Рамазан ккола лъикӏал ишазул, рахӏмуялъул, Аллагь разилъиялъе гӏоло щивав бусурбанчияс хӏаракат бахъулеб моцӏ. Гьел лъикӏал ишазул цояблъунги ккола кӏал ккурав чиясе кӏал биччазе квен кьей. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Гьез квен кьола мискиназе, бесдалазе ва асиразе. Гьез абула: «Нижеца нуж кваназарулел руго гӏицӏго Аллагьасе гӏоло ва нужедаса я баркала, я шапакъат хӏажатги гьечӏо. Ниж хӏинкъула нижерго Бетӏергьанасдаса, доб бецӏаб ва гӏазабаб къоялдаса», — ян. Аллагьас гьединал гӏадамал Къиямасеб къоялъул заралалдаса цӏунула ва гьезие талихӏгун камиллъи сайгъат гьабула. Гьединаб лъикӏаб даражаялде рахинарула Бетӏергьанас Рамазан моцӏалъ кӏал ккурал ва цогидалги ракъарал, язихъал гӏадамал кваназарурал бусурбаби. Кӏал ккурал бусурбаби кваназаризе кӏудиял тадбирал тӏоритӏи гӏадатлъун лъугьана нилъер республикаялдаги.
Дагъистаниял кидаго рукӏана гьоболлъи гьабизе махщел цӏикӏкӏарал гӏадамаллъун. Гьоболасда цебе лъолаан бищунго лъикӏаб квенги. Хасго кӏалккулъ вачӏарав гьобол кваназави кӏудияб рохеллъун рикӏкӏуна. Гьале анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ, щибаб Рамазан моцӏалда тахшагьаралъул мажгитал лъугьана бищунго лъикӏ гьобол кваназавулел бакӏаллъун. Щибаб Рамазан моцӏалъ жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, хӏукуматалъул нухмалъулез, кӏал биччаялъе нигӏматал росизе, садакъа гьабула. Кӏудияб мажгиталда аскӏоб рагьараб «Рамазаналъул чадиралда», щибаб къойил 4000-гӏанасев чиясе квенги гӏодор чӏезе бакӏги гӏуцӏула «Инсан» фондалъ, ДРялъул Муфтияталъул вакилзабаз ва республикаялъул рес бугел гӏадамаз.
«Инсан» фондалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Ахӏмадовасул рагӏабазда рекъон, Кӏудияб мажгиталда аскӏоб цо ифтар тӏобитӏизе харж гьабулеб буго 100 000 гъурщидаса цӏикӏкӏун гӏарац. «Инсан» фондалъ Кӏудияб мажгиталда гуребги, тахшагьаралъул 15 мажгиталдаги ифтарал тӏоритӏула. Тахшагьаралъул ва республикаялъул цогидал шагьараздаги гӏемерисел мажгитазда жамгӏиял ва диниял хӏаракатчагӏазул ва гӏадатиял гӏадамазул хӏаракаталдалъун тӏоритӏулел руго «Рамазаналъул чадрал».
Кӏал ккурав кваназавурасе – кӏудияб кири
Исана кӏалккул моцӏалъул тӏоцебесеб ифтар тӏобитӏизе ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏаде босун букӏана. Гъоркьисалаги республикаялъул бетӏерас гӏарац кьун букӏана «Рамазаналъул чадир» байбихьиялъе. Исана Кӏудияб сордоялда «Рамазаналъул чадиралъ» цолъизаруна Дагъистаналъул рухӏиял церехъабиги, хӏукуматалъул вакилзабиги ва тахшагьаралъул батӏи-батӏиял идарабазул хӏалтӏухъабиги ва гӏадатиял гӏадамалги.
Дагьал церегӏан къояз, ДРялъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги гӏарац харж гьабуна «Рамазаналъул чадир» тӏобитӏиялъе. Кӏудияб мажгиталда аскӏоб тӏобитӏараб ифтаралда гӏахьаллъана республикаялъул министерствабазул нухмалъулелги Хӏукуматалъул председательги. Тадбиралде рачӏараздехун гьадинаб хитӏаб гьабуна Муфтияталъул председатель Мухӏамад Майрановас: «Нилъер муфтияс кидаго малъула жакъа нилъер бугебщинаб жоялъухъ Аллагьасе щукру гьабизе. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужее кьурал нигӏматазухъ щукру гьабуни, Дица нужер нигӏматал жеги цӏикӏкӏинарила», — ян.
Кванан хадуса Рамазаналъул чадиралда гӏалимзабаз вагӏзабиги гьарула ифтаралде рачӏаразе.
«Цолъиялъул ифтарал – 2022»
Аскӏор ругезулгун квен гӏахьал гьаби, садакъа бикьи исламалъе кидаго хасиятаб ишлъун букӏана. Гьелъ гӏадамазул ракӏал цолъизарула, захӏмалъи гӏахьал гьабула. Республикаялъул батӏи-батӏиял мажгитазда цере «Рамазаналъул чадрал» тӏоритӏулелго гӏадин, исана Рамазан моцӏ байбихьаралдаса нахъе Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда бугеб Рухӏияб централдаги «Цолъиялъул ифтарал» гӏуцӏулел руго.
