Экономика цебетӏеялъул рахъалъ республикаялда гӏуцӏараб оперативияб штабалда кӏалъалаго, финансазул министр Юнус Сагӏадуевасда лъикӏаблъун бихьана пачалихъиял идарабазе бюджеталдасан биччараб гӏарац тӏаса къотӏизе.

Гьедин гьабуни, масала, Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министерствоялдаса нахъе инехъин буго 977 млн гъурущ, Спорталъул министерствоялдаса – 82 млн, МЧСалдаса – 50 млн, Культураялъул министерствоялдаса – 26 млн гъурущ.

Гьединго судалъул хӏукмаби тӏуразе бихьизабураб гӏарцудаса къотӏизехъин буго 280 млн гъурущ.

Сагӏадуевас гьединаб пикру загьир гьабунин рагӏидал, интернеталдасан хъвадарулел нилъер ракьцояз абулеб букӏана цоцазул хӏалтӏи такрар гьабулел министерствабазул хъулухъчагӏиги гӏезегӏан ругила, гьелги хӏалтӏудаса нахъе ритӏаниги бегьилин абун.