Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана Лъаратӏа районалда бугеб заказникалда мугӏрул бисал холел рукӏиналъул хӏакъалъулъ суал.

Гьениб бицухъе, гӏансиял тӏеялда хӏинкъи бугеб ахӏвал-хӏалги букӏун буго гьеб мехалда заказникалда сверухъ. Амма гьебищ гьелъие гӏилла яги кинаб бугониги унти тӏибитӏийищали жеги мухӏканго абизе кӏоларо.

Гьезул, ай хварал бисазул къадарги цин 60, цинги гьелдасаги цӏикӏкӏун бугин хъвалеб буго социалиял гьиназдаги.

Гьединго Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Султан Хӏамзаевас ДРялъул прокуратураялде битӏун буго «Багӏараб Тӏехьалде» росарал мугӏрул бисал Лъаратӏа районалда хвеялда хурхун цӏех-рех гьабеян хъвараб гӏарза.

Амма гьел бисал «Багӏараб Тӏехьалде» росун гьечӏин мухӏкан гьабуна нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Лъаратӏа заказникалъул кӏудияв инспектор Бадрудин Мусаевас. Жибго заказникалда гьезул къадар лъабазарго, тӏолабго республикаялда абуни 15 азарго бугилан бицана гьес. Букӏаниги, цадахъго гьебгощинаб къадар бисазул хвеялъ рахӏатхвезабулеб буго гӏадамазул.

— Бадрудин, дур хӏисабалда, бисал хвеялъе гӏилла щиб букӏине бегьулеб?

— Цӏоралдаса бахараб унтиян тола дица гьеб. Гьедин гӏадамалги холелъулха. Унтула, загӏиплъула. Гьебго жо хӏайваназулги букӏинарищха. Хасало гӏонсокье ккунги хола гьел. Бугониги, гьадин цадахъго, кӏудияб къадаралда бисал хвеялъул хӏужа букӏинчӏо нижер доба.

Бисал гурони, цогидал хӏайванал хун ратичӏо. Масала, багӏнасалги руго, ритӏучӏалги руго (гьезул гӏемерисел хасел тӏамизе Цӏоралдеги уна). Къамилухъ дир гьудуласул руго гӏиялъажал. Гьесги абуна гьезие щибго къварилъи гьечӏилан.

Хасало бацӏаз чӏвачӏогоги хутӏуларо бисал. Гьедин чӏварал жал ратилин тун рукӏана тӏоцере нижеца гьелги. Бащдал бацӏаз тӏутӏун, хӏанчӏаз кванан ругоан гьел. Хадусеб къоялъги ана балагьизе. Гьеб мехалдаги тӏутӏураб ункъо бис батана. Амма бацӏаз чӏванищ гьел хварал яги унтунищали лъазе кӏвечӏо. Лъабабилеб февралалдаги хвараб 14 бисалде тӏаде ккана ниж. Амма гьезда бацӏил кӏал хъван яги гулла щун гьечӏоан. Хӏанчӏазги тӏутӏурал бакӏалги рукӏинчӏо. Риххел щун букӏараб къагӏидаха бисазде – гьезда аскӏоса гӏебеде ратана риххалил мухъал.

Гьеб мехалда тӏубанго щаклъизе бачӏана цощина унтигицин тӏибитӏун гьечӏодай абун. Гьединлъидал нижеца гьелъул хӏакъалъулъ хехаб куцалда лъазабуна Махӏачхъалаялде, нижерго заповедникалъул нухмалъиялде (ФГБУ «Государственный заповедник «Дагестанский»). Гьенисан ритӏун рачӏана ветеринаралги оперативияб къокъаги. Гьез ва нижерго заказникалъул инспектораз росана хварал бисазул анализал. Россельхознадзоралде ритӏун ана гьел. Гьенисан Владимир шагьаралда бугеб лабораториялдеги ун руго — щибаб лагаялдаса цо-цо кесек.

Ветеринараз нижедаги сверухъ ругел росабазул гӏадамаздаги лъазабуна бисал хвеялъе гӏилла лъазабизегӏан, вореги, гьезда аскӏоре къагейин. Нагагь бахунеб унти батизеги рес бугелъулха.

Дида байбихьуда халлъана цо загӏипаб бис. Чӏаралъубго хутӏун букӏана гьеб. Амма букӏаниги, анцӏго метралъул манзилалъ дун аскӏове виччачӏо гьелъ. Кӏкӏалахъе тӏурун ана. Ахирги гьеб бацӏица чӏвалеблъи лъан букӏана дида. Гьедин чӏванги батана нахъисеб къоялъ. Хадуб жеги лъабго бисги бихьана дагьаб тӏадегӏан.

Сахаб мехалда гӏадамасухъе кквезе чӏолел жал рукӏунаро бисал, кутакалда тириял жал рукӏуна. Ралъдал гьумералдаса кӏиазарго метралъ тӏадехун бугеб бакӏалда гурони гъоб чӏоларо.

Гьанже гьел хвеялъе гӏилла загьирлъичӏого, нилъеца гьел бисазе гьабизе бегьулеб кумекги гьечӏо. Кьурабалъги хъитӏазулъги рукӏунел гьел кквезеги ккун укол гьабизе, дару кьезе санагӏалъиги гьечӏо, рукъалъул хӏайванал гурелъулха гьел. Гӏицӏго рии-риидал гьел хӏайваназе кьолеб хасаб цӏам букӏуна нижер, батӏи-батӏиял унтабазда данде чӏараб даруги гъорлъ бугеб.

— Цереккун рукӏанищ гьединал хӏужаби?

— Лъаратӏа рукӏинчӏо. 2018 соналда Къурущ росулъги, 2014 соналда Закаталаялдаги рукӏанилан рагӏана. Гьабсагӏаталда нижер доба тӏубараб заказникалда жанибги гьечӏо гьеб унти. Буго тӏасияб участокалда, Цӏоралъулгун гӏорхъода. Гуржиязулгун гӏорхъода гъоб гьечӏо. Чӏарада рахъалдехунги гьечӏо – кӏиго-лъабго къоялъ халгьабуна гъобаги.

— Ахираб заманалда нилъер гьанир гьел бисал гӏемерлъулелищ ругел, дагьлъулелищ?

— Гӏемерлъун руго гьел. Дун заказникалда хӏалтӏизе лъугьараб мехалда 1800 бетӏер букӏана гьезул. Гьабсагӏаталда лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун буго.

Федералияб заказник букӏиналда бан, Лъаратӏа гьукъун буго бисазде чан гьабизе, амма Дагъистаналда цогидал бакӏазда гьелъие изну кьун буго. Республикаялда буго 15 азарго бис.

— Кин гьел рикӏкӏун бажарулеб?

— Махӏачхъалаялдаса, Нальчикалдаса, Майкопалдаса гӏелмиял хӏалтӏухъаби ритӏун рачӏуна гьел рикӏкӏине. Видеокамерабиги аппараталги росун, цо-цо кӏкӏалахъе чанго чиги ун, суратал рахъун, хадуб компьютералдасан хӏисаб гьабула хӏайваназул къадар кигӏан бугебали.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ.