Алхӏамдулиллагь, школалъул мугӏалимзабаз, къо-мех лъикӏги гьабун, дун тӏойитӏараб заманаялъ Аллагьас дие, дир гӏумруялъул хадусеб бутӏаялъе хӏадурун ватана гьелги дирго эменги цолъарав, гӏажаибго ракӏ сахаватав, доб мехалъ гӏолохъанал шагӏирзабазе рагьараб школа гӏадав, жиндир тӏалабияб бербалагьиялъ нижелъ божелги, нижедаго ракӏчӏейги бижизабизе бажарарав баракатав инсан Мухӏамад Гӏабасович! Гьесул бицунеб бакӏалдагицин бажаричӏо дида Гӏабасил Махӏамадин абун… гьесдехун бугеб дир адаб къо анагӏан щулалъиялъги гӏумруялъго гьев дир мугӏалимлъун хутӏиялъги.
ДГУялъул лъабабилеб курсалъул студентка йикӏаго, гьесул гӏакълуялдалъун дун хӏалтӏизе йосана Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялде, магӏарул адабияталъул редакциялде корректорлъун. Дир щуйилазда гьабураб гьесул божел букӏана гьебги, жакъа къоялъги, издательствоялда хӏалтӏулей гьечӏониги, гӏумруялъго магӏарул адабияталъул тӏахьазе редакторлъи гьабулей, Мухӏамад Гӏабасовичас диде гьабураб божилъиялъул борч тӏубалей йиго дунги.
Анцӏила кӏиго соналъ хӏалтӏана ниж цо кабинеталда: редакторги корректорги гӏадин гурелги, эменги ясги гӏадин, кутакалда бечедаб адабияб лъай бугев мугӏалимги гьеб лъаялъул иццухъ йикӏине щвей кӏудияб талихӏлъун батарай цӏалдохъанги гӏадин, цо-цо мехалъ, гьес жинцаго цо тӏехьалда дие гьабураб тӏадхъваялда абухъе, «Дир товарищалъе Тубхӏат-бикае» – абун, ракӏ бащадал товарищаллъунги гӏадин.
Гьаниб ракӏалде щвана, гьабсагӏатги дихъ бугеб, гьобол-гьудуллъун Мухӏамад Гӏабасовичасеги лъугьарав, ракӏ гӏатӏидав, амма цо чӏухӏи гъорлъ жубараб согӏлъи тӏоцеве вихьаравго жиндилъ халлъулев дир инсуда юбилей баркун гьес хъвараб кечӏ. Бокьулаан диеги дунго еццизе, хасго инсуе… Гьениб жаниб буго дихъе байрахъ кьураб хӏисаб доб мехалъ гьабураб ункъо мухъ:
«Гьардарав, дир гьобол Муртазагӏали, Васасул бакӏалда чӏолей яс йигев…»
Гьел сонал ратана, дидаго лъачӏого, дир шигӏруги дир хъулухъ-пишаги куцарал, камилаб къебелъиялъул сонал! Гьел соназ бичӏчӏана дида редакторлъиялъул гуребги, адабияталъул, шигӏруялъул гӏелму, гьел соназ лъана дида гӏакъилаб каламалъул гъварилъи, гьел соназ рагьана дие живго Мухӏамад Гӏабасовичги, гьел соназ гурони, жинда релълъарав тӏокӏав ватичӏев инсанасул бицун хӏалкӏолареб гӏаданлъи, пикруялъул бечелъи, лъилниги гьечӏеб, дида батичӏеб рекӏел сахаватлъи; гьел соназ хиралъана дие дирго миллат, гьелъул тарих, гьелъул мацӏ, гьелъул адабият, гьелъул маданият!
Цо–цо мехалъ ккола, гьесул жиндирго гьоболгьудуласдасаги дида цӏикӏкӏун лъанин гьел соназ гьев къанагӏатаб хасияталъул инсанги магӏарул адабияталда бечедаб мацӏалъ бечед гьабураб шигӏрияб ирс тарав шагӏиргиян. Цӏикӏкӏараб заман хӏалтӏуда унелъулги батила, дун лъугьана гьесие хасиятаб дунялалъулги, гьесул гӏамалхасияталъулги, гьесул сверухълъиялъулги нугӏлъун; гьединго гьесда дунги лъалаан, инсуде гӏадин, гьесде ургъел бикьулаан, гьединаб мехалъ кочӏодалъунги дир ракӏ гӏодобе биччазабулаан, дур гӏумруялда жанир гӏемерал дандчӏвазе ругин жидерго гӏумру рекълъиялъ гӏамал тӏекълъарал гӏадамалин абулаан. Гьединаб мехалъ хӏалае кидаго батулеб цо-цо притча бицунаан. Цо нухалъ цӏалулеб бакӏалда дарсида дир цо мугӏалимас цадахъ цӏалулезда цебе дида абуна: «Тубхӏат, къад цӏалулейги, къаденахъе хӏалтӏулейги йикӏиналъ батилаха, дуца тӏахьазда гъалатӏал толел руго, щай дуе гьанжего хӏалтӏизе лъугьин букӏараб?» – илан. Дида гьеб захӏмалъана, цӏали щуйилазда бугониги… Хӏалтӏуде щведал бицана, къварилъахъдилаго, Мухӏамад Гӏабасовичасда. Дидагӏанги гьеб квеш букӏарав гьес абуна: гьабсагӏат дица дуе бицараб притча дуца метер досие бицине рагӏи кьейилан. Кьураблъун тана… Гьес бицана: «Вукӏун вуго цо хан. Ханлъиялъ пахрулъи кьурав, гьебцин чӏалгӏарав гьес ахӏун вуго вазир, кьун буго гьесие амру: «Чӏалгӏана дида ханлъи! Бокьараб гьабе, амма гьал гӏагарал къоязда жанив дун аллагьлъун вукӏинаве!» – ян. «Тӏубала¸ бетӏерчӏахъад!» – ин уна малъкъосарав вазир.
Кӏудияб ургъалил гьиргун рогьуна гьес сордо. Ахирги, щибго гьабичӏого вукӏинегӏан, бетӏер къотӏизегӏаги гӏилла букӏине жинцагоги цогиязе амру кьола ханасул кӏалгӏаялда цо рукъ эркен гьабизе ва гьелъул чӏабар, тӏибитӏун, ракул цӏезабизе. Цо къо уна, кӏиго къо уна… Ахирги ханас нахъойги ахӏула вазир ва «Тӏубарабищ дир амру?» – йин цӏехола. «Тӏубана, бетӏерчӏахъад. Дур изну батани, дунгун цадахъ вилълъайин дуда гьаризе…» – ян кӏалъалаго, вазирги гьоркьов къотӏизавун, ханас абула: «Рилълъа!» – йин. Щола доб чӏабар ракул цӏураб рукъалъул нуцӏихъе. Рагьула вазирас. Доб ракул махӏалдаса магӏарзукъалалги хъаталъ рахчун, гьелдасан жунулел хӏутӏалги рихьун, «Гьаб щиб?!» – илан ахӏдола хан. Гьеб мехалъ кьола вазирас ханасул доб амруялъе рекъараб жаваб: «Гьев аллагьасе гьаб рижиги гӏола», – ян.
Мухӏамад Гӏабасовичас тӏадеги жубана: дур мугӏалимасда гьеб притча бичӏчӏичӏони, тӏадеги жубай: гьев мугӏалимас кьураб лъаялъе гьагъадинаб хӏалтӏиги гӏолилан…
Жиндихъ гӏенеккун хадуй дун елъидал жиндиргоги ракӏ бохидал, кочӏохъе тӏадеги жубана Мухӏамад Гӏабасовичас:
«Елъизеги гӏедерай,
Гӏодизеги хӏадурай,
Хӏал кквезеги кӏоларей,
Кӏудияйги гӏоларей,
Гӏадан йиго мун, Тубхӏат».
Гӏажаиблъи, жакъаги гьединай йиго… Гьединлъидал батила, гьал тӏадехун рехсарал мухъалги эпиграфлъун росун, ахираб заманаялъул цо-цо «къалмазул ракӏазул риццалъиялъ» дирго ракӏ тӏерен гьабидал, гьеб бикьизе, бетӏералда квер бахъизе дир мугӏалим чӏаго вукӏараванищан ккедал хъвараб дица гьаб кечӏги:
Къалмил ракӏ бикьизе чи щолареб мех
Батӏаго гӏагараб Пушкинил къватӏги,
Пишацояздасан чвахулеб кечӏги…
Бищун дун талихӏаб издательствоги,
Инсулаб тӏалабгун дир мугӏалимги…
Нахъойги лъукъана ритӏухъаб дир ракӏ,
Рекӏкӏалъ божалида речӏчӏана туманкӏ…
Мидилаго йиго жакъаги уней,
Дун къварид гьаюнин гьесда бицине…
…Умумул камидал гӏураб рукъ гӏадин,
Чӏобого, бестӏалго буго коридор…
Дур хьолбохъ хӏалтӏараб, дур малълъ босараб,
Думалъго къан буго нилъер кабинет…
Бачӏараб заманалъ лъухьун ун буго
Лъикӏабщинаб заман дир гӏумруялъул.
Ракӏал сахаватал рищун ун руго
Лъикӏалщинал чагӏи дир дунялалъул…
Дир мугӏалимасде бикьизе тараб
Ралъдалъе чӏехьезе уней йиго дун,
— Къалмил ракӏ бикьизе чи щолареб мех
Щайтӏанлъиялъ цӏеялъ, цӏорораб ракӏгун…
У, Гӏабасиласул мухъазулъ гӏадин,
Гӏодулей, елъулей жегиги йиго.
Дирго лъималазцин абулеб гӏадин,
Лъимадул ракӏ букӏун, кӏудияй гӏечӏо…
…Добго университет лъугӏулаго хъвараб дир дипломалъулаб хӏалтӏиги букӏана цӏикӏкӏарасеб бутӏа Гӏабасил Махӏамадил творчествоялъе кьураб. Гӏемерисел гьесул кучӏдул рекӏехъеги лъалаан. Живго лъалев вукӏиналъ, гьесул цӏиял асаралги къойил гӏадин гьес жинцаго хӏалтӏуда дие цӏалулел рукӏиналъ, гьесул творчествоялъулъ тӏерхьун йикӏиналъ квербакъана дир гьеб хӏалтӏиялъеги. Цо-цо мехалъ гьес абулаан: «Тубхӏатида дидаса лъикӏ лъала дир творчество, элда гьикъейилан».
Цо нухалъ, гьев живгоги ахӏун, филологияб факультеталъул студентал гурелги, университеталъулго магӏарул студенталги ахӏун, гьесул творчествоялъул вечерги тӏобитӏун букӏана дица (сураталда).
Мухӏамад Гӏабасовичасда дунялалъулго тарихги адабиятги гъваридго лъалел рукӏараб куцалъ хӏайран гьаюлаан дун. Сиражудин Хӏайбулаевас абухъе, республикаялда букӏинчӏин абизе бегьулаан Гӏабасиласул гӏадаб кӏудияб библиотека (жакъа гьеб гочун буго Лъагӏилухъе, гьесул музеялде). Гьесда лъалаан чанги тарихчагӏазда лъаларебги, чанги шагӏирасда рагӏичӏебги, къватӏиса рачӏинарунгицин библиотекаялда ругел тӏахьазул къиматги къисматги. Амма бищунго тӏокӏаблъун гьесие букӏана, тарихалдаги, бахӏарчилъиялдаги, гӏакъиллъиялдаги цониги пачалихъцин гьесие бащалъуларебин кколеб гӏагараб миллат. Бугониги, гьедигӏан лъай гъваридав Мухӏамад Гӏабасовичасул гӏаданлъиялъулги гӏамал гьитӏинлъиялъулги бицунаан гьесул рекӏел бацӏцӏалъиялъги, вуцӏцӏухӏун чӏун, жиндирго къалмидалъун миллат кӏодо гьаби гурони, жиндиего кӏодолъи цӏехонгутӏиялъги, гӏагараб халкъалда цеве вахъун кӏалъазе бокьунгутӏиялъги, гӏагараб миллаталъул цӏаразул къисаби рицунаго бадиб кенчӏолеб магӏуялъги…
Мунагьал чураги дур, рекӏел сахаватлъиялъги баракатаб къаламалъги гӏагараб, дуе кутакалда хирияб миллаталъул тарихалъулъги адабияталъулъги наслабазда батулеб гъваридаб лъалкӏ тарав Мухӏамад Гӏабасович!
Тубхӏат ЗУРГЬАЛОВА