«Хӏакъикъат» газеталъул жакъасеб номералдаса байбихьун нижеца рагьулеб буго Имам Шамилие сайигъат гьабураб хасаб рубрика. Исана 225 сон тӏубала гьев гьавуралдаса. Гьелда бан, гьаб сон ахиралде щвезегӏан гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе руго республикаялда. Гьелъул хӏакъалъулъ бицине 17 марталда редакциялде рачӏун рукӏана имам Шамилил цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб Фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевги, Халкъияб Собраниялъул депутатал — Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовгун Султӏан Ибрагьимов.
Кӏудияв имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул аслияб тадбир тӏобитӏизе буго гьев гьавураб къоялъ, ай 26 июналда. Тӏобитӏизе буго кӏудияб конференция. Турциялдаса, Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса ва цогидалги пачалихъаздаса гӏемерал гьалбал рачӏине руго республикаялде. Гьединго ракӏалда буго имамасул юбилеялда хурхун батӏи-батӏиял спортивиял тадбирал тӏоритӏизеги.
— Ичӏго министрасда аскӏов гӏодовги чӏун, чанго сагӏаталъ дандги бан хӏадур гьабураб программа буго нижер гьеб, — ин бицана Гӏалиасхӏаб Хархачаевас. — Спорталъул министр Сажид Сажидовасухъе щведал, кинабго дандбан хадуб, жиндирго заместителалги ахӏун гьезда цебе чӏванкъотӏараб суал лъуна гьес гьаризе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ. Будун Будуновас абуна гӏолохъабазда гьоркьоб футболалъул рахъалъ лъикӏаб турнир тӏобитӏизе бугин абун. Гьединго республикаялъул Культураялъул, Туризмалъул ва Миллияб политикаялъулгун диналъул ишазул рахъалъ министерствабазги кӏудияб гӏахьаллъи гьабизе буго гьел тадбиразда.
Имамасе си щай?
Редакциялда букӏараб данделъиялда борхана имам Шамилие памятник лъеялъул суалги.
— 1997 соналда имамасе памятник лъезе бугин суал борхидал, гӏемерав чи дандечӏана, ахӏи-хӏур гьабуна. Гӏали-хӏажи Сагидовасул проекталда рекъон, Алма-Атаялда хӏадур гьабураб памятник букӏана къачӏан, цохӏо гьеб лъей гуреб жо букӏинчӏо. Амма диниял хӏаракатчагӏаз «бегьуларин, лъоларинги» абун, гӏемерав чиги дандечӏун лъечӏо Шамилие памятник.
Хушеталда, имам Шамилил цӏаралда паркги рагьизе, гьениб монументги эхетизе бокьун букӏана. Гьабугейилан абулеб гьечӏо, амма гьабизе биччалебги гьечӏо. Дунги бусурбанчи вуго, Къахӏиса Хӏасан устарасул (къ.с.) яцгӏал кколаан мунагьал чураяй дир кӏудияй эбел. Гьединлъидал чӏахӏиял чагӏазда, цӏаларал гӏадамазда тӏадги вахъун, гьезул адаб хвараб жо ккелин хӏинкъун, щибго абизе дидаги кӏолеб гьечӏо. Гьедин, нилъерго гӏайибаздаса хӏинкъун, гьез-доз «квалквал» гьабун хутӏун руго нилъ жакъаги Шамилие памятникги лъезе кӏоларого, — ян абуна Гӏалиасхӏаб Хархачаевас.
Сагӏудиязул Гӏарабиялда памятник лъезе бегьулеб, нилъер гьаниб лъезе щайин бегьуларебин абун кӏалъана бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаев.
— Гьале Мухӏамад Гӏумарович, (аскӏов гӏодов чӏун вукӏарав Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовасде кверги битӏун), Анкараялде ун доба рагьана гьасул хӏаракаталдалъун Шамилие памятник, — илан жаваб кьуна гьелъие Гӏ. Хархачаевас. — Щай бегьулареб, бегьула, амма бихьулищха, дандечӏарав чи камулев гьечӏо
— Гӏалиасхӏаб, Шамилил цӏаралда бугеб Фонд букӏин бичӏчӏун буго, амма цохӏо гьесул бицинчӏого, Гъазимухӏамадгун Хӏамзат имамзабазул тарихалда хурхун щиб хӏалтӏи гьабулеб нужеца?
— Цӏакъ битӏараб суал кьуна дуца. Гьал къоязда дихъе рачӏун руго Турциялдаса гьалбал. Тӏоцебесеб иргаялда, дица гьел рачана Гъазимухӏамад имам шагьидалъараб бакӏалде, гендерил къварилъухъ бугеб зияраталде ва кинабго гьесул хӏакъалъулъ нилъехъе щвараб баян бицана гьезие. Амма гьезда жидедагоги гӏемераб жо лъалеб батана гьесул хӏакъалъулъ ва гьелъги кутакалда ракӏ бохизабуна дир. Битӏараб буго, бицине ккола цогидал имамзабазулги. Цохӏо Шамилил бицун тезе гьечӏо нижецаги. Июналда тӏобитӏизе бугеб конференциялда бицине буго Гъазимухӏамадилги, Хӏамзатилги, наибзабазулги, гъазизабазулги, муридазабазулги хӏакъалъулъ. Гьел киналго рукӏинчӏелани, Шамилги вукӏинароан, гьеб бичӏчӏизе ккола нилъеда.
— Фондалъул цеве вукӏарав нухмалъулев Дибир Мухӏамадовасул цӏаралда Махӏачхъалаялда аллея рагьизе бугинги букӏана хабар.
— Букӏана. Нижеца гӏемер борхараб суал буго гьебги. Амма жеги рагӏалде бахъинчӏо. Гьединго нижее бокьун букӏана тахшагьаралъул, Ленинил Комсомолазул цӏаралда бугеб паркалъеги Шамилил цӏар кьезе. Р. Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъун вугеб мехалъ хьул букӏана нижер гьеб суал гӏумруялде бахъинабизе, гьесда кӏолаан гьеб тӏубазеги, щайин абуни гьев вукӏана Шамилил тарихги лъикӏго лъалев, гьесул къиматги гьабулев чи. Амма нилъер, магӏарулазул квеш ккараб жо буго гьадинаб. Мисалалъе, Гӏалиасхӏаб Хархачаев Шамилил фондалъул президент вугелъул, тӏоцебе дидаги хадуб цогидаздаги ккола гӏумруялъго гьесухъ букӏунин гьеб хъулухъ абун. Гьедин ккана Рамазанилги. Гьев думалъго республикаялъул бетӏерлъун вугеб гӏадаб пикру букӏана магӏарулазул. Гӏабдулатӏиповги ана, гьесде рукӏарал хьулалги тӏурачӏого хутӏана.
Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал…
— Юбилеялда хурхун гӏемераб хӏалтӏи гьабизе букӏин бихьулеб буго Фондалъ. Амма жидецаги кӏвараб кумек гьабилин абулев цониги депутат, хӏаким, министр кӏалъанищ духъе?
— Гьересийищ дуда бицинеб, битӏараб жавабищ кьелеб, — ин махсара гьабуна Гӏ. Хархачаевас. — Имам Шамилил фонд гӏуцӏарабго, микьго соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна мунагьал чураяв Дибир Мухӏамадовас. Гьев хваралдаса нахъе исана чан сон ун батаниги, гьел киналго соназ фондалъе бергьун кутакалда квербакъарав чи хӏакимзабазул цохӏо Сайгидпаша Гӏумаханов гурони ккечӏо. Фондалъе гӏарацги гьес кьола, хӏатта дунго рекӏине машинацин кьуна гьес дие. Амма дир бищун квешаб «унти» буго дун жеги гъурущ гьарун цониги чиясда аскӏове инчӏолъи. Гьале Мухӏамадида (Кӏудиямухӏамадов) лъала гьеб. Нилъер магӏарулал гьабулеб ишалъе кумек гьабуларел, пайда гьечӏел чагӏи рукӏинчӏо киданиги, гьанжеги гьечӏо. Гьале кватӏичӏого Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Мухӏамадовасулгунги букӏине буго дандчӏвай, гьесги кумек гьабизе рагӏи кьун буго. Гьединго ракӏалда буго, гӏагараб заманалда Халкъияб Собраниялда ругел нилъер киналго депутаталги ракӏарун, цадахъ гӏодорги чӏун гьабулебтолеб дандбазе, — янги бицана Хархачаевас.
Кино…
Редакциялда букӏараб данделъиялда гьединго борхана Турциялъул кинокомпаниялъ, Tekden Film абураб студиялда имам Шамилил хӏакъалъулъ бахъизехъин бугеб киноялъул суалги. 60 серия бугеб кӏудияб фильм хӏадур гьабизе ракӏалда бугин гьездаян хабар бачӏун букӏана чанго моцӏалъ цебе. Магӏарулазул шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаевги ахӏун рагӏулин гьез консультантлъунин букӏана гьебго баяналда абулеб. Имам Шамилил хӏакъалъулъ Хӏамзаевас хъварал тӏахьал лъикӏ къабул гьаруна магӏарулаз. Фильм бахъулел чагӏаз гӏакълучилъун гьев ахӏун ватиги гӏемерисезе цӏакъ рекӏее гӏун букӏана. Амма гӏемер кватӏичӏого Телеграм каналалда хабар бачӏун букӏана Хӏамзаевас инкар гьабун рагӏулин гьелдасаян абун.
— Имам Шамилил кино бахъизе тӏаде босараб киностудиялъул хважаин дида лъикӏго лъалев, кидаго диргун бухьен бугев чи вуго. Гьеб киностудиялдеги щвана дун. Дунялалда цоги гьадинаб бугодайин кколеб, цӏакъ бечедаб студия буго гьезул. Имам Шамилил кино бахъизе декорациялги хӏадурун руго гьез. Хӏатта гьанире, Дагъистаналде рачӏинчӏонигицин, тӏолабго кино бахъизе бажарулеб сурсат буго гьез чӏезабун. Хӏадурун буго Ахӏулгохӏалъул макетги. Дирго бералда бихьана гьеб кинабго. Кино бахъизе 20 миллион гьез, 20 миллион нилъеца кьезе къотӏи-къаялги гьарун рукӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ пресс-конференцияги кьуна нижеца Турциялда. Фильмалъул гӏакълучилъун Хӏамзаев вукӏине вугин бицун букӏана гьениб. Хадуб дихъеги щвана хабар гьес инкар гьабун рагӏулин консультантлъун вукӏинеян абун.
— Нилъецаги 20 миллион биччалеб батани гьеб кино бахъизе, кигӏанасеб къадар гьелъул хайирлъизе бугеб?
— Кинабго гӏарцул ва гьелъ кигӏан къадаралъ хайир кьезе бугебин абун хӏадур гьабураб смета буго гьезул (турказул). Дун божула гьелъ хайир кьезе букӏиналда, щайин абуни, цереккунги рахъарал «Эртугрул ва «Великолепный Век» гӏадал кинофильмал гӏадамаз кин къабул гьаруралали нилъеда бихьана. Мисалалъе, «Эртугрул» абураб киноялъ цебего нусго нухалъ бецӏана, бахъулеб мехалъ жиндаго тӏад хвезабураб гӏарац.
Имам Шамилил хӏакъалъулъ турказул кинокомпаниялъ фильм бахъизе байбихьизе буго исана апрелалда. Гьелгун цадахъ хӏалтӏизе инкар гьабунин абураб хабар уяб бугищ, батани гьелъие кинаб гӏилла букӏарабин абун цӏехезе, Мухӏамад Хӏамзаев гӏагараб заманалда редакциялде ахӏизе пикру ккана нижер.
Ашахан ЮСУПОВ