Некӏогоялдаса урхъун йикӏана унго-унгояб магӏарул кочӏохъ. Ва рекӏелъ гьеб хӏасратаб урхъигун къабул гьавуна дица газеталъул иргадулав гьобол Дагъистаналъул мустахӏикъав артист, Чӏарада районалдаса Гӏумар Тахиев. Чӏарада районалъулги магӏарул кочӏолги бугеб гьоркьоблъиялъулги магӏарулазда лъала. Гьенив кечӏ ахӏуларев чи ватиларин абунигицин мекъиги ккеларо. Магӏарул унго-унгояб кечӏ тӏирщизеги тӏегьазеги киналго шартӏал руго гьенир. Рорхатал мугӏрулги, берцинаб гӏидраги, мугӏрузул каранда угьарал сухъмахъалги, гьел сухъмахъалккун мугӏрул ахалъуде чвахунго чвахун унел лъаралги, лъабго гӏор цолъун лъугьараб магӏаруллъиялъул квацӏиги. Гьеб квацӏулъ сверухълъиялдаго нур базабулеб цо тӏегьги – магӏарул кочӏол чӏор. Гьеле гьеб чӏоралъулъ буго Гӏумарил кочӏол гвангъиги.

ГӏУМАРИЛ КОЧӏОЛ РОЦЕН

Щивав кочӏохъанасул букӏуна халкъалда жив ракӏалда чӏолеб цо хасаб кечӏ. Дидаги лъалаан Гӏумар «Гӏолохъанай цыганай» абураб кочӏодалъун. Тӏоцебе гьеб ахӏулеб рагӏараб мехалда, рекӏее гьабун букӏараб асар жакъаги гьулчун бачӏана, Гӏумар кабинеталъуве лъугьун вачӏиндал.

— Унтун вукӏинчӏевани, кечӏги ахӏилаан-, иланги абун, махсараги гьабуна гьес.

Гьавуна Гӏумар Хӏурухъ росулъ. Школалда цӏалулеб заманалдаса нахъе гӏахьаллъана районалда ва республикаялда тӏоритӏарал музыкалиял конкурсазда, фестивалазда. Кида ва кин бижараб магӏарул кочӏоде рокьийилан Чӏарада районалъул чиясда гьикъи гӏададисебги букӏинарищха.

Гӏумарил кочӏохъ гӏенеккидал, хъатиниб лъураб гӏадин, цебе рещтӏуна магӏаруллъи. Чвахун бачӏунеб магӏарул кочӏолъ рихьула рорхатал мугӏрузул тӏогьаздасагицин тӏадегӏанлъиялда ругел магӏарулалги. Черхалда дагьабниги сири балеб гьечӏони, гьеб кечӏ гурин абула магӏарулаз. Буго Гӏумар Тахиевасул кочӏолъги цохӏо жиндиего хасаб берцинлъиялъул гогьар. Гьеле гьеб гогьаралъухъа бажарана магӏарул кочӏода гӏажаибаб расен угьизе. Цин пандрида, цин аргъаналда ракӏ-ракӏалъ ахӏулеб кечӏ рагӏидал, бичӏчӏула гьесул кочӏол роцен тӏадегӏанаб даражаялда букӏин. Гӏагараб халкъалъ кочӏое чӏвалеб хъат- гьеле гьесул кочӏол багьа. Киназего гуребха гьединаб талихӏги гьимулеб.

2000-2014 соназда Гӏумар хӏалтӏана гӏагараб районалъул Культураялъул рукъалъул методистлъун. Гьелгощинал соназги щулалъулеб букӏана Гӏумарилги магӏарул кочӏолги бухьен. Кив гӏахьаллъаниги, кивехун аниги – киса-кирего шапакъатал, бергьенлъаби…

Жакъа чӏаго бугеб ва даим чӏаго букӏинеги бугеб магӏарул кочӏолъ руго Гӏумарил кочӏол расеналги. Гьелъул буго жиндирго къиса. Гӏумар Тахиевасул кочӏол къиса. Гьединабго талихӏаб къисматги.

КОЧӏОЛАБ ЧӏАРАДАГИ» ГӏУМАРИЛ КЕЧӏГИ

Лъидаха лъалареб чӏарадисезул машгьураб бихьиназул хор. Унго-унголъунги, рекӏее лъугьунеб лазат, ретӏун миллияб парталгун магӏарул гӏолохъаби цере рачӏиндал.

Ахӏулеб буго кечӏ магӏарулаца. Ахӏулеб буго ракӏ-ракӏалъ, магӏаруллъиялдеги магӏарулаздеги рокьиги загьир гьабулаго. Гьеб хӏасратаб сипаталъ, гьайбатлъиялъ, чӏухӏадго свериги бахъун, тӏавап гьабула гӏагарал мугӏуруз тӏогьазда. Гьеле гьеб борхалъиялда буго жакъа Гӏумарил кечӏги.

Гӏуралго соназ хӏалтӏулев вуго Гӏумар Тахиев Авар театралда цебе бугеб «Кочӏолаб Чӏарада» ансамблялда.

КЕЧӏ- ДИР КӏИАБИЛЕБ ХӏУХЬЕЛ

-Бокьула дие магӏарул кечӏ. Гьеб буго дие кӏиабилеб хӏухьеллъунги. Амма гӏагарлъиялъги лъималазги абулеб буго, саналги ран ругин, кечӏ тани, лъикӏаб букӏинилан. Диналъе дандекколеб жо гурин кечӏилан цо-цояз абидалги, цо-цо мехалда уяб жойиланги ккола, цо-цо мехалда, дидаго лъачӏого, кочӏол гъумутакье ккун ватула. Битӏун бицани, дие кечӏ букӏана гӏумруялъго гьудуллъунги къисматалъул расенлъунги. Дир кечӏалъ гӏадамазе рохел гьурщулеб батани, гьебги ккола дие талихӏлъун. Цогидазе талихӏ гьурщи – гьеб гурищ нилъер талихӏги-, ян абуна Гӏумарица.

Ахӏула Гӏумарица пандридаги, мандолинаялдаги, гьединго аргъаналдаги. Щибаб музыкалияб алаталъулги гьелда цадахъ гӏодулеб яги бохулеб щибаб къисмат, щибаб къиса, щибаб хатӏ. Гьелде тӏадеги гьес пулеб буго зурма. Дица цее чӏезаюлей йикӏана зурмихъе кьурдулей дунго. Амма битӏун бицани, зурмихъе хӏатӏал росизе лъалеб батичӏо. Ругелдай гьанжесел гӏолилазда гьоркьорги гьединал.

-Дир инсуда лъалаан зурма пуйзе. Гьеб махщел диеги ирсалъе щвана. Амма пайда щибха – гьанжесеб гӏелалда гьеб кӏочонеб буго. Гьечӏо гьел къанагӏатаблъун лъугьун бугеб гьеб махщалие гӏолилал куцалелги, гьезие жидеегоги гьелъул ургъел гьечӏо. Кинабго цебе тӏолеб буго жакъасеб миллияб маданияталда.

Амма миллияб музыкалияб алатлъун кколеб зурма щаялиго кӏочонеб буго. Ахиркъадги гьеб хутӏила музеялда. Цо дагьаб заманалдасан бицине батила нилъеца хадусел гӏелазе гьале гьаб музыкалияб алаталда зурмайилан абула, гьалъул бакъназухъе кьурдулаан церейилан. Лъицаха гьезда бихьизабилеб зурмил лазатги берцинлъиги-, ян бицана Гӏумарица.

Битӏараб буго Гӏумарил пикру. Щай бегьулареб искусствабазул школазда зурма пуйзеги, гьелда гъоркь кьурдизеги малъизе бегьулареб.

Гӏумарилгун гара-чӏвариялда, бокьун букӏана гьесухъ цо лахӏзаталъ, гьес ахӏулеб кочӏохъ гӏенеккизе. Щаялиго дир хьолбохъ рещтӏана «гӏолохъанай цыганай». Бокьун букӏана гьелъ дир къисматалъеги пал тӏамизе…

Ахӏула Гӏумарица Хӏамзатил Расулил, Хӏажи Гъазимирзоевасул, Залму Батировалъул, Залму Мухӏамадовалъул ва цогидал шагӏирзабазул рагӏабазда.

НУХ БИТӏАГИ, ГӏУМАР, ДУР ГЬУНАРАЛЪЕ

Гьал гӏагарал къояз Гӏумар Тахиевасе щвана «Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав артист» абураб цӏар. Гьеб буго кочӏохъанасул махщалие кьураб къимат. Нух битӏаги, Гӏумар, дур гьунаралъе. Биччанте чвахизе дур кечӏ, гӏагарал мугӏрузде бугеб рокьул саламги босун.

Биччанте гьеб цолъизе тӏабигӏаталъго мугӏрул каранда угьарал росабазул щибаб рокъоб дур кочӏода батизе бугеб хинлъигун.

Хасаб музыкалияб лъай гьечӏониги, магӏарул кочӏол улкаялда жиндирго си барав, кинаб хӏалтӏуда вугониги, кечӏалъ жиндихъего цӏарав кочӏохъабаздалъун бечедаб Чӏарада районалдаса Гӏумар Тахиевасги жиндирго гвангъараб лъалкӏ толеб буго миллияб музыкалияб маданияталда.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА