Гъазимухӏамадов Сагӏид ккола Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул филологияб факультеталъул студент. Гьев гьавуна Цӏумада районалъул Метрада росулъ. Сагӏид вуго факультеталъул профсоюзалъул комитеталъул председательги. Гьесулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.
— Сагӏид, щай дуца тӏаса бищараб филологияб факультет?
— Гьелъие аслияб гӏилла буго нилъерго гӏаммаб болмацӏ, магӏарул мацӏ, гӏадатги гӏамалги цӏунизе бокьи. Рахьдал мацӏ лъаларев чи ккола миллат гьечӏев чи. Цӏумада районалда руго багвалал, чӏамалал, тӏиндисел, цӏунтӏадерил мацӏ бугел хушетисел ва хъварщисел – гьезул руго жиде-жидер мацӏал. Амма Метрада росулъ рахьдал мацӏлъун буго магӏарул мацӏ.
— Анлъго лъимералда гьоркьоса бищун кӏудияв дуда эбел-инсуца батӏияб махщел тӏаса бищеян абулеб букӏун батила…
— Гьез дида абуна я тохтурлъун, яги магӏарул мацӏалъул учительлъун вахъине кколин абун. Инсулги эбелалъулги эменал руго учительзаби: цояв – биологиялъул, цогидав – географиялъул. Диего бокьана магӏарул мацӏалъул учительлъун вахъине. Цадахъго лъазабулеб буго ингилис мацӏги.
— Гьаб захӏматаб заманалда квешлъиялде машгъуллъизе гурин абунги тола цо-цо эбел-инсуца лъимал цӏализе ритӏичӏого.
— Школалда цӏалулаго, дун вукӏана жигарав цӏалдохъан. Гӏемер гӏахьаллъулаан олимпиадабазда, батӏи-батӏиял къецазда. Гьединлъидал батила, эбел-инсуца инкар гьабичӏо дун цӏализе витӏизе. Кӏудадабазги хӏаракат гьабуна гьел мукӏур гьаризе.
— Кинаб бугеб жакъасеб студентасул гӏумру?
— Алхӏамдулиллагь, кигӏанги лъикӏ буго. Цин дун вукӏана мухьдахъ рукъги ккун. Северияб автостанциялдаса цӏалуде щвезе заман гӏемер балаан. Гьанже вуго общежитиялда, гьебги буго университеталъул азбаралдаго. Дарсиде уна 10-15 минуталъ лъелго. Общежитиялъухъ лъагӏалида жаниб кьола 6530 гъурущ (гъоркьиса кьолаан 4500). Исана гьениб ремонт гьабуна – багьаги бахинабуна.
Щибаб тӏалаялда буго цӏалдолезул зал – гьениве ине бегьула цӏалдезе. Дида цадахъ рукъалъ руго дирго вацгӏалги Болъихъ районалъул Хелекьуриса васги. Гьел руго цӏалдезе бокьулел, цоцазе квалквал букӏунаро нижер.
— Цӏалиги лъугӏила, хъизамги гьабила. Гӏумру гьабизе киве инев мун?
— Битӏараб бицани, магӏарухъго бокьила. Ракӏалда буго, ингилис мацӏалъул учитель хӏисабалда, «Росдал учитель» абураб программаялда гӏахьаллъизе. Магӏарул мацӏалъул цӏакъ лъикӏал учительзаби руго нижер.
— Щай магӏарулазе ингилис мацӏ?
— Гьеб хадубккун лъугьине бегьула хъизам хьихьизе рес кьолеб хӏалтӏилъун. Щвалде щун ингилис мацӏ лъалеб бугони, рагьизе бегьула хасаб школа, бегьула репетитор хӏисабалда хӏалтӏизе. Гьедин школа рагьарал гӏолилал лъала дида. Гьабсагӏаталда ингилис мацӏ лъазабизе гъира бугел лъимал гӏемер руго.
— Цӏали захӏмалъулеб бугищ?
— Вижаралдаса нахъе кӏалдиб ругьунаб магӏарул мацӏ бугелъул, гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏо. Дун цӏалулеб мехалда школалда ингилис мацӏ кьолароан – учитель вукӏинчӏо; батӏиял росабалъа рачӏун, малъулаан, цо-цо малъичӏогоги хутӏулаан. Гьелъ цо дагьаб захӏмалъана.
— Профком хӏисабалда кинаб хӏалтӏи гьабулеб дуца?
— Студентазул ихтиярал цӏунула профкомалъ. Стипендия бачӏунеб гьечӏони, масала, социалияб стипендиялъе районалдаса справка кватӏунин абун. Цоял рукӏуна, кколареб стипендия тӏалаб гьабизе лъугьун. Цогидал –эбел-эмен хӏалтӏулел ругин абун кьоларел, дозие щолеб мукъсанаб харж хӏисабалдеги босичӏого тарал. Къокъго абуни, студентазул масъалаби тӏурала.
Гӏуцӏула факультеталда батӏи-батӏиял тадбирал, факультетазда гьоркьосел спорталъул, пагьмуялъул къецал, олимпидаби, студентазул гӏелмиял конференциял ва гь.ц.
Гьабсагӏаталда Сагӏидица хъвалеб буго дипломалъул хӏалтӏи. Гьелъие босун буго «Магӏарул мацӏалъул басралъарал рагӏаби» абураб тема.
Кавсарат Сулейманова