15 марталда Шамил райадминистрациялъул залалда тӏобитӏана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас 80 сон тӏубаялъул юбилеялъул хӏурматалда гӏуцӏараб байрам. Юбилярасда баркиялъул рагӏаби абизе ирга щоларого рукӏана гӏадамал. Киназулго аслияб пикрулъун рикӏкӏине бегьула Гьандихъ росдал школалъул директор Мухӏамад Гъазалиевас абурал гьал рагӏаби: «Ибрагьимил аслияб хасият ккола гӏадамасухъ гӏенеккизе лъай, гьесул къваригӏел тӏубай, ритӏухълъи ва гӏаданлъи, иман буголъи. Кинаб къваригӏелалъ гьесухъе аниги, гьеб тӏубачӏого жеги цониги чи гьесухъа къватӏиве вачӏинчӏин абула. Гьесул буго лъикӏаб лъай ва камилаб махщел», — ан.
Хӏажиев Ибрагьим ккола Шамил районалъул машгьурал чагӏазул цебесеб кьерда вугев чи. Гьесул улбул Хӏажияв ва Кӏилъилай рукӏана гьидерицаго адаб-хӏурмат гьабулел, гӏамал-тӏабигӏат берцинал, хӏалалаб бетӏербахъиялда гӏумру тӏамурал чагӏи. Эмен Хӏажияв кколаан диналъе эркенлъи кьурал соназда Мачӏада росулъа тӏоцебе хӏеж борхарав чи. Гьезул хасият бессун буго Ибрагьимил чорхолъ. Гьесие хасиятаблъун ккола чи ватӏа гьавунгутӏи, сабурго бицунеб гӏакъилаб калам, лъикӏлъи гьабизе хӏадурго вукӏин, щивасул мурад тӏубазе бугеб нигат ва кьураб рагӏуе хилиплъунгутӏи.
1960 соналда Буйнакскиялъул педучилище лъугӏизабурав Ибрагьим тӏамуна гӏагараб росдал микьго сонил школалъул байбихьул классалъул учительлъун. 1967 соналда лъугӏизабуна ДГПИялъул филологияб факультет. Гьесул лъайги бажариги бихьун, тӏамуна гӏурус мацӏалъул учительлъун, хадув завучлъун.
Гьединго Хӏажиевасул чӏаголъиги, жавабчилъиги, гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунарги бихьун, 1968 соналда тӏамуна Мачӏада росдал школалъул директорлъун.
Школалъул тӏуцабго басрияб мина, классазе гӏоларел рукъзал, къанагӏат гурони дарсазда пайда босизе гьечӏел алатал, хасало классазда букӏунеб квач… «Хадубккун гьеб ахӏвал-хӏал хӏехьезе бегьуларо, гьаб заманалъул цӏияб школа базе ккола», — ян нигат гьабуна Хӏажиевас. Гӏолохъанав директорасухъа бажарана районалъул нухмалъулезулгун гӏаммаб мацӏ батун. Росдал жамагӏаталда ва школалъул коллективалда цебе лъуна суал: «Росулъ гьоркьохъеб школа рагьизе ккола ва, цадахъ лъугьун, нилъеца гьелъие минаги базе ккола», — ян. 1969-1970-абилел соназда басрияб школалъе капиталияб ремонт гьабизе биччараб гӏарацги хӏалтӏизабун, бана цӏияб школа. Гьеб кӏудияб ишалде бахъинабуна росдал жамагӏат ва школалъул коллектив, рухӏги хӏалги кьун, хӏалтӏана живго директорги.
Цӏияб школалда дагь-дагьккун гӏуцӏана материалиябгун техникияб база: гвангъараб классалъул 12 рукъ, цӏалул мастерскаял, хӏалбихьиялъул кӏиго ах ва бахча, спортивияб майдан, кӏитӏалаяб интернат, къватӏиса рачӏарал учительзабазе рукъзал, ракьулъ жаниб бараб тир, хӏухьлаца мина хинлъизабулеб котельная, лъел ва канализациялъул мухъал, цӏулал къайи гьабулеб ва ретӏел букъулеб мастерскаял, кабинеталъул къагӏидаялда цӏали гӏуцӏараб школа… Гьеб кинабго букӏана районалъего цӏияб жо, гьединлъидал гьеб бихьизе ва мисал босизе гьенире рачӏунаан районалъул школазул директорзаби. 2007 соналда школалъе щвараб Президентасул гранталъул гӏарцуца квербакъана хӏажатал техникиял алатаздалъун предметазул кабинетал хьезариялъе.
«Школалда хӏалтӏи гӏуцӏиялъе ва цебетӏеялъе аслияв чи ккола лъай-махщел камилав учитель ва гъункараб коллектив», — ан абула Ибрагьимица. Мачӏада росдал школалъул бергьенлъаби ккола Хӏажиевас гӏуцӏараб, куцараб ва нухмалъараб учительзабазул коллективалъул бахӏарчияб хӏалтӏул хӏасилал. Дол соназда районалда гӏицӏго гьезул школалда рагьун букӏана Хунзахъ автошколалъул филиал. Автокабинеталда цӏалдохъабазда малъулаан машина, ругьун гьарулаан автодромалда машина бачине, школа лъугӏун унезе аттестатазда цадахъ кьолаан водителасул удостоверение. 1989 соналда тӏоритӏарал социалистиял къецазул хӏасилазда СССРалъул росабазул гьоркьохъел школазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏ щвана Мачӏада росдал школалъе. 1997 соналдаса байбихьун ункъо соналъ тӏатӏалаго школалъе щвана «Лучшая школа РФ» абураб хӏурматияб цӏар, Хӏажиевасе — «Лъагӏалил директор» абураб цӏар.
1986 соналда республикаялъул школазда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда Мачӏада росдал школалъул производственнияб бригадаялъ босана тӏоцебесеб бакӏ. Гьеб бригадаялъул член Гӏачалова Патӏиматие кьуна СССРалъул ВДНХялде путевка, гьединго школалъе – ВДНХялъул диплом. Школалъул хӏалтӏуе къимат кьола предметиял олимпиадабазул хӏасилазухъ балагьун. Ахираб щуго соналда жаниб районалъул олимпиадабазда гьеб школалъул цӏалдохъабаз ккун буго 197 призалъулаб бакӏ, гьезда гьоркьоса 67 – тӏоцебесеб, республикаялъул олимпиадабазда – анкьго призалъулаб бакӏ.
Школалъул хӏалтӏулъ хасаб бакӏ ккола цӏалдохъаби-патриотал куцаялъул тадбираз. Гьеб мурадалда школалъул майданалда гӏезабун буго ракӏалдещвеялъул ах, гьениб щибаб гъотӏода бан буго цо пуланав рагъул гӏахьалчиясул цӏар тӏад хъвараб хъарщи. Парк бакьулъ буго чӏегӏераб мармаралъул памятник, гьелда цебе – даимаб цӏа. Памятникалда цере тӏоритӏула тарбия кьеялъул гӏемерисел тадбирал.
Мачӏада росдал школалъул туризмалъулгун гӏагараб ракь лъазабиялъул кружок рикӏкӏунаан районалдаго бищунго лъикӏаблъун, рагъулабгун спортивияб хӏай «Зарница» — республикаялдаго машгьураблъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула 2002 соналда Новороссийск шагьаралда тӏобитӏараб «Победа» абураб Тӏолгороссиялъул рагъулабгун спортивияб хӏаялда гьеб школалъул командаялъ тӏоцебесеб бакӏ босиялъ. Гьебго соналъул июль-август моцӏазда Санкт-Петербургалда тӏобитӏана Тӏолгороссиялъул «Равнение на Победу» абураб гӏолилалпатриотазул слет. Мачӏадисезул командаялъ гьел къецаздаги босана тӏоцебесеб бакӏ. Командаялъе щвана гӏемерал дипломал ва къиматал сайгъатал, гьеб бергьенлъиялъухъ республикаялъ школалъе кьуна «Газель» машина.
Хӏажиевас росдае гьарула гӏемерал пайдаял ишал, росуцоязе – бажарараб кумек. Гьелъги батила, 35 соналъ тӏатӏала гьев вищана росдал ва районалъул собраниязул депутатлъун, гьединго Дагъистаналъул учительзабазул съездазул делегатлъун. Гьев ккола «Гьидалъ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул председательлъунги.
Машгьурав хъвадарухъан Гӏарип Расуловасул «Золотые россыпи гор» абураб тӏехьалда хъван буго: «Ибрагьим Хӏажиев ккола унго-унгояв халкъияв педагог», — абун. Гьеб ккола халкъалъ Ибрагьимие кьолеб мустахӏикъаб къимат.
Районалъул лъай кьеялъул лъикӏав гӏуцӏарухъан хӏисабалда, 2009 соналда Ибрагьим тӏамуна районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальниклъун. Цоги жоялъул бицинаро, нуцӏбузда кверкъелал рукӏинчӏеб управлениялъул минаялда гьес гьабуна капиталияб ремонт, хисана басрияб къайи-къоно, методкабинетазда чӏезаруна компьютерал ва оргтехника.
Лъалаго цӏикӏкӏана школазул директорзабазул хӏалтӏул гӏадлу ва жавабчилъи. Цӏидасан байбихьана инспектораз школазул хал гьаби ва директорзабазул советалда гьелъул хӏасилал гьоркьор лъей. Гьелъ кьолел лъикӏал хӏасилазул цо мисал бачина: 2009-2010 цӏалул соназда районалъул цӏалдохъабаз республикаялъул олимиадабазда босана 16 бакӏ, 2019-2020 соназда абуни, 35-38 призалъулаб бакӏ.
Хӏалтӏуде Ибрагьимил бугеб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ бицуна гьесул кабинеталда столалда тӏад ругел гьал рагӏабазги: «Педагогическая мудрость в том и состоит, чтобы видеть своего питомца глазами свидетеля».
Директорас кӏудияб кӏвар кьолаан умумузул гӏадатазда рекъонкколеб рухӏияб тарбия лъималазе кьеялде, хасго исламияб рахъалде. Гьес тӏадаблъун гьабун букӏана цӏалдохъабазда иман-ислам малъи. Гьеб малъулаан классалъул сагӏтазда, факультативазда ва КТНДялъул дарсазда. Къватӏисеб улкаялъул мацӏ хӏисабалда, 2000-2010 соназда 5-11 классазул цӏалдохъабазда малъулаан гӏараб мацӏ. Гьединго рухӏияб тарбия кьеялъулъ кӏудияб бакӏ ккола гӏагараб росдал, районалъул ва Дагъистаналъул машгьурал гӏадамазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ лъималазда бициналъ. Гьеб мурадалда, Хӏажиевасул жигаралдалъун, 2013 соналда басмаялда бахъана «Шамил районалъул гьайбатал гӏадамазул хӏакъалъулъ» абураб тӏехь. Гьелдаса пайда босула районалъул школазул киналго коллективаз.
Пачалихъалъги мустахӏикъаб къимат кьуна Хӏажиевасул ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе. Ибрагьим ккола ДРялъул ва РФялъул мустахӏикъав учитель, Лъагӏалил директор, гьединго Россиялъул творческияб педагогикаялъул академиялъул академик, Халкъияв тарбиячи, мустахӏикъав тарбиячи. Амма гьесие бищунго къиматаблъун ккола гӏадамаз гьабулеб божилъи ва гьезул адаб.
Хӏажиевасул буго кӏудияб ва цоцалъ рекъараб хъизан. Хӏажиевасул чӏухӏилъун ва рохеллъун ккола лъималазул 12 лъимер. «Лъималазул лъималгун гьоркьоблъиялда вугеб, гьелгун хӏалеб, тира-сверулеб мехалда, дида кӏочона дунял, рекӏелъе рещтӏуна талихӏалъул асар, къокъго абуни, гьеб ккола унго-унгояб хӏалхьи-рахӏаталда дун вугеб заман», — ан бицуна Ибрагьимица.
Гьев вуго диналда тӏадчӏарав чи, щуго нухалда борхана хӏеж. Гьоркьохъеб черхалъул, тирияв, хӏалтӏи бокьулев, къварилъиялде ккарасе кумекалъе вахъине хӏадурав чигун дандчӏванщинахъе, дица пикру гьабула: «Гьале дов нилъер заманалъул бахӏарчи, А. П. Чеховас абухъе, черхги, рухӏги, пикрабиги гьайбатав инсан», — абун. Хӏакъикъаталдаги Ибрагьим вуго гӏажаибго ракӏ лъикӏав, гӏадлу-низам бугев бусурбанчи. «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабазги баркула Ибрагьим Хӏажиевасда 80 сон баялъул юбилей. Гьарула гьесие халатаб гӏумру ва щулияб сахлъи.
Нури НУРИЕВ