Чакарил гимназиялде уней йикӏарай дун, ячун кӏиабилеб школалде цее щвезаюна маршруткаялъ. Битӏараб бицани, гьеб къоялъ гурони лъачӏо Ленинкенталда школа кӏиго букӏин. Кинха лъазеги лъалеб, цо рахъалъ, Махӏачхъалаялда тӏоритӏулелщинал тадбиразулъ «Ленинкенталъул 35-абилеб гимназия» абун, кидаго цого школа рехсолеб рагӏулеб мехалда.
Толстикова асир гьаюрал лъимал
Палхӏасил, ахир-къадги тӏаде ккана 35-абилеб гимназиялде. Шагьар кинигин кӏодолъараб, минаби разе бакӏал хиралъараб Ленинкенталда гьабгунияб чӏобогояб ракь киндай школалъухъ хутӏарабилан ракӏалдеги ккана, балагьун бер щолареб гьелъул азбар бихьидал. Гьеб пикруялдаса дун юссинаюна балеб гӏазу букӏаниги, школалда жанире жал ахӏизегӏан, линейкаялда гӏадин, рагьтӏа рахъун чӏун ратарал лъималаз. Релъа-рохун цоцазда кӏалъай гурони, тӏасан ккараб гӏамалги халлъулеб букӏинчӏо гьезулъ. Хоралъ «йорчӏамиги» кьун, дун жание йиччана гьез.
«Чанго соналъ цее нижехъе щун йикӏана республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьерлъунги лъай кьеялъул министрлъунги хӏалтӏарай Екатерина Толстикова. Цебеккун лъиданиги цӏарги бахъичӏого, тохлъукьего ячӏун, школалъул рагьтӏе щварай гьелъие «йорчӏамиги» кьун, мун киса щийин, кумек хӏажат бугищилан хъваш-баш гьабизе лъугьун ругоха нижер цӏалдохъаби. Вай, жиндие гьез гьабураб асарилан бицунаан гьелъ йохуца холаго хаду-хадубги. Гьединлъидал РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева Махӏачхъалаялде ячӏиндал, жинда лъалин мун кинаб школалде ячине кколеянги абун, нижехъе гьейги ячун ячӏана Екатерина Толстикова», — ян бицана дида дандчӏвазе ячӏарай мугӏалим Мадина Мухӏамадовалъ.
Ольга Васильевалъ гьезухъе гьабураб сапаралъул бицунеб тӏубараб стендги бугоан жанахӏалъуб бан. Гьелъулго гӏадин, цогидал гьалбадерилги, республикаялъул нухмалъулезулгун ва интересал гӏадамазулгун цадахъ чӏун рахъарал гьезул цӏалдохъабазул сураталги ругоан.
Чияр школазе —щуго директорги лъабго завучги
Дир мурад букӏана гӏезегӏан соназ цебе гьениб рагьараб социалиябгун психологияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ хъвай. Амма гьелда цебе школалдаса гӏебеде цо гьитӏинабго экскурсия гьабизеги ракӏалде ккана. Республикаялдаго цӏар рагӏараб Ленинкенталъул гимназиялъул директоралъул кабинет бихьизе гъира букӏана дир. Цогидал нухмалъулезулго гӏадаб, чӏухӏа-къулараб къайи-цӏаялъул цӏураб, гӏатӏидаб бакӏ цебе чӏезабунги букӏана. «Лъаларо, лъаларо, лъикӏищ гьеб, квешищали», амма гьеб батана кӏиго столги цоцада тункизабун лъураб, школалъе щварал кубоказулгун тӏахьазул ва суратазул цӏураб чӏедерабго рукъ. Гьединабго гӏадатлъи халлъана жийго Чакар Мажидовалъулъги.
Битӏараб бицани, бокьун букӏана Тӏукитӏаса бахъараб Ленинкенталде щвезегӏан Чакар Мажидовалъул гӏумрудул нух бихьизабураб интервью гьабизе. Цӏалдохъаби гурелги, махщелчагӏиги – цогидал школазе щуго директорги лъабго завучги – куцанин гьелъилан бицана цадахъ йикӏарай Мадина Мухӏамадовалъги.
Амма щиб-щибниги къваригӏелалъ аскӏоре рачӏунел учительзабазниги цӏалдохъабазниги сверун ккурай гьелъул эркенго гара-чӏваризе заман гьечӏолъиги бичӏчӏун, дица нух босана цогидаб рахъалдехун. Жанахӏалъусан кьер гьабун рачӏунел гӏисинал классазул цӏалдохъабазда цадахъ цин щвана школалъул музеялде, хадуй библиотекаялде.
Интернеталъ нахъе цулел ругин ракӏалде кканиги, ахираб заманалда тӏахьаздехун лъималазулъ цӏидасан рокьи бижизе лъугьун бугин бицана библиотекарал Марият Эфендиевалъги Асият Набиевалъги. Купринил, Гоголил, Тургеневасул, Достоевскиясул («Братья Карамазовы», «Идиот»), гӏурус мацӏалде руссинарурал Муса Мухӏамадовасул, Мухӏамад Хуршиловасул (хасго «Сулак – свидетель») асарал рокьулел ругила гьезие.
Школалда лъарагӏазулаздаса цӏикӏкӏун руго магӏарул лъимал. Гьединлъидал библиотекаялдаса гӏемер росулел руго магӏарул адабияталъул тӏахьалги.
Берда бихьичӏониги, кумек кӏудияб хӏалтӏи
Гьенисан дун къокъана цебехун бицен гьабураб социалиябгун психологияб хъулухъалъул (СПС) кабинеталде. Гьелъие нухмалъи гьабулеб бугоан дие экскурсия гьабулей йикӏарай Гьоориса Мадина Мухӏамадовалъ.
Гӏатӏидабго кабинеталъур гӏодор чӏун рукӏана ункъоял – Мадина Мухӏамадоваги, гьелъулго цӏар гӏахьал – Ругъжаса Мадина Мухӏамадоваги, Тӏадмагъилъа Салтанат Ашибоваги, Тӏукитӏаса Патӏина Сулеймановаги (Чакар Мажидовалъул ясалъул яс). Бихьулеб букӏана гьел киналго цоцалъ гӏамал рекъарал, пикру цадахъал ясал рукӏин.
Гьеб кабинеталда хӏалтӏизе учительзаби тӏаса рищизеги Чакар Мажидовалъ жий жийго йиччан йикӏанин бицана Гьоориса Мадина Мухӏамадовалъ. Гьезул ункъазулго руго цадахъго рачунел цогидал предметалги. Гьоориса Мадина Мухӏамадова ккола гӏурус мацӏалъулгун адабияталъул учительница. Ругъжаса Мадина Мухӏамадова – ингилис мацӏалъул, Салтанат Ашибова – авар мацӏалъул, Патӏина Сулейманова – тарихалъул учительница.
Хас гьабун социологиялда яги психологиялда тӏасан гьез кьолел дарсал гьечӏо школалда. Амма гьеб хъулухъалъ квербакъула цӏалдохъабазда жидедагоги учительзабаздаги гьоркьоб ахӏвал-хӏал роцӏинабизе. Масала, рокъоб дагьабниги къварилъи бугев учителас гьеб ццим жиндирго цӏалдохъанасда бецӏизе рес буго. Гьединлъидал СПСалъул вакилзабаз батӏаго рачун хабар бицуна гьединал мугӏалимзабазулгун. Гьединго цӏалдохъабазулгунги гьабула бичӏчӏи кьеялъул хӏалтӏи.
«Гьабсагӏаталда нижер гьанир гурелги, тӏолабго улкаялдаго гӏемерлъун руго риххарал хъизамаздаса лъимал. Бищунго хӏинкъи бугеб группаялда гъорлъе уна гьел. Ратӏалъун, дагӏба-рагӏиялда ругел эбел-инсуца тӏалаб гьабуларо лъимералъул рекӏелъ щиб къварилъи бугебали. Гьединал цӏалдохъабазде кутакалда кӏвар кьола нижеца. Рокъоб эбел-инсуда бицине нечараб яги бокьичӏеб жо нижеда бицине рачӏуна лъимал.
Гьадабго хӏинкъи цӏикӏкӏараб группаялда гъорлъе хъвазе бегьула отличникалги. Щайин абуни, цӏалудехун бергьун кӏудияб кӏвар кьолел гьезул ракӏал лъукъизе рес буго цодагьабниги гьитӏинаб хӏужаялъгицин. Гьединго гӏемер лъай тӏалаб гьабизе лъугьиналъ гьезул сахлъиялъе зарал ккезеги бегьула. Цо гьединай цӏалдохъанги ячун, гьелъул эбел ячӏун йикӏана нижехъе. Рокъоре кьурал киналго дарсал рагӏа-ракьанде щун, агъазул хӏубалъе инегӏан лъазаричӏого, гӏодойиччалареб, кьижулареб гӏамал лъугьун бугила гьелъул. Хӏисаб гьабидал, нижеда бичӏчӏана, цо рахъалъ, гьелъие гӏайибияйлъун гьей ясалъул эбелги кколейлъи. Школалде ячараб къоялдаса нахъе гьелъ ясалда бичӏчӏизабун буго щуйил гурони къимат босизе бегьуларилан. Гьединлъидал гьединал лъималазе кутакаб стресс ккола ункъил щванигицин.
Берда бихьичӏониги, кӏудияб кумек буго гьаб хъулухъалъул (СПС). Жий директор йигилан батӏа кӏанцӏун чӏечӏого, мех-мехалъ Чакар Мажидовагицин ячӏуна нижехъе малъа-хъваязда, гӏакълуялда хадуй», — илан бицана Мадина Мухӏамадовалъ.
Салтанат Ашибовалъ бицухъе, Махӏачхъалаялда дандеккун, минабиги ракьги учуз букӏиналъ, гьабсагӏаталда Ленинкенталда руго аслияб куцалда росабалъа гочарал гӏадамал. Гьезул гӏемерисел ккола гьоркьохъеб яшавалъул, амма рос-лъади ратӏалъарал хъизамал (кьолболъанго Ленинкенталда ругел гӏадамазул яшав батӏаго квешаб гьечӏо). Гьединлъидал социалиябгун психологияб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз зама-заманалдасан гьарулел руго рес гьечӏел гӏадал хъизамаздаса лъималазе сайгъатал. Яги жидецаго, учительзабаз, гӏарацги данде рехун, ялъуни рес бугел хъизамаздаса лъималаз ракӏарун, кьола ручкаби-къалмал, тетрадал, альбомал, гьединго бачӏуна жидедаго гьитӏинлъараб ретӏел-хьитгицин. Гьелдаса хадуб гӏуцӏун сияхӏгун, ящикал цӏун, гьеб къайи бицен гьабурал лъималазул рокъо-рокъобе щвезабулеб буго учительзабаз.
Гьелдаго цадахъ СПСалъул хӏалтӏухъабаз кӏвар кьолеб буго интернеталъ гьабизе бегьулеб заралалдеги. Масала, цӏираккарал хӏаяздеги аниме-культураялдеги машгъуллъарал лъималазулъ кьерилаздехун, учительзабаздехун, хӏатта рокъор ругел жидерго эбел-инсудехунгицин рокьукълъи, ццим бижиялъул хӏужаби гӏемер кколел ругелъулха гьанже улкаялдаго.
Лъималазе рахӏат толарел яги гьадинго лъазе бокьарал жал гьикъизе суалал жанире рехулеб ящикги буго гьениб. Масала, дагьалъ цебе учительзабаз гьоркьоб лъун букӏун буго жакъа къоялда берцинлъи сундулъ бугеб (ратӏлилъищ, уколал гьарун гьорозабураб куц-мухъалъулъищ?) абун ясаз кьун батараб суал.
«Бищун хӏинкъараб ригь буго лъималазул гьеб – балугълъуде рахунеб гӏуж. Гӏакълуги цӏубачӏеб, амма жал кутакал чагӏиян ракӏалдеги кколеб. Лъикӏ цӏаличӏониги церетӏолел ругин цо-цо чагӏи, телефон гелдезабулел блогеразе щолеб бугин квер цӏалтараб гӏарацилан чӏола гьел зама-заманалдасан. Гьа, гьале бачӏана Инстаграм гьукъараб заман. Кире гьанже гъол блогерал унел? Гьединлъидал тӏоцебесеб иргаялда цӏали букӏине кколин бичӏчӏизабула нижеца лъималазда», — ян бицана Салтанат Ашибовалъ.
Телефоналда жанире руссарал лъималазул бутӏрул сверизарулел ругин соцсетазилан тӏаде жубана Мадина Мухӏамадовалъги: «Дунялалъул боцӏуда хадур лъугьун жалгоги рукӏун, телефоналги кодоре кьун, тун руго эбел-инсуца лъимал. Психика хисизаби гуребги, цӏалдезе хӏажалъулеб заманги чӏвалеб гьечӏищ гьел телефоназ. «Фонарикалги» кодоре кьун таниги гӏелин абула нижеца гьезул эбел-инсуда. Гьединлъидал школалда телефонал кодор кквезе гьукъула нижеца. Гьукъаниги щибха, рокъоре щведал росулел ругелъул гьез гьел кодоре. Гьединал лъимал тӏатинарула нижеца. Батӏи-батӏиял цӏараздасан соцсетазда жанире лъугьун, учительзабаз жидецаго хал гьабула гьенир жанир щал ругелали. Гьединго гьудуллъи ккола лъималазда гьоркьоб рагӏи билълъарал гӏадал цӏалдохъабазулгун. Гьезул кумекалдалъунги лъала нижеда интернеталдаса харбал – нижер цӏалдохъаби ругищ гьенир; ратани, кинал къокъабаздаса гӏебеде гьел ругелали».
Гьединаб халкквейги гӏадлуги букӏиналъ, Махӏачхъалаялдаса бахъарал хӏалтӏизе рачӏунел учительзабаз жидерго лъималги гьенире рачун рачӏунин бицана цогидай Мадина Мухӏамадовалъ (Ругъжаса).
Директорги кӏудияй эбелги
«СПСалъул кабинеталъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунаго, гӏолохъанал ясал-учительзабаз гӏемер рехсолей йикӏана Чакар Мажидова.
«Коллективалда жаниб парахалъи букӏин нухмалъулесда бараб буго. Гӏагарал чагӏаздехун гӏадаб цӏайиги рокьиги букӏуна дир гьал учительзабаздехун. Гьеб ккола Чакар Мажидовалъул хӏаракаталъул хӏасил. Дуда кколеб батилаха газеталда хъвазе къваригӏун, нижерго директоралъе гӏададисеб рецц-бакъ гьабулел ругин нижилан. Гуро. Къойилго нижеда цеелъидал гьей йигей. Нижедаго лъачӏого, гӏисинккун, щивасул рекӏелъе нух балагьизеги, хӏалтӏудехун гъира базабизеги, ниж битӏараб нухде тӏоритӏизеги гьунар буго гьелъул.
Гьале гьай Салтанат хӏалтӏизе лъугьараб заман букӏана. Азбаралъуй данде ккарай Чакар Мажидовалъ гьелда абун буго, Салтанат, дур хӏалтӏи СПСалъул кабинеталдасан гуребха, гьале гьаб школалъул азбаралъусан байбихьулилан. Битӏарабги гьечӏищха? Гьелдаса нахъе жинца кидаго хал гьабулин нухда-къватӏисан унел, расандулел, яги рахъун чӏаралгицин лъималазулилан абула Салтанатица. Гьебги кколелъул социологияги психологияги.
Дун гьаб школалде ячӏун кьолеб тӏоцебесеб дарсихъ гӏенеккизе ячӏун йикӏана Чакар Мажидова. Киндай дихъа гьеб лъугьина, директоралъ щибдай абилаян, хӏинкъуца холей дунги йикӏана. Аммаха! Дарс лъугӏун хадуй дун гьелъ еццараб куц бихьарабани дуда! Вайила, жиндие щварай къанагӏатаб гьунаралъул учительницайила, мугъзада нахъаги ругила гьелъул бералги гӏундулги. Гьелдаса хадуй йоржине къачӏан дунги хутӏана. Божизеги божана дирго гьунаралда. Цинги ракӏалде ккана Чакар Мажидовалъ гъоб къоялъ дир рахъалъ абурал рагӏаби ритӏухъ гьаризе кколин дица кидаго, гьелдаса гӏодобегӏанаб даражаялде ккезе чӏезеги бегьуларин дун киданиги. Гьанжего-гьанже хӏалтӏизе лъугьарав бокьарав учителасулъ, вуцӏун-куцан, пагьму-гьунар тӏатинабизе бажарула гьелъухъа», — абун бицана Мадина Мухӏамадовалъ (Гьоориса).
Гъоб къоялъ директоралъ жинде гьабураб божилъи ритӏухъ гьабунин Мадина Мухӏамадовалъ абун бицана Салтанат Ашибовалъ: «Мадина Хӏажиевнаялъул 25 выпускникас гъоркьисала ОГЭги ЕГЭги кьуна, цониги лъабил къимат гьечӏого, ункъил-щуйилазда. Гьеб рикӏкӏуна кутакалда тӏадегӏанаб хӏасиллъун», — ан.
Чакар Мажидова гьел ясал-учительницабазе директор йигониги, Патӏинае кӏудияй эбел ккола.
«Гьитӏинаб мехалда дида гьей рокъой къанагӏат гурони йихьулароан. Аслияб заман хӏалтӏуда унаан гьелъул. Рокъой гьей дагьай батӏияй йикӏуна – масала, нижеде эбел семизе лъугьани, яхъун нижер рахъги ккун чӏолаан, гӏелбащадай гӏадин йикӏунаан нижеда, гӏисинлъималазда, гъорлъ. Гьанжеги гьединайго йиго», — ян бицана Патӏина Сулеймановалъ.
Зульфия Хӏажиева