1974 соналда ДГУялъул биологиялъул факультет лъугӏарав дун витӏулев вукӏана Советск (Шамил) районалъул Дагъбаш росдал микьгосонилаб школалъул директорлъун хӏалтӏизе. «Нух гуреб, ток гьечӏеб, доба кибалиго рикӏкӏад бугеб росулъе унаро», — ян тӏирун чӏана. Хадуб райОНОялъул заведующияс лъазабуна Ругъелда росдал школалъул завучлъун хӏалтӏизе ине кколин.
Къелеве витӏулев вугин бициндал, дирго росдал (Гьентӏа) гӏадамаз абуна къелесел ругин кутакалда лъикӏал, гьалбал хириял чагӏи. Гьениве витӏулев ватани, расги ургъичӏого сапар бухьейин абун.
Хулжазда жаниб гӏиялъажоялъул къулагӏиги лъун, дир эмен чоде вахана ва, мун нилъер гьалбазда вихьизавизе кколинги абун, ниж сапаралъ рахъана. Нахъисеб къоялъ эмен нухда регӏизе дун Ругъелда росу ахада букӏараб больницаялда аскӏове ана. Къан дир кверги бачун, «къапун чӏаян» къокъабго каламги гьабун, эмен ана. Сверулъа гьев тӏерхьиндал, дир бадиб магӏу хулана. Къваридаб кӏкӏал, гӏоралъ кьоги ун, гьечӏеб нух, басрияб школа, лъаларел гӏадамал…
Гьениса вуссунаго, гьоболасул лъималазе конфетал росизеян тукаде щварав дида тукенчи Гӏабдукаримил Мухӏамадица абуна: «Кьо гьечӏо, нух гьечӏо, почалъул чоца баччун гурони тукаде къайи щоларо. Гӏаракъиги, килькаялъул банкабиги, цӏамги, спичкабиги гуреб тукада щибго гьечӏо», — ян. Гьеб харбица кӏудияб ургъалилъеги ккезавуна. Амма гӏададисел ратана дир ургъалаби, гӏагарав чи гӏадин къабул гьавуна школалъул коллективалъ.
Битӏараб батана къелдерие гьентӏасез кьураб къиматги: къелесел ратана сабураб гӏамал-хасияталъул чагӏи. Гьенив дун хӏалтӏараб лъабабго соналда жаниб къелдерил кӏкӏалахъ ккечӏо цониги рагъ-кьал, хӏажат гьечӏеб дагӏба-рагӏи. Гьелъул гӏаксалда, бертин-туязда, рохалилал данделъабазда, байрамазда букӏунаан лъугӏиго гьечӏеб сухӏмат, кечӏ-бакъан, махсара-хочӏ.
Бицинин Ругъелда росдал жамагӏаталъул букӏараб цо берцинаб гӏадаталъул хӏакъалъулъги. Хасалоде бакъвараб гьанал ва хӏунтӏелазул нахърател гьабизелъун гӏи-боцӏи хъвехъулеб хаслихълъиялъул моцӏазул сардал росдал агьлуялъ тӏоритӏулаан унго-унгоял байрамал гӏадин. Росулъ хӏайванал хъвехъулаан ирга гьабун. Хъураб хӏайваналъул лъабил бутӏа цӏетӏеги ккезабулаан. Маркӏачӏуда хъвехъари гьабурасул бакӏалде бакӏарулаан жамагӏат. Хважаинас гьенире ахӏулаан зурмихъабигун къолохъаби, кочӏохъаби ва махсарачагӏи. Кваналеб гьан, гьекъолеб чӏагӏа, ахӏулел кучӏдул, тӏоритӏулел батӏи-батӏиял хӏаял, рогьинегӏан сухӏматалъулаб пуй-кьаби, хӏатӏал сваказегӏан кьурдулел гӏадамал. Гьеб тадбир букӏана модаялда ва тӏобитӏулаан тӏубараб моцӏалъ, ай хъвехъари лъугӏизегӏан.
Цоги мисал. Гьоболлъухъ дун гӏемерисеб мехалда кколаан Сомоде. Гьенир рукӏана нижер тӏохол гьобол Гӏумар ва гьесул вас Израгӏил, гьединго, диргун цӏакъ данде кколев вукӏарав, школалъул библиотекаялда хӏалтӏулев Набигула. Гьев вукӏана унтарав чи. Гьесда лъалаан жив, рикӏкӏун кьурал къоял тӏагӏун, къадаралде щолев вукӏин, амма дида хӏал лъазе течӏого, ракӏгъеялъе мандолинаялда бакънал рачунаан.
Къелдерица гьалбадерие гьабулеб хӏурмат-хъатиралъул бицунаго, бегьуларо Сомодаса дир гьобол Кӏодохӏмад ракӏалде щвезавичӏого. Лъадиги хун, лъабго гьитӏинаб лъимерги хьихьун вугев чи вукӏана гьев. Гьединаб захӏмалъиялда вугониги, гьалбадерил мурад тӏубазе ва гьезие хъулухъ гьабизе гьесде вахарав чиго ватиларин пикруги гьабулаан дица. «Гӏодоркъоязда мун Ругъелда чӏоге, нижехъе вачӏа», — ян лъазабуна гьес. Кидаго разияб гьумер, рукъалъул къварилъиялъул хӏал лъазе течӏого, цебе лъолеб тӏагӏам, велъун гурони гьабулареб калам, тӏадчӏараб адаб-хӏурмат… Камилаб гӏамалхасияталъул инсан вукӏана мунагьал чурад.
Цоги мисал. Хъапустӏан бичизе Сомоде вачӏана дир инсул вац Хӏусен. Гьесие кумекалъе дунги ана гьениве. Къаси ниж гьоболлъухъ Израгӏилихъ рещтӏун рукӏана. Гьентӏаса гьоболасул ракӏгъезабизеян, зурма-къалиги босун, маркӏачӏул гӏужалда Сомоде рачӏана Ругъелдаса зурмихъан Гъазимухӏамадил Мухӏамадги къолохъан Гӏумарил Мухӏамадил Хӏажиги. Пуна-кьабуна, кьурдана, кечӏ ахӏана, тӏубараб сухӏмат, ай ун го-унгояб ихтилат-кеп гьабуна нижее гьел хӏалчӏахъадаз.
Ругъелда росдал школалда дир букӏараб хӏалтӏи-хъулухъалъул бицинаро, амма школалда ккараб кӏиго кепаб лъугьа-бахъин ракӏалде щвезабичӏого гӏоларо. Дун гьенив хӏалтӏулеб кӏиабилеб соналъул декабрь моцӏ букӏанин ккола. Махӏачхъалаялда экзаменазда вукӏана тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Тӏайгибил Мухӏамад. Лъай-махщел камил гьабизе, директор Ахкубеков Мухӏамад кӏиго моцӏалъ пединституталде цӏализе унев вукӏана. Гьединлъидал дида тӏаде бегана школалъул тӏалабчилъи. Дие «къиматал тӏадкъаялги» кьун, директорас дихъе бегьана школалъул печать, хадуб, сейфги рагьун, жаниб бугеб спирталъул шишаги бихьизабун, абуна: «Вореха, дуца гьаниб спирт букӏин лъазе тоге, лъани, лъикӏаб бицун, квешаб бицун, гьал хӏалчӏахъадаз дуе хӏалхьи толаро», — ян. Директор ун нахъисеб къоялъго рачӏана «хӏалчӏахъадал», цин веццана, цинги какана дун, чара щиб, кьуна спирталъул шиша. Щаяли лъаларо, тӏадвуссун хадуб Ахкубековас спирталъул цӏар бахъичӏо.
Цоги лъугьа-бахъин. Школалда букӏинчӏо телефоналъул бухьен. Хӏебдаса ахӏулеб бугилан, векеризе кколаан рикӏкӏада бугеб почалде. Гьеб чӏалгӏарав дица почалъул начальник Мутӏалимида гьарана школалда телефон лъезе кумек гьабеян. Кӏиго сагӏаталдасан школалда телефоналъул зваргъи бахъана. Кӏудияб бахӏарчилъи гьабурав чи гӏадин, телефон лъун бажариялдаса чӏухӏун вукӏана дунги. Амма директорасе къабуллъичӏо школалде телефон бачун бати. Къварилъунги лъугьун, гьес абуна: «Цӏакъ къваригӏел гьечӏеб хӏалтӏи гьабун буго дуца. Регӏараб-регӏичӏеб заман цӏехечӏого, Хӏебде ахӏула, ккарабги ккечӏебги хӏалтӏи малъула, дудаго бихьила школалъул хӏалтӏуе телефоналъул букӏунеб квалквал», — ан. Квалквал букӏарабищали лъаларо, амма учительзабазе гьелъул саламатаб квегӏенлъи ккана.
Цо нухалъ Къелеве унаго ккараб хӏикматаб хвасарлъиялъул хӏакъалъулъги бицина. ОНОялъул данделъабаздеги ун тӏад вуссунаго Ругъелдеги киданиги унароан дун, гӏагараб росулъе щун гурони. Доб нухалъ Хӏебде данделъиялдеги дун ана Гьентӏа росдал школалъул учительзабигун цадахъ. Гьениса лъугӏидал, учительзабазул харжалъул гӏарацги сумкаялъуб сокӏкӏун, дица нигат гьабуна къелдерил кьотӏасан Ругъелде тӏад вуссине. Кватӏун гурони щвечӏо Лъаратӏе унеб машина, дунял рукӏкӏине байбихьулеб заманалда щвана кьодухъе. Январь моцӏ, цӏороца тӏасан бацараб гӏор, гӏорда тӏасан цӏараб бица таб маххул кварида далараб цӏулал ящикалда рекӏун ани гурони, цебехун гьечӏеб нух. Киданиги гьединаб ящикалда рекӏарав чи вукӏинчӏо дун. «Я Хизри, я Илясанги» ахӏун, диего яхӏ-махӏги кьун, вахана ящикалъуве. Дир хӏалалъ гӏодобе цӏазабураб ящик, гӏор бакьулъе щвезегӏан, гъираялда цебехун ана. Гьелдаса хадуб эхедерай букӏана ва ящик кутакалда хьвагӏезе лъугьана. Маххул кварида квер базеян лъугьарав дихъа гӏурулъе бортун унеб букӏараб гӏарцул цӏураб сумка кквезе щвеялъул жакъаги гӏажаиблъи гьабула дица. Сумка бортун букӏарабани, гьелда хадув дунгоги гӏурулъе кӏанцӏизе кколаан. Сумкаги хӏатӏазда гьоркьоб лъун, дица хӏалбихьана ящик цебехун бачине, билълъинчӏо. Ящикалда букӏинчӏо гьеб цебехун цӏаялъе чара гьечӏого къваригӏунеб квар. Гьабизе жо тӏагӏарав дица, вахъунги чӏун, квераз ккуна маххул квар ва эхедераялда ящик цебехун дургъана. Жакъа гьаниб хъвараб гурони, дица лъиданиги бицунги букӏинчӏо гьеб ахӏвал-хӏалалдаса дунго хвасарлъиялъул хӏакъалъулъ.
Къелесел руго ихтилат-кеп бокьулеб, сухӏмат-кечӏ хирияб, квана-гьекъезе лъалеб, дагӏба-рагӏи рихараб халкъ. Гьединлъидал гьезул бертин-туйги кидаго сверулаан унго-унгояб байрамалде. Гьезул кьурдаби руго гьидерил гӏадал, амма гьезулъ буго цо батӏияб берцинлъи, дангъва ва хаслъи. Гьединаб дангъваялда ва жигаралда кьурдулеб халкъ магӏарулазул батиларо. Гьебни щиб гурин, къелдерил бертабалъ чара гьечӏого букӏунаан, кибго гьечӏеб, рагӏичӏеб, сапа абулеб гӏолохъабазул спорталъулгун кьурдул къец. Жакъаги гьелъухъ урхъун, гӏащикълъун рукӏуна къелесел. Гьелда бихьизабураб чӏаголъиялде балагьун, жамагӏаталъ къимат кьолаан гӏолилазул яхӏалъе ва къохӏехьеялъе. Пайда щиб, бертабалъ гьекъолеб жо букӏунеб бугилан багьанаги батун, рухӏанияз къелдерил жамагӏат гьеб рохалилаб тадбиралдаса махӏрум гьабун буго. Тарихалде ана Дагъистаналда цӏар рагӏараб, хӏатта Россиялъул ва къватӏисел пачалихъазул халкъал хӏайран гьарураб къелдерил бертадул кьурдаби. Дица гьеб кӏудияб гъалатӏлъун рикӏкӏуна ва тӏадеги абила: къелдерил бертадул камилаб тадбир цӏи гьабизе кколин.
Къелдерица дие лъабго соналъ чед кьуна, гьениб камиллъана учителасул махщел, цониги чияс тохаб рагӏи абичӏо. Кигӏан къваридаб букӏаниги, берцин бихьула дида гьайбатаб хасияталъул, сабураб гӏамалалъул, лъикӏлъиялъе гурони рагӏи бицунареб, къварилъи ккарасухъе рахӏмуялъул квер бегьизе хӏадурал, ккараб къо борхулел чагӏазул къелдерил кӏкӏал.
Гьал ракӏалдещвеязул анищаз цӏидасан вачана дун Къелеве. Пикрабалъ ва хьулазулъ дандчӏвана гьудул-гьалмагъзабигун, гьалбалгун ва цере рукӏарал ишцоялгун. Гьезул «щвабищ, гьобол» абун кьолеб саламалъулъ буго лъикӏлъигӏаданлъи, бачунеб кверазулъ буго хинлъи, балагьарал беразулъ – хӏеренлъи ва адаб. Гъира буго дир иргадал нужер щивасда къвал базе, нужергун махсара-хочӏалъул накъиталда вукӏине. Нужеца дие кьураб тӏагӏамалъухъ, гьабураб хӏурматалъухъ, къваригӏараб къоялъ кумекалъе бегьараб квералъухъ киназего кӏудияб баркала. Гьебго лъикӏлъиялда ва гӏаданлъигӏадатлъиялда даималъго таги къелдерил агьлу.
Нури НУРИЕВ