«Вай, гьанжесеб гӏелалъул тарбия гьечӏолъи! Я чӏахӏиязул адаб, я гӏисиназул хӏурмат гуро. Хӏалтӏиги тушман буго гьезул. Гӏарацги хирияб буго. Тӏубараб къоялъ кодоса телефонги биччаларо. Къиямасеб къо гӏагарлъулеб букӏиналъул гӏаламат батилаха гьеб», — ан абун гӏарзахъдула чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал. Щайха гьанжесеб гӏелалда тӏасан гӏарзал камуларел? Малъараб щай лъималаз босулареб?
Лъималазе тарбия кьеялъул бицунеб мехалда чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз абула жидер заманалда гӏолилал батӏиял рукӏанин. Жидедаса кӏудияв чи вугеб бакӏалда лъималаз бетӏер борхулароанин мисалги бачуна гьез. Чӏахӏияз гӏолохъанаб гӏел каки инсаният бижаралдаса нахъего букӏараб гӏадат батилин ракӏалде ккола, цере рукӏарал цо-цо гӏалимзабазул ва хъвадарухъабазул хъвай-хъвагӏаял цӏалидал. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда кӏочон толеб буго лъимал Къуръан гӏадал рацӏцӏадаллъун рижун рукӏин. Кӏудиял гӏунагӏан сверухъ бугелда рекъон хисулеллъи.
Жакъа нилъер рес гьечӏо умумузул гӏадатазда рекъон лъималазе тарбия кьезе. Лъикӏаб батаниги, квешаб букӏаниги, дунялалъулго культураби гъорлъ жубараб тарбия щолеб буго лъималазе. Эбел-эмен магӏишат гьабулел ругебгӏан мехалда, лъималаз Интернеталъул «бахӏарзаздаса» мисал босичӏого толаро.
Бакъбаккул улкабазул гӏолилазул гӏадаб хьвада-чӏвади бугин гьанжесеб гӏелалъулин абула цо-цояз. Гьекъолдулел, наркотикал хӏалтӏизарулел, саяхъго хьвадулел гӏолилазул хӏакъалъулъ нилъеца бицуна рикӏкӏадасеб, нилъеда хъвалареб балагьалъул кинниги. Нилъерго хъизамалдеги щвелин гьеб балагьалъул тӏирабиян ракӏалдего кколаро. Нагагь лъималаз мекъаб нух тӏаса бищани, кинабгӏаги сурукъаб, рекъечӏеб иш гьабуни, гьеб бахчизеги гӏедегӏула. Гӏемерисез жидерго лъималаз гьабураб гъалатӏ рукъалъул рагьумахӏу тун къватӏибе биччаларо. Катица жиндирго чороклъи ракьги тӏаде хъван бахчулеб кинниги гьеб тӏупизе гӏедегӏула. Гьелдалъун лъималаздаги ракӏалде ккола квешлъи лъидасаго бахчун гьабизе бегьулеб жо бугин абун. Амма кигӏан бахчаниги, цо къоялъ гьеб гъалатӏ къватӏибе рехун бачӏуна. Лъимал рукъалде руссиндал, киназдаго бихьула ва бичӏчӏула кинаб тарбия гьезие эбел-инсуца кьун бугебали. Тӏад гъалайги биччан къачӏакӏатӏан росасе кьурай гӏамал мекъай ясалъе ва кеп кьабун ругьунав, хъизаналъ данде вачинеян ригьин гьабурав васасе тарбия кьезе лъугьуна гьезие лъимал гьарун хадуб. Гӏемерисеб мехалда лъималазе тарбия кьезе кватӏун ратула умумул.
Гьанжесеб гӏелалда кӏоларо щибго мекъаб ва захӏматаб жо хӏехьезе. Гьоркьоб цо-кӏиго нухалда дагӏба ккарабго риххулел руго хъизаналги. Жиндир заманалда лъималазе тарбия кьезе лъачӏел эбел-инсуца гьеб мехалда гӏайиб чӏвалеб буго «ккаралъуб къо хӏехьезе бажаруларел» гьанжесел нусазда, дурцазда. Цогидазда гӏайиб чӏвай бищунго бигьаяб иш гьечӏищха?
Интернеталъ куцарал
Гьанжесеб заманалъул лъимал батӏиял, тарбия босизе захӏматал ругин абула гӏемерисез. Гьеб пикру мекъаб бугин абизе кӏоларо. Эбелинсуца нилъ куцахъе гьанжесел лъимал куцан бажаруларо. Нилъер заманалда букӏинчӏо Интернет. Дунялалъулго батӏи-батӏиял культурабиги лъалароан. Жакъа лъималазул рес буго Интернеталдасан бокьараб информация балагьизе. Интернеталъ лъимал данде гьарулел руго батӏибатӏиял субкультурабазде. Цо-цоязе бокьулеб гьечӏо чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал ругьунлъараб гӏадатияб къагӏидаялъ гӏумру гьабизе. Гьеб нилъеда бихьулеб буго жакъа школазда цӏалулел багӏарккараб, хъахӏилаб ва цогидалги гӏадатиял гурел кьераз рас белъарал лъималазулъ, гьезул ретӏа-къаялъулъ. Телефоналде къулун бугеб лъимералда гӏемерисеб мехалъ бихьулеб гьечӏо сверухъ кколеб бугеб хӏакъикъат. Пуланав блогерасул, футболистасул, актерасул гӏумрудул хӏакъалъулъ цӏикӏкӏун лъалеб батула гьанжесел лъималазда. Нилъерго бахӏарчиял умумузул ва рухӏиял церехъабазул хӏакъалъулъ нилъецаги бицунеб гьечӏони, гьезги щибха гьабилеб.
25 сон базегӏан инсанасул пикру, гӏакълу тӏубанго камиллъуларин абула. Гьеб заманалда жаниб хӏатӏ кинигин бокьахъе гьетӏизабизе, бокьараб форма лъугьинабизе рес буго инсанасул гӏакълуялъул ва хасияталъул. Бищунго нилъеца кӏвар кьезе, лъикӏалде куцазе кколеб заманалда лъимадул ботӏролъ босулеб буго хӏажат гьечӏеб информация, чияр культура. Телефон кодоб кквезе ругьунлъаралдаса нахъе, гӏодиларедухъ, квалквал гьабиларедухъ, нилъго рокьиледухъ лъимадухъе кьола Интернет хӏалтӏулеб телефон.
ВШЭялъул НИУялъул статистикиял цӏех-рехазул институталъул баяназда рекъон, улкаялъул 3-6 сон барал лъималазул 68 проценталъ пайда босулеб буго Интернеталдаса. 14-16 сон баразул — 80 проценталъ. Сундухъ ралагьулел лъимал? Интернеталъуб щиб гьез цӏехолеб?
«Касперскиясул лаборатория» абураб халкъазда гьоркьосеб компаниялъ 2021 соналда гьабураб цӏехрехалъул баяназда рекъон, лъималаз Интернеталда бищунго гӏемер хӏалтӏизарулел руго социалиял гьинал (59,6 процент), хадуб интернет-тукаби (9,1 процент). Лъималаз цӏехолеб информациялда гьоркьоб 8,9 проценталъул бакӏ кколеб буго «18+» тайпаялъул видеоялъ. Гьез цӏехолеб информациялъулъ гьитӏинабго бакӏ кколеб буго хӏаяз, цоцазде хъвадарулел гӏаммал чатаз, наркотиказ, яргъица ва гь. ц. Гьел баянал щун руго Интернеталъул заралалдаса лъимал цӏунизе «Касперскиясул лабораториялъ» гӏуцӏараб «Родительский контроль» абураб программаялъул кумекалдалъун. Гьеб программаялъ лъималаздаса кинабго квешабщинаб, ай гьукъанщинаб информация ва сайтал «рахчула».
Тарбия – бищун кӏудияб сайгъат
Жиндирго рокъоб бугелъул хӏакъикъат лъазабичӏого, чияр лъимер какизе щивго гӏедегӏула. Нилъер щивасул рокъоб дандчӏвала гьеб хӏакъикъат. Гьелда тӏасан имамзабазги гьоркьоса къотӏичӏого вагӏзаби гьарула. Бечедаб магӏишаталдасаги лъикӏаб ратӏлидасаги эбел-инсул тӏалаб къиматаб букӏунин лъималазеян абула гьез.
Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго, эбел-инсуца лъималазе кьолеб бищун кӏудияб сайгъат кколин битӏараб тарбия. Къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебе бищунго кӏудияб мунагьлъун кколин хъизамалъул лъай гьечӏолъи, исламалда рекъон гьезие лъай кьечӏолъиян буго хӏадисалда. Исламиял гӏалимзабаз хъвалеб буго, лъимада Аллагь ва Авараг рехсезе малъулел, Къуръаналдаса цо-цо аяталги цӏализарулел эбел-инсуда Тӏадегӏанас Къиямасеб къоялъ кӏал гьикъизе гьечӏин. Лъимал кӏудиял гӏураб мехалъ гьезда малъараб кӏочонаро ва гьез гьарурал лъикӏал ишазухъги эбел-инсуеги букӏуна кири.
Диналда рекъараб лъикӏаб тарбия кьезе ккани, кин гьелде лъималазул рокьи бижизабилеб?
Гьитӏинаб къоялдасанго лъималазда исламалъул хӏакъалъулъ бицина. Аби буго, лъималазе тарбия кьелалде цебе цин дуего тарбия кьеян. Кигӏан нилъ гьезда малъараниги, гьез нилъер гӏамал-хасият такрар гьабулин абула. Хъизанго рокъоб бугебгӏан мехалда цадахъ жамагӏат гьабун как базе, лъималгун цадахъ исламалъул хӏакъалъулъ, лъикӏаб хьвада-чӏвадиялъул бицунел мультфильмазухъ ралагьизе лъикӏаб букӏина. Масала, «Нусса» абураб Индонезиялда бахъараб мультфильм цӏакъ бокьула гьитӏинал лъималазе. Гьелъул аслиял бахӏарзал — вац Нуссаца жиндирго яц Рарада кӏудиязул адаб гьабизе малъулеб буго, какил ва кӏал кквеялъул хиралъиялъул ва исламалъул берцинлъиялъул бицунеб буго. Гьединго Дагъистаналъул «Бахӏарчияв вас» абураб мультфильмалъ инсанасул сурукъаб, квешаб хасият какула, къватӏиб чӏвазабула.
Рокъоб парахалъи ва аваданлъи цӏуне. Расги барахщичӏого лъималазе рокьи кьейин малъула психологазги. Талихӏал ва жалго рокьулеблъи лъалел лъимал киданиги такъсирчагӏилъун лъугьунарин абула гьез.
Лъималазухъ гӏенеккизе ругьунлъе. Жидерго лъималазе лъикӏаб тарбия щвезе киналго эбел-инсуе бокьула. Гӏемерисел гьезда малъарулелги рукӏуна гьоркьоса къотӏичӏого. Лъималазул рекӏелъ щиб бугебали, гьезул пикрабазухъ гӏенеккизе киналго умумузда гуро лъалеб. Эбел-инсуда жидерго пикруги къварилъиги бицине бажаричӏел лъималаз, жалго ричӏчӏулел цогидал гӏадамазе бикьула ургъел.
Лъималазе лъикӏал гьудулзаби ралагьила. Абугьурайратица бицараб аварагасул хӏадисалда буго: «Жиндирго гьудулас гьабулеб диналде вуссуна инсан. Нужер щивас кӏвар кьун хал гьабе лъилгун гьудуллъи гьабулеб бугебали».
Нилъерго лъималазе кидаго дугӏа гьабила. Эбел-инсул дугӏа цӏакъ къуватаблъун рикӏкӏуна. Гьединлъидал, лъималазе тарбия кьолелъул гьезда битӏараб нух бихьизабеян Аллагьасда гьарун, дугӏа гьабизе ккела.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА