Физика-математика-химия гӏадал гӏелмабазул чагӏазул рахъалъ дир букӏараб пикру хисизабуна Заур Гӏалисултановас. Дир хӏисабалда, гӏалимзаби рукӏине ккола микроскопазда тӏаде къулун, лабораторияздаса къватӏире рахъунарел, квер квализе щоларел электроназулгун атомазул, квантазул ургъалида гӏумру тӏамулел, чӏамучӏал гӏадамал.
Амма гьелдаго цадахъ гӏалимзаби чӏамучӏалин дица абиларо, Заурилгун гара-чӏвари гьабун хадуб. Гӏелмуго гӏадин, гӏумруги гӏадамалги ричӏчӏулев гӏолохъанчи ватана гьев.
Гьесул гӏелмияб борхалъиялъул бицунелъул, рехсезе бегьула графеналъул хӏакъалъулъ. Гӏадатго бицани, цӏахӏилаб тӏоккиялдаса батӏалъараб графиталъул цо гъаталда абулеб буго графенилан. Гьелдаса пайда босулеб буго смартфоналги цогидабги гьабулелъул. Докторлъиялъул диссертация гьелда тӏасан хъван буго Гӏалисултановас.
Гьеб борхалъиялде Заур вахиналъе сабаблъун ккарав аслияв кӏиго чиясул суратги бугоан гьесул кабинеталъул къадада чӏван. Гьел ккола Руслан Мейлановги Анри Рухадзеги.
Физикаялда тӏасан бокьараб суалалъе жаваб щолаанин жиндие Мейлановасухъанилан бицана Гӏалисултановас. Рухадзе вукӏун вуго аспирантураялда гьесул гӏелмияв нухмалъулевлъун.
«Нилъелъ ругел гӏемерисел гьунарал загьирлъичӏого хутӏула, амма учитель лъикӏав ккани, гьес тӏатинарула гьел. Гьединлъидал гӏемерисеб жо учителасда бараб буго», — ян байбихьана Заурилгун дир гара-чӏвари.
Нижер баян
Заур Гӏалисултанов гьавуна 1989 соналда Сулейман-Стӏал районалъул Къасумкент росулъ. Цӏалана ДГУялъул физикаялъул факультеталда.
23 сон бараб мехалда гьев вахъана физикаялъул гӏелмабазул кандидатлъун. 27 сон байдал Заурица цӏунана гӏелмабазул докторасул диссертацияги. Гьединав гӏолохъанав гӏалимчи Россиялда цо гурони гьечӏо.
Чанго соналъ цеве гьев вукӏана гӏелмуялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасул кумекчилъунги.
Гьабсагӏаталда Заур Гӏалисултановас дарсал кьола ДГУялда, гьединго хӏалтӏулев вуго РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб физикаялъул институталда.
«Нартидеги, меседалдеги, газалдеги божун чӏезе бегьуларо»
— Заур, росдал школалда дуе физикаялъул дарсал кьолев вукӏарав учитель гуревги, цойги щиб сабаблъараб дуца гьеб махщел тӏаса бищиялъе?
— Киназго кьола дие гьеб суал. Амма физикаялдехун хурхен бугел чагӏи гьечӏо нижер хъизаналда, я тухумалда. Эменги черчениялъул учитель вуго. Чӏахӏиял классазде вахиндал, дирго гъира бижана тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ гӏелму лъазабиялдехун, Бокьулаан зодовеги валагьун, унаго моцӏроца толеб нух (мухъ) борцинеги.
Дие рокьуларо щибниги баянги кьечӏого, гӏицӏго гьале гьаб жо ракӏалда чӏезабизе кколилан абулел гӏелмаби. Масала, химия – гьенир ракӏалда чӏезаризе ккола правилаби, катализаторалъул букӏунеб кьер, атомалъул энергетикиял даражаби, сунда жаниб чан электрод букӏунебали. Гьелда дандеккун физикаялъ бичӏчӏизабула тӏабигӏаталда ккараб бокьараб лъугьа-бахъиналъе чӏванкъотӏараб гӏилла кинаб бугебали. Гьединлъидал дида гьеб ракӏалдаги чӏола.
Тӏадежоялъе гьеб предмет кьолев учительги лъикӏав ккана дие.
— Дипломги гӏелмияб цӏарги щварабго, гӏелму цӏехей чӏезе толеб гӏадатги гьечӏищха цо-цоязул.
— Гӏелму лъазабулел чагӏи рукӏине ккола гьелъие мутӏигӏалги, гьеб гӏелму жидер хӏалтӏилъунги рикӏкӏунарел гӏадамал. Гьединал чагӏаз хӏисаб гьабуларо гӏодоркъоязулги отпусказулги. Сордокъоялда жанир бокьараб гӏужалда гӏелму цӏехолел рукӏуна ниж. Гьелдасан кӏудияб лазатги щола. Бихьуларищха нижее бугеб лъикӏ – рекӏее кутакаб асар гьабулеб ишалъухъ жеги гӏарацги кьолеб буго пачалихъалъ (велъулаго).
Амма унго-унголъун хӏисаб гьабуни, гӏелмуялда бараб жо гӏемер букӏуна бокьараб пачалихъалъул. Тӏабигӏиял сурсатаздалъун кигӏан бечедаб букӏаниги, гьелъул ахир лъикӏаб кколаро, гӏелмуялдехун мугъ сверулеб бугони. Гьабсагӏаталда нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунебщинаб жо ккола гӏелмиял цӏехрехазул хӏасил – гӏадатияб ярагъги, биологияб ярагъги, информациялъул ярагъги. Гьеб кинабго камун хутӏани, нартицаги, меседалъги, газалъги кумек гьабуларо улкаялъе.
«Аслияб жо — нилъго нилъецаго махсараде ккунгутӏи»
— Щуго соналъ цебе кьураб цо интервьюялда дуца бицунеб бугоан гӏелму тӏалаб гьабиялъе бюджеталдасан биччалеб гӏарцул мукъсанлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса нахъе иш кин хисараб?
— Гьанжеялдаса 15 соналъ цебе букӏараб ахӏвал-хӏалалда дандеккун, гӏезегӏан кӏудиялги лъикӏалги хиса-басиял ккана. Доб мехалда гӏалимчиясул хӏакъалъулъ гӏадамазул пикру букӏунаан гьабун квердаса жоги релълъунарев, тӏахьазде тӏаде къуларав, вакъуца холев вугев чиясул рахъалъ гӏадаб. Гьанже гьеб пикру тӏубан хисана. Гӏезегӏан ракӏгъураб гӏумруги цебетӏураб рукӏа-рахъинги букӏуна гӏалимзабазул. Хасго гӏолохъаназухъа бажарулеб буго грантазулгун проектазул къецазда бергьине. Цоцазул хӏалбихьи гӏахьал гьабизе республика ва улка тун къватӏиреги унаан гьал санкциялги цогидал гьукъа-къаялги гьаризегӏан.
Гьелдаго цадахъ гӏелму цебетӏеялъе бечедал цо-цо улкабазда кьолебгӏанасеб гӏарацни нилъер гьаниб биччалеб гьечӏоха жеги.
Букӏаниги, доба къватӏиб конкуренция кӏудияб буго. Профессорлъун вахъине ккани, цо улкаялдаса цогидаб улкаялде хьвадун, хӏалтӏун, таманаб гӏетӏ тӏезе ккола гӏалимчияс. Нилъер гьаниб гьеб рахъалъ буго эркенлъиги бигьалъиги. Хӏатталдаса ун кӏудияб гьечӏониги, моцӏимоцӏие мухь щолеб хъулухъниги буго пачалихъалъ чӏезабун. Амма хӏалтӏуе хӏажатал шартӏал чӏезари дагьаб хашго буго. Гӏалимчиясе къваригӏараб цониги алат гьабун, бачӏине лъагӏелаз чӏезе ккола цо-цо мехалъ.
Дагь-дагьккун жеги хисила гьеб. Такрарлъулев ватаниги абилин, ахираб заманалда гӏемер руго школаздаса байбихьун тӏуразарулел гӏелмиял программаби. Гӏалимзабазулги рес буго гӏарац балагьизе даран-базаралде яги тӏубан батӏияб цогидаб ишалде руссинчӏого, гӏицӏго гӏелмуялда тӏадги чӏун лъикӏал харжал щвезе.
Гьаниб бищун аслияб жо буго нилъго нилъецаго махсараде ккунгутӏи. Гӏелмуялда хадур гӏунтӏула гӏицӏго гьелъие мутӏигӏал гӏадамал. Гурони, кида-къадги гьез жидецаго тезе ккола гьеб.
— Ритӏухълъи кидаго букӏунадай гьел гранталгун проектазул къецазулъ?
— Дун гӏахьаллъула федералияб даражаялда тӏоритӏулел къецазда. Гьединлъидал гьеб рахъалъ кинабгӏаги тӏекълъи дандчӏвачӏо дида доба. Нилъер гьанибги гьанже гӏезегӏан халкколеб батила комиссиязул, экспертазул хӏалтӏуда хадуб Амма 10-15 соналъ цебегони рагӏулаан бицунеб физиказул хӏалтӏаби хал гьабизе филологазухъе кьун ругиланги.
— Гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилал ругин, амма гьел гӏумруялде рахъунел гьечӏилан бицун букӏана цо информагентствоялъе нужер директор Ахъай Муртазаевас (РАНалъул ДФИЦалъул директор – авт.). Дурги бугищ гьединабго пикру?
— Буго. Цогидал бакӏазда фундаменталияб гӏелмуялдаса гӏемер пайда босула улка цӏуниялъул министерствабаз, чӏахӏиял технологиязул ва цогидал компанияз. Нилъер гьанир абуни гьеб министерствоялъул жиндирго институтал руго къваригӏараб къайи хӏадурулел. Гьединлъидал щоларо гьезухъа заказалги. Чӏахӏиял технологиязул компаниялги цӏакъ дагь руго нилъер.
Дида ккола нартги газги гӏемерлъиялъулъ бугин нилъер гӏунгутӏи. Гӏицӏго нартги газги бичун щвараб гӏарцуде ракӏги гъун чи чӏани, цогидаб рахъ цебетӏечӏого хутӏиларищха гьесул. Гьединлъидал цинтӏаго щолеб хайирги букӏаго, чанго соналдасан тӏадбуссун жиндие пайда кьолеб ишалъе (масала, гӏелмуялъе) гӏарац биччачӏого чӏола гьев.
Гьединлъидал хутӏулеб буго фундаменталияб гӏелмуги, жиндир цӏех-рехазул хӏасилаздаса пайдаги босичӏого, заказалги щвечӏого.
Цебетӏолеб дунялги, нахъе цун тараб физикаги
— Дуца дарсал кьолел студентазул бицани, гӏемер ругищ физфакалде цӏализе лъугьунел гӏолилал? Гьанже модаялда экономисталгун юристал ругелъул.
— Цогидал факультетазда дандеккун, кӏудияб гьечӏо гьезул къадар. Дун кутакалда гӏажаиблъизавулевги вуго гьеб хӏужаялъ. Къойилго гьаб дунял цебетӏун унеб бугеб куцги бихьулаго, школа лъугӏун унел гӏолилаз физика-математика тӏаса бищунгутӏиялъе гӏилла лъазе бокьун гьабсагӏаталда хъвалеб цо гӏелмияб макъалаги буго дир. Кирехун ралагьаниги, нилъеда рихьула кванталъулал технологиялги, искусственнияб интеллектги, гӏадамал хисулел роботалги. Гӏадатиял роботални нусго соналъ церегоги раккун рукӏана. Гьанжесезда абула «умные роботы» ян. Гӏадамаздасаги «гӏакъиллъун» руго гьел. Дагьабниги лъугьа-бахъунеб жоялъе къимат кьезе лъалев чиясда бичӏчӏизе ккола 10- 20 соналдасан гьабсагӏаталда ругел киналниги махщелчагӏазул 80 процент роботаз хисизе рукӏин.
Гьединлъидал гьеб киналъулго хӏисаб гьабидал, физика нахъе цун хутӏулеб букӏиналда гӏажаиблъизе бачӏунеб буго. Нилъер республикаялъул школлъималаз къанагӏат гурони физика тӏаса бищунгутӏиялъе гӏилла щиб?
— Гӏарацги цӏаралги спортсменазе щолеллъи бихьулеб батилаха гьездаги.
— Дица доб макъалаялда бичӏчӏизабулеб буго кватӏичӏого гьеб кинабго лъугӏулеблъиги церетӏурал пачалихъазда хадур гъезе нилъер цодагьабго рес бугеблъиги. Бер къапилалде хисулеб дунялалда гӏумру гьабун руго нилъ жакъа. Гьединлъидал гьабсагӏаталда кквезе щвараб жо борчӏизе биччан тани, хадур нилъ тӏубанго рачӏалда хутӏизе руго.
Бокьараб пачалихъалъул хазиналъун ккола информация. Босе, масала, банкалъул карточка, яги балъгояб рагъул хӏакъалъулъ баянал данде гьарураб база. Щибго тӏаса камичӏого, бугеб куцалда гьеб информация цӏунизе кӏвей ккола бокьараб пачалихъалъ цебе лъолеб аслияб масъала.
Гьединлъидал нилъер школлъималаз гьединал шартӏазда физикагун математика тӏаса бищичӏого чараго гьечӏо. Амма иш тӏубанго квеш бугиланги абиларо дица. ДГУялъул физфакалде лъугьинчӏониги, школаздасанго Россиялъул регионаздеги унел руго гьел цӏализе.
ЕГЭялъги баллазул системаялъги хвезабуна цӏалул иш. Цӏалдохъан куцалев вуго лъай щвезе гуреб, гӏицӏго баллал щвезе мурадалда. Гьединлъидал экзамен кьун дагьабго заманалдасан гьесда кинабго кӏочонги тола. Щайин абуни, мурадалда бараб букӏуна гӏемерисеб жо. Жакъасел студентазул мурад буго ЕГЭялда хӏажатал баллал росизе. Гьелъие къваригӏараб гурони лъайги тӏалаб гьабулеб гьечӏо.
Букӏине кколеб куцалда реклама гьабунгутӏиялъул магӏнаги батила гьелъулъ. Цӏализе гӏолилал ахӏиялъул къагӏидаги хисизабизе ккола. Цо росулъ гӏолилалги данде гьарун, жидехъе цӏализе рачӏани, нужее лъикӏал къиматал лъелинги абун гуро гьел вузалде цӏазе кколел. Гьеб буго «кӏийилал» щолел цӏалдохъабазе данде кколеб къагӏида. Отличниказе абуни гьеб къваригӏунаро. Гьезие къваригӏун букӏуна жал профессионалаллъун рахъине. Гьезда абизе ккола нижеда лъаларин ахиралде щвезегӏан нижер факультеталда цӏализе нужеда кӏвелебищали, амма кӏванани, дунялалъул бокьараб улкаялда хӏалтӏизе бажаризе бугин нужехъа.
Дида ккола нилъер Дагъистаналъул халкъалъул ресал гӏезегӏан кӏудиял ругилан. Амма ине кколеб рахъ бихьизабизе кколаха гьезда.
— Хасаб махщел, иш ирсалъе щолеб къагӏида букӏунелъул («на генном уровне»), спортсменалги рагъухъабиги гӏемерал нилъеда гьоркьор рахъинадай кӏиабилелги Эйнштейнал, Теслаги, Ньютонги?
— Битӏараб буго. Гӏадада гуро Нобелил премия щварал гӏалимзабазул 80 процент жугьутӏазул миллаталъул бугеб. Унго-унгоги гӏакъилаб, цебетӏураб пикруялъул миллат буго гьезул. Амма гьезда хадур гъечӏониги, нилъер гьанирги рукӏана кидаго лъай кьеялъул централ. Россиялъул Югалда цохӏо нилъер гьаниб гурони гьечӏо РАНалъул филиал. Къватӏиса улкабазде щвезегӏан цӏар рагӏарал гӏалимзабиги руго гьанир. Масала, физиказул бицунеб бугони, рехсезе бегьилаан нижер институталда цӏар лъурав академик Хӏабибула Гӏамирханов, Ибрагьимхан Камилов, Ахъай Муртазаев, Муртазагӏали Рабаданов. Гьабсагӏаталда халкъазда гьоркьосеб даражаялдагицин машгьураб буго Ахӏмад Гӏалиевасул эксперименталияб къокъа, гьединго Агъалар Агъаларовасул цӏар.
ДГУялдаги буго плазмаялъул физикаялъул къуватаб школа.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.