12 марталда абадияб рокъове ана хӏаракаталъул цӏураб ракӏалъул, гӏужилаб пикруялъул ва бергьараб пагьмуялъул инсан Гьонодаса Муртазагӏалил вас Каримуллагь-хӏажи. Магӏарулазда рагӏичӏев, лъаларев чи вукӏинчӏо гьев. Гӏемерал соназ Гъуниб районалъул имамлъунги хӏалтӏарав, тӏарикъаталъул устарзабазул, гӏалимзабазул, шайихзабазул, магӏарулазул тарих чӏаго гьабурал гӏадамазул гӏумрудул хӏакъалъулъ кӏвахӏ гьечӏого гӏемерал тӏахьал хъварав, бергьараб хӏаракаталъул инсан вукӏана Каримуллагь-хӏажи.

Каримуллагьил гӏага-божаразда зигараги балаго редакциялъ хӏукму гьабуна гьесул гӏумруялъул хӏакъалъулъ ракӏалдещвей кьезе. Гьеб кьезе мустахӏикъав инсанги вукӏана Каримуллагь-хӏажи. Гӏемерал соназ щулияб бухьен букӏана гьесул «Хӏакъикъат» газеталъулгун. Гӏемер хъвадарулаан гьев цогидал басмабаздеги.

Каримуллагь-хӏажи гьавуна 1937 соналда Гьонода росулъ. Бигьаяб букӏинчӏо лъимерлъи. Лъагӏел барав чи гьев вукӏаго, хвана эбел Шагьрузат. Гӏемер заман балелдего хвана эменги. Каримуллагьицаги гьесдаса ункъо соналъ кӏудияй яц Патӏиматицаги баччизе ккана бесдаллъиялъул кьогӏлъи. Бигьаяб букӏинчӏо балугълъиги. Амма гӏумруялда жиндирго бакӏ батизе кӏвана гьесда.

Захӏматалъул нух тӏаса бищана учительлъун хӏалтӏиялдаса. Хӏалтӏана Гьонода, Къорода росабазул школазда. 80-абилел соназда вукӏана районалъул «Цӏияб Канлъи» газеталъул редакторасул заместительлъун.

Дида лъалеб мехалда Каримуллагь-хӏажи ватана Гъуниб районалъул имамлъун. Гӏемерал соназ гьабуна гьес гьеб хӏалтӏи. Дун лъугьинаро районалъул имамлъун хӏалтӏулеб заманалда гьес гьабураб хӏалтӏулги, нахъа тараб нухлулги хӏакъалъулъ бицине. Гьелъие къимат кьела заманаялъ, гӏадамаз, гьесул хӏалтӏи бихьараз, лъалез ва гьелъул магӏна бичӏчӏулез.

Гьеб киналдаго гьоркьов газеталде хъвадарулев, исламалъул церехъабазул хӏакъалъулъ тӏахьал хъвалев, гьел печаталде рахъулев, кӏвахӏ гьечӏого хӏалтӏулев инсан вукӏана гьев.

1960-абилел соназ Каримуллагьхӏажи хӏалтӏана Гьонода росулъ мугӏалимлъун. Гьес дарс кьурал чагӏазул цояв ккола магӏарулазул машгьурав шагӏир, Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовги.

Росуцоязул цӏаралдасан жиндирго мугӏалимасул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес:

— Дагь-дагьккун унел руго дир мугӏалимзаби. Гьез цохӏо лъай гуребги, лъаялда цадахъ дир рекӏелъ лъуна гӏагараб ватӏаналде рокьиги, рахьдал мацӏалъул хинлъиги, куцана унго-унгояв магӏаруласул тӏабигӏатгӏамалги. Дие кидаго хириял рукӏана дирго мугӏалимзаби.

Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола Каримуллагь-хӏажицаги. Гьес кьуна дие гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул дарсал. Школалда гьес кьолаан музыкаялъул, суратал рахъиялъул дарсалги. Кутакалда берцинаб хатӏги букӏана гьесул. Дол соназда гьеб цӏакъ кӏвар бугеб жоги букӏана. Школалъул къадал газета биччалелъул, батӏи-батӏиял лозунгал, хитӏабал хъваялъул кинабго хӏалтӏи жиндаго тӏаде босун букӏана гьес.

Гьединго доб зманалда гӏемерал тӏоритӏулаан районалъул росабазда, школазда гьоркьор батӏи-батӏиял къецал. Гьениб Гьонода росдаца кӏиабилеб бакӏалдаса гъоркьехун тун батӏияб бакӏ кколароан. Щайин абуни, гьонодисел кидаго рукӏана ракӏ гӏатӏидал, аваданал, ихтилаткеп хириял чагӏи. Гьел къецазде чагӏи хӏадуриялда гьоркьобги кӏудияб бутӏа лъолаан Каримуллагьхӏажица. Дол соназда гьезул хъизамго букӏана гьединаб, творческияб рахъалъ цӏакъ цебетӏураб. Каримуллагьил хӏаракаталдалъун, жидерго хъизамалъул ансамбльги гӏуцӏун букӏана гьез. Дол соназда гьеб цебе бахъунаан республикаялъул батӏибатӏиял дандеруссиназда, бихьизабун букӏана телевизоралдасанги.

Каримуллагьицаги хъизан Хӏулайматицаги тарбия кьун гӏезаруна анкьго лъимер – щуго ясги кӏиго васги. Кӏудияв вас Мухӏамад хӏалтӏана улкаялъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул (ФСБ) хъулухъалда, гьабсагӏат мустахӏикъаб хӏалхьиялда вуго. Кӏиабилев вас Муртуз (Муртазагӏали) вуго – вутакалда кӏалъазе махщел бугев, бокьараб тадбиралъе цебехъанлъи гьабизе бажарулев, гӏолилазе насихӏат гьабизеги гьунар бугев инсан. Гьонодисезул бокьараб берталъе дун кканиги, гьенив тамадалъун ватула дида Муртуз, ва гьеб уна берцинго, аваданго. Дихъеги гӏемерав вачӏуна, кидаго щулияб бухьен букӏуна. Гьесулъ бессун буго инсул букӏараб тӏабигӏат.

Каримуллагь-хӏажица тӏубазабуна партиялъ тӏадкъараб хъулухъги. Гьев вукӏана районалъул комсомолазул секретарь. Жакъа чиясде гӏайиб гьабизе бигьаго букӏуна, диналде данде чӏараб хӏалтӏи гьабунин гаргадулел камуларо. Амма кӏудияб улкаялъул сиясаталде данде рахъун, гьитӏинаб росулъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазул къуват гӏоларо. Каримуллагьица гьабуна гьеб хӏалтӏи, амма дида жакъа ракӏчӏун абизе кӏола гьесул рекӏелъ кидаго вукӏанин Аллагьин абун. Гьеб нилъеда бихьана 90-абилел соназда районалъул имамасул хъулухъ тӏубазе гьес байбихьарабго. Гъунисел диналъе дагьал кӏвахӏалал чагӏи рукӏана. Каримуллагьихъа бажарана районалъул гӏадамал цолъун, гъункун диналде, Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталде руссинаризе. Гьесул хӏаракаталдалъун Гъуниб бана мажгит, районалъул росабалъ лъималазда малъизе байбихьана Къуръан. Гъуниб районалъул бокьараб росулъ кинаб бугониги диналда хурхараб тадбир тӏобитӏулеб батани, гьенив кидаго Каримуллагь-хӏажи ватулаан тадбиралъе нухмалъи гьабулев, гӏолохъабазе насихӏат цӏалулев, гӏадамал сверухъ ракӏарулев. Гьединаб гьунар кьун букӏана гьесие Аллагьас. Каримуллагьица гьабураб хӏалтӏулги, нахъе тараб ирсалъулги гӏемераб жо абизе бегьула. Гьелъие мустахӏикъавги вукӏана гьев. Амма дие гьаб ракӏалдещвеялъул ахиралда абизе бокьун буго, Каримуллагь дир рекӏелъ хутӏанин абадияв мугӏалимлъун. Жакъа гьев ракьалдаса аниги, чан сон дица жеги дунялалда баниги, дие гьев хутӏизе вуго мугӏалимлъун. Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги.

Каримуллагь-хӏажи хванин рагӏидал, зигара бараб гьадинаб кагъат битӏун бачӏана редакциялде, чанго соналъ «Ас-салам» газеталда гьевгун цадахъ хӏалтӏарав Шамил Мухӏидиновасги:

— Дагъистаниязул, хасго магӏарулазул ракӏал пашман гьаруна, нилъедаса машгьурав журналист, хъвадарухъан, шагӏир ва насихӏатчи, Гьонодаса Каримуллагь-хӏажи ватӏалъиялъул хабаралъ.

Инна лиллагь ва инна илайгьи раджигӏуун, фа-л-хӏукму лиллагьил-гӏалиййи-л-кабир. Аллагьумма-гъфирлагьу, вархӏамгьу! Аллагьас битӏараб нухда тӏовитӏун ватаги!

Мунагьал чураяв Каримуллагь-хӏажи вукӏана гьунар бугев, исламияб иш цебе бачине къеркьолев чи гуревги, лъикӏав ИНСАН, иман щулияв муъминчи, адабалъе, инсанасе пайдаялъе вахъун чӏарав, божарав гьудул, ракӏ гӏатӏидав гьобол. Аллагьас мунагьалги чурун, Алжаналда, жинца жидер хӏакъалъулъ тӏахьал хъварал исламиял церехъабазда, вализабазда ва устарзабазда цадахъ вахъинавеги.

Дирго ва дирщиназул рахъалдасан гъваридаб пашманлъиялъул зигара балеб буго гьесул хъизан Хӏулайматида, вас Муртазагӏалида, яс Патӏиматида, тӏолалго гӏа-гаразда, божаразда, гьев лъалев вукӏаралщиназда, гьесул рикӏкӏен гӏемерал гьудулзабазда, гьалбадерида. Гьесул гӏакъилаб каламги, кепаб накъитги, нахъаса къотӏи гьечӏеб насихӏатги камун хутӏаразда.

Иншааллагь, гьес хъван нахъе тарал рикӏкӏен гӏемерал тӏахьаз, магӏна камилал макъалабаз, гьеб ками дагьаб бигьа гьабила. Нахъеги Аллагьасда гьарула, Каримуллагь-хӏажие лъикӏаб ахират ва нахъе хутӏаразе сабру!

Ашахан ЮСУПОВ