Араб анкьалда Махӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалъул паркалда бугеб гӏурус учительницаялъе бараб памятникалда цебе тӏобитӏана ччугӏил ярмарка. Гьелдаго цадахъ Октябралъулаб революциялъул цӏаралда бугеб каналалъусан, шагьаралъул къватӏазда гъор- кьан ункъо километралъул манзилалда лъурал рогӏразухъан Ак-Гёль хӏоринибе биччана лъимги. Гьел лъугьа-бахъиназда бан тӏобитӏараб байрамалъул тадбиразда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул бетӏер С. Меликовасги. Каналалъуса бачараб лъеда цадахъго хӏоринире риччана гӏисинал багӏарал ччугӏби.

Данделъиялда кӏалъалаго, С. Меликовас абуна: «Лъим дагьлъун букӏиналъ хӏорил бакьулъ цо-цо бакӏазда гӏисинал чӏинкӏиллъаби лъугьун рукӏана. Хӏор сверухъ изну гьечӏого рарал минабаз хӏоринибе ракьулъан бачӏунеб букӏараб лъим къотӏизабуна. Дица баркала загьир гьабулеб буго жиндир заманалда хӏорил масъала борхарал ва тӏалъиялъухъе гьеб щвезабурал жамгӏиял церехъабазе. Хадубккун, судалъул хӏукмуялдалъун, рагӏалде бахъинабизе ккола, законги хвезабун, гьенир рарал минабазул суал ва чара гьечӏого гьездаса эркен гьабизе ккола гьаб ракьги. Цинги, халкъалда дандги бан, хӏаракат бахъила хӏор сверун бугеб ракь къачӏазеги», — ян.

Дагъистаналъул бетӏерас Хӏурматалъул грамотаби кьуна хӏорихъе лъим бахъиялъул проекталда гӏахьаллъи гьабурал чагӏазе. Гьелги ккола «Спасем Ак-Гель» абулеб жамгӏияб советалъул нухмалъулев Гъазимухӏамад Гӏабдулаев, меценат Кирилл Дьяковский, «Дагъфлот» ОООялъул директор Константин Петров ва Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул бетӏер Мухӏамад Алхасов.

Баркиялъул ва баркалаялъул кӏалъаялгун цере рахъана Халкъияб Собраниялъул депутатал, Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулев, районазул бутӏрул. Гьез загьир гьабуна Ак-Гёль цӏуниялъул мурадалда хӏоринибе лъим биччаялдаса жидерго бугеб разилъи. Ракӏалде щвезабуна Октя- бралъул революциялъул цӏаралда бугеб канал халкъалъ бахъаралдаса исана нусго сон тӏубалеб букӏинги.

Байрамалъул хӏурматалда тӏобитӏараб ччугӏил ярмаркаялдаги гӏахьаллъи гьабуна Сергей Меликовас, ва гьес хӏалбихьана Гъизляр, Тарумовка, Хъумторхъала ва Лаваша районазул ччугӏа гӏезабулел предприятиязул ччугӏил батӏи-батӏиял нигӏматазул. Хӏорил тарихалъул ва гьенибе лъим бачиналъе гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ нижее бицана Ак-Гёль хвасар гьабиялъул фондалъул генералияв директор Хӏ. Гӏабдулаевас:

— Цебе гьаб букӏана Каспи ралъдал залив. Тӏабигӏаталъул хиса-баси ккеялдалъун, гьениб лъугьана салул чӏва, тӏагӏана заливалъул гӏорхъи ва лъугьана Ак-Гёль хӏор. Лъарагӏ мацӏалдаса буссинабуни, гьелъул магӏна ккола «Хъахӏаб хӏор» абураб. Ак-Гёль хӏорил хӏакъалъулъ тӏоцебе хъвай-хъвагӏай гьабун буго XVIII гӏасруялда. Араб гӏасруялъул 70-80-абилел соназда хӏор лъугьун буго шагьаралъулазе хӏухьбахъизе ва ччугӏа кквезе бокьулеб бакӏлъун. Ахираб къого соналда жаниб къачӏана Ак-Гёлалъул сверухълъи. Гьайгьай, гьеб «бокьана» бакӏал ралезеги. Байбихьана хӏор сверухъ бугеб ракьалда бакӏал разе, гьелъул рагӏаллъиялде ракь базе, ай хӏорил гӏатӏилъи дагь гьабизе.

Ракьуда гъоркьан рачӏунел лъинал къаялъул, гьава-бакъалъул хиса-баси ккеялъул ва ралъдалъ лъим дагьлъиялъул хӏасилалда хӏоринибги лъим дагьлъана. Гьеб ккола унго-унгояб экологияб балагь. Абизе бегьула, тӏубанго хвезарун ругин хӏоринир рукӏарал ччугӏбузул гӏемерисел тай- пабиян. Хехал тадбираздалъун АкГёль хӏор хвасар гьабизе ккеялъул суал борхана Ленинский районалъул нухмалъиялъ, жамгӏияб советалъ, «Город наш» абураб жамгӏияб идараялъ ва блогераз.

Тӏоцебесеб иргаялда, батизе кколеб букӏана хӏоринибе лъим бачӏинабулеб инженерияб къагӏида.

Гьеб мурадалда хитӏаб гьабуна лъел гӏелму лъалел гӏалимзаби хӏалтӏулел гӏелмиял идарабазде. Хӏукму гьабуна, лъагӏалие 1,8-ялдаса кӏиго миллион кубометр хӏисаб гьабун, Октябралъул революциялъул каналалъуса хӏоринибе лъим чвахизабизе. Гьеб проект рагӏалде бахъинабизе гӏуцӏана «Фонд спасения озера АкГёль» абулеб коммерциялъулаб гуреб идара.

Гьенибе лъим бачиналъе харж гьабизе кколаан 60 миллион гъурущ. Проекталъул гӏемерисел хӏалтӏаби чӏорого гьаруна М. А. Гӏамирарслановасул ИПялъ ва «Салам» ОООялъ.

Проекталда унел харжал гьариялъулъ гӏахьаллъана бизнесменал К. В. Дьяковский ва К. А. Петров. Лъим бачиналъе къваригӏунеб къайи чӏобого чӏезабуна «Талгиспецстроялъ», «Трансстроялъ», проектниял ва инженериялгун геодезиял хӏалтӏаби чӏорого тӏуразаруна Р. Гӏ. Гӏумахановасул ИПялъ.

Тӏоцебе Ак-Гёль хвасар гьабизе кке- ялъул суал борхана Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул бетӏер Мухӏмад Алхасовас. Гьесул бажариялдалъун гуребани, гьаб хӏалтӏи лъугьинароан. Гьеб ишалъе кӏудияб кумек гьабуна Ленинский районалъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Б. Бийбулатовасги, — ян.

Нури НУРИЕВ