Магӏарухъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазе токги къанагӏат гьабуни, росаби чӏороголъиялда гӏажаиблъизего ккеларо. Хинлъиги, канлъиги, рекӏелгъейги, хӏалтӏиги – кинабго квараз бачун бачӏунеб «цӏатариялдасан» гьечӏищха.

Исана хасел Лъаратӏа районалъул жамагӏаталъе лъугьана хасго захӏматаблъун. Гӏицӏго райбольница хутӏун, кӏиго моцӏида жаниб щибаб къоялъ кӏи-кӏи сагӏаталъ свинабулеб букӏана тӏолабго районалда ток. Гьеб масъалаялъул бицун районалъул щибаб рокъоб, къватӏахъ, ашбазазда ва жамгӏиял гьиназда хӏалуцараб кӏалъа-басайги лъугӏичӏо тӏубараб кьиналъ.

Чанго моцӏалъ халат бахъараб ток къотӏизабиялъул суалгун районалъул нухмалъиялъухъе ине хӏукму ккана районалъул тӏасияб мухъалъул жамагӏаталъул.

«Щай щибаб сардилъ кӏиго сагӏаталъ ток свинабулеб? Щиб гьелъие гӏилла? Лъиде гьелъул жавабчилъи тӏаде кколеб ва кин гьеб иш роцӏинабун бажарулеб?» Гьал суалазе жаваб тӏалаб гьабуна Лъебел, Кьанал, Богьнода, Журмут мухъазул росабазул вакилзабаз районалъул хӏакимзабазухъа. Хӏакъикъаталдаги Лъаратӏа районалъул гьеб бутӏаялда токалъул мухъал руго цӏакъго басриял. Гьури-муч, гӏазу-цӏад хӏаллъараб мехалъ ток иналъул хӏужабиги гьенир гӏемер ккола.

Гьезул суалазе баян кьезелъун хасаб данделъи тӏобитӏана райадминистрациялда. Районалъул бетӏер Мухӏамад Гӏабдулаев, Лъаратӏа РЭСалъул нухмалъулев Къурбан Хӏайдаров, районалъул бетӏерасул заместитель Рамазан Гӏабдулхаликъов, росабазул бегавулзаби ва идарабазул церехъаби гӏахьаллъана гьенир.

Районалда токалъул мухъазул бугеб хӏалалъул бицана Къурбан Хӏайдаровас. Гьесул рагӏабазда рекъон, «Дагэнерго» компаниялъ Лъаратӏа ва Бежтӏа мухъалъе бихьиза- бураб хасаб къадар бугила токалъул хӏубазул, кваразул ва цоги материалалъул. Гьелда рекъон хӏалтӏи гьабулеб бугила Лъаратӏа РЭСалъул хӏалтӏухъабаз. Гӏарацги кьолеб гьечӏила жидехъе, гӏицӏго материал гурони. Гьес бицухъе, 2021 соналда Лъаратӏа районалъе бихьизабун букӏун буго кинабниги 450 токалъул хӏуби, 16 км токалъул квар, 3 цӏияб гьитӏинаб трансформатор ва гӏисибикъинал хӏажатал жал. Гьелда рекъон гьабун бугила хӏалтӏи ва районалда 34 трансформаторалда гьабунила техосмотр. Гьединго Къурбан Хӏайдаровасул пикруялда рекъон, Анцухъ бугеб 10000 Кв трансфор- маторалъ хӏехьезе кӏолеб гьечӏо ха- салил заманалъе хӏажатаб токалъул къуват.

— Токалъул хӏалтӏухъабазда цебеккунго лъазе кӏолеб гьечӏо, араб соналда дандеккун, кигӏан къадаралъ цӏикӏкӏун ток бухӏизе бугеб хасало районалъ. Гъоркьиса гӏолеб букӏана 10000 Кв. Исана 38 проценталъ цӏикӏкӏун буго бухӏулеб токалъул къадар. Гьединлъидал, бакӏ-бакӏазда кӏи-кӏи сагӏаталъ ток къай гурони тӏокӏаб батӏияб нух гьечӏо трансфор- матор бухӏичӏого цӏунизе. Гурони тӏолабго район хутӏизе буго хасало ток гьечӏого, — ян бичӏчӏизабуна бу- геб ахӏвал-хӏал Лъаратӏа РЭСалъул нухмалъулев Къурбан Хӏайдаровас. Районалъул бетӏерасул замести- тель Рамазан Гӏабдулхаликъовасул пикруялда рекъон, исана ток бухӏи цӏикӏкӏиналъе гӏилла бугила районалъул гӏадамаз токалъ рукъзал хинлъизарулеб система хӏалтӏизаби: — Чанго соналъ цебе, радал вахъиндал Лъаратӏа росулъ бихьулаан щибаб рукъалъул тӏалаялъуса бачӏунеб кӏкӏуйдул мухъ. Щибаб лъагӏалидасан гьел мухъал дагьлъулел руго. Исана цониги гьечӏо. Гьелдаса лъалеб буго щибаб рокъоб токалъ хинлъи кьолеб система хӏалтӏизабулеб букӏин. Гьелъ цӏцӏала гӏемераб ток ва гьелъул хӏасилалда цӏикӏкӏун бухӏулеб буго ток. Законалда рекъон, киналго тӏалабазда рекъон хӏалтӏизабулеб батани, гьеб гьукъизеги бегьуларо.

Районалъул бетӏер Мухӏамад Гӏабдулаевасул пикруялда рекъон, цебеккун гьеб масъала бихьизе ресги букӏинчӏо хасел бачӏинегӏан. Гьединлъидал жамагӏаталъ сабур гьабизе кколеб буго дунял хинлъизегӏан. Гьеб суалгун жал чанцӏулго щва- нин бицана гьес республикаялъул тӏадегӏанал идарабазде.

— Республикаялъул жавабиял идарабазулгун къотӏи гьабуна Лъаратӏа районалъул нухмалъиялъ трансформатор хисизе. Дагьалъ балагьун чӏечӏого рес гьечӏо дунял хинлъизегӏан. Гурони, хасало цӏорораб мехалъ гьеб хӏалтӏи гьабизе лъугьани, кӏиго анкьалъ ток гьечӏого хутӏизе буго район. Хӏукму гьабун буго гьеб хӏалтӏи апрелалъул байбихьуда гьабизе, — ян абуна Мухӏамад Гӏабдулаевас.

Расул АБАКАРОВ «Лъаратӏа» газеталъул редактор