ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб СМИязул форум ахиралде щвана. Форумалда цадахъго «Тарки-Тау» абураб тӏахьазул выставкаги, гьединго ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул пресс-конференцияги букӏана гьениб. «Хӏакъикъаталъул» цебесеб номералда кьун букӏана гьелъул хӏакъалъулъ баянги.
Казакалги хӏакимзабиги
Гьаниб тӏаде жубазе бегьила гьеб пресс-конференциялдаса цо-цо суалал ва жавабал. Масала, «Спросите у Расула» тг-каналалъул бетӏергьан Расул Асадица гьикъана прессаялдехун кинаб бербалагьи бугебин, гьединго ДРялъул хӏукуматалъе кинаб къимат кьолебин абун.
Меликовас жаваб кьуна битӏараб информация кьолеб бугелдаса нахъе жиндие батӏалъи букӏунарин гьел СМИял пачалихъиял ругониги, хасаб бетӏергьанлъиялдаги ругел ратаниги. ДРялъул хӏукуматалъе къиматги гьес цӏияб соналдаса хадуб кьезе тана.
Жамгӏияв хӏаракатчи Булач Чӏанкӏалаевас гьикъана казаказда хурхун ДРялъул законалъул проект бахъиялда тӏасан Меликовасул пикру. Лъалеб букӏахъе, дагьалъ цебе республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз нахъчӏвана гьеб проект.
Булач Чӏанкӏалаевасул рагӏабазда рекъон, казакал Дагъистаналда гьадинги лъицаниги къварид гьарулел гьечӏо. Амма гьесда рагӏун буго казаказул патрулал рукӏине ругилан. Сергей Меликовги разилъана Дагъистаналда казаказул рахӏатхвезабулеб хӏужа гьечӏолъиялъе, гьез жидерго культураги цебетӏезабулеб букӏиналъе.
«Кинабгӏаги масъала гьечӏо гьелъул. Гьеб законалъ гӏицӏго тасдикъ гьарулел руго РФялда казачествоялда хурхун ругел федералиял позициял. Жакъа бугеб жо ккола цоцо депутатазда гьеб суал битӏун бичӏчӏизабизе хӏакимзабазухъа бажаричӏолъи. Гьединлъидалин гьезда гьелъулъ цо хӏинкъиги бихьараб», — ин абуна Меликовас.
Фейказул пандемия
Хадуб букӏана Москваялдаса экспертазулгун регионалиял журналистазул гара-чӏвари. Гьеб дандчӏваялда рукӏана мадугьалихъ ругел республикабаздаса ишцоялги.
Гьениб аслияб гара-чӏвари ккана глобализациялъул, цифровияб дунялалъул заманалда хадур гъезе, гьеб бичӏчӏизе ккани, журналистаз щиб гьабизе кколебин абураб суалалда тӏасан.
Гьеб рахъалъ жидерго хӏал бихьиялъул хӏакъалъулъ бицана ТАССалъул генералияв директорасул тӏоцевесев заместитель Михаил Калмыковас, Интерфаксалъул генералияв директорасул тӏоцевесев заместитель Михаил Кетькоца, «Российская газеталъул» бетӏерав редакторасул тӏоцевесев заместитель Михаил Чканиковас, ТАССалъул бетӏерав редакторасул тӏоцеесей заместитель Лана Самариналъ, МИИялъул бетӏерав редакторасул заместитель Наталья Лосевалъ ва цогидаз.
«Молодёжь Дагестана» газеталъул бетӏерав редактор Рамазан Ражабовас борхана зама-заманалдасан федералиял СМИяздасан кавказалъулазде гьулчулеб чороклъиялъулги рокьукълъиялъулги суал.
Гьесул рагӏабазда рекъон, Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав дагъистаниясул хӏакъалъулъ гьез россиялъулавин, метроялъув вагъарасул рахъалъ дагъистаниявин хъвала. Гьелъул магӏна щибин гьикъидал, Москваялдаса экспертал мукӏурлъана гьеб ургъунго жидер сайтазде цӏикӏкӏун чагӏи раккиялъе гьабулеб жо букӏиналъе.
Амма хадурккунги гьединал хӏужаби нахъчӏваялъе щиб гьабизе кколебали бицинчӏо.
Официалияб данделъи лъугӏун хадубги нилъер журналистаз гӏезегӏан суалал кьолел рукӏана гьезие.
Гьединго гӏемерисезе цӏакъ пашманаб асар гьабуна Наталья Лосевалъул хабаралъ. Гьелъ бицана фейказда данде рагъ баялъул ва виртуалияб дунялалда гъорлъе лъугьун араб нилъер гӏун бачӏунеб гӏел хвасар гьабизе хӏажат букӏиналъул хӏакъалъулъ.
Жакъа фейказул гӏемерлъиялъ тӏубан пандемия гӏадаб жо лъугьун буго сверухъ. Бокьарав чиясда бугьтан лъоледухъ ургъараб яги цебе ккараб жоялда чи божизавулеб гьереси рехулеб буго интернеталде. Гӏадамазги, хӏакъикъат цӏехечӏого, це беса-цебе битӏулеб буго гьеб.
Гьединго виртуалияб дуня лалъ гӏадамазул пикраби хӏабур гъинарулел рукӏиналъе жеги мисалал рачана Лосевалъ. Гьелъ экраналдасан йихьизаюна дунялалда бищун гӏемер подписчикал ругей блогер, чамалиго миллион доллар багьа бугеб горде, 1,4 миллион долларалде бичулеб гӏадатияб нус. Гьеб гордеги нусги босизе ирга щоларого, цоцаца чӏваялде ккун рукӏунила интернеталда гӏолилал. Амма бищунго тату хвараб жо рагӏула я гьей яс, яги горде, ялъуни гьеб нус хӏакъикъаталда гьечӏел жал рукӏин. Гьел кколила гӏицӏго экраналда лъурал суратал.
«Гьеле гьеб бакӏалде ккун буго жакъа дунял – гьечӏеб жоялда чи божизавулеб бакӏалде. Информация тӏибитӏизабулел ресурсал журналистазухъа гьанже цогидаз нахъе росун рукӏаниги, бетӏер сверизабураб аудитория хвасар гьаби нилъеда тӏадаб буго. Информация тӏибитӏизабиялдасаги кӏвар бугеб суал ккола гьеб», — ин кӏалъана Наталья Лосева.
Форумалда бицана миллияб прессаялъулги.
СМИязул форумалда ва жакъа къоялда информация тӏибитӏизабулел алатазда сверухъ лъугьараб ахӏвалхӏалалда тӏасан «Хӏакъикъаталъе» гьадинал пикраби загьир гьаруна цоцо журналистаз.
Мухӏамад Мухӏамадов, «Дагъистан» РИАялъул директор:
— Жакъа Кавказалда жаниб Дагъистан буго бищунго миллатал гӏемераб ва гьел миллатазул мацӏазда газетал риччалеб республика. Россиялъул цогидал регионазда риччалел газетазда дандеккун, нилъер гьанир риччалел миллиял газетазул кӏварги гьез билълъанхъизабулеб информациялъулаб политикаялъул асарги гӏемерго цӏикӏкӏараб буго. Гьединлъидал цогидал регионаздасагун республикабаздаса гьеб форумалде рачӏарал гьалбадерие къваригӏун букӏана нилъеца щиб гьабулеб бугебали бихьизе (нилъер гьанисан щвараб лъайги хӏалбихьиги хадубккун жидерго доба хӏалтӏизабизе букӏине).
Гьабсагӏаталда гӏемерлъун руго СМИязул масъалаби. Гӏадамаз цӏалулел гьечӏо жидерго мацӏазда риччалел газетал. Цӏикӏкӏун босулеб буго гӏурус мацӏ. Кигӏан церетӏурал технологиязул заман XХӀ гӏасру бугониги, нилъерго кьибилалдаса тӏечӏого, миллиял мацӏаздаги интернеталдасан хъвадаризе бегьулеблъи бихьизабизе рес кьола гьединал форумаз. Нилъеца чара гьечӏого цӏунизе ккола рахьдал мацӏ.
Гьединго форумалде рачӏарал ТАССалъул, Интерфаксалъул, «Российская газеталъул» вакилзаби сабаблъун жидерго лъай гъварид гьабизеги рес ккана журналистазе. Жакъа къоялда информация тӏибитӏизабизе пайда босулел, цӏираккарал къагӏидабазул хӏакъалъулъ бицана гьез.
Гьабсагӏаталда журналистал, ай хӏалтӏулел журналистал, ракъу н хутӏулеб заман гьечӏо. Грантаз далъун кумекги гьабулеб буго хӏукуматалъ.
— Мухӏамад, глобализациялъул заманги тӏаде щун бугелъул, гӏисинал миллатазул мацӏазда рахъулел, СМИял цӏунизе бажариладай?
— Форум байбихьун тӏоцебесеб къоялъ РИА-Новостазул вакилгун цадахъ шагьаралдасан унев вукӏана дун. Нилъер гӏадамалгун гарачӏварун, гьединго цогидалгун гьел кӏалъалеб, хьвада-чӏвадулеб, кваналеб, хӏухьбахъулеб къагӏида бихьун хадуб гьелъ абуна Дагъистаналъе жеги глобализациялъ гьедигӏан асар гьабун гьечӏилан. Кин букӏаниги, нилъеца жеги цӏунун хутӏун бугелъулха умумузул ретӏел-кунги, квенги, кечӏ-бакъанги. Улкаялъул даражаялда босани, гьанже гӏемерисез KFC, Макдоналдс тӏаса рищулел ругелъулха. Гӏурус культураялдасаги цӏикӏкӏун асар гьабулеб буго жакъа бакътӏерхьул рахъалъул культураялъ: нилъеца ретӏунел руго ингилисазул костюмал, кваналеб буго Америкаялъул квен, нилъ гӏенеккулел
Гъанкъиладай руго Италиялъулгун Франциялъул кучӏдузухъ. Гьеб киналдаго гьоркьосан нилъерго умумузул хаслъи цӏунизе хӏаракат бахъулеб нилъер халкъалъе баркала буго. Хӏабибица дунялалда гьагъаб цохӏо магӏарул тӏагъур бихьизабигицин кӏудияб иш гьабуна. Гьединал гӏолохъабазеги кӏудияб баркала. Жакъа нилъеда цебечӏараб масъала буго дунялалда нилъерго, Дагъистаналъул бакӏ бати. Нилъер руго цӏакъ речӏчӏа-регӏарал, иш бажарулел гӏолохъаби. Гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏун цӏалдезеги ккела гьел, жал кир ратаниги – Европаялда, Америкаялда, Россиялда яги Дагъистаналда. Гьеб лъайги Дагъистаналъе пайдаялъе хӏалтӏизабизе ккела.
Рамазан Ражабов, «Молодёжь Дагестана» газеталъул бетӏерав редактор:
— Гьеб форумалдаса пайдаги босун, нилъер рес буго цо-цо масъалаби улкаялъул даражаялда рорхизе.
Тӏоцебесеб суал – цо-цо ми ллатчагӏаз кавказалъулаздехун бихьизабулеб лъикӏаб гуреб бербалагьи федералиял СМИязги загьир гьабулеб буго. Гьеб гьедин букӏиналъе Москваялдаса экспертал жалгоги мукӏурлъидалха гьелда тӏасан бал битӏун дица жидее суал кьураб мехалда. Гьединал материалал лъуни, сайтазде раккулел чагӏиги гӏемерлъулин, гьелъ гъозул информалатазе рекламаги гьабулин жаваб кьуна экспертаз. Гьеб жоялъ иш миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижиялде бачунин, гьединлъидал гьелъие гӏайибиял гӏадамал тамихӏалдеги цӏазе кколин тӏадеги жубана гьез. Махӏачхъалаялда форум тӏобитӏунилан Москваялда хъата-масан гьел миллатчагӏазе гӏадлу гьабизе байбихьуларо. Амма нилъеца тӏокӏалъ чӏечӏого добаги-гьанибги гьелъул бицунеб, хъвалеб, ахӏи балеб бугони, ахир-къадги лъим жиндирго рахънибе буссунеб гӏадин, гьеб суалалда хурхунги щиб букӏаниги ургъизе бегьула.
Кӏиабилеб суал – журналистикаялда гъорлъ вугев чиясе дагьабниги жиндирго лъай бечед гьабизе къваригӏун букӏун батани, гьелъие ресал рукӏана форумалда (мастерклассал, лекциял).
Лъабабилеб рахъги буго гьеб форумалъул – улкаялда машгьурал медиа-менеджеразулгун лъай-хъваял гьаризе букӏараб рес. Гьедин, масала, «Российская газеталъул» бетӏерав редакторасул заместитель Михаил Чканиковас, дида аскӏовеги вачӏун, абуна рачӏайин цадахъ рекъон хӏалтӏизе, нужеца жидер материалаздаса пайда босизеги бегьулин.
Мухӏамад Махӏатӏилов, «Дагъистан» РГВКялъул генералияй директоралъул заместитель:
— Форум тӏобитӏулеб бакӏалда нижеца гӏуцӏун букӏана нижерго телеканалалъул гьитӏинабго студия гӏадаб бакӏ. Гьениб гӏадамазда цӏехана форумалда тӏасан гьезул пикраби. Гьединго нижецагоги бицана нилъерго ва Москваялдаса рачӏарал журналистазе республикаялъул телевидениялъул хӏалтӏи лъикӏаб рахъалдехун хисиялъе гӏоло РГВКялъ гьарулел ругел хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Нижеца хисун буго телеканалалъул гӏаламатги, ургъулел руго цӏи-цӏиял передачабигун проекталги. Гьаб заман кутакалда хехго хисулеб буго, гьединлъидал кӏвар буго цӏиял технологиязда хадур гъезе, гӏадамазе хӏажатаб пикру битӏун къватӏибе кьезе.
Нилъер республикаялъул хӏакъалъулъ федералияб СМИяздасан квеш бицунеб букӏиналъулги хабар ккана гьаниб. Амма киназдегоги гӏайиб гьабизе бегьуларо. Гьури чӏвачӏого гӏучӏ багъаруларин абухъе, цо-цо мехалъ нилъеразухъаги ккола гьединал санагӏат гьечӏел жал. Тӏадежоялъе гьанжеялдаса анцӏгогӏан соналъ цебеги республикаялда беццилеб хӏал букӏинчӏелъул: къойилго гӏадин чӏвалел гӏадамалги, гьарулел кьвагьиялги.
Гьединлъидал гьанже нилъеда, Да гъистаналъул журналистазда, тӏа даб буго умумузул гӏадатал, унгоунгоял дагъистаниязул цоцаздехунги гьалбадеридехунги букӏунеб недегьаб бербалагьи, республикаялъул жакъасеб гӏумру бихьизабун, хӏакъикъияб Дагъистаналъул сурат бахъизе. Гьеб рахъалъ нилъее туристазги квербакъулеб буго. Чан турист гьаниве вачӏунев вугев ахираб заманалда. Дагъистаналъ жидее гьабураб хинаб асаралъул хӏакъалъулъ бицунебго бицунеб буго гьез интернеталдасан.
Расул Асад, «Спросите у Расула» абураб тг-каналалъул бетӏергьан:
Гьаб щай хъвачӏеб доб щай хъвараб абун, дидехун пачалихъалъул рахъалдасан лъилниги тӏадкӏалъай букӏинчӏо гьаб тг-канал гӏуцӏаралдаса нахъе. Рукӏуна гӏисибикъинал малъа-хъваял, яги гьаб жо гьадин кьуни лъикӏ ккелилан абулел чагӏи. Гьединлъидал цогидал регионазда дандеккун, нилъер республикаялда рагӏуе эркенлъиялъе квалквалал гьаруларин рикӏкӏуна дица. Гьаниб форумалдаги бицана, къойилго нилъеда бихьулебги буго -кагътида рахъарал газет-журналал, хасго пачалихъиял СМИял дагь-дагьккун гъанкъулел руго интернеталъ. Гьез кьолеб информация кватӏулеб буго. Гӏемерисел чагӏи лъугьун руго блогераллъун. Гьевго чи ккола дунги. Официалиял СМИязул журналистаз гурони, блогераз кинабгӏаги жавабчилъиги тӏаде босуларин, кодобе щвараб информация хъата-масан интернеталда лъун гурониян абураб пикру буго цо-цоязул. Амма дица чанго чиясда гьикъула, цӏехола гьелъул хӏакъикъат. Дирго ракӏчӏараб мехалда гурони Телеграммалдаги лъоларо. Дие информация кьолел чагӏиги жакъа-сон лъарал чагӏи гуро. Чанго соналъ церего лъай-хъвай, гьудул-гьалмагълъи бугел, батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамал ккола. Пуланав чиясда хурхараб хабар къватӏибе бачӏани, тӏоцебе живго гьев чиясулгун бухьен гьабула дица (гьалъул магӏна щибилан гьикъизе). Гьез баян кьуни, тгялда лъелалде, гьесухъе жиндихъего хал гьабизеги битӏула. Гьединго пуланав чиясе жиндирго цӏар бахчизе къваригӏун бугони, гьеб гьариги тӏубазабула дица. Гӏемерисезе бокьулеб гьечӏо цӏарал рехсезе, амма информация щвезе дие кумек гьабула.
— Мун журналистги гурелъул, гӏадатияв блогер хӏисабалда, дудаго гьел хъулухъчагӏиги, политикалги, машгьурал гӏадамалги божизаризе кин кӏвараб?
— Гьезда бихьана дун лъилниги заказалда рекъон хӏалтӏуларевлъи, дун лъилниги торгӏо кколев чи гуревлъи. Цо хӏакимчияс дида абуна мун жидее санагӏат гьечӏев чи вугила, амма чороклъиги дулъ бихьичӏилан. Гьединлъидал бачӏун батила дидехун цогидазул божилъиги.
Шамил Ибрагьимов, журналист:
— Форумалъул хӏасил гьабулеб ме халда информациялъулгун массовиял коммуникациязул министрас журналистазе бицана гьелъул магӏна букӏанин хӏалтӏул цӏи-цӏиял къагӏидабазулгун нужер лъай-хъвай гьаби, улкаялда машгьурал экспертазухъ, медиа-менеджеразухъ гӏенеккизе рес щвейилан.
Зульфия ХӏАЖИЕВА