Кӏалккун моцӏ лъугӏизегӏан, щибаб сордоялъ республикаялъул батӏи-батӏиял шагьаралгун районазда гӏумру гьабун ругел гӏадамал данде гьаризе руго «Цолъиялъул ифтарал — 2022» акциялда рекъон. Рамазан моцӏалъул тӏоцебесеб сордоялъ Рухӏияб централда «Цолъиялъул ифтаралде» данделъун рукӏана Цӏунтӏа районалдаса гӏадамал. Щибаб кӏал биччазе гьенир цолъулел районазул ва шагьаразул вакилзабаз кванил нигӏматал росизе цебеккунго гӏарац бакӏарула. Гьединго щибаб районалъул гӏадамаз бакӏарун данде гьабула Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда бугеб Рухӏияб центр баялъе гӏарацги. Масала, дагьаб цебегӏан Цолъиялъул ифтаралда данделъун рукӏарал Чӏарадаса районалъул вакилзабаз бакӏарун буго 3 800 000 гъурущ.
Цолъиялъул ифтаразда лъикӏал хитӏабалгун жамагӏаталда цере рахъуна диниял хӏаракатчагӏи, къадруял ракьцоял, ахӏула нашидал. Гьединго гьениб гӏуцӏун буго гӏисинал лъималазе хӏухьбахъиялъе бакӏги.
Гьал къоязда республикаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса ва росабалъа руччаби данделъун рукӏана Рухӏияб централда. 4000-ялдаса цӏикӏкӏун чӏужугӏаданалъ гӏахьаллъи гьабуна Цолъиялъул ифтаралда.
Руччабазул мажлисалде рачӏун рукӏана республикаялъул нухмалъиялъул ва ДРялъул муфтияталъул вакилзабиги. Муфтиясул гӏакълучӏужу Гӏайнаъ (Патӏимат) Хӏамзатовалъги, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги, сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъги республикаялъул руччабаздехун хитӏабги гьабуна.
Ифтар тӏобитӏизе цебеккунго гӏарац бакӏарун букӏана республикаялъул гӏемерисел руччабаз. Ифтаралде квен босизе ва Рухӏияб центр базе гӏарац данде гьабуна гьеб къоялъ данделъун рукӏараз. Гьеб кӏудияб мажлис гӏуцӏана ДРялъул Муфтияталда цебе бугеб руччабазе лъай кьеялъулаб отделалъ ва Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда бугеб Рухӏияб централъ.
Рухӏияб центр бан лъугӏизабизе къасдгун
Руччабазул кӏудияб мажлисалда Рухӏияб центр базе гӏарацги данде гьабуна. Республикаялдасанго волонтераз кумек гьабулеб букӏана гьеб кӏудияб тадбир нухда бачине. Махщалилал артистаз бихьизабуна Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) заман бихьизабулеб театралияб сценка. Республикаялда цӏар арал диниял гӏалимзабаз насихӏаталги гьаруна руччабазе. Гьеб кӏудияб мажлисалда гӏуцӏараб сценаялдасан ахӏана нашидалги, цӏалана Къуръаналдаса сураталги.
ДРялъул Муфтияталъул руччабазул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей Загьра Исмагӏиловалъ тадбиралда данделъараздехун хитӏаб гьабуна: «Жакъа нилъер гьаниб буго кӏудияб тадбир – республикаялъул руччабазул ифтар. Гьелъул мурадги ккола – Дагъистаналъулго руччаби цолъизари ва цоцаздехун рокьи бикьи», — ян.
Гӏайнаъ Хӏамзатовалъги абуна: «Лъикӏаб гӏаламатлъун ккола жакъа нилъ Рухӏияб централде ракӏари. Гьелъ нилъ цолъизарулел руго гӏемерал соназ. Дир хьул буго гьаб цолъиялъ нилъер ракӏал квешлъиялдаса цӏунилин, гьел рацӏцӏад гьарилин. Лъикӏал ракӏазулъ цоцазе кумек гьабизе, цоцазе квербакъизе кидаго гъираги букӏуна».
ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъги абуна: «Гьаб хирияб рузман къоялъ, хирияб рамазан моцӏалъ гьадинаб кӏудияб республикаялъулго руччабазул мажлис гӏуцӏи лъикӏаб ишлъун ккола. Гьелъ руччаби цоцаздехун гӏагар гьарула, гьезие рохел сайгъат гьабула, гӏумруялде гъира базабула».
Зарема Бутаевалъ мажлис гӏуцӏараздехун баркалаялъул рагӏаби абуна: «Жакъа нилъер республикаялда ва дагъистаниязул щибаб хъизамалда рекъел ва разилъи букӏине гӏоло кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго нужеца. Кӏудияб баркала буго гьаб жакъасеб тадбиралъухъ, гьанир ругел гӏадамаз гӏуцӏараб гӏажаибаб хинлъиялъухъ».
Цо бакӏалде данделъун цадахъ кваналел гӏадамазда гьоркьоб рокьукълъи бижизе рес букӏунарин абула. Гьединан гьуинго, рохалида цолъизарула «Рамазаналъул чадразги» «Цолъиялъул ифтаразги» дагъистаниял. Щивасул садакъаги гьабураб гӏибадатги къабул гьабун батаги Аллагьас.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА