Абула, гьаб дуниял гӏисинал лъималазги цӏикӏкӏарал чагӏазги ккун букӏунилан. Унго, цо харабазда букӏунеб баракат, гьезул гъасда букӏунеб хинлъи! Бокьула дие зама-заманалдасан гьезул гӏакъилаб каламалъухъги, жидецаго нахъа тарал соназул хӏалбихьиялдасан гӏуцӏарал гӏумрудул дарсазухъги гӏенеккизе, гьезухъе гьоболлъухъ ине.
Некӏогоялдаса нахъе бокьун букӏана Хунзахъ росулъа Саби-кӏодолгун гара-чӏвари гьабизе. Гьелъул рокъове лъугьиндал, цо гӏажаибаб хинаб асар лъугьана рекӏее. Пасихӏаб каламалдалъун гьей гаргадизе лъугьиндал, цебе заманалда гьоболлъухъ щванилан кколеб букӏана.
Сабигат Хунзахъ росдал жавгьар йигилан абуни, дун мекъи ккеларо! Гьей йиго чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанаб налъи бичӏчӏулей, магӏарул яхӏ-намус борхатго ккурай, ккаралъуб бажариги къохӏехьейги бугей инсанги, жигарай жамгӏияй хӏаракатчӏужуги, гӏун бачӏунеб гӏелалъул тарбиячӏужуги. Хвел-гӏел ккараб бакӏалдаги, росулъ тӏоритӏулел кӏвар бугел тадбираздаги, исламияб дин цебетӏезабиялъеги Сабигатица бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабула.
Гьале жакъаги, Сабигатихъ гӏенеккараб мехалъ, дица пикру гьабулеб букӏана кисадай гьалъие гьадинаб гӏакъиллъиги цӏодорлъиги щварабилан.
Дие тарбия щвана умумузул гъасда
— Дир эбелалъул инсул чагӏи къадизабазул наслуялъул чагӏи рукӏун руго. Абу-муслим шайих исламияб динги босун Хунзахъе вачӏараб мехалъ, гьесда цадахъ рукӏаразул кӏигоял Болъихъе, кӏигоял Гъумекире ритӏун руго, лъабгоял Хунзахъго чӏун руго. Хунзахъ чӏаразда гьоркьор рукӏун руго Гӏамир Гӏабас, Гӏамир Ахӏмад, Ахӏмаду Шами. Ахӏмаду Шамил наслу кколаан дир эбелалъул инсул тухумкьибил. Гьел лъабалго рукъун руго Хунзахъ росулъ вализабазул хабзалалъ. Гьезулго наслу-тухумалъул чагӏи рукӏана Махсудкъадиги гьесул васал Нурмухӏамадкъади ва Дибиркъади.
Нурмухӏамадкъади вукӏун вуго чанго гӏелму лъалев гӏалимчи. Гьев Никӏалайихъе ахӏун араб мехалъ, гьес кьураб меседил сагӏатги, цогидал сайгъатал жанир лъурал чемоданалги рукӏана дир кӏодоэбелалъул дора цӏунун. Дир инсул кӏодоэбел йикӏана Задайилан абурай чӏужу. Зада кколаан наиб Хӏажимурадил яцалъул вас Эльдарил яс. Дун гьитӏинай чӏужу йигеб мехалъ, Зайирбег Гӏалихановги халкъияб кӏалзул гьунар бакӏарулел гӏурус гӏалимзабиги рачӏун рукӏана гьелъухъаги баянал ракӏаризе. Ракӏалда буго гьелъ гьезие цӏалараб, Баху-бика чӏвараб къоялъ жинцаго гьабураб магӏуги:
Гӏуммаханил Бахул халатаб габур Хвалчаца къотӏараб къиямасеб къо. Бахуе гьарурал гьиналъул васал Харица рухӏараб вахӏидул къапар.
Дун 10 сон барай чӏужу йигеб мехалъ хвана дир эмен. Тарбия кьуна эбелалъги кӏодоэбелалъги. Гӏемерисеб мехалъ дун йикӏунаан дирго дахӏабабал доя. Цӏакъ бокьулаан гьелъги, гьелъухъе гьоболлъухъ рачӏарал харабазги бицунелъухъ гӏенеккизе. Дица гьезде гьарурал кочӏол мухъалги руго гьадинал:
Кӏодоэбелалъул гьитӏинаб хӏужа, Дун кӏодолъаниги, щола ракӏалде Радал къалъизегӏан Къуръан цӏалулеб Гьеб берцинаб гьаракь букӏуна рекӏелъ.
Гьитӏинго харабазухъан щварал гӏакъилал дарсал абадиялъго дир рекӏелъ хутӏана, гьел дие гӏумруялъул сухъмахъазда цӏакъ хӏажалъана.
Эбел-бахӏарчӏужу
Гьитӏинго эменги хун, бесдаллъунги хутӏана Пакъирай эбелалде кӏудияб ургъел ккана. Дирги рукъалъул хӏуби къокъидаго бекана, Эбелалъул гӏадинаб къисмат диргоги ккана.
Хехгого бетӏергьанчиги хун, Сабигатица гӏезабуна 10 лъимер. Бигьаго букӏинчӏо гьелъие гьел хьихьизе, гӏезаризе.
— Цебе, гьанже гӏадин, улбузе капиталги кьолароан, лъимал гӏемерал улбузе гьабулеб кумекги букӏунароан. Цохӏого цо «Эбел-бахӏарчӏужу» абураб 1-2 орден кьуна. Гьелъухъги доб заманаялъ кепкал гурого щолароан. Гьединлъидал гӏезегӏан къо бихьана дида гьел гӏезарулаго. Гӏемерал бакӏазда хӏалтӏана. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьелги куцана дица захӏматалде. Гьанжейин абуни, дица рикӏкӏуна дун бечедай чӏужу йигин. Лъималаздаса кӏудияб бечелъи щиб букӏунеб?
«Доб заманалъухъ урхъун йикӏуна»
Сабигатида бихьана чанго батӏияб заман. Лъимерлъи байбихьана рагъул соназдасан, хадуб рагъда хадусел захӏматал сонал, улка тӏегьан букӏараб заман, гьелда хадуб хӏукумат биххараб заман ва жакъасел къоял. Кинаб заман, дур пикруялда бищунго лъикӏаб букӏарабин гьикъидал, Сабигатил берал кенчӏана.
— Битӏараб бицани, дун урхъун йикӏуна доб заманалъухъ! Цо-цо мехалъ йикӏуна, цодагьаб мехалъ урхъи буссинегӏан цебесеб заманалде тӏад юссине рес букӏарабаниян. Узухъда, доб букӏана жо мукъсанаб, захӏматаб заман. Амма сундулго къиматги, сундулъго гӏадлу-низамги букӏана. Гьабулеб лъугьи-рихьиялда сундаго бегӏ букӏунаан, гӏадамазда гьоркьобги гьуинлъи, рекъел букӏана.
Жакъаги квеш бугин абизе бегьиларо. Цӏалакъалиялъеги, хӏалтӏи-пишаялъеги, магӏишталъеги цебеялде дандеккун гӏемерал ресалги, сурсаталги, шартӏалги руго. Амма гьелдасан пайда босулел гӏемер гьечӏо. Киназго абула, заманги гӏадамалги хисун ругилан. Амма лъицаниги пикру гьабулеб гьечӏо жидерго гӏамал-хасияталъулги хьвадачӏвадиялъулги.
Хисана магӏарул чӏужугӏаданги. Цебе магӏарул чӏужугӏаданалъул хӏалтӏи гӏемер букӏунаан. Моцӏрол канлъухъеги хурир-харинирги хӏалтӏулаан, боцӏи-панзги хьихьулаан, жидерго хъизан-рукъги данде бачунаан. Жакъасей чӏужугӏаданалъе цодагьаб эркенлъи буго. Чан ругел жакъа къоялда хур-херги гьабулел, боцӏипанзги хьихьулел чагӏи? Дир пикруялда, унго-унгояй магӏарулай йикӏине ккола шаргӏалда рекъон хьвадулей, цӏуна-къарай, сабурай чӏужугӏаданлъун.
Анкьгьунар
Сабигатида лъала гӏадамазулгун хӏал рекъезабизе, гьезул ракӏ батулеб рагӏи абизе. Гьелъул кӏудияб махщел буго магӏнаял, чвахун рачӏунел кочӏол мухъал херхинеги. Росулъ хвел-гӏел ккараб бакӏалдаги исламияб дин цебетӏезабиялъеги гьелъ бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабула. Росулъ тӏоритӏулел тадбиразда, данделъабазда Сабикӏодоца гӏун бачӏунеб гӏелалъе вагӏза-насихӏат гьабула.
— Шагӏир дун йигилан абизе бегьиларо, гьанже харадуний яхъун цо-цо дирго ракӏ унтарал жалазда тӏасан пикраби кочӏодалъун загьир гьарулей йикӏуна. Бокьула гӏун бачӏунеб гӏелалъе вагӏзанасихӏат гьабизе. Дида тӏокӏцӏарги лъун буго дугӏахалатилан (елъулаго).
Гӏумрудул хӏисабги гьабулаго…
Сабигат йиго гӏадамазда гьоркьоб къадру-къимат борхатай, магӏарулалъул тӏабигӏат-гӏамал чорхолъ бессарай инсан. Гӏумрудул сухъмахъазда гӏемер къварилъаби-захӏмалъаби дандчӏваниги, гьелъ яхӏ-намусалда хӏур хъвазе течӏо, гьумер нечолеб, къадараб иш гьабичӏо.
— Нахъа тарал соназул хӏасил гьабуни, дица абила дун талихӏай инсан йигилан. Гьайгьай, гӏезегӏан захӏмалъаби дандчӏвана гӏумруялъул нухда. Амма щибаб нухалъ къуркьунгутӏизе дие кумек гьабулаан сабруялъ. Гьебгӏан цӏакъаб жо дида батичӏо. Дида лъан, лъилниги ракӏ лъукъулеб иш гьабичӏо, кидаго хӏаракат бахъула гӏадамазулъ кӏванагӏан гьуинго йикӏине. Лъималаздаги гьебго малъула дица.
Йохарай йиго, гӏадамазда гьоркьор къадру бугел, тарбия бугел лъимал лъугьиналдасаги. Бигьаго букӏинчӏо дие, рукъалъул чиги нахъа гьечӏого, гьел гӏезаризе. Амма Бетӏергьанас кумек гьабуна. Гьанжейин абуни, гьаз дун хан гӏадин хьихьун йиго.
Мухӏамад МАНАПОВ
«Хӏамзат, вахъа тӏаде»
Хӏамзат, вахъа тӏаде, тӏубачӏин мун хун,
Тӏубан бугин мурад дур кечӏ-бакъалъул.
Доб кочӏолъ ахӏараб чохтӏо-кӏазалъул,
Хутӏараб жо гьечӏин гьанже магӏарухъ.
«Умумузул гӏадат гӏодобги рехун»,
«Гӏандиса Патӏица» форма хисана,
Бералда бихьичӏеб, гӏинда рагӏичӏеб,
Цо батӏияб ратӏлилъ ругин гӏолилал.
Цебеса, нахъаса, хьолбохъа ссурал,
Гьари берцин буго модаян абун,
Чахтӏикьан раккарал халатал гъалал,
Хисун ругин гьанже прическабаца.
Рукъалъул ракьанда телевизор лъун,
Гьелъ малъулеб буго гьанже хьвадизе.
Гьенир жанир ругел рекламабаца
Бутӏрул сверун руго ал гӏолилазул.
Доб дуца ахӏараб Америкаги,
Инсул рукълъун буго гьанже халкъалъе.
Европа, Азия, аз хӏетӏ чӏечӏеб бакӏ,
Хутӏун батиларо дуниялалда.
Хирачил Гӏалица гӏезе гьарурал,
Гӏиял рехъабиги хъурмица чӏвана.
Хъутан-утаралде ине кколаро.
Окорочкабазул тукаби цӏуна.
Гьей дур Хъандулалда кваназе лъачӏел
Котлетазул буго гьанже къадеквен,
Къарнабаз цӏунараб магӏарул гӏадат,
Гӏодобе рехана ххазабейилан.
Гӏаданлъи тӏагӏараб, тӏекълъи гӏемераб,
Тӏахьаз бицаниги жо бичӏчӏуларел,
Гӏарац гӏемеразе накаби чӏвалеб,
Аб батила, Хӏамзат, доб ахир заман.
Эмен, вац, гӏагарлъи сан гьарулареб,
Сурукъабщиналъе нуцӏби рагьараб,
Щиб жо гьабуниги гӏадлъиго гьечӏеб,
Гьаб батила, Хӏамзат, доб ахир заман.
Хӏамзат, вахъа тӏаде, тӏубачӏин мун хун,
Тӏубан бугин мурад дур кечӏ-бакъалъул,
Дур кочӏолъ ахӏараб чохтӏо-кӏазалъул
Хутӏараб жо гьечӏин, вачӏа бихьизе.
Сабигат ХӏУСЕНОВА, Хунзахъ росу