезгинка» кьурди гьабулев», — илан, интернеталде рехараб роликалъ Дагъистанго цӏуна. Гӏабдурашидида цадахъги вахъана гьев кьурдизе. Къокъаб хӏасил, Снайдерил кьурдиялъ гӏемерав чиясе асар гьабуна. Кинав американавин гьев вукӏунев, магӏаруласдаса къосараб бакӏ гьечӏин гьесулин абулелги камичӏо.

Ихтилаталдаса хадуб рагӏи кьуна Кайлие.

-Дир гӏумруялда жаниб чанго батӏияб пачалихъазде щвана дун, Европаги бихьана, Азиялъул ракьалдаги сверана, амма Дагъистан гӏадаб берцинаб бакӏ дида батичӏо. Хӏакъикъаталдаги гьайбатаб ракь букӏун буго нужер. Дун пана гьавуна мугӏруз ва магӏарухълъиялъул тӏабигӏаталъ.

Цӏакъго бокьана нужер миллияб квен-тӏехги. Тӏадегӏанас хъван батани, тӏаде-хариялъулги вачӏине вуго нужехъе гьоболлъухъ. Амма цадахъ хъизанги ячун. Гьелда нужерго тӏагӏамаб квен-тӏех гьабизе малъизе букӏине, — ян абуна Кайл Снайдерица.

Магӏарул буртина, магӏарул тӏагъур

Цӏурисан гьел ана Гӏабдулрашидил инсул росулъе — Гьилире. Гьенибги гӏемераб жоялъ гӏажаиблъизавуна Снайдер. Хасго гьесие асар гьабуна цоцалъ рекӏун гьарурал ганчӏил къадазул минабаз. Хӏакъикъаталдаги Европаялъул цебегосеб архитектураялдаса къечӏеб берцинлъиялъул хатӏ буго чӏарадисезул ганчӏил устарзабаз рарал къадазул. Цӏар бугел къадал устарзаби рахъараб бакӏ ккола Къарал мухъ.

Гьединаб букӏана Чӏараде гьабураб Снайдерил сапар. Гьобол-гьудуласда умумузул ретӏел ретӏунеб гӏадат гьеб къоялъ Чӏарадаги хвезабичӏо. Снайдерие гьез сайгъат гьабуна магӏарул буртинаги гъалараб вехьасул тӏагъурги. Гьебги тӏад ретӏун, борчун ханжаргун гьимулев вукӏана гьевги.

Цӏурисан гьел ана Шамил районалде. Гьоор росулъ ругел некӏсиял сиял рихьизе вачана Кайл Снайдер. Лъикӏаб дандчӏвай гьабуна гьесда гьенибги. Гьоор росулъе гӏемерал туристал щай хьвадулелали гьанже бичӏчӏанин жиндайин абуна Кайлицаги. Цӏакъ берцинаб тӏабигӏаталъул бакӏ бугин нужер ракьилан цоги нухалдаги мукӏурлъана гьев.

10 декабралда гьев цеве вахъине вуго Хасавюрталда, Ш. Гӏумахановасул цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб турниралда. Ургуялда нилъеда гьев гӏемер вихьана. Амма магӏарул мох-мохгун, кьагӏрил гьанада кӏутӏулев, «лезгинка» кьурдулев вихьун вукӏинчӏо.

Цогидазул иш лъаларо, амма дие цӏакъго рекӏелъ босана Снайдерил гӏадатлъиги, сабурлъиги, магӏаруллъиялда гьес бараб берцинаб гьоболлъиги.

Гьобол-гьудуласул кидаго къимат букӏана магӏарухъ. Хасго умумузул заманалда цӏакъго ссиялда букӏана гьезие гьабулеб хӏурматги. Лъабго къо бачӏого гьоболасда цӏар гьикъулеб гӏадат букӏинчӏо умумузул. Амма Снайдерил цӏар гьаниве вачӏиналде щуго соналъ цебего лъалеб букӏаралъул, Дагъистаналда гьес бараб лъабго къоги тарихалде араблъун рикӏкӏине бегьула.

Ашахан ЮСУПОВ