Гьабсагӏаталда Дагъистаналда вуго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул 37 ветеран. Руго районал гьезул къадар цӏакъго дагь бугел, руго цониги ветеран хутӏичӏелги. Гъуниб районалдайин абуни вуго 2 ветеран — Сугъралъ росулъа Хӏажи Гӏинчилов (98 сон) ва Бухтиб росулъа Тӏагьир Тӏагьиров (104 сон).
Гьал къоязда ниж щвана Махӏачхъала шагьаралъул Хушет поселокалда гӏумру гьабун вугев Тӏагьирихъе. Тӏагьирги гьесул лъади Тӏавус Идармачеваги данделъана 1957 соналда. Гьезул вуго кӏиго вас ва кӏиявгоги гӏумру гьабун руго Тула шагьаралда. Тӏавусицагун Тӏагьирица гӏумру гьабулеб буго жалГо бетӏергьанаб минаялъуб. Эбел-инсул тӏалаб-агъазалъе, магӏишат нухда бачиналъе моцӏгун бащдабгӏанасеб зама- налъ хис-хисун гьезда аскӏов чӏезе Тулаялдаса гӏебеде рачӏуна васал. Гьабсагӏаталда гьезда аскӏов вуго Насрудин. Тӏагьирил ригьги, кӏалъазе гьесие захӏмат букӏинги, бицараб бичӏчӏизе бигьалъулеб гьечӏолъиги хӏисабалде босун, гьесул хӏакъалъулъ баянал кьуна Тӏавусица ва Насрудиница. Гьез бицаралда рекъон, Тӏагьирил халатаб гӏумруялда жанир гӏунги тӏокӏ рихьулел руго ургъизе тӏамулел, щибаб заманалъул хаслъи бихьизабулел, гьанжесеб гӏелалъе божизе захӏматал хӏужаби. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьесда гьарзаго бихьун буго къварилъиги, захӏмалъиги, гӏакъубаги, ругьунлъун вуго гьел раччизеги, хӏехьезеги, гӏумруялда жиндирго нухги бакӏги батизеги. Магӏарухъ ругел гӏемериселго гӏадин, Тӏагьирил эбел-эменги рукӏун руго гӏадатияб магӏишаталда, гӏи-боцӏиги хьихьун. Амма гьездацин хъинтӏун буго хӏуригат ккун хадусел соназда кибго букӏараб ва лъицащиб гьабулеб бугебали бичӏчӏулареб ахӏвал-хӏалалъул гӏаркьел. Тӏагьировазул рокъоре рачӏарал «багӏаралищ», «хъахӏалищ» лъаларел аскарияз нахъе бачинехъин букӏун буго цо бугеб гӏака. Биччаларин чӏарай эбелалъул ботӏролъ тункӏил хъундагъ щвезабун буго цояс, гьеб бакӏалда гӏодой ккун хун йиго гьейги. Хадур тӏаде щварал росуцоязда ратун руго гӏодой ккараб хӏалалда йигей эбелги, гьелъул керен хахулев кӏиго сон барав Тӏагьирги, аскӏов эхетун гьесдаса кӏиго лъагӏелалъ кӏудияв вац Гӏумарги (гьев хвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда). Сунца борцунеб гьеб вахӏщияб хӏужаялъ гьабураб асар, лъураб ругъун? Щакаб жо, гьединаб роцен бати. Гьелдаса хадуб лъималазул тӏалаб-агъазги, рукъалъул хӏалтӏигун магӏишатги тӏаде босана инсуца (гьес тӏокӏаб гьабичӏо ригьин-цӏа) ва гьесул яцалъ. Тӏагьирил букӏинеселъе гьес лъуна щулияб кьучӏ – кьуна кьварараб тарбия, куцана хӏалтӏуде. Гьелде щвезегӏанги гӏумру гьоцӏолъун букӏинчӏониги, кӏиабилеб нухалъ къисматалъ гьев лъикӏаб хӏалалда цӏацӏана. Гӏахьаллъана 1939 соналда финазулгун букӏараб рагъда. Гӏорхъода хъулухъ гьабулаго гьениве ккарав Тӏагьир рагъда захӏматго лъукъана (чанго нухалъ борлъун букӏана кӏиябго махӏу) ва ккана асирлъуде. Госпиталалда финазул тохтурзабаз (гьезул гӏаданлъиялъулги махщалилги рахъалъ Тӏагьирил кидаго букӏана лъикӏаб пикру) гӏемераб хӏалги кьун сах гьавуна ва хадувккун витӏана рес бугев финасул магӏишаталда хӏалтӏизе. Лъикӏал шартӏазда, ругьунаб хӏалтӏуда вугониги гьес хӏехьечӏо асирлъи ва рес батана лъутизе. Амма, заманго иналде, гьев ккуна ва тӏад вуссинавуна лагералде. Заманалдасан Тӏагьир нахъеги лъутана ва гӏемерал лъугьа-бахъиназдаса хадув нахъеги ккана асирлъуде. Гьаб нухалда немцазухъе (гьеб мехалда байбихьун букӏана гьезулгун рагъ). Германиялда гьес хисана чанго концлагерь ва 1945 соналда гьев вукӏараб лагерь эркен гьабуна американаз. Гьез Ватӏаналде унгейин, хӏалхьуда тезе гьечӏин абулеб букӏаниги, асирлъуда рукӏарал гӏемерисез тӏаса бищана гӏагараб ватӏан, гьезда гьоркьов вукӏана Тӏагьирги. Тӏоцебесеб заманалда, ай 1947 соналде щвезегӏан вукӏана чӏунтараб Донбасс цӏи гьабиялъул хӏалтӏабазда. Цинги Дагъистаналде щведал, хӏалтӏулев вукӏана Бухтиб росдал колхозалъул учетчик- лъун. Чӏегӏернакӏкӏал раккана дагьаб нахъа. Цадахъ концла- гералда вукӏарав нилъер цо ракьцоясул баянал мухӏкан гьаризе жидерго идараялде хасал органаз ахӏарав Тӏагьирил цо хӏалтӏухъанасулгун ккана дагӏба-рагӏи. Дагьаб хӏалуциналде араб гьелъул хӏасилалда, тӏоцебе анлъго моцӏин абулеб букӏараб болжалги анлъго лъагӏалиде сверизабун, Тӏагьирие къотӏана туснахъ ва витӏана Сибиралде, магӏданал рахъулел бакӏазде хӏалтӏизе. Щибго тӏаса къотӏичӏого, анлъабго сонги гьениб бан, тӏад вуссана Дагъистаналде. 1957 соналда гьабуна хъизам, гӏемерал соназда батӏи-батӏиял идарабазда (Буйнакск, Махӏачхъала) хӏалтӏана бухгалтерлъун. Цӏикӏкӏараб ригьалда, хӏалхьиялда вугониги, ахирал соназде щвезегӏан щиб бугониги гьабичӏого чӏолароан хӏалхьиялда. Гӏемераб гӏакъуба бихьарав Тӏагьирил, гӏиси-бикъинал гӏузраби рукӏун гурони, гьечӏо захӏматал унтаби. Рагъда лъукъарал махӏабаз бизар гьавулев вукӏун ккана 85 сонил ригьалда Ветераназул госпиталалде. Тӏадежоялъе, гьенив гӏодовги ккун вегизе ккана дагьав халатккун. Гьелдаса нахъе унтун больницаялде ккун гьечӏо. Низамалда гьесухъе щола тохтурзаби, хал гьабула киналъулго. Рагъул гӏахьалчи вугониги, Тӏагьирил гьечӏо рагъулал шапакъатал, амма гӏемер руго хӏалтӏухъ щварал. Ветеран хӏисабалда гьесие чӏезабун буго пенсиядул 57 азарго гъурущ ва гьелде тӏаде, 2021 соналъул июнь моцӏалдаса нахъе щибаб моцӏалъ шагьаралъул администрациялъги кьола 20 азарго гъурущ.
Кинха гьесда кӏвараб гьаб ригьалде щвезегӏан берцинаб гӏамал-хасиятги мадараб сах- лъиги цӏунизе, сундулъ бугеб балъголъи? Гьеб суал кьедал, лъадуцаги васасги бицана гьеб бугин гьитӏинго лъураб щулияб кьучӏалъулги, инсул тарбиялъулги, захӏмат бихьун ва гӏумруялъго хӏалтӏун щвараб лъадариялъулги хӏасилилан абун.
Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