Гъоркьиса 20 сентябралда Махӏачхъалаялъулги Дербенталъулги тӏабигӏат цӏуниялъул прокуратураби цолъизаруна Волга гӏурул рагӏаллъабаздаса гӏебеде ругел субъектазул гьединалго прокуратурабигун.

Махӏачхъалаялда гьеб идараялъул нухмалъулевлъун тӏамуна юстициялъул гӏакълучи Максим Макашов, Дербенталда — Михаил Лихачев.

Гьеб кӏиябго шагьаралда гуребги, тӏабигӏат цӏуниялда хурхун республикаялда дандчӏвалел тӏолалго масъалабаздеги кӏвар кьола гьел прокуратурабаз.

Сентябралдаса байбихьун гьез гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда.

Республикаялда бищун аслиял суалазул цояблъун кьищни бакӏариги хадубккун гьеб бацӏцӏад гьабиги бихьулеб буго прокуроразда. Бакӏалъул нухмалъигун цадахъ хасаб программа хӏадурулеб бугин бицана Макашовас (масала, бакӏ-бакӏазда контейнерал лъезе, кьищни жанибе балел полигоналги гьеб бацӏцӏад гьабулел бакӏалги разе).

Хасго магӏарухъ гьеб суал тӏасамасаго теялъ, цӏадал ран хадуб ахирги гӏорахъе буссунеб буго бакӏ-бакӏалда щущараб кьищни. Амма нилъехъе рачӏунел туристал къойидаса къойиде гӏемерлъулел ругебгӏан мехалъ гьеб ахӏвал-хӏал кигӏан кӏваниги хехго роцӏинабизе ккола. Гьелда бан муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулезеги цогидазеги лъазабиял гьариялда цадахъ, кватӏичӏого тӏобитӏизесеб субботникалде рахъинеги ракӏалда бугоан прокуроразда. 23 апрелалда гьеб гьабизе буго Унсоколо районалда, Кӏалбиччанкъоялдаса хадуб, 16 район гӏахьаллъараб гьединабго тадбир тӏобитӏизе буго Гӏандигӏорги Аваргӏорги рацӏцӏад гьаризе.

Лъеда тӏаса кьищни-къул бакӏарулеб хасаб техникаги босизе буго исана.

Гьединго Махӏачхъалаялда, Дербенталда гьечӏо хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциялги. Гьединлъидал, щибго нахъекъай гьабичӏого, Каспий ралъдалъе риччалел руго гьел. Ралъад чороклъун букӏиналда бан анцӏ-анцӏ соназ цебего бахъараб ахӏи жеги гӏодобцун гьечӏо. Михаил Лихачевас бицана исана лъагӏалил ахиралдехун Дербенталда бан лъугӏизе бугила хутӏелал рацӏцӏад гьарулеб бакӏ. Гьелъ дагьалъниги дагьлъилила ралъдалъе биччалеб чороклъи. Хадубккун гьединаб анцӏго бакӏ базе рагӏула Избербашалда, Дагъогниялда, Дербенталда. Республикаялъулгун федералияб бюджетаздаса гӏарацги биччан, Махӏачхъалаялдасаги Каспийскиялдасаги чвахулел хутӏелал рацӏцӏад гьаризе коллекторги буго балеб.

Жиндир заманалда гӏадамазе жаваб кьечӏел хӏакимзабазе тамихӏги гьабун буго тӏабигӏат цӏуниялъул прокурораз.

Хадуб гьез рехсана росабалъе, шагьаразде лъим бачиналъул суалги. Тӏадеялдаса тӏаде гӏемерлъулел руго гӏадамал, амма рогӏралги цогидаб системаги чанго анцӏ-анцӏ соназ бачараб куцалдаго хутӏулеб буго.

Рохьаздаса пайда босиялъулъги тӏатунел руго гӏунгутӏаби. Хасавюрт районалъул Бамматбекюрт росулъа чорокаб лъим рохьобехун чвахизе тун буго.

Гьебго Хасавюрт районалда къотӏун буго 22 миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурщил багьаяб 334 гъветӏ. Гьелда хадуб халкквезе тарав рохьил агентствоялъул хӏалтӏухъанасги щибго гьабун гьечӏо гьебщинаб зарал гьабурав чиясе. Гьанже гьелда хурхун цӏех-рех гьабулеб буго.

Гьединго цо журналисткаялъ прокуроразе бицана 2008 соналда Рохьил магӏишаталