Аваразул «Левитан»

Тӏабигӏияб гьунаралъухъ ва гӏемерсонилаб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ гӏемерал шапакъатал кьун, кӏодо гьаюна Патӏимат Рамазанова хӏукуматалъ, мустахӏикълъана баркалаялъул рагӏабазе ва гӏарцулал премиязе. Гьале гьездаса цо-цоял: СССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб радиовещаниялъул ва телевидениялъул Пачалихъияб комитеталъул Хӏурматалъул грамотаби (1957, 1966 сонал), ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Хӏурматалъулал грамотаби (1958, 1977 сонал), СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул цӏар тӏад хъвараб юбилеялъулаб медаль (1970 сон), «Радиоялъул ва телевидениялъул отличник» абураб гӏаламат (1982 сон), «ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абураб цӏар (1983 сон), «РФялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абураб цӏар (1999 сон) ва «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏар (1984 сон). Рамазановалъ абула, жиндие бищун къиматаблъун ва хирияблъун кидаго букӏанила радиоялъухъ гӏенеккулез кьолеб къимат, гьезул кагътал, магӏарулаз гьабулеб адаб-хӏурмат.

«Кӏалъалеб буго Махӏачхъала». Советияб заманалда гьарурал магӏарулазда гьоркьов чиго хутӏун ватиларо Гелбахъалдаса Патӏимат Рамазановалъул гьаракь рагӏичӏев.

Магӏарул радиоялдасан ракьцоязе цӏиял харбал рицана гьелъ 62 соналъ, радалги маркӏачӏудаги. Гьанжеги, Патӏимат радиоялдаса ун гӏезегӏан сонал индалги, рекӏелъ кӏудияб чӏалгӏен хутӏун буго доб гьаркьихъги, хӏубазда рухьарал точка-радиоязул заманалъухъги, дахӏабабада аскӏоб магӏарухъ араб лъимерлъиялъухъги. Ракӏчӏун лъала гьединаб асар жеги аза-азар магӏарулазулъ цӏунун бугеблъиги.

Ракьцояздехун гьединабго свин гьечӏеб хинлъи Патӏиматихъги буго хутӏун. Гьеб загьирлъулеб букӏана гьелъул ракӏалдещвеяздасан.

Журналисткаялде гьей ячӏана «Багӏараб байрахъ» газеталда росдал магӏишаталъул отделалъул заведующийлъун вукӏарав жиндирго эмен Мухӏамад Байсунгъуров сабаблъун. Хадув Патӏиматил рос Рамазан Рамазановги хӏалтӏана газеталда.

— Патӏимат, авар радиоялдасан мун гьудуллъун ккурал магӏарулазе бокьилаан йижараб росу-ракьалъулги, эбел-инсулги, журналистикаялде ячӏараб куцалъулги хӏакъалъулъ бицине.

— Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьизегӏан нижер хъизан гӏумру гьабун Махӏачхъалаялда букӏана. Хъулухъ-ишалда вугев чи хӏисабалда, эмен рагъде витӏичӏого толев вукӏана. Вукӏаниги, цадахъ хӏалтӏулелщинал араб мехалда, живищ гьанив чӏелеван, гьевги ана.

Эбелгун цадахъ ниж росулъе гочана. Васги рагъде ун, малъкъосун, жийго цохӏо хутӏун йикӏана гьений нижер кӏудияй эбел.

Дир кӏудияй эбел Къурмангъиз йикӏана лъарагӏай, кӏудияв инсуца хъамун, Гелбахъалде ккарай. Гьебгиха цин таманаб заман бан буго гьелъ аскӏове вачӏунев чиги гьечӏого, рокъой гӏодойги йикӏун гӏодулей, лъица хъамураялиги лъаларого. Битӏун гьеб заманалда къайи бичизе Чачаналде ине ккун, рокъов вукӏун гьечӏо кӏудияв эменги. Гьудулас хъамун йикӏун йиго гьесие гьей. Доваса тӏадвуссиндал бицун бугоха кӏудияв инсуца гьелда кинабго.

Рагъул заманалда армиялъул штаб рагьун букӏана кӏудияй эбелалъул минаялъуб. Гъоркьа минаялъур ниж — эбелги, дунги, яцги, кӏудияй эбелги, кӏиабилеб тӏалаялда армиялъул чагӏи рукӏунаан. Росдал школалдаги госпиталь рагьун букӏана. Учительзабаз лъимал рокъо-рокъореги ун, цӏализарулаан.

Штабалъе бачӏунеб жоялда гьоркьоса бутӏа-рутӏа нижееги щолаан. Нах бачӏаниги, чед бачӏаниги, гьеб босизе ячӏаян ахӏдолаан штабалъул чи — «Полинка, иди сюда!» абун.

Гьанжего гьанже балугълъуде рахунел васалги цо херав чиги гурони, росулъ бихьинал хутӏун рукӏинчӏо, рагъде ун. Гьес рукъулаан хварал чагӏи, лъималазда хобалги рухъизарун. Жиндирго лъималги армиялде ун рукӏана гьесул.

Гӏисинал васаз кумек гьабулаан госпиталалде унтарал раччизе. Нижеца, ясаз абуни, чурулаан унтаразул ругъназда рухьунел кутнул.

Рагъдаса вуссун хадув эмен, дунги ячун, Махӏачхъалаялде вахъана. Эбел росулъ чӏана. Щайин абуни, васги рагъда тӏагӏун, янгъизго хутӏун йикӏана кӏудияй эбел.

Дун микьабилеб классалда йикӏана гьеб мехалда. Щибаб къойил дарсал лъугӏун хадуй инсухъе редакциялде унаан. Гьений сундулго хӏалбихьизе лъугьунаан – машинкаялда кӏетӏезе, газета цӏализе.

Гьедин ракӏалде ккана газеталде хӏалтӏизе лъугьине. Гьениб кӏиго сон бана. Доб мехалда гӏемер рачӏунаан газеталде Расул Хӏамзатов, Фазу Гӏалиева, Машидат Гъайирбегова, Муса Мухӏамадов. Расулица Москваялдаса ритӏун рачӏунаан газеталде жиндирго цӏиял кучӏдул. Машинкаялда гьел кьабуралъухъ дие гӏисибикъинал сайгъаталги рачӏунаан гьес дораса — махӏ берцинаб лъим (духи) батаниги, капроназул щватаби ратаниги.

Гьедин дагь-дагьккун газеталъул хӏалтӏуда гъорлъеги ккун, 1948 соналда дун йосана гьение подчитчицалъун, хадуй машинисткалъун. Дагьалъ чӏун дида тӏадкъана кагътазул отделалъул заведующиясул хъулухъ.

— Радиоялде кинха мун ккарай?

— Машидат Гъайирбегова сабаблъун. Дунял рукӏкӏунеб мехалда цо къоялъ редакциялде екерун ячӏана гьей жий метер Москваялде ине кколей йигилан. Литературияб институталде цӏализе йосун йикӏана гьей, гьединлъидал жий тӏадюссун ячӏинегӏан радиоялда хӏалтӏеян гьарана Машидатица. Микрофон кин биччазе кколебалиги бихьизабуна, ячун радиоялдегун. Газеталдасан цӏиял харбал цӏализе кколаан. Нахъисеб къоялъ цӏалана дица гьел гьелъ абураб куцалда. Киндай кканаян, сородилаго къватӏие ячӏуней йикӏарай дида жанахӏалъув гӏодов чӏун вихьана цо чи. Дихъги валагьун, гьимана гьев. Мун щивилан гьикъидал, гьес абуна жив дур редактор вугин абун. Кутакалда лъикӏ цӏаланилан дие ракӏ-макӏги гьабуна. Магӏарул передачабазул редактор вукӏун вугоха гьев – Нурмухӏамад Абихӏасанов. Гьанже нилъ редакциялде рилълъинин абуна гьес. Жибго студия букӏана Ленинил майданалда, поч бугеб бакӏалда. Редакция абуни – гьанже Котровасул цӏаралда бугеб къотӏноб.

Школа лъугӏун хадубни дица тӏубан батӏияб рахъ тӏаса бищун букӏарабха. Кӏиго соналъ физикаялъулгун математикаялъул отделениялда Руччабазул институталда цӏалана. Амма радиоялде ккедал, бичӏчӏана дун доя хутӏизехъин йикӏин. Щайин абуни, дие цӏакъ бокьана доб коллектив. Кутакалда дир тӏалаб гьабулел чагӏи рукӏана гьенир. Гьедин ДГУялде филологияб факультеталде лъугьана дун. Авар мацӏалъулгун литератураялъул учительлъун цӏаланиги, цониги къоялъ хӏалтӏичӏо школалдаги. Радиоялдаго хутӏана. Гьеле гьедин ккана – Машидат хисизе чи ватизегӏан кӏиго къоялъинги абун, 62 соналъ хӏалтӏана дикторлъун.

— Нурмухӏамад Гӏусмановгийищ дуда гьенив ватарав?

— Гьев дидаса хадув вачӏана. Байбихьуда дида цадахъ дикторлъи гьабулаан Сугъралъа Патахӏ Патахӏовас. Литературияб мацӏги лъикӏ лъалаан гъосда, гӏезегӏан берцинаб гьаракьги букӏана. Мединституталда цӏалулев вукӏана гьев. Гьениб цӏали лъугӏун хадув, щуго соналдасан нахъе ана гьев. Хадув вачӏана Чӏарада районалдаса Мухӏамад Гӏалимирзаев абурав вас. Гьевги вукӏана университеталъул студент. Кӏиго соналъ гурони гьевги хӏалтӏичӏо. Гьелдаса хадув вачӏана Бакьайчӏиса Нурмухӏамад. Гьедин ниж кӏиялго 50-гӏан соналъ цадахъ хӏалтӏана гьенир. Мунагьал чурад, цӏакъ лъикӏав чи вукӏана.

Радиоялде рачӏунелщинал кагътазул гӏемерисел рукӏунаан ниж кӏиязего баркалаби кьурал. Къойида жаниб нусго кагъат бачӏараб мехги букӏунаан. Кӏигогӏанасеб тӏанчида рехсон жидерго тухум-кьибилалда вугевщинав чиясул цӏаралгун, гьезул рахъалдаса баркала загьир гьабулаан гьез. Цинги хъвалаан тӏокӏаб жо къваригӏун гьечӏин, цохӏо дур гьаракь рагӏизеги, мун йихьизеги хӏажат бугилан.

— Рачӏунел рукӏанищха гьел мун йихьизе?

— Валлагь рачӏунаанха. Цоцоккун рачӏунел гӏадамал гурелги, классалгун цадахъ учительзабиги рачӏунаан. Дица гьезие студиялда экскурсиялги гьарулаан. Гьанже дида кколеб буго гьел дандчӏваязул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай щайдай гьабичӏебилан абун.

— Дур рос Рамазан Рамазановги вукӏанагури журналист.

— Дир эменго гӏадин, гьевги вукӏана рагъул гӏахьалчи. Рагъ байбихьараб къоялъ выпускной вечер букӏун буго гьезул классалъул. Гъорасанго рекӏинарун поездалдагун аралха гьезул киналго васал рагъде рачун.

Гьелдаса нахъе гьев гӏицӏго 1947 соналда гурони тӏадги вуссинчӏо. Япониялъулгун рагъдаги гӏахьаллъизе ккун вуго гьев. Рамазан дидаса анцӏго соналъ кӏудияв вукӏана. Нижерго Гелбахъалдаса кколаан гьев.

Ниж данделъана 1950 соналда. Байбихьуда Рамазан Гъизилюрталда районалъул партиялъул комитеталъул секретарьлъун вукӏана. Хадув гьев Махӏачхъалаялде вахъана, «Багӏараб байрахъалда» спорталъул отделалда хӏалтӏизеги лъугьана. Цинги унтана ва 60 сонил гӏумруялде вахиндал, хвана.

Рамазан Гъизилюрталда хӏалтӏулеб мехалда, радиоги жибго тун, гьение яхъине рес букӏинчӏо дир. Дирго бертингицин бихьичӏо дида — дваргъиялда нижер бертада Гелбахъги, гьаний студиялда гӏодойги чӏун, передача цӏалулей дунги (елъулаго).

Тӏокӏалъ чӏечӏого телефоналдасан дида хадуб ахӏи гӏагарлъиялъулги букӏана. Цинги къаси сагӏат ичӏгоялда, передача цӏалун бахъиндал, ана дун росулъе, берталъе. Гьанже гӏадин цебеккунго хъван толеб, запись гьабулеб къагӏида букӏинчӏо доб мехалда, чӏагояб эфиралдасан кьун гурони. 1960-абилел соназда телевидение баккидал раккана гьел записалги. Гьеб мехалда рачана нижеца хӏалтӏуде режиссёрал, операторал. Гьедин бигьалъана нижееги гьеб хӏалтӏи. Масала, радиоялде вачӏарав гьобол ватаниги, эксперт гӏадав чи вукӏаниги, чӏагояб эфиралдасан кӏалъазавизе кӏолароан, хӏинкъун, нахъе къан. Киназухъаго гурелъулха гьеб бажарулеб. Гьединлъидал щибго хӏалакинчӏого, цереккунго гьединал чагӏазул записал гьаризе рес щвеялъ рохуца холел рукӏана ниж.

— Цоги кинал миллатазул рукӏарал нилъерго гӏадал передачаби?

— Анлъго батӏияб мацӏалда кьолаан гьел. Хадубккун 14 мацӏалда кӏалъана «Махӏачхъала».

— Телевидение баккараб мехалда гьение ине гъира ккечӏебищ дур?

— Дун гьадингоги хӏалтӏана гьений. Гьединго радиоялда дица рачунаан жеги лъарагӏгун гӏурус мацӏазда передачабиги. Лъарагӏал отпускалде ани, унтани, хисизе чи вукӏунароан. Гьединлъидал дун йитӏулаан гьение.

Моцӏалъ дикторлъиялъул курсазда цӏализе Москваялде индал, Дальний Востокалъул радиоялъул передачабигицин цӏализе ккана дица.

Радиокомитеталъул нухмалъулевлъун доб мехалда вукӏана Цӏадаса Хӏамзатил вас Хӏажияв. Телевидение рагьулеб мехалда нилъеразда хӏалтӏи малъизе къватӏиса специалистал ахӏулаан гьес. Гьеб мехалда тӏоцеесей дикторлъун телевидениялда йикӏана Лидия Культюгина абун гӏурусай. Гӏезегӏан мех бана гьениве восизе чи щоларого. Гьединлъидал дун лъагӏалица гьенийги хӏалтӏана (цадахъго радиоялдаги). Амма гьеб киналдасаго дие дирго (радиоялъул) редакция бокьулаан. Кӏудияб коллективги букӏана – миллиял редакциял гурелги, тӏубараб оркестрги хорги. Радиоялдасан ахӏизе ругел кучӏдул цин нижее цӏализе кколаан кочӏохъабаз. Гурони, магӏна гьечӏеб кечӏ биччалароан радиоялдасан. Рагӏабазулги бакъаналъулги автор рехсезе кколаан. Музыкалияй редакторлъун Гӏабидат Минатулаеваги йикӏана гьений. Радиоялъул кочӏохъабазул тӏелги бачун, кӏанцӏун яхъун, хъутаналде унаан гьей, гӏибоцӏухъабазе концертал кьезе. Букӏараб ракӏ гъураб заман.

Гьелдаго цадахъ ракӏалде щвезаризе бокьун буго Мухӏамад Хӏажиевги, Мухӏамад Идрисовги, Хӏажи Мамаевги, Мухӏамад Саидовги, Гъазимухӏамад Гъалбацӏовги, Нурмухӏамад Гӏусмановги, Гӏумархӏажи Шахтамановги.

Котровасул къотӏноб радиоялъул редакция бугеб мехалда мунагьал чураяв Гӏумархӏажи Шахтаманов вачӏунаан векерун. Нухдасанго тӏаса бахъараб плащги цо рахъалде рехун, гъобасанго ишанги гьабун, машинкаялда текст кьабизе гӏодой чӏезаюлаан гьес дун. Цинги вахъун чӏовухъе, лъун чвантинир квералгун, цо хӏарп къосинчӏого, рекӏехъе цӏалулаан Гӏумархӏажица тӏубараб передачаялъе гӏураб текст (15 тӏамач). Лъикӏав вас вукӏана. Лъикӏал чагӏи гурони дида дандеги ккечӏо.

Кутакалда пагьму бугев вас вукӏана Гъазимухӏамад Гъалбацӏовги. Гьанже гьесул тӏахьал цӏалулей йикӏуна дун. Чӏаго дунялалда хьвадулев вугев чияс хъван буго хвараб мехалда жинда бихьизе бугебщинаб жо.

Гьеб 62 соналда жаниб цониги нухалда ракӏалде ккечӏо хӏалтӏудаса нахъе ине. Цӏакъ лъикӏал ракӏалдещвеял хутӏана дир радиоялъул хӏалтӏуда хурхун. Гьений хӏалтӏизе лъугьун кӏиабилеб сон букӏун батила, Гумбет районалдаса чияс буртинадул хьитал ритӏун рачӏана дие, мун гьитӏинай ясги йихьулила, воре, хӏатӏал квачазе чӏогеянги хъван. Я жиндирго яги росдал цӏарги букӏинчӏо. Лъие баркала кьелебалицин лъаларого дунги йикӏана.

Цо кополаб лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Гъоб мехалда радиоялдасан гимн биччалаан сардилъ сагӏат 12-ялдаги радал анлъгоялдаги. Макьилъго гӏадин рагӏизе лъугьана дида гимн ахӏулеб. Вуйгь, абун кӏанцӏун тӏадеги яхъун, екеранаха хӏалтӏуде эфир байбихьизеян. Щвана дое, бухана нуцӏа, рагьуларо. Ахирги яккун ячӏана хъаравул. Щиб лъугьараб жойилан, йиххана гьей. Щибинха ккелеб, радалисеб передача байбихьилалда цебе гимн ахӏулеб рагӏичӏищилан абуна дица. Ахӏун лъикӏха, сордо бащалъунлъидал бугебан, квер хьвагӏана гьелъ. Гьанже нахъюссунги кин инеян, гьениб жанахӏалъуб букӏараб диваналдеги яхун, кьижанаха рогьинегӏан.

Гьединго Расулил яцалъул вас Мухӏамад вачӏунаан цо-цо мехалда радиоялде кучӏдул цӏализе. Микрофон свинабун гьечӏолъиги лъачӏого, дица гьесда абун бугоан, Мухӏамад, метерги вачӏахаян. Хадуй дун киназго гӏад-хочӏ гьаюлей йикӏана дуца Мухӏамад киве ахӏулев вукӏаравинги абун.

— Рогьалилъ байбихьулел гьел передачабазде цо нухалданиги кватӏичӏищха мун?

— Цониги нухалда кватӏичӏо! Тӏадежоялъе, цо заманалда рукъалъ Редукторный посёлокалдаги йикӏана. Бензовозалда рекӏунгицин щолаан радиоялде. Рогьалилъ, сагӏат щугоялда яхъун остановкаялда чӏедал, цо-цо мехалда бачӏунароан автобус. Щиб гьабилебали лъаларей гӏаданалъ, дица, квералги хьвагӏун, чӏезабулаан цебе батараб транспорт. Кӏиябго нухалда цого чияс чӏезабун букӏун бугоха дие машина. Гьединлъидал гьев вуго дида абулев гьадигӏан хехго къватӏие яхъине ккани, дуде бачӏараб балагь щибдила, уборщицалъунищдила мун хӏалтӏулей йигей?

Дежурствоялда рукӏунел милицабазги чанги щвезаюна дун. Гьел ругьунлъун рукӏунаан дир ригьалде.

Радиоялде чанги рачӏунаан лъималаз хъварал кагътал, Патӏимат-ада, дуца гьел передачаби дагьалъ нахъа байбихьизе бегьуларищинги абун.

— Щай?

— Гъол рогьалилъго тӏаде рахъинарулел рукӏунха эбел-инсуцаги кӏудабазги. Патӏимат некӏого яхъун, хӏалтӏилей йигин, нуж щиб гьабулел чагӏи жеги бусалъго рукӏинеян хӏалхьи толеб букӏун гьечӏо дозие.

Телевидениялда хӏалтӏулеб мехалдаги къотӏносан унаго дунги лъан, лъималазул читӏир букӏунаан хадуб.

Валлагь, киназго къимат гьабулаан нижер хӏалтӏул – гӏадатиял гӏадамазги тӏадегӏанал хъулухъазда ругезги. Передачаги лъугӏун рокъое унелъул, нухда гӏемер дандчӏвалаан росдал магӏишаталъул институталъул ректорлъун вукӏарав Мухӏамад Жамбулатов. Гьа, жакъа сундул хӏакъалъулъ дуца магӏарулазе бицарабилан гьикъулаан гьес кидаго. Ясалъул яс цӏализе лъугьунелъулги кӏудияб кумек гьабуна гьес.

Кидаго кӏочонаро Шагьрудин Шамхаловас гьабураб гӏаданлъиги. Хӏурматиял шапакъатал кьезе хӏукуматалъул минаялде ахӏун рукӏана ниж. Гьеб тадбир лъугӏун хадуб Шагьрудиница дида гьикъана тӏокӏаб щиб дуе хӏажат бугебилан. Дун намуслъулей йикӏин бихьидал, нижер радиокомитеталъул нухмалъулев Мухӏамад Хӏамидовас абуна Патӏимат хӏалтӏудаса рикӏкӏад йигин, гьединлъидал гьелъие гьаниб аскӏобегӏан рукъ хӏажат бугилан. Шагьрудиница гьеб суал тӏубазе байбихьана гьеб параялъго. Нахъисеб къоялъ гьес дун йитӏана гьанжего гьанже бан бахъараб мина бихьизе («Космос» тукада дандбитӏараб бакӏалда – авт.). Гьелдаса нахъе гьениб жаниб гӏумру гьабулеб буго дица. Хӏал алжаналъуб батаги гьесулги дир нухда ратарал баракатал гӏадамазулги.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.