ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов гӏахьаллъана Северияб Кавказалда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ гьал къоязда Грозный шагьаралда тӏобитӏараб кӏудияб данделъиялда.

Гьедин хъвалеб буго республикаялъул бетӏерасул официалияб сайталда.

Хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ РФялъул Советалъул секретарь Николай Патрушевасул нухмалъиялда гъоркь араб гьеб данделъиялда рукӏана Оборонаялъул, Сахлъи цӏуниялъул министерствабазул, МВДялъул, МЧСалъул, Генералияб прокуратураялъул, регионазул ва жеги анцӏ-анцӏ батӏиял идарабазул нухмалъулел.

Гьез гьоркьор лъурал суалал рукӏана динияб экстремизмалда, терроризмалда, гьабсагӏаталда Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб операциялда хурхарал.

Бицен гьабуна нагагьлъун бомбаби рехун яги радиациялъул зарал цӏикӏкӏани, халкъ бахчизабизелъун хӏадурарал бакӏазулги.

СКФОялда бугеб гьединаб 2 400 бакӏалъул 36 процент хӏадур гьабун рагӏула гьабсагӏат гьединаб хӏажалъи ккани.