2022 сон Россиялда лъазабун буго «Лъай кьеялъул лъагӏеллъун». Гьелда бан улкаялдаго тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал. Гьелде тӏадеги, ахирал соназда пачалихъалъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялде, хасго патриотизм куцаялде. Гьебин абуни, лъималазулъ бессизабула аслияб къагӏидаялда хъизамалда ва лъай кьеялъул идараялда. Ватӏан бокьулев ва гьелъул тарихалдаса чӏухӏулев инсан куцан бажаруларо, гьесул рекӏелъги чорхолъги рахьдал мацӏалде рокьи бижизабичӏони. Щайгурелъул рахьдал мацӏалъул ресаздаса пайда босани, гӏемерго бигьалъула цереккун рехсарал масъалаби тӏуразаризе.

Гьеб кинабго хӏисабалдеги босун, дагьал церегӏан къоязда нижеца, ай газеталъул хӏалтӏухъабаз, сапар бухьун букӏана Ленинкенталъул №35 гимназиялде. Хас гьабун гьеб гимназия тӏаса бищиялъе цоги гӏилла букӏана гьениб рахьдал мацӏаздеги, тарихалдеги, адабиятгун маданияталдеги, гӏадат-гӏамалаздеги кьолеб кӏвар тӏадегӏанаб даражаялда букӏин. Гьеб киналъулго бетӏерлъуда, нухмалъуда йиго бажариги лъайги бугей, миллаталъухъги ватӏаналъухъги ракӏ унтарай Чакар Мажидова. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, нижеца хӏукму гьабуна тӏубараб гьаб газетаго №35 гимназиялъе, гьелъул коллективалъе ва цӏалдохъабазе сайгъат гьабизе. Гьениб гьабулеб хӏалтӏул киналго рахъазул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бициналъул мурадги буго магӏарул районазда ругел лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулездаги учительзабаздаги хӏалтӏи гӏуцӏиялъул мисал бихьизаби.

Гимназиялъул бечелъи

Гимназиялъул тӏоцебесеб тӏалаялда, жанире щварабго бер речӏчӏулеб бакӏалда рагьун буго бечедаб музей. Гьениб умумузул тӏагӏел-алаталъул камураб жо дида батичӏо. Цӏар-цӏарккун гьаниб рехселаро, бихьизе бокьарал чагӏи ине бегьула гимназиялде. Амма цохӏо музей гуро гьениб Чакар Мажидовнаялъул хӏаракаталдалъун рагьун бугеб. Ункъо-щугогӏаги буго гьениб гьеб — ТОКСалъул музей, Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса руссинчӏел бахӏарзазул хӏурматалда рагьараб, гьанжесел бахӏарзазул баянал данде ракӏарараб ва гь. ц. Бащдаб гимназияго музеялде сверизабун буго. Тӏоцеве гьениве щварав чи Москваялъул машгьураб Третьяковасул галереялде ялъуни Петербургалда бугеб Эрмитажалде щварав чи гӏадин вукӏинилан абуни, мекъи ккеларо. Франциялда бугин рагӏана «Лувр» абун дунялалдаго машгьураб музей. Германиялъул Дрезденалдаги рагӏула рикӏкӏен гӏемерал суратаз къалъизабураб музей. Музеял гӏемерал ратила дунялалда. Амма Ленинкенталда гӏадатияй магӏарулалъул, мугӏалималъул хӏаракаталъул цӏураб ракӏалъ гӏадатияб школалда гьабун бугеб музеялъ ниж битӏахъе асир гьаруна. Амма музей гуро гьеб гимназиялда аслияб жо — цоял цоялдаса цӏакъал классал, мугӏалимзаби, цӏалдохъаби. Гимназия гурин гьеб, цо хӏикматаб цӏалул къебелъи бугин ккола. Гьениб киса-кибго буго бечедаб тадбир, гӏадлу-низам.

Сваказегӏан музеяздаги тирун, гьениб бихьарабщиналъ берги биххизабун рукӏарал ниж, гьанже нилъ цӏалдохъабазухъе рилълъиниланги абун, цебе батараб цо нуцӏа рагьана директоралъ. Щиб дарс гьениб букӏарабали пикру гьабизецин регӏилалде, магӏал гӏадин эхетун чӏана цӏалдохъаби. Битӏана цо ясалде квер директоралъ, яхъана гьей тӏаде, байбихьана Фазу Гӏалиевалъул кечӏ рикӏкӏине. Рикӏкӏунеб букӏана шавкъалда, дунял-гӏаламго жиндихъ балагьун бугеб гӏадин. Дида ккана гьеб лахӏзаталъ ва нижгун цадахъ гимназиялда Фазу йикӏарайани, карандеги къан, гьей ясалъе гьелъ баркала кьелаанин. Фазуе хасиятаб къагӏидаялъ, гьелъ хӏеренго ясалда чанго рагӏи абилаанин. Амма халатккун заманалъ гьей ясалъухъ гӏенеккизе пикрабалъе ячӏарай Фазуги дунги течӏо Чакар Мажидовалъ. Бищун интересаб бакӏалде щведал, гьоркьой гьейги къотӏизаюн, цоги яс, вас рахъинаруна тӏаде. Гьезги рикӏкӏана кечӏ. Цояс Хӏамзатил Расулил, цогидас Гӏабасил Махӏамадил, лъабабилес Гӏадаллол. Ункъабилесухъги гӏенеккизе бокьун букӏана нижее. Амма течӏо… Къватӏире рачана, цогидаб классалде. Гьел ратана 11 классалъул цӏалдохъаби. Махӏачхъалаялъул тарих лъазабулеб буго гьез. Гӏемераб хӏалтӏи гьабун буго, гӏемерал цӏех-рехал гьарулел руго. Жидерго хӏаракатчилъиялъул бицана гьезул щивас. Амма гьаб нухалдаги тӏубан гьезухъ гӏенеккизе течӏо Чакар Мажидовалъ.

Цояб кабинеталъуса цогиялде рачун, цӏалдохъабазухъ гӏенеккун, гьез бицанщиналъ хӏайран гьаруна ниж. Анцӏго батӏиял цӏалдохъабазулгун лъай-хъвайги гьабуна.

Ленинкенталъул гимназиялъ чанги цӏиял гӏадамазул цӏарал рагьана гьеб къоялъ. Мисалалъе, лъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда разведчицалъун йикӏарай Разият Мухӏамадовалъул бахӏарчияб къисмат. Гьелъул хӏакъалъулъ тӏоцебе Ленинкенталъул гимназиялда хӏалтӏулеб ТОКСалъе бицун буго Кӏогьориса генерал-лейтенант Гӏумар Муртазагӏалиевас. Хадуб гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидаб баян бакӏарун буго гимназиялъул цӏалдохъабаз.

— Гьай ккола дир йикӏарай цӏалдохъан, Эльмира Сайпулаевна, — ян иргадулаб классалда жаний ятарай мугӏалималъулгун лъай-хъвай гьабуна нижергун Чакар Мажидовалъ. — Гьай йикӏана ТОКСалъул къокъаялъул тӏоцеесей хӏаракатчӏужу. Гьанже гьелъ гӏуцӏун буго жиндирго цӏалдохъабазул ТОКСалъул къокъа. Дагьаб цебегӏан гьелъ киналго, хӏатта депутаталгун хӏакимзабицин хӏикмалъизаруна «Разведчица Разият» абураб фильмги хӏадур гьабун. Разият ккола Хунзахъ районалдаса. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гьей бахӏарчияй ясалъ, жинцаго цохӏо, рельсазда тӏаса хъущтӏизабун, гъара гьабун буго фашистазул чанго поездалъе. Разиятил хӏакъалъулъ гӏемераб материал бакӏарана Элмира Сайпулаевналъул бетӏерлъиялда гъоркь. Фильмалъухъ балагьаразда магӏу кквезе кӏолеб букӏинчӏо. Гьедигӏанги асар гьабулеб кино букӏана гьеб, — ан бицана Чакар Мажидовнаялъ.

Вацал Хӏажиевазул тарихияб лъалкӏ ва къисматалъул нух

Лъабабилеб тӏалаялда буго Эльмира Сайпулаевнаялъ нухмалъи гьабулеб Булач Хӏажиевасул цӏаралда бугеб музей.

— Гьенире нилъ рахинаро, заман гӏеларо гьелъие жакъа. Музеялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицине дица рагӏи кьолеб буго гьелъие, — ян Эльмира йиччана кӏалъазе гимназиялъул нухмалъулелъ.

— Хӏакъикъаталдаги гьеб ккола Булач Хӏажиевасулги, гьесул вац, машгьурав ралъдахъан, Совет Союзалъул бахӏарчи Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб музей, — ин баян гьабуна Эльмираца. — Булач Хӏажиевасулги нижер гимназиялъулги гьудуллъи букӏана 23 соналъ. Хӏикматав инсан вукӏана гьев. Гӏемер щолаан ниж гьесухъе гьоболлъухъ. Кидаго нижее бицине гӏажаибал ракӏалдещвеялги ратулаан гьесул.

Киназдаго гуро лъалеб Булач Хӏажиев вацас (Мухӏамад Хӏажиевас) жиндаго цадахъ гамиде хӏалтӏизе вачун вукӏараблъи. Булач Хӏажиевас гьениб тӏубазабулеб букӏун буго юнгаясул хъулухъ. Ралъад рекӏунеб (морская болезнь) унти букӏун, вацас гӏемераб яхӏ бахъун буго Булачилъа гьеб гӏузру бачахъизе. Гьев къвакӏаравлъун, къо хӏехьолевлъун лъугьине тӏадчӏун гӏемерав хӏалтӏизе тӏамун вуго. Кофеялъул яги чаялъул стакан тӏад лъураб тепсиги кодоб ккун, къойида жаниб нусго нухалъниги гамида тӏад дове-гьаниве вилълъанхъизе тӏамулев вукӏун вуго Мухӏамадица гьитӏинав вац Булач.

— Дуца щай бицунареб Мухӏамад Хӏажиевасул хӏакъалъулъ кино бахъизе къасдгун нилъ гьесухъе щвараб мехалъ, гьев разилъуларого вукӏараб куц, — ин абун, гьейги гьоркьой къотӏизаюн, нахъеги рагӏи босана директоралъ.

— Нижерго мурад гьесие баян гьабидал, гьеб рекъон гьечӏинги абун, гӏодове къулун чӏана гьев. Гьеб мехалъ дица абуна, Булач Имамудинович, нижер цӏалдохъабазухъ гӏенеккизе бокьиларищ дуейин абун. Гьезги, иргадал цереги рахъун, бицине байбихьана Мухӏамад Хӏажиевасул бахӏарчилъиялъул, гьесул умумузул, живго Булачил хӏакъалъулъ.

Гьеб мехалъ: «Ияхӏ, ияхӏ, гьазда дидасаги лъикӏ лъалеб букӏун бугогури нижер хъизамалъул тарих», — илан рази-ракилъун вачӏана гьев. Амма бищунго цӏакъ гьесие асар гьабуна, Мухӏамад Хӏажиевасул цӏар кьураб, Мурманскиялда бугеб Гаджиево шагьаралдеги щун, гьелъул гӏадамаз, кӏудияв вацасул хӏакъалъулъ абурал рагӏаби дица цӏалидал.

Гаджиево шагьаралъул гӏадамазе кутакалда къиматаб буго Мухӏамад Хӏажиевасул цӏарги гьес нахъа тараб тарихги. Гьез дида абуна: «Меседил рагӏабаз бикӏун тана гьес жиндирго цӏарги бахӏарчилъиги нижер тарихалда», — ян абун. Чанго соналъ цебе, «Золотой Орел» рестораналда букӏараб данделъиялда дица гьел рагӏаби цӏалидал, Булач Имамудиновичасул беразда магӏу хулана. Гьединав хӏикматав, гӏажаибго гӏадамалги хирияв инсан вукӏана Булач. Гьев ккола республикаялда тӏоцебе Халкъияв Бахӏарчиясул цӏар кьурав чиги, — ян бицана Чакар Мажидовнаялъ.

Цохӏо гьаб макъалаялда жаниб бицун хӏебтӏулеб бечедаб биографиялъулги къисматалъулги инсан вукӏинчӏо хӏакъикъаталдаги Булач Хӏажиев. Тӏанчидеги балагьичӏого, тӏокӏкӏун тарихалъул хӏакъалъулъ бицунев гьесухъ паналъун хутӏулаан дун жеги 90-абилел соназдаго. Телевизоралдаса цеве вахъунев гӏемер вихьулаан. Бергьараб пагьмуялъул, роцӏараб пикруялъул чи вукӏанин абулаан гьесул хӏакъалъулъ гьев вихьарал, лъалел чагӏаз. Хӏакъикъаталдаги гьединал чагӏаз машгьур гьабуна нилъер республика. Гьеб цоги нухалъ тасдикъ гьабуна Ленинкенталъул гимназиялде гьабураб сапаралъги.

Ленинкенталъул гимназия ккола республикаялъул ТОКСалъул базовияб школалъун. Гьанисан байбихьула киналго ТОКСалъул церехъабазул хӏаракат. Гьаниб лъола гьезул хӏаракаталъе кьучӏ.

Гимназиялъул «президент»

ва гьесул гӏакълучагӏи

Гимназиялда буго ТОКСалъул оперативияб штаблъун рикӏкӏунеб 11 «б» класс. Гьелъул нухмалъулей ккола Алеся Мухӏамадрасуловна. Гьелъ нухмалъи гьабулеб 11 класс рикӏкӏуна гимназиялда бищунго цебетӏураблъун. Тӏаса рищараздасан данде гьарурал гӏадин, цоял цоялдаса бажари бугел цӏалдохъаби руго жакъа гьеб классалда. Классалъул цевехъан Гӏабдулхӏамидов Мурид вищун вуго гимназиялъул Президентлъун.

Гӏатӏидго гьеб киналъулго хӏакъалъулъ гьадин бицана Алеся Мухӏамадрасуловнаялъ:

— Щуабилеб классалдаго байбихьула гьез ТОКСалъул хӏаркатчилъиялде. 9-б классалда 35 чи вукӏана гьезул, гьанже 11 классалде 25 чи хутӏун вуго. Амма гьел киналго руго кутакалда жигарал, цӏакъ кӏвар бугел ва бичӏчӏи бугел гӏолилал. Гьез жаваб кьола цохӏо гимназиялда бугеб ТОКСалъул къокъаялъул гуребги, гьединго республикаялда бугеб ТОКСалъул хӏаракатчагӏазул щибаб данделъиялда киназулго рахъалдаса хӏисаб кьеялъул кӏалъай гьабизеги ккола гьез.

Цӏалулъги гьез бихьизабула бищунго лъикӏаб мисал. Классалдаса ункъо ясги цо васги унел руго меседил медалалде. Гьелда дир щаклъи гьечӏо щибниги. Жамгӏияб хӏаракатчилъиги цӏалиги дандеккунани, классалда цӏалул рахъалъ бищун церетӏураллъун руго ясал. Амма васалги гьездаса нахъе ккун чӏоларо. Дир класс социалиябгун гуманитарияб рахъалъ цебетӏураблъун буго. Гьаниб гӏатӏидго малъула тарих, обществознание ва гьединго кьола хас гьабун инсанасул ихтияразул хӏакъалъулъ дарсги. Амма классалда цониги гьечӏо тӏаса вищун данде гьавурав, гьел киналго дида цере ккаралдаса жалго жидедаго тӏадчӏун цӏалулел руго. Гьелъул хӏасилги жакъа киназдаго бихьулеб буго. Дун божула, кинаб ВУЗ гьез тӏаса бищаниги, гьел гьенире рорчӏизе рукӏиналда. Гьелъие гьезул гӏураб лъайги бажариги буго, тӏабигӏаталъ кьураб пагьмуги буго.

Цогояб пачалихъияб экзаменалде (ЕГЭ) хӏадурлъулеб дарсида ратана дида гьел гьеб къоялъги. Мугӏалималъухъа изнуги босун, гьезулгун гара-чӏвари гьабуна.

Тӏоцебе дица рагӏи кьуна гимназиялъул «президент» Гӏабдулхӏамидов Муридие.

— Президент хӏисабалда, сунде дуца бищунго цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб?

— Бищун цебе дица кӏвар кьола дирго кьерилазул пикру спорталде буссинабизе. Жакъа спорталде машгъуллъун вугони, цогидаб къваригӏел гьечӏеб жоялде вуссине заманцин букӏине гьечӏо. Гьединлъидал гьеб рахъалде цӏикӏкӏун кӏвар кьола. Ниж гӏахьаллъула республикаялда тӏоритӏулел батӏи-батиял спортивиял тадбиразда.

Амма гьелдаго цадахъ дица хал ккола гимназиялда къваригӏел гьечӏеб жо, рагъ-муч, дагӏба-рагӏи ккунгутӏиялда хадубги. Балугълъулеб гӏужалъ гьединал жал ккечӏого хутӏуларелъул, хасго шагьаралда, тӏадежоялъе гьадинаб кӏудияб гимназиялда гӏемер ккола гьединал ракӏбакъварал хӏужаби. Рачӏинаго гьел къинаризе хӏаракат бахъула дица.

— Кумекчагӏи щал ругел дур?

— Киналго классцоял, кьерилал — гьел киналго дир кумекчагӏи ккола. Гьале гьел дида аскӏор руго гӏодорчӏунилан, гьезде квер битӏана Муридица. Кумекчагӏи гьечӏого, узухъда, диеги бигьаго букӏинищха гьаб хъулухъ тӏубазе.

— Гьаз махсарадего жидедаго гьоркьоб Владимир Владимировичин абулищ дуда?

— Гьедин жеги абичӏоха.

— Мунги президентлъидал, улкаялъул политикаялда хадуб хал кколищ, пикру гьабулищ кколеб-толелъул?

— Гьабула, узухъда. Цогидазул гӏадин, дирги рахӏат хвезабун буго Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ. Рагъ лъиего бокьун гьечӏо. Киназего бокьун буго ракълилаб гӏумру. ИншаАллагь, лъугӏилеб батила кватӏичӏого гьеб.

Президентасул кумекчагӏазул цояв ккола Шамил районалъул Къелеса Гьитӏинов Сагӏид. Бацӏцӏадго магӏарул мацӏалъ кӏалъазе лъалеб бугоан гьесда. Жиндирго хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес:

— Тӏоцебесеб классалдаса нахъе гьаб гимназиялда цӏалана дун. Дагьав цевегӏан дун восана Махӏачхъалаялъул Чӏахӏиял классазул цӏалдохъабазул Советалде.

— Щиб хӏалтӏи гьабулеб нужер Советалъ?

— Ниж гӏахьаллъула шагьаралда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбиразда. Гьединго тӏоритӏула флешмобал, дандчӏвял. Мисалалъе, гъоркьисала, ДАССРалъ 100 сон тӏубаялде, этнофестиваль тӏобитӏана нижер Советалъ. Гьединго ниж щола рагъул ветераназухъе. Гьезие къваригӏараб-тараб цӏехола, щибаб байрам гьезда баркула, нижехъа бажарараб кумек гьабула гьезие.

Гьеб Советалде дун ккана дирго мугӏалимзабазул тӏалабалъ. Гьез диде кӏвар кьечӏебани, дун лъикӏго хӏадуричӏевани, гьениве восилароан. Дир гӏадан лъугьине квербакъараб бакӏ ккола гимназияги гьелъул мугӏалимзабиги. Дида гьеб кӏочон теларо, — ян абуна гӏолилас.

Гьединал хӏаракатал гӏолилал руго Ленинкенталъул гимназиялъул 11 «б» классалда.

Гимназиялда цебе буго байбихьул классазул школаги. Лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ гьелъие нухмалъи гьабулеб буго завуч-организатор Валиев Хӏажимухӏамадица.

Хӏажимухӏамад гьавуна Шамил районалъул Тӏасаколоб росулъ 1947 соналъ. Тӏокӏлъиялда росулъ микьгосонилаб школаги лъугӏизабун, 1964 соналъ Буйнаксиялъул тӏоцебесеб педагогияб училищеялда цӏалана.

— Лъабабилеб курсалде вахарав чи армиялде ахӏана дун. Лъабго соналъ гьениб хъулухъги тӏубазабун, цӏидасан тӏад вуссана училищеялде.

1970 соналъ хӏалтӏизе лъугьана Хӏебда росдал гьоркьохъеб школалъул байбихьул классазул мугӏалимлъун. Хадув микьго соналъ хӏалтӏана гьенивго военруклъун.

Ленинкенталъул гимназиялде ракӏалдаго гьечӏого ккана дун. Дидаго цеве цӏаларав васасул классцоязул данделъиялде ахӏун вукӏана дун. Нахъисеб къоялъ эхеде ине нияталда вукӏарав чи, доб мехалъ гимназиялъул вукӏарав нухмалъулев, Мухӏамад Насрулаевас гьарана хӏалтӏизе гьанив чӏайилан. Чакар Мажидовна доб мехалъ йикӏана завуч-организаторлъун. Гьелъиеги кумекалъе чи къваригӏунилан директорасги гьаридал, чӏана. Гьеб букӏана 1987 сон. Дида тӏадкъана хӏадурлъиялъул классалде росулел лъималазул документал къабул гьаризе. Доб мехалъ гьенив вукӏана 22 вас ва 12 яс. Гьале 35 сон сверана исана гьеб хъулухъ тӏаде босаралдаса.

Жакъа байбихьул школалда цӏалулев вуго 906 чи. Цебе Совхозалъул букӏараб минаги къачӏан, гьабуна нижеца байбихьул классалъул лъимал цӏализе бакӏ. Гьеб къачӏалаго, гӏемерав хӏалтӏизе ккана, хӏасил дун пашманлъараб ккечӏо. Жакъа эркенго азаргогӏанасев чи цӏализе гӏураб мина буго хӏалтӏулеб. Гьединго школалда цебе буго кӏиго гектаргӏанасеб ракь. Тӏоцеве дун гьениве хӏалтӏизе вачӏараб мехалъ, росдал боцӏи жаниб сверулеб, агъаз гьечӏого рехун тараб гӏадаб бакӏ букӏана гьеб. Нижеца гьеб сверун къана сеткаги ккун. Узухъда, гьеб ракь жидеего къваригӏун, чанги чияс къасд гьабуна гьеб нижехъа бахъизеги. Амма гьезул мурад гӏумруялде бахъинчӏо, — ян бицана Хӏажимухӏамад Валиевас.

Цӏакъ хабар гьуинав, гӏумру бихьарав, кигӏан жиндаса гьитӏинав чиясулги адаб-хӏурмат бугев чи ватана Хӏажимухӏамад Валиев. Гимназиялда дагьал гьечӏо гьесул тарбия щварал, дарсал росарал чагӏи. Гьезул чангиял жалгоги руго мугӏалимзабилъун. Амма гьезие Хӏажимухӏамадил дарсал жакъаги къиматал руго. Къварилъи-гӏатӏилъи цӏехезеги, захӏматаб суал дандбазеги гьесухъе вортула гьитӏинавги кӏудиявги. Гьединал гӏадамаз берцин гьабула гӏумру. Хасго иман бугев мугӏалим гӏумруялда дандчӏвани, гьеб бичун босизе щолареб давла буго чиясе.

Гьединаб пикругун къо-лъикӏ гьабуна дица Ленинкенталъул гимназиялъулгун. Жеги анцӏ-анцӏ наслаби гӏумрудул нухде тӏоритӏизе къуватги жанги кьеги гьелъул мугӏалимзабазе.

Ашахан Юсупов