Гьаб соналъул 4 январалда 60 сон тӏубалаан РФялъул Бахӏарчи полковник Ахӏмад Тӏинамухӏамадович Мухӏамадов гьавуралдаса. Амма гьев нилъедаса ватӏалъаниги, гьесул цӏарги ишалги гӏасрабаз мисаллъун хутӏила халкъалъул рекӏелъ.
Щивав чиясда гӏумруялъул нухда дандчӏвала батӏи-батӏиял гӏадамал. Амма руго цо-цо гӏадамал киданиги сунцаниги хъвагӏан унарел лъалкӏал гӏумруялъулъ нахъе тарал ва гьелдалъун цогидаздаса тӏубанго батӏиял. Гӏумруялъулъ нилъеда дандчӏварав щивав чияс нилъер рекӏелъги тола лъалкӏ, дунялалда нилъ ругебгӏан мехалъ кӏочон толареб. Гӏедегӏун унеб гӏумруялъул батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназул, хиса-басиязул заманалда нилъеда гьел ракӏалде щола ва кӏутӏбуз щурун абула баркалайилан.
Нилъеда тӏадаб буго гьединал гӏадамазул кӏванагӏан цӏикӏкӏун къимат гьабизе, кӏудияб баркалагун гьезул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял рекӏелъ цӏунизе, цӏидасан гьезул лъикӏал ишал нилъер беразда цере паркъолел ругел кинигин. Руго гӏадамал жидер гӏумруялъул лъалкӏаз нилъ битӏахъе хӏикмалъизарулел, гьединазул заманалда, гьезда цадахъ гьаб ракьалда гӏумру гьабизе рес къисматалъ сайгъат гьабун букӏиналдаса нилъ рохизеги чӏухӏизеги кколел.
Дие гьединав чилъун вукӏана ва дир гӏумруялъул къоял ахиралде щвезегӏанги хутӏизе вуго Рилъаса Ахӏмад. Хӏакъикъаталдаги дун хӏикмалъизе гьавула гьесул букӏараб инсанасулаб гӏаданлъиялъги хъулухъ-ишалъулаб махщел-гьунаралъги. Мунагьал чураяв Ахӏмад дир рекӏелъа киданиги ине гьечӏо, гьев вукӏиндал гӏадамал бахилаб гӏамал-хасияталъул, гӏадамасул къварилъи-гӏатӏилъи бичӏчӏулев, ритӏухъав ва ракӏбацӏцӏадав чи. Дида ракӏчӏун абизе кӏола, Ахӏмадил гӏагарлъиялъулги, гьудул-гьалмагъзабазулги ва лъалел-хъвалезулги гьединабго пикру бугилан.
Гьале 12 сон тӏубана Ахӏмад Тӏинамухӏамадович Мухӏамадовасул гӏолохъанаб гӏумруялъул соназул рахсил гӏекӏ гӏасияб лъугьа-бахъиналдалъун тӏуралдаса…
Ахӏмад гьавуна 1962 соналъул 4 январалда Чӏарада районалъул Рилъаб росулъ, хӏажизабазул наслабазул хъизамалда, ичӏабилеб лъимерлъун, лъабабилев васлъун. Гьев гьавураб къоялъ инсул рохалие букӏинчӏо гӏорхъи, гьасул лъугьинин чиян кодовеги восун абуна инсуца, цо гӏумру бокьилаан гьав васасул щив чи лъугьунищали балагьизе. Гьесул эмен Тӏинамухӏамад вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи. Эбел Таибат йикӏана гӏадатияй, хӏеренай магӏарулай. Ахӏмадида цӏар тун букӏана гьесул инсул кӏудияв инсул хӏурматалда. Рилъаса цӏар арав гӏалимчи Ахӏмадхӏажи ХӀX гӏасруялда цӏалун вуго Гӏурада росулъ цӏар рагӏарал гӏалимзабазда цеве. Гьесул гӏумру ун буго мутагӏилзабазда гӏелму малъулаго. Гьев вукӏун вуго Гӏириб росулъ дибирлъун. Гьениве гьесухъе гӏелму цӏализе вачӏун вуго жиндир баркат щваяв Багинуса Шугӏайбапанди. Шугӏайб-апандияс «Тӏабакъатул Багини» абураб тӏехьалда хъвалеб буго жинда бищунго кӏвар бугел гӏулумал малъанила Гӏирив дибирлъун вукӏарав Рилъаса Ахӏмадхӏажи дибирасилан. Гьеб букӏун буго 1884 сон. Лъабго соналда жанир Ахӏмадхӏажиясда цере Багинуса Шугӏайбапандица цӏалун руго «Жамгӏул жавамигӏ», «Муназарат», «Гӏилмул вазгӏ», фикъгьи, хӏадисгӏелму, тафсир. Ахӏмадхӏажи хвана 1916 соналъ. Бицуна Ахӏмадхӏажиясул цо-цо караматазулги. Жиндир тухумалъул гьев цӏар рагӏарав гӏалимчиясул гӏумру кидаго мисаллъун букӏана Ахӏмадие.
Советияб Армиялда рагъулаб хъулухъги тӏубазабун, Ахӏмад Мухӏамадов лъугьана ихтиярал цӏунулезул идараялде, Советский РОВДялда ППСМалъул милиционерлъун хӏалтӏизе. Гьелдаса хадуб гьев цӏализе лъугьана Астраханалъул милициялъулаб гьоркьохъеб хасаб школалде. Гьебги лъугӏизабун, Ахӏмад хӏалтӏана милициялъул участкаялъулав инспекторлъун. 1991 соналда гьев ана уголовнияб розыскалъул оперуполномоченныйлъун хӏалтӏизе. Гьебго соналъ цӏализе лъугьана Россиялъул МВДялъул Ростовалъул тӏадегӏанаб школалде.
Цо лъагӏалидасан Советский РОВДялъул нухмалъулез гьев тӏамуна уголовнияб розыскалъул кӏудияв оперуполномоченныйлъун. Цинги, кӏиго соналдасан гьев вахъана райотделалъул ОУРалъул начальниклъун.
2001 соналъул июлалда Ахӏмад тӏамуна Ленинский РОВДялъул криминалияб хъулухъалъул начальниклъун. Гьеб хъулухъ гьес тӏубазабуна ункъо соналъ. Гьелдаса хадув, гьев тана цевеги жив хӏалтӏулев вукӏараб Советский РОВДялъул тӏолабго отделалъул начальниклъун. Гьеб хъулухъалда кӏиго соналъ хӏалтӏун хадув, Ахӏмад тӏамуна МВДялъул Дагъистан Республикаялда бугеб Уголовнияб розыскалъул управлениялул начальникасул хъулухъалде. Уголовнияб розыск букӏана МВДялъул идарабазде хӏалтӏизе лъугьа ралдасаго гьесие рекӏее гӏураб иш. Щун букӏана лъикӏаб хӏалбихьиги.
Кӏиго соналдасан полковник Ахӏмад вачана Махӏачхъала шагьаралъул УВДялъул нухмалъулевлъун хӏалтӏизе.
Хасго гьеб хъулухъалда гӏолохъанав полковникас бихьизабуна рекӏее бокьун жиндица тӏаде босараб захӏматаб, амма хӏурматияб ишалдехун тӏадегӏанаб жавабчилъи. Ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏиялъги хӏалбихьи соналдаса соналде камиллъулеб букӏиналъги гьесул бажари-гьунар цӏикӏкӏунеб букӏана. Аслияб жо, гьев вукӏана гӏадамазул ихтиярал цӏуниялъул идарабазда хӏалтӏизе вижарав гӏадинав хӏинкъикъай гьечӏеб, къвакӏараб гӏамал-хасияталъул офицер. Кигӏанго захӏматаб, хӏатта кьвагьа-гӏанхъиялде ккараб ахӏвал-хӏалалдаса живгоги цадахъ тӏадкъай тӏубазабулел идарабазул хӏалтӏухъабиги рорчӏиялъе ресал ургъизе бер къапичӏого къеркьезе нахъе къаларев вукӏиналъги къадру борхун букӏана Ахӏмадил. Хасал тадбирал байбихьилалде цебе гьес лъикӏаб хӏасил кколеб хӏалалъ хӏадурлъи гьабулаан. Ахӏмадица кидаго пайда босулаан гӏемерал соназулаб хӏалбихьиялдаса.
2008-2009 соназда ДРялда бугеб Жанисел ишазул министерствоялъ ДРялда бугеб Россиялъул ФСБялъул Управлениялъгун цадахъ кӏвар бугел ва пайдаял тадбирал тӏоритӏана балъго хӏалтӏун терроралъулал ишал гьаризе хӏаракат бахъулел бандитазул къокъабазде данде ва гьел тамихӏалде цӏаялъе.
Милициялъул полковник А. Мухӏамадов гӏахьаллъана Дагъистаналъул ракьалда бетӏер борхун, халкъалъул рахӏат хвезаби гуребги, чӏвайхъвеялъул нухде лъугьарал бандазул анцӏ-анцӏ кӏудиял къокъаби къватӏире загьир гьариялъе оперативиял планал хӏадур гьариялъулъ ва тӏокӏаб бетӏер борхуларедухъ тӏубанго тӏагӏинариялъулъ.
Гьединаб къагӏидаялъ, къойидаса къойидейин абизе бегьуледухъ цӏикӏкӏунеб букӏана къватӏисел пачалихъазул гӏарцулаб кумекалдалъун яргъид гӏуцӏарал бандитазул къокъабазде данде Ахӏмадил къеркьей.
2010 соналъул 5 февралалда къаси гьел нахъегӏанал чӏвадарухъабаз къабихӏаб къасд гьабуна гьев гӏумруялдаса ватӏа гьавизе. Гьелъул хӏасилалда гьесул черхалда лъуна чанго гуллил ругъун, хвалдаса хвасарлъизе рес гьечӏеб хӏалалда лъукъ-лъукъун вугев гьев бахӏарчияв полковник Махӏачхъалаялъул больницаялда хвана. Гьеб балагьаб сордоялъ Ахӏмадида цадахъ къадаралде щвана гьесда цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал магӏарул гӏолохъаби: милициялъул кӏудияв сержант Хӏамзатов Гӏабдула (Гъуниб район), милициялъул кӏудияв сержант Сайгидмухӏамадов Хӏайбула (Гумбет район), мухъилав милиционер Хӏажимухӏамадов Шамил (Хунзахъ район). Аллагьас гьезул мунагьал чураги! Бетӏергьанас алжан кьун рази гьареги киналго!
Ахӏмад чӏвазе 2005 соналъги къасд гьабун букӏана такъсирчагӏаз, доб мехалъ гьев лъукъун ворчӏана. Ахӏмадида жиндагоги лъалеб букӏана жинда хадур лъугьарал гӏадамал рукӏин, жив чӏвазе бокьарал чагӏи рукӏин, амма хӏинкъи щиб жояли лъалев чи гьев вукӏинчӏо. Такъсирчагӏазде данде къеркьезе щибаб къойил хӏалтӏуде вахъунев чиясда гьеб кин лъалеб. Хӏинкъи лъалев чи гьев вукӏаравани, кинаб букӏинаан гьесул хӏалтӏул хӏасил? Гьев вукӏана кидаго цогидазул тӏалаб гьабулев чи, аскӏор ругезул тӏалабагъаз гьабулаан гьес кидаго. Гӏадамал рокьулеб гӏамал-хасияталъ гьев регӏичӏо жиндирго ургъел гьабизе.
Ахӏмадие цӏакъ хириял рукӏана хъизан-агьлу, гӏагарлъи, росу-жамагӏат, гьудул-гьалмагъзаби. Гьезул киназулго ракӏал лъукъана Ахӏмад ватӏалъиялъ. Гьалгощинал сонал аниги, рагӏабаздалъун загьир гьабизе бажаруларо Ахӏмад ватӏалъиялдалъун ракӏазулъе рещтӏараб пашманлъи.
Яц Гӏайшатица гьадин ракӏалде щвезавулев вуго вац: «Ахӏмадида лъалаан гӏадамазулгун гӏамал рекъезабизе, гьитӏиназе кӏудиявлъунги кӏудиязе гьитӏинавлъунги вукӏине. Гьев гӏуна хӏеренавлъун, хӏалхьи лъаларевлъун, росдаего даим хӏалай ватулевлъун. Гьес кидаго эбел-инсул адаб цӏунулаан, гьезул малъа-хъваял дурусго тӏуразарулаан. Гьилиб росулъ школаги лъугӏизабун, Ахӏмад армиялде ана. Армиялдаса командирзабаз рачӏунаан гьединав вас гӏезавуралъухъ эбел-инсуе баркала кьурал кагътал. Ахӏмад армиялдаса щваравго, Махӏачхъалаялде милициялде хӏалтӏизе ана. Хӏалхьи лъаларев, тирияв, къвакӏараб ракӏалъул инсан вукӏана Ахӏмад. Кив хӏалтӏаниги, тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалев вукӏиналъ кӏвана Ахӏмадида жиндирго цӏарги къимат-къадруги цӏунизе, гӏадамазе хириявлъун, къиматавлъун вукӏине. Аллагьасеги ватаги гьев хирияв, Иншаллагь».
Яц Гӏайшатица, Ахӏмад хвеялда бан, гьабураб кочӏодаса гьитӏинабго бутӏаги рехсезин гьаниб:
Мун нижей вукӏана рекӏараб цӏалъун,
Цӏорорал ракӏазе хинлъаби кьолев.
Мун нижей вукӏана гъасда чирахълъун,
Чорхол яхӏ хваразе къуват кьолевлъун.
Накӏкӏукьан баккараб бакъул кунчӏилъун
Кунчӏана даимго дур цӏар нижее.
Бецӏаб сардилъ моцӏлъун гвангъана даим
Дагъистаналъего хӏурматияб цӏар
Ахӏмад нилъедаса ватӏалъи тӏолабго Дагъистаналъе лъугьана кӏудияб камилъун. Гӏолохъанго ана гьев абадияб рокъове, мухъилав милиционерасдаса байбихьун милициялъул полковникасул чиналъе мустахӏикълъизегӏан ихтиярал цӏунулел идарабазда хӏалтӏун щвараб хӏалбихьиялдаса пайдаги босун, гӏагараб Дагъистаналъул халкъ хӏалихьатал, къадарал къасабчагӏазул-чӏвадарухъабазул балагьал ишаздаса хӏинкъичӏого, хӏухьел цӏаялъе гӏоло жеги гӏемерал бахӏарчиял ишал гьаризе къуватги, гьунарги, махщелги щвалде щвараб ригьалда. Суал бачӏунеб буго сундулъго ракӏбацӏцӏадав, кьураб рагӏуе ритӏухъав, гӏадамаздехун рекӏелъ рокьи бугев, цадахъ хӏалтӏулезе мугъчӏвалеб сангарлъун лъугьарав, лъиениги къадараб иш гьабун, инсанасул ракӏ лъукъичӏев гьев чӏаго гьаб дунялалда вукӏиналъ лъиейин квал-квал гьабулеб букӏарабилан. Жаваб батизе жеги захӏматаблъун лъугьун буго гьадинаб суал: «Лъил «заказалда» рекъон хвалилал ругънал Ахӏмадил черхалда лъезе чӏвадарухъабаз квер борхараб?»
Нилъеца кидаго ралагьула жидеца «заказ» тӏубазабурал. Нилъеца ралагьизе ккола жалго рацӏцӏадаллъун хӏан, хӏал-зулмуялдалъун бугониги, ужрамухь кьун бугониги, цогидал гьусун тӏамулел хӏакъикъиял такъсирчагӏи. Гьединазе такъсиралде нухал къазе, гьел къватӏир чӏвазаризе, къануналда рекъон гьезие кьварараб тамихӏ гьабизе бажарараб мехалъ букӏине буго республикаялда гӏадлу-низам.
Жакъа гьеб лъугьине ккола ихтиярал цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазда цебечӏараб аслияб масъалалъун. Гьединго гьелде кӏвар кьезе тӏадаб буго, гӏицӏго Дагъистаналъул гуребги, тӏолабго улкаялъулги тӏадегӏанал нухмалъулездаги, хӏатта кинабго жамгӏияталдаги.
Пачалихъалъе ва халкъалъе пайдаялъе гьабураб, гӏумруялъе хӏинкъи бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалалда бер къапичӏого, къуркьи гьечӏого ракӏбацӏцӏадго ва хӏалхьи-рахӏат гьечӏого гьабураб хӏалтӏулъ рихьизарурал тӏадегӏанал хӏасилазухъ, къанунал къвакӏизариялъулъ, гӏадлу-низам цӏуниялъулъ, такъсирчилъиялде данде бахӏарчияб къеркьей гьабиялъулъ ва жамгӏияб хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ милициялъул полковник Мухӏамадов Ахӏмад Тӏинамухӏамадовичасе кьуна Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏар.
Гьес нахъа тараб къокъабго гӏумруялъул нухалъул хал гьабураб мехалъ, нилъеда абизе кӏола Ахӏмад Мухӏамадов вукӏанин къвакӏарав, къуркьи гьечӏев, бихьинчияв ва къадарлъиги къабихӏлъиги рихарав, гӏадамалги жиндие хирияв, живги гӏадамазе вокьулев, жиндир лъикӏаб гӏамалхасият лъалелхъвалезе мисаллъун хутӏарав чи.
Махӏачхъала шагьаралъул Советский РОВДялъул уголовнияб розыскалъул начальниклъун, Ленинский РОВДялъул криминалияб милициялъул начальниклъун, хӏатта Дагъистаналъул МВДялъул Уголовнияб розыскалъул управлениялъул начальниклъун хӏалтӏулев вукӏараб заманалдаги, гьев живго унаан такъсир гьабурал кквезе, гьезул дандечӏей къуркьизабизе жинда кӏвезе букӏиналда ракӏчӏун гӏахьаллъулаан киналго тадбиразда.
А. Мухӏамадов вукӏана кьварарав, амма ритӏухъав офицер. Гьес бергьараб махщалида ва ракӏбацӏцӏадго тӏуразарулаан жинда тӏадал хъулухъалъулал ишал. Жеги гӏолохъанго Ахӏмад, Гӏадилгерейгун цадахъ, хӏалтӏана Советский РОВДялъул уголовнияб розыскалда. Гьезул букӏана божараб гьудуллъи. Щиб хъулухъалде жив тӏамуниги, гьес Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасдаса мисал босулеб букӏана. Нилъеда киназдаго лъала Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров кин хӏалтӏулев вукӏаравали, хасго гьев ДРялъул жанисел ишазул министрлъун тӏамураб заманалда. Ахӏмадги вукӏана министрас хъулухъалде хӏалтӏизе росаразда гьоркьов бищунго лебалав, таваккалав, тӏадкъараб ва тӏаде босараб масъала тӏубазабиялъулъ нахъе къай лъаларев чилъун.
Ахӏмад Махӏачхъалаялъул УВДялъул начальниклъун тӏамуралдаса хадуб гӏемерго лъикӏлъана шагьаралда милициялъулал постазул хӏалтӏи. Тӏоритӏулел рукӏана транспорталъулал такъсирал дагьлъизариялъе хасал тадбирал, милициялъул хӏалтӏухъабаз жидеда тӏадал ишал тӏуразариялда хадуб халкквеялде ва гьел тӏуразариялъулъ гьезул жавабчилъи цӏикӏкӏинабиялде кӏвар кьуна. Гьединаб кьварараб гӏадлунизам шагьаралда чӏезабиялъ ва ихтиярал цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазул хӏаракатчилъи борхиялъ такъсирчагӏазул рахӏат хвезабулеб букӏин бихьулеб букӏана шагьаралъул халкъалда.
А. Мухӏамадовасул гьединаб къвакӏараб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏиялъ, халкъалъул ихтиярал цӏунизе тӏаде босаразул хӏаракатчилъиялъул хӏасилал цереялде дандеккун лъикӏлъана.
Цо гьитӏинабниги лъалкӏ жиндир гӏумруялъул нахъе хутӏизе бокьарав чи вукӏине ккола ишалъулаб махщел-гьунар бугев, таваккалав ва кьураб рагӏуе ритӏухъав. Гьединав вукӏана Ахӏмад. Гьесул нухмалъиялда гъоркь тӏоритӏарал тадбиразул хӏасилалда кӏвана Махӏачхъала шагьаралда такъсирчилъиялъул карачел гьулчизе гьукъараб ахӏвал-хӏал лъугьинабизе.
Гьелде тӏадеги Ахӏмад вукӏана унго-унголъун гӏагараб Ватӏаналде ва халкъалде рекӏелъ кӏудияб рокьи бугев, жиндир тӏолабго махщелги, бажариги, гьунарги кьун гӏумру-яшав лъикӏлъизабиялъе хӏалтӏулев, гӏемерго гӏадатияв, ритӏухълъиялъул байрахъ тӏолабго гӏумруялъ борхатго ккурав чи.
Гьесда кӏолаан мекъаб нухдасан унесда битӏахъе бадибе, гьедин хьвадани дур гӏумру гӏадада хвезе бугин, халкъалда гьоркьоб къиматги дур букӏине гьечӏин абизе. Гьединав вукӏиндалин Ахӏмадил къиматги къадруги борхун букӏараб.
МВДялъул ДРялда бугеб музеялъул начальник, милициялъул подполковник Мурад Мурадхановас гьесул хӏакъалъулъ хъван буго: «Ахӏмадил гӏемерго халат бахъинчӏеб тӏолабго гӏумруги хъулухъалъулаб хӏаракатчилъиги аслияб къагӏидаялъ бухьараб букӏана криминалияб милициялъул хӏалтӏуда, уголовнияб розыскалда. Чанго соналъ хӏалтӏана МВДялъул ДРялда бугеб УУРалъул начальниклъун. Гьев къеркьана уголовнияб такъсиралде, бандитизмалде ва терроризмалде данде, къануналъул нух къабуллъуларезул квердасан гӏумруялдасаги ватӏалъана. Гьединлъидал гьесул цӏар машгьураблъун ва хвел гьечӏеблъун лъугьана»-, ян.
Ахӏмад вукӏана намус-яхӏалда хӏур хъвазе течӏого, гӏаданлъи-чилъиялъул рачел чучизе биччачӏого гӏумру тӏамурав, рекӏелъ ракьа бугев, кьварарав чи. Гӏумруялъ бихьизабулеб буго гьединал гӏадамал гӏемерисеб мехалъ жидер таваккаллъиялъул, хӏинкъи-къай гьечӏолъиялъул къурбаналлъун лъугьунеблъи. Гьесул гӏагараб Рилъаб росдал гӏадамал анкьумумузул заманалдаса нахъего рикӏкӏуна бахӏарчилъиги бихьинчилъи чорхолъ бугеллъун, чияе рокьи кьолареллъун. Гьеб росдал харабаз гӏолилал куцала магӏарул гӏамал-хасият рехун толареллъун, лъикӏаб цӏар-реццалъе мустахӏикъаллъун лъугьине. Умумузул нухдасан галаби цере тӏамуна Ахӏмадицаги.
Гьединаб гӏамал-хасият гьесие насиблъун букӏана тӏадегӏанав Аллагьасдаса. Ахӏмадица кидаго къадру-къимат гьабулаан росдал гӏадамазул, гьезул гӏадат-гӏамал мисалъун букӏана гьесие. Гьев вукӏана гьитӏинго магӏарухъ лъадарарав, захӏмат-къварилъиялдаса нахъе къаларев бихьинчи.
Мунагьал чураяв Ахӏмадил цӏар кьуна гӏагарлъиялъул, гьудул-гьалмагъзабазул батӏи-батӏиял миллатазул, анцӏ-анцӏ гьарурал лъималазе Дагъистаналда ва цогидал республикабазда.
Ахӏмадил вацгӏал машгьурав шагӏир Шагьрудин Мухӏамадовас Ахӏмадил хӏакъалъулъ хъвана гьадинал мухъал:
Зар бакӏав вукӏана мун
Хӏалихьаталщиназе,
Хӏалимавги вукӏана
Магӏарул яхӏ ккуразе.
Дагъистан Республикаялъул жанисел ишазул министрлъун хӏалтӏарав Гӏали Гӏалиевич Мухӏамадовас ракӏалде щвезабулеб буго: «Бихьинчияв, рагӏуе ритӏухъав, хӏалтӏизе бажари-махщел ва лъай бугев, хъулухъалъ эхеде вахине рес бугев Ахӏмад Мухӏамадов лъугьун вукӏана цадахъ хӏалтӏулезе мисаллъун, ва гьебго заманалда такъсирчагӏазе бищунго цӏикӏкӏун хӏинкъи кьолевлъун. Гьев гӏумруялдаса ватӏалъи лъугьана Дагъистан Республикаялъул Жанисел ишазул министерствоялъе бицун хӏал кӏоларебгӏан кӏудияб камилъун. Нижее камуна лъикӏав гьудул ва гьайбатав инсан».
Школалда Ахӏмадил вукӏарав мугӏалим, гьанже Чӏарада районалъул Цадахъ росдал администрациялъул бетӏер Нажмудин Мухӏамадовас гьесул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Дир гӏумруялда жанив дун гӏемер дандчӏвана тӏадегӏанал хъулухъазда ругел гӏадамалгун ва чӏахӏиял хӏакимзабигун, амма дида кӏоларо гьезда гьоркьоса цонигияв гӏадамазе бажарараб кумек гьабизе кидаго хӏадурав вукӏиналъул, тӏаде вачӏарасул къваригӏел ракӏ разилъун тӏубазабиялъул, чиясул къварилъигӏатӏилъи бичӏчӏиялъул рахъалъ Ахӏмадида релълъарав вукӏанилан абизе. Гьаб ракьалда вижарав къанагӏатав чиясулъ гурони батуларо гьединаб гӏамал-хасият.
Дунги ва нижер гӏемерал гьудулзаби ги гӏажаиблъизе ва хӏикмалъизе гьарулаан гӏумруялъ жиндаса цӏикӏкӏараздехун, гӏагарал гӏадамаздехун, мугӏалимзабаздехун Ахӏмадил букӏараб гьоркьоблъиялъги. Унго-унголъунги гьеб букӏана ракӏ лъикӏав чиясул рахъалдаса нижер ракӏазулъе рохелги хинлъиги лъугьинабулеб гьоркьоблъи. Чӏахӏиял, тӏадегӏанал хъулухъазде тӏамуниги, Ахӏмадил гӏамал-хасият хисичӏо, гьев кидаго магӏарул яхӏ-намусги къадру-къиматги цӏунун хьвадана.
Ахӏмадил киданиги рекъел букӏинчӏо къадарлъи-къабихӏлъиялъулгун, хасго хиянатчилъиялъулгун. Гьесие цӏакъ рокьулаан гьудул-гьалмагъзаби, гьезги кутакаб къимат гьабулаан гьесул. Гьесул гӏамал-хасияталъулъ аслияллъун лъугьун рукӏана бихьинчилъи, таваккаллъи, хӏинкъи гьечӏолъи ва ракӏбацӏцӏалъи. Гьединлъидал, цадахъ хӏалтӏулезда ва тӏадехун ругел хӏакимзабазда гьоркьоб гьесул къадру борхун букӏана».
Цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав гьудул Ахӏмад Мухӏамадов гьадин ракӏалде щвезавулев вуго Россиялъул Бахӏарчи, генерал-майор Мухӏамад Багӏачиловас: «Ахӏмад кинав чи вукӏаравали бицине бигьалъула, щайин абуни, гьев вукӏана ракӏ рагьарав чи. Гьев вукӏана унго-унгояв бихьинчи, бахӏарчияв, гӏелму-лъай камилав, гӏакъилав, жиндир ишалъе махщел-гьунар бугев, нухмалъиялъе бажари бугев, ракӏ хӏеренав, хӏикматав инсан. Гьаниб тӏаде жубачӏого гӏоларо гьудуласе гӏоло гӏумру кьезе хӏадуравги вукӏанилан. Гьелъие мисал рехселин. Къануналда данде кколаредухъ яргъид гӏуцӏаразул къокъаялъ дир гӏумруялъе хӏинкъаби кьолел рукӏин лъараб мехалъ, Ахӏмадица живго цӏунулезул къокъаялда гьоркьоса гӏолохъаби ритӏулел рукӏана хӏалтӏудеги нахъеги унелъул дун цӏунизе.
Ахӏмад халкъалъул рекӏелъ кидаго хутӏила, гьес аслияб къагӏидаялъ хъулухъ гьабулеб букӏана жиндир гӏагараб халкъалъе гӏоло».
Гьесда цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав божарав гьудул полковник Мустангер Муминовас гьадин ракӏалде щвезавулев вуго Ахӏмад: «Гьесул лъикӏаб хасиятлъун лъугьун букӏана гьудулзабазда хурхараб ишалъе ритӏухълъи. Гьесие хасиятаб букӏана цогидазул пикруялъухъ гӏенекки, гӏодове виччан сабруялда чӏей. Амма намус-яхӏалда, тӏадаб налъиялда, ритӏухълъиялда хурхараб иш бугони, танк гӏадин тӏаде ун, гьев гӏодовуссинавизе кӏолеб сангар букӏинчӏилан кколаан, хӏатта жиндир гӏумруялъе хӏинкъи бугонигицин. Жиндирго гьудулзабазда хурхарал масъалаби тӏуразаризе заман кидаго батулаан Ахӏмадида». Нухмалъулев хӏисабалда Ахӏмад Тӏинамухӏамадовичас жиндаго цадахъ хӏалтӏулезул адаб-хӏурмат гьабулаан кинаб ахӏвал-хӏалалде ккананиги, гьединлъидал гьезда гьоркьоб гьесул къадруги борхун букӏана. Гьезие гьев лъугьун вукӏана жидеда лъайгӏакълу малъулев мугӏалимлъунги. Ахӏмадица гьезул щивасул кинаб махщел-гьунар бугебали, сундуе гьев ярагьуневали лъазе тӏалаб гьабулаан ва гьелда рекъараб тӏадкъайги кьолаан. Гьес жигар бахъулаан тӏадкъараб иш бергьенлъиялда тӏубазабизе. Ахӏмадил гьунар букӏана цебе лъураб масъала лъикӏаб хӏасилгун тӏубазабизе. Гьес хӏаракат бахъулаан гӏиси-бикъинаб гӏилла сабаблъун хӏалтӏухъаби какичӏого, гьез тӏуразаризе ккарал масъалаби берцинго ричӏчӏизаризе.
Гьадин хъвалеб буго Ахӏмадил хӏакъалъулъ гьесда цадахъ хӏалтӏулей йикӏарай, ДРялъул МВДялъул хъулухъалда тӏоцее полковникасул чиналъе мустахӏикълъарай чӏужугӏадан Акамова Кавсарат Алмакъсудовнаялъ: «Ахӏмад Тӏинамухӏамадович вукӏана магӏарулазул анкьумумулъанго рачӏарал лъикӏал гӏадатазда куцарав ва тарбия щварав гӏолохъанчи. Хасго цӏикӏкӏараб гӏелалъул гӏадамаздехун адаб-хӏурмат цӏунарав вукӏана, хъулухъалъги чиналъги тӏадегӏанав вугониги. Дир хӏалтӏул нухмалъулевлъун тӏоцеве лъугьаралдаса нахъе жив чиналъ ва хъулухъалъ эхедегӏанав вукӏунин абун, гьес гӏамал кӏодолъи бихьизабичӏо. Гӏемерал цогидал хӏакимзабазулъ дандчӏвалеб гьеб «гӏузру» Ахӏмадил чорхолъ букӏинчӏо. Гьесул кабинеталде жанибе дица гали бегьидал, гьев жиндирго бакӏидаса тӏаде вахъун диде данде вачӏунаан. Цо къоялда жаниб анцӏго нухалъ дун жиндир кабинеталъуе лъугьаниги, данде вачӏун хӏурмат гьабулаан гьес. Цо кинаб бугониги масъала дандбазе ячӏун йигони, дун тӏойитӏизеги тӏаде вахъунаан гьев. Дидехун къваригӏел бугони, телефоналдасан дун жиндихъего ахӏулароан, живго вачӏунаан дир кабинеталъуве.
Дир рукӏана гӏемерал начальникал. Амма Ахӏмад гӏадинал рукӏинчӏо гьел. Гьесул гӏамалхасияталъулъ бессун букӏана тӏоцебе жиндехунго, хадуб цогидаздехунги тӏалабчилъи, адаб-хӏурмат, хӏажатасе кумек-квербакъи гьаби, хӏалтӏулъ ва гӏумруялъулъ цогидалгун цадахъ рекъей, сахаватлъи ва ракӏбацӏцӏалъи. Гьес дида гьарулаан нилъеда цадахъ хӏалтӏулезул рокъоб къварилъи букӏин дуда лъани, жинда бицейин, жинца гьеб къварилъиялдаса гьел рорчӏизаризе хӏаракат бахъилин. Берталъе ине кколев вугониги, зигараялъ ине кколев вугониги, жинда ракӏалде щвезабизе кӏочон тогейиланги абулаан. Гьедин, цадахъ хӏалтӏулезул гӏумруялъулъ гьес тӏалаб-агъаз гьабичӏого щибниги хутӏун батиларилан ккола.
Жидерго налъи тӏубалаго гӏумруялдаса ратӏалъарал полициялъул хӏалтӏухъабазул эбел-эмен, къороллъуда хутӏарал руччаби, кинаб къваригӏелалъ Ахӏмадихъе рачӏаниги, гьезул мурад тӏубазаби лъугьун букӏана гьесие аслияб масъалалъун. Гьединго гьес цӏикӏкӏараб кӏвар кьолаан Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъарал ветераназул, пенсионеразул ва жинда цадахъ хӏалтӏулел ругезул тӏалабал тӏуразариялдеги. Гьедин Ахӏмад Тӏинамухӏамадович вукӏана нижее сундулъго мугъ чӏвалеб сангарлъун».
Гьанибго абизе ккола, Ахӏмад вукӏанин тӏадчӏун ва кӏвахӏ гьечӏого живгоги хӏалтӏулев ва хӏалтӏухъабазе нухмалъиги гьабулев офицерилан. Жиндирго мисалалдалъун гьесда кӏолаан цадахъ хӏалтӏулезул хӏаракатчилъи борхизабизе. Чара къосараб хӏалалдасагицин живгоги цадахъ хӏалтӏулелги рорчӏизаризе гӏакълуги къуватги гӏезе бугин жидер начальникасулин божун рукӏунаан гьел.
Ахӏмад вукӏана гӏадамазда гъорлъ восарав, рагӏиги камилавин, каламги гьуинавин абун къимат кьезе мустахӏикъав чи. Гьесда кӏолаан цадахъ хӏалтӏулезул жиндехун бугеб божилъи цӏикӏкӏинабизе, жидерго хӏалтӏудехун гьезул гъира базабизе. Ахӏмадица хъулухъалъулаб амру-буюрухъ хӏалтӏухъанасул ракӏ лъукъулареб, жив гьездаса тӏадегӏанав вукӏин загьирлъизе толареб хӏалалъ хӏеренго, гӏодовиччан кьолаан.
Къокъго бицани, Ахӏмад Тӏинамухӏамадович вукӏана цадахъ хӏалтӏулездаги, тӏадехунисел хӏакимзабаздаги цебе жиндирго къадру-къиматалъул байрахъ борхатго ккурав инсан. Гьединлъидал гьев гӏолохъанго гӏумруялдаса ватӏалъи кӏудияб камилъун лъугьана гьесул гӏагарлъиялъе, гьесда цадахъ хӏалтӏаразе, гьудул-гьалмагъзабазе ва гьев лъалев вукӏанщиназеги. Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи Ахӏмад Тӏинамухӏамадович Мухӏамадов гӏемерал соназ хутӏила гьезул рекӏелъ ва гьесул бахӏарчияб гӏумруги гӏасрабаз мисаллъун хутӏила халкъалъе!
Мухӏамад Ибрагьимович МУХӏАМАДОВ, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор