Цӏа боркьараб рагъул заманалда Дагъистаналъул халкъалъ раччизе ккана чачанал гочинариялъул захӏмалъи. Рагъде бихьиналги ун, рукъалъулги колхозазулги хӏалтӏи, свак кӏочон, макьу тун, гьабуна руччабаз. Гьезде тӏаде ккана чачанал гочинарун хадуб гьезул гъоркь хутӏараб магӏишат рукӏалиде бачиналъул хӏалтӏиги. Жиндир мунагьал чураяй Цӏиликьа Нажмудинова Марзиятица хвалда цересел моцӏаз гьадин бицунаан:
«Дун гьаюна 1921 соналда, дир гӏумруялъул буго 96 сон. Нижеда бихьана ракъи, вабаалъул унти, рагъ, бихьинал рагъде ритӏун, рагъда чӏварал васазул, росабазул, вацазул, росуцоязул рухӏел. Рагъул заманалда рукъалъулги колхозалъулги захӏматал хӏалтӏаби гьаризе ккана. Рогьалил хъахӏлъи баралдаса рукӏкӏинегӏан свак, кӏвахӏ тун колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи гьабизе кколаан. Ихдалил къояз рекьана колхозалъул хурзал, риидал гьел чӏарана, рухъана, хасалихъе лъилъана, гулал къана, гӏарал гьаруна, лал тӏамуна, гьеб рехун, бацӏцӏун, къачӏан, бугӏаролъ складазде щвезабуна. Ихдал картошка бекьун, риидал бухъун, хасалихъе бахъун, донгахъе бана. Ниж хьвадана пачалихъалъул нухал гьаризе: Мелъелтӏаса Цӏиликье гурелги, Хӏарире, Кастӏанире, Кьохъе. Бакъукьги цӏадукьги хӏалтӏун, къаси регана бусен-къай гьечӏел нохъазул чӏарбида ва къватӏир.
Ниж ритӏана Октябрьский ва Дзержинский абулел, гӏатӏиракьалда ругел, каналал рахъизе. Гьенир кӏкӏарадаца цӏцӏуна, бакъул унтуца унтана. Гьел рагъул соназда щибаб лъагӏалида жаниб ичӏго-анцӏго «чӏегӏераб» кагъат бачӏунаан почтальонас росулъе, гӏолохъаби рагъда чӏванин, тӏагӏанин абун. 1941-1945-абилел соназда магӏу бадиса бакъварал къоялго рукӏинчӏо. Магӏарда хер бециги, гӏи-боцӏул хӏалтӏиги руччабазде ва росулъ хутӏарал херал бихьиназдегун гӏисинал лъималазде кколаан.
1944 соналъул 23 февралалда чачанал гочинаруна Казахстаналде ва Гъиргъизиялде. Хадусел къоязда Гумбет районалъул росабалъ лъазабуна, чачанал гочун, гъоркь хутӏараб гьезул колхозазулги, жалго бетӏергьанаб букӏарабги гӏи-боцӏиги бугила къватӏахъ ва гӏалахазда хутӏун, хасалил квачги бугила, гьеб бакӏаризе рахъине кколин нужин абун. Рагъде бихьинал ун, гьадинги чи дагьлъараб росулъа рокъов цо чи гурони гьечӏел рокъор тана, кӏиголъабгоял ругезул цо-цо чи къватӏире рахъана чачаназул Ножаюрт районалде.
Квачарал хасалил къоязда «Буцрахъ» къварилъухъан рачана Гъагъалъ росулъе. Гьезул колхозалъул кансиларалда сордоги базабуна, гьоболасул бакӏалде инегицин риччачӏого. Хадусеб къоялъул радалиса рахъун, «Ракьул гохӏ» абулеб щобдасан ана Ножаюрт районалъул Беной росулъе. Беноялда сордоги базабун, рачана Гелани росулъе. Радал Гелани росулъ данде ракӏарана Дагъистаналъул районазул росабалъа гьенире ритӏун рачӏарал. Солдатаз сверунги ккун, рохьахъ ругел хъачагъаздаса цӏунун рукӏана чачаназул росаби. Гьитӏинаб машинаялда рекӏун гьениве вачӏана Дагъистаналъул партиялъул обкомалъул бетӏер Гӏабдурахӏман Даниялов. Кинабго гьенибе бачӏараб халкъ бакӏарана Гелани росдал рагӏалда бугеб кӏудияб байданлъиялде.
Гьеб майданалде ракӏараразда Гӏабдурахӏман Данияловас абуна: «Чачан-ингушазул республикаялъул халкъ Сталиница гочинабуна, хӏукуматалде дандечӏей гьабун ва рохьахъ рахчун, хъачагълъи гьабун цогидал росабазул ва колхозазул гӏи-боцӏуе зарал гьабун течӏого. Гьел гочинарун, къватӏахъ, рохьахъ бихха-хочун хутӏараб колхозалъул ва жидерго букӏараб магӏишат данде бакӏаризе нилъеда тӏадкъан буго Сталиница. Дагьал къояздасан цогидал магӏарулазул росабалъа гӏадамалги гочун рачӏине руго гьазул росабалъе. Гьал февраль-март моцӏазул къоязда нужеца чачанал гочинарун арал росабазул гӏи-боцӏи гьазул колхозазул фермабазде бакӏаризе ккола. Гӏачи речӏчӏизе, гьезие рагӏи-хералъе, вехьлъи гьабизе кумекги гьабизе ккола. Чӏороголъун хутӏарал чачаназул росабалъ рукъзабахъ рега-рахъинги гьабе нужеца. Цо моцӏ гӏечӏеб заманалда гьанире гочун рачӏине руго гьазул росабазул магӏишат тӏаде босизе Дагъистаналъул росабалъа чагӏиги. Гьел рачӏинегӏан нужеца гьал росабазул магӏишаталъул тӏалабги гьабизе ккола», — ян.
Цӏиликь ва Сивухъ росабалъа рачӏарал нижеда тӏадкъана Гелани росдал гӏи-боцӏи ва магӏишат бакӏариялъул иш. Солдатаз абулеб букӏана рохьахъ цӏодорго рукӏаян, гьенир хъачагъал ругин абун. Букӏаниги, рохьахъги мугӏруздаги кибего биххараб боцӏиги гӏиги бакӏарана фермабазде. Колхозалъул фермабазде аскӏобе баччана рагӏихерги. Заманалъе дояркаби, гӏухьби тун, гӏуцӏана колхоз. Лъикӏал фермабиги ратана Гелани росдал. Росулъги щивасул рокъоб щибго жо цадахъ инчӏого бугоан, бусен-къайи, цӏоросаролъил чӏепал, багӏаргьоло, пер, картошка, ханжу, цӏам.
Гелани магӏишат данде гьабун хадур ниж ритӏана Зандакъара, Датах, Беной, Гендерген, Чечилюз росабалъеги. Гелани гӏадаб гӏуцӏа-къай гьел росабалъ хутӏун батичӏо. Хъачагъаз талавурчилъи гьабун бугоан гьениб. Тӏадехун рехсарал чачаназул росабазул гӏи-боцӏи бакӏариялъе кумекги, рукъзабазе ва квен-тӏехалъе санагӏалъиги нижее ккелароан, Гумбет районалъул Сивухъ росдал гӏезегӏанго цӏаракиял, чачанал гьениса гочинарилалдего гьел росабалъе гочун, гъоркь ратичӏелани. Гумбет районалъул Сивухъ росулъа гьенире гочун чӏарал чагӏаз хинал рукъзалги кьуна нижее регизе, хинаб квенги кьуна щибаб ригьалда. Гьел росабазул фермаби ва цогидаб магӏишат нижеца данде бакӏаризегӏан, Сивухъ росдал цере гьенире гочарал чагӏаз кумек гьабуна кинабго гӏуцӏизе.
Ножаюрт районалъул гӏи-боцӏи, магӏишат данде бакӏарун лъугӏун хадуб ниж ургъана хадубккун щибдай нижеца гьабилаян. Гӏ. Данияловас Гелани майданалда гьабураб данделъиялда бицун букӏана, гьал росабазул гӏадлу лъугьиндал гьабизе бегьулеб жо: «Рагъде гӏолохъаби ун, нужерго магӏарухъ ругел росабалъ хӏалтӏул къуватги цӏакъ дагьлъун буго. Магӏарухъа Чачаналде гочине бокьичӏел магӏарул росабазул, гьанже гьанир ругел нуж, нужерго росабалъе тӏад руссинеги бегьила. Гьанир чӏезе бокьарал чагӏи ратани, гьанирго чӏезеги ихтияр буго», — абун. Цӏиликь росулъа гьанире рачӏун рукӏараз хӏукму гьабуна чачаназул росабалъ чӏечӏого рукӏине. Ниж тӏад руссана магӏарухъе. Сивухъ росулъа нижеда цадахъ гьенире ритӏун рукӏаразул гӏемерисел чӏана чачаназул росабалъго. Гьез абуна магӏарухъалдаса магӏишат гьабизе бигьаябги, гӏатӏилъиги бугеб ракь бихьулин чачаназул, гьаниб бакӏ-хӏал лъалел нижерго росдал гӏагарал гӏадамалги гъоркьгоги ругин, ниж гьанирго чӏелин абун. Цо чанго чи Сивухъ росулъа нижеда цадахъ магӏарухъе тӏадги вуссана. Тӏад руссун унез абулеб букӏана чияр, хӏалалаб гуреб ракьалда жал чӏеларин абун. Гумбет районалъул цогидал росабалъа цо-цо чагӏиги Чачаналъго чӏана.
1944 соналъул февраль моцӏалъул ахиралда Цӏиликь росулъе вачӏун вукӏана районалда хӏалтӏулев Лъаратӏа росулъа Гӏалиев Хӏажи (кӏаркьен ссурав Хӏажиян абулаан гьесда). Гьес цӏилкьадерида абулеб букӏана Ножаюрт районалъул цо росулъе гочине кколин. Цӏиликь росдал гӏадамаз районалъул нухмалъулезе инкар гьабуна гочине. Цӏилкьадерица гочине инкар гьабидал, Гӏалиев Хӏажи ана Сивухъ росулъе Чачаналде гочиналъул суалгун данделъи гьабизе. 1944 соналъул март моцӏалда Сивухъ росдал жамагӏаталъ хӏукму гьабуна Чачаналде гочине. Гьезул росу гочана Зандакъараялде ва Гендергеналде. Гьезда цадахъ гочана Цӏиликь росулъа гӏадамазулги цо чанго цӏараки. Сивухъ росулъ Чачаналде гочине инкар гьабун гъоркь хутӏана 16 цӏараки. Дагьал сонал индал, Сивухъ хутӏараб 16 цӏаракиялда районалъул хӏакимзабаз лъазабуна, росу гочун иналдалъун Сивухъ росдал цӏар районалъ гьоркьоса бахъараб хӏукму гьабун бугин. Колода гӏадамал толареб законги бахъун бугин, нуж гочине кколин Цӏиликье, Мелъелтӏе, росдал советалги, школалги ругел росабалъеян абун. Сивухъ росдал гьенир хутӏун рукӏарал гочана цоял Чачаналде, цогидал батӏи-батӏиял росабалъе.
Рохьахъ чӏарал хъачагъазги толел рукӏинчӏо талавурчилъи гьабун. Чачаназул росабалъе ун, гьезул колхозал цӏигьарун гӏуцӏана нижеца. Гьединал захӏмалъаби раччана 1941-1945 рагъул соназда. Рагъда гьечӏониги, тылалда ругел росабазеги цӏакъ захӏмат букӏана доб заманалда. Хъутабазде нус-нус километралъ лъелго ун, ах, хур, рецаби гьаруна. Ихдал магӏарухъеги, хасалихъ хъутабаздеги, цӏадукьги, гӏазукьги гочинабуна колхозалъул гӏи. Хвелал гӏемер ккана, квачалъул унтиги ккана дол соназда. Бихьараб гӏакъубаялъул бицун бахъинаро. Гьанже бугеб гӏелалъе гӏатӏилъи гьабулаго, гӏемераб къварилъи, захӏмалъи бихьана нижеда».
Сулайман МУХӏАМАДНУРОВ, Гумбет район, Цӏиликь росу
Чачанал тгочинари-дагъистаниязе зарал