«Шагӏир херлъуларо, шагӏир холаро» — гьал рагӏаби дагьалги гӏагараллъун лъугьана, нижги хирияв, нижееги хирияв шагӏир, мунагьал чураяв Харахьиса Махӏмуд-Апандил гӏумруялъул гьудул Залихай редакциялде гьоболлъухъ ячӏиндал.
Тӏоцебесеб нухалда йихьулей йиго шагӏирасул рокьул асаразул аслияй герой, гьесул къисматалда жиндирго берцинлъиялъ гӏищкъул расенал угьарай хӏурулгӏин. Гӏажаибаб гогьаралъул сси жеги гьурмадаса лъугӏичӏей гьелъул берзул хӏоринир лъедолел ругин кколел рукӏана пашманлъиялъул карачелал. Жиндирго къисматалъул къираласухъ тӏолеб бугеб бухӏараб магӏуялъул лъугьарал.
Гьел лахӏзатаз цебечӏана шагӏирасул гӏодобе биччараб, кӏудияб сабруялъул лахӏзатаз даим гвангъизабухъе хутӏараб шагӏирасул сипат.
— Щиб хӏалалда йигей, ракьцояй. Гьеле жакъаги вилълъанаха нужехъе гьоболлъухъ, — кида газеталде щваниги, дихъе щвечӏого унароан гьев. Бицана цо нухалда гьес жиндирго лъимерлъиялъул кьогӏаб къисматалъул къваридаб къисаги. Дица гьелдаса хадуб «Тӏаса лъугьа, дир вас», — илан абураб гьитӏинабго хабарги хъван букӏана. Гьеб бахъун букӏана газеталдаги.
Ва цо къоялъги вачӏана Махӏмуд-Апанди. Лъикӏ мехалда сихӏкъотӏунги чӏун, гьес абуна жинда гъоб харбилъ живго ватанила ва жиндаги ракӏалде кканила къиса хъвазе. Заманго иналде, гьеб къиса цӏалдолезухъеги щвана.
Гьитӏинго гӏумруялъ кӏудияв гӏезавурав, къисматалъ веэдичӏев, дунялалда бищунго хӏайранаб эбелалъул кочӏол лазат босизе щвечӏев гьесда ахир-къадги баун буго къисматалъ. Гьелъ шагӏирасе сайгъат гьаюна Залихай. Гӏумруялъул ахирисел къоял тӏаде гӏунтӏизегӏан, гьесда хьолбохъа ягъаричӏей хӏикматай хӏурулгӏин.
Редакциялда тӏобитӏараб дандеруссинин абуни, сверана шагӏир ракӏалде щвезавиялъул тадбиралде.
Ракӏалдещвеялин абуни, рукӏана гӏемерал. Бицана гьесул хӏакъалъулъ Гӏумаханицаги, Зульфияцаги, Кавсаратицаги, Мухӏамадхӏабибицаги ва цогидазги. Бицана, релъулагоги, бицана пашмангоги.
Щияй чӏужугӏаданалъул букӏуна кванил нигӏматазда гьоркьобги бищун гӏемер гьабизе бокьулеб квенги. Нижехъеги чӏобого ячӏун йикӏинчӏо Залихай. Гьелъ нижее гӏуцӏун букӏана магӏарул кванил нигӏматазул берцинаб тепси.
Магӏарухъ бакъвазабураб гьанги гьелдаго цадахъ бакьги, батӏи-батӏиял тайпабазул гӏатӏахинкӏалги, магӏарул хурдузул чайги, тортал-пирогалги…
Шагӏирасул хӏурулгӏин, Залихай, (кӏиабилеб кьерда — квегӏиса квараниде ункъабилей) кӏудияб салам дуде газеталъул киналго хӏалтӏухъабазул рахъалдасан. Дуца цоги нухалда бихьизабуна шагӏирасул къисматалда чӏужугӏаданалъ толеб лъалкӏалъул гвангъиги гъварилъиги абадияб букӏунеблъи. Бичӏчӏана шагӏирасул хвел гьечӏолъиялъулъ чӏужугӏаданалъул бугеб кӏварги. Гьеле гьединай ятана мунги, нижер хӏурматияй Залихай. Нижее Махӏмуд-Апанди дагьавги кӏодолъана, магӏарул чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанлъиги, кӏодолъиги, шагӏирасде жеги бугеб хӏасратаб гӏишкъуги босун, мун ячӏиндал.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА