Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр ккола Гӏахьвахъ районалъул Цӏолода росулъа Сайгид Билалов. Щуабилеб марталда гьесги гьесул кӏиявго васасги хитӏаб гьабуна рехсараб шагьаралъул рагъулаб комиссариаталде.
«Украинаялда хасаб операция тӏобитӏулеб бугеб заманалда дун, Билалов Сайгид Лабазанович, ва дир васал – Билалов Евгений Сайгидович ва Билалов Шамил Сайгидович – хӏадур руго вацлъиялъулаб халкъалъул эркенлъиялъе гӏоло ДНРалъулги ЛНРалъулги ракьазда тӏобитӏулеб бугеб хасаб операциялда гӏахьаллъизе. Жакъа щун буго щивас, рагӏудалъун гуреб – чӏванкъотӏараб ишалдалъун – гражданияб ва патриотияб борч тӏубазе кколеб заман. Нилъер улка хӏажатаблъун ккана гӏурус халкъалъул геноцидги 2014 соналдаго неонацистаз Украинаялда бекьараб питнаги къотӏизабизе.
Дица ва дир васаз кӏудияб борчлъунги, къадрулъунги ва яхӏ-намус цӏунилъунги рикӏкӏуна ватӏаналъе хъулухъ гьаби.
1986-1988 соназда дица рагъулаб хъулухъ гьабуна рагъулабгун ралъдал флоталда. Дир кӏудияв вас Евгений Билаловас 2009-2010 соназда хъулухъ гьабуна десантниказул 247-абилеб полкалда, гьоркьохъев вас Шамил Сайгидовичас тӏубана 18 сон ва гьев ккола техникумалда цӏалулев вугев призывник. Жакъа ниж хӏадурал руго Россиялъулги халкъалъулги мурадал цӏуниялъе гӏоло аскариязул мухъилъ эхетизе ва гражданиябгун патриотияб борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазе. Нижеца рагӏи кьола тӏадкъарал рагъулал масъалаби ракӏбацӏцӏадго тӏуразе», — ян хъван буго Билаловазул хитӏабалда.
Информалатазул вакилзабазда гьадин бицана С. Билаловас: «Кӏиабилеб марталда дун тӏад вуссана отпускалдаса. Васазда дандбана гьеб суал ва хӏукму гьабуна. Дун вуго патриот, шагьаралъул бетӏер, дун вукӏине ккола тӏолалго шагьаралъулазе мисаллъун. Дир пикруялда рекъон, гьадинаб ахӏвал-хӏалалда гӏадамал къватӏире рахъине ккола, цогидаз рачӏаян ахӏизегӏан чӏечӏого, ай жидеего бокьун, зулму гьабичӏого ва сундуе гӏоло кинабго байбихьун бугебалиги бичӏчӏун. Дица хъулухъ гьабуна ВМФалда, кӏудияв вас вукӏана спецназалда, гьитӏинас бана 18 сон ва гьесиеги цӏакъ бокьун буго армиялде ине. Батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, рагъулаб хъулухъалдаса инкар гьаби хасиятаб гьечӏо нижер хъизамалъе. Дица гӏарза военкомасухъе кьуна ва жавабалъухъ балагьун руго», — ан.
Гьал къоязда С. Билаловас социалиял гьиназдасан бихьизабуна Алапаевскалъул военкоматалдаса 11 марталда бачӏараб жавабги. Рагъулав комиссар Руслан Петруковичас гъулбасараб жавабалда гьадин хъвалеб буго: «ДНРалъулги ЛНРалъулги ракьазда унеб бугеб хасаб операциялда гӏахьаллъизе ритӏеян абун, Алапаевск шагьаралъулги Свердловск областалъул Алапаевск районалъулги рагъулаб комиссариаталде дуца гьабураб хитӏабалъул хал гьабуна. Бичӏчӏула ва къимат гьабула гражданиябгун патриотияб борч тӏубазабизе нужер бугеб гъираялъул; ракӏчӏараб буго церелъурал масъалаби нужеца къадруялда ва ракӏбацӏцӏадго тӏуразаризе рукӏиналда.
Нагагьлъун хасаб операциялда гӏахьаллъизе гӏадамал ахӏеян абураб буюрухъ рагъулаб комиссариаталде бачӏани, духъеги дур васазухъеги баян битӏила», — ян.
Билаловас бичӏчӏизабулеб буго рихьдае гьабураб хитӏаб жиндир гуреблъи. «Дун гьитӏинго куцана ватӏан бокьизе, гьелде ккараб къо борхизе кколеблъи бессизабун буго нижер бидулъ. Жакъа, хасаб операция тӏобитӏиялда бан, Россиялде рещтӏараб балагьалде тӏаде чӏехьолеб буго информациялъулал «кьалул гумпарабиги». Гьелде данде къеркьезеги къуват гӏезе ккола нилъер», — ан хъвалеб буго Сайгидица.