Къватӏисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хӏасилалда дагьлъулеб буго нилъехъе бачӏунеб къайи. Гьединлъидал нилъерго гьа- ниб гьабун бажарулеб къайи хӏадуризе ургъулел руго цо-цо махщелчагӏи.
Гьеб мурадалъ батила, гьал къоязда республикаялъул хьитазул устарзабазул ассоциациялъул вакилзабигун дандчӏвана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Масала, тумазул устарзабаз гьарулел хьитал бищун церетӏурал италиялъулаздасаги къурал рукӏунаро.
Гьединго министрас устарза базда бицана, гьабсагӏаталда ул каялда лъугьараб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, гьезул проектазе гӏарац биччазе бугин промышленность цебетӏезабизелъун гӏуцӏараб фондалъ.