Исана соналда тӏоцебесеб росдал магӏишаталъул нигӏматазул республикаялъулаб ярмарка тӏобитӏана 9 апрелалда Махӏачхъалаялда. Гьелда гӏахьаллъана республикаялъул гӏемерал районаздаса 180-200- гӏанасев вакил (павильон-будка). Ахирал соназда гьел таманал тӏоритӏиялъул хӏасилалда щвараб хӏалбихьиялъги батила, ярмарка гӏуцӏун букӏана гӏезегӏан лъикӏаб даражаялда. Гӏахьалчагӏазе чӏезарун рукӏана хӏалтӏи берцинаб хӏалалда иналъе рекъарал шартӏал, бихьана цебехун киданиги ярмаркабазда дандчӏван букӏинчӏеб, амма гьадинал бакӏазда кутакалда хӏажатаб цо цӏилъиги – бокьараб нигӏматалъул анализал – хал гьабиял хехаб хӏалалда тӏуразелъун хӏалтӏулеб букӏана ветеринарияб комитеталъул хасаб машина – лаборатория. Гӏемерисел нигӏматазул багьаби хӏакъикъаталдаги рукӏана базаразда ругездаса гӏезегӏан гӏодорегӏанал. Мисалалъе ханазул лоток – 200 гъурщиде, гьан – 350-380 гъурщиде кило (Рамазан моцӏ букӏиналъги батила цо-цояз гьеб бичулеб букӏана 300 гъурщидеги) ва гь.ц. Ярмарка унаго, цо-цо гӏахьалчагӏазулгун дир ккана къокъалго гара-чӏвариялги.

Гъизилюрт районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул бетӏерав специалист, Гӏали Гӏалиевас кьуна гьадинаб баян.

— Заман буго хӏакъикъаталдаги захӏматаб, масъалаби руго гӏемерал, амма росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабаз кутакалда яхӏ бахъулеб буго. Кӏвар кьолеб, гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго гӏи-боцӏул къадар цӏикӏкӏинабиялда, гьелъул даража борхизабиялда тӏад. Гьеб кӏудияб хӏалтӏул цо бутӏалъун рикӏкӏине бегьула гьал ярмаркаби тӏоритӏиги. Нижер районалдаса жакъа гьаниб буго 10 машина (СПК, КФХ, ЛПХ), гьез ричулел нигӏматалги ккола батӏи-батӏиял хьонал, рассада-саженцал, гьан, рахьдал продукция ва гь.ц. Гьаб буго бичулесеги босулесеги пайдаяб, гьоркьор «посредникал» журачӏого, учузаб (15-20 проценталъ) багьаялда бокьараб нигӏмат босизе рес кьолеб тадбир.

— Учузаб багьаялда гьанир жидерго нигӏматал ричиялъ магӏишатазе кьолеб пайда щибха кколеб?

— Базаразда гӏемераб заманги хун, гьениб базархӏакъги кьун даран гьабиялдаса, дагьаб учузго бугониги, гьаниб кинабго бичи цебе ккола.

«Кавказалъул къуват», «Дидоялъул» гуч

Россиялъул кинаб регионалде щваниги, гӏемераб цогидалда цадахъ гъира букӏуна тукабахъ цо щибниги нилъер нигӏмат-продукция батизе. Коньяк-чагъиралъул бицинчӏони, аслияб куцалда кирго дандчӏвала «Рычал-су» минералияб лъим ва «Сила Кавказа» СПОКалъул («Дидо») батӏи-батӏиял нигӏматал (урба ва гь.ц). Жакъасеб ярмаркаялдаги букӏана гьезул павильон ва гьениб ккана СПОКалъул коммерческияй директор Загьра Гӏабдурахӏмановалъулгун гара-чӏвариги.

— Загьра, урба гьабулел гӏадамал Дагъистаналда гӏемер руго, амма нужер цӏар лъала кибго. Сундулъ бугеб балъголъи?

— Балъголъи кинабгӏаги батиларо. Амма дуца хӏалтӏи гьабулеб бугони кинабго дур рухӏги, рокьиги, ракӏги гьелъулъ лъун, гьелда рекъараб букӏуна хӏасилги. Нижер хӏалтӏи гӏуцӏун буго гьединаб, умумузул хаслъаби цӏунараб, цӏиял технологиялги хӏалтӏизарулеб къагӏидаялда. Гьелде тӏаде нижеца хӏалтӏизаруларо хӏажат гьечӏел химиягун цоги тӏаде жураял, нижер нухмалъиялъ гьединал жал аскӏоре къазе толаро. Нижер буго цӏикӏкӏараб хӏалбихьи, 20-ялдаса цӏикӏкӏун сон буго хӏалтӏизе байбихьаралдаса. Гьелда цадахъго ниж хӏалтӏула заманаялъул тӏалабазда рекъон, кӏвар кьола рекламаялде. Мисалалъе босани, дагьай цее дун йикӏана Елена Малышевалъул «Жить здорово» программаялда. Бицана, бихьизабуна, киназдаго лъазабуна щиб жо кколеб урба, рагӏизаруна «Сила Кавказа», «Дидо» цӏарал. Гьабсагӏаталда урба къватӏибе биччалеб буго гӏемерал бакӏазда (Москва, Пятигорск ва гь. ц.), амма дица доба загьир гьабуна хӏакъикъияб урба букӏунин цохӏо Дагъистаналдайин абураб пикру. Нилъер гӏадамазда гӏадин гьелъул магӏнаги, тӏагӏамги, хаслъиги тӏокӏаб лъиданиги лъаларо ва лъазе ресги гьечӏо.

— Гӏага-шагарго чан тайпа нигӏматазул нужеца къватӏибе биччалеб?

— СПОКалъул членаллъун ккола Гъизилюрт, Цӏунтӏа, Цӏумада ва Юждагъалъул цо-цо районаздаса 50-ялдаса цӏикӏкӏун чи (3-4 СПК, 10-ялдаса тӏаде КФХ ва гӏезегӏан ЛПХ), гьез нижехъе кьола нигӏматал, нижеца гьел къачӏала ва тӏурала цоги хӏалтӏаби. Нижер сияхӏалда буго къватӏире риччалел нигӏматазул 182 цӏар. Урба гуребги, къватӏире риччала батӏи-батӏиял даруял хурдул, гьоцӏо ва цогидабги.

— Россия тун къватӏибехун бугищ нужер урбаялъул тӏалаб?

— Буго. Ниж гӏахьаллъана Сагӏудиязул Гӏарабиялда букӏараб тӏолгодунялалъулаб выставкаялда, гьениб нижее щвана Баркалаялъул кагъат, продукциялъе кьуна лъикӏаб къимат. Рукӏуна заказал Турциялдаса, Германиялдаса, Белоруссиялдаса, Казахстаналдаса. Гьенибе унеб продукциялъул къадарги букӏуна гӏезегӏан мадараб, гьебги цӏикӏкӏунеб буго соналдаса соналде.

— Гьал санкцияз гьарулел квекӏенал нужеда хъинтӏанищ?

— Киназдаго хъинтӏулел гьел нижедаги хъинтӏичӏого рукӏинищха. Мисалалъе, цо-цо нигӏматал (миндаль, кунжут, арахис) нижеца росула къватӏисел пачалихъаздаса (Индия, Вьетнам, Азербайжан), буго гьединабго алат-къайиги. Амма ниж къуркьулел гьечӏо, гьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго нахърателал гьарун рукӏарал нигӏматалгун, хира гьаричӏого багьабигун. Берцинго унеб буго хӏалтӏи, Росдал магӏишаталъул министерствоялъ кьуна лъикӏаб грант, гьелда рекъон босана хӏажатаб къайи-цӏа.

— Гьадинал ярмаркабазул пайда букӏунищ нужее, гӏадада тӏамураблъун кколищ гьаниб заман?

— Гӏадада тӏамураб заманлъун гӏагардеги рикӏкӏине бегьуларо. Нижеца гьоркьоб биччачӏо цониги ярмарка, гӏахьаллъана киназдаго. Гьанир ниж лъала, нижеда лъала, кутакалда кӏвар бугеб, хасго гьаб заманалда цӏакъго хӏажатаб, киназего пайдаяб тадбир буго гьаб. Лъица щиб абуниги, цӏакъаб жо буго гьоркьохъан гьечӏого ккараб бухьен.

Гӏуцӏараб хӏалтӏиги гӏолареб заманги

Ярмаркаялде щвана росдал магӏишаталъул министр Баттал Батталовги. Гьесиеги кьуна цо чанго суал.

— Санкциязул тӏадецуйги хӏисабалде босун, кинаблъун букӏинин кколеб дуда аграриязе исанасеб сон?

— Хӏалтӏулъ кидаго дандчӏвалел масъалаби камун рукӏинаро исанаги, кидаго гӏадин гьелги тӏуразе руго жиндир заманалда. Хӏакъаб жо, рукӏина исана масъалабиги захӏмалъабиги. Мисалалъе, хиралъулел руго запчастал, ккела суалал къватӏисел пачалихъаздаса босулеб оборудованиялда, цоги къайи-цӏаялда ва цогидалда сверухъги. Амма дир кинабгӏаги щаклъи гьечӏо гьел киналго суалал тӏураялъе ресалгун сурсатал нилъеда ратизе рукӏиналда. Сезоналъул хӏалтӏиги унеб буго ругел планазда рекъон. Исана соналда овощал чӏезе руго гъоркьиса соналде дандеккун 2,5 азарго гектаралъ цӏикӏкӏун, гьебго хӏал букӏине буго пихъил, цӏолбол рахъалъги. Нилъер кидагосеб масъала букӏана гӏезарурал нигӏматал цӏунизе бакӏал-складал гӏунгутӏи. Гьал къоязда Гъизилюрт районалда хӏалтӏизе биччана овощазул кӏиазарго тонна цӏунизе рес кьолеб кӏудияб склад. Цо чанго соналда жаниб республикаялда цӏикӏкӏине буго гьединал складазул къадар. Исана соналъул тӏоцебесеб кварталалда магӏишатазе щвана пачалихъияб кумекалъул 150 млн гъурущ (гъоркьиса щун букӏинчӏо гьеб). Хасаб кӏвар кьезе буго цӏикӏкӏараб тӏалаб бугел нилъер нигӏматал (цӏибил, пиринчӏ, гьан) гӏезариялъеги. Дир хӏисабалда, нилъеца нилъерго тӏалабал тӏуранго хьезари гуребги, нилъеда кӏвезе буго аслиял нигӏматал кӏудияб къадаралда Россиялъул цоги регионазде ритӏизеги.

— Кинаб къимат дуца кьолеб жакъасеб ярмаркаялъе?

— Районазда ва шагьаразда исана нижеца тӏобитӏана 9 ярмарка, республикаялъулаб даражаялъул гьаб ккола тӏоцебесеб. Гӏахьалчагӏазул ва рачӏарал гӏадамазул, ругел багьабазул хӏисаб гьабуни, лъикӏаб къимат кьела. Гӏаммаб куцалда босани, дун рази вуго. Дида лъикӏ бихьана бокьараб тайпаялъул ва гӏезегӏан учузаб багьаялъул гьан гӏемер букӏин, гьебго абизе бегьула рахьдал ва гьелъул нигӏматазул рахъалъги. Ахираб заманалда гӏемер хабар букӏана капустаялда сверухъ. Ниж хӏалтӏана гьеб суалалда тӏад ва руго хӏасилалги. Гьаниб гьеб бичулеб буго 60 гъурщиде кило (базаралда гьеб бахун букӏана 80-90 гъурщиде). Гьебги дагьаб цӏикӏкӏун буго, дир хӏисабалда букӏине ккелаан 50 гъурщиде. Гьадинал ярмаркаби гӏуцӏиялъул, гӏадамал нигӏматаз хьезариялъул, багьабазда хадуб халкквеялъул хӏалтӏи ине буго хадубккунги.

— Дуца щибниги босанищ гьаниса?

— Дица босана киназго беццулеб сельдерей, босизе буго тӏогьолаб (цветная) капуста. Холодильникалда буго гӏураб гьан, буго бакъварабги, гуребани босизе букӏана гьебги. Нигӏматазул рахъалъ къварилъи гьечӏо, квеш ккараб жо буго, гьел хӏадурун, кванан парахатго гӏодов чӏезе заман гӏоларого букӏин…

Гӏабаш Гӏабашилов