ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана старостабазул хӏакъалъулъ бахъараб республикаялъул законалъул проект («Об отдельных вопросах деятельности сельских старост в Республике Дагестан»).
Старостаясул хъулухъ Россиялъул цогидал регионазда билълъанхъизабулелдаса гӏезегӏан сонал ругониги, республикаялда гьелъул хӏакъалъулъ бицине байбихьана росабазул администрациял къаялда хурхун закон къабул гьабизе лъугьиндал. Администрациялги къан, территориалиял отделал гӏуцӏарал росабалъ власталдаги халкъалдаги гьоркьов тезе хасав чи хӏисабалда, староста тезе ккеялъул буго бицен.
Парламенталъул комитеталъул председатель Артур Исрапиловас нухда бачараб данделъиялда гӏахьаллъана гӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, журналисталги. Проекталда тӏасан жидерго пикраби загьир гьаруна тарихиял гӏелмабазул доктор Гӏабдулкъадир Гӏумаровас, гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас, юридикиял гӏелмабазул кандидат Шарапудин Рашидовас, ДГУялъул кафедраялъул доцент, юридикиял гӏелмабазул кандидат Заира Мусалаевалъ ва цогидаз.
Масала, гьениб аслияб бахӏс ккана Дагъистаналъул шартӏазда старостаясул хъулухъалда цӏар кинаб телеб абураб суалалда тӏасан. З. Ильясовас абуна федералияб законалъ рес кьун бугин гьеб хъулухъалда цӏар щибаб субъекталъ жидеего бокьухъе лъезе, гьединлъидал щибаб росулъ гӏадатлъун билълъухъе абизе бегьилин бегавул, юзбаши, къади, росдал гӏел ва гь. ц.
Рехсараб законалъул проекталда хъвавухъе, старостаясе кьезе буго хасаб удостоверение. Гьединго материалияб рахъалъ гьесие гьарулел цо-цо бигьалъаби рарал рукӏина бакӏалъул администрациялъ къабул гьабулеб уставалда.
Цебеккун абуни бицен букӏана староста чӏового хӏалтӏизавизе рагӏулин абун.
Старостаясул хъулухъалде кандидатура лъола пуланав чияс жинцаго, яги гьев вихьизавула муниципалияб гӏуцӏиялъ, ялъуни анцӏгоялдаса дагь гьечӏеб къадаралъул гӏадамаз.
Старостабилъун тезе бегьуларо пачалихъияб, гражданиябгун пачалихъияб, гьединго муниципалияб хъулухъазда ругел ва тамихӏалде цӏарал чагӏи.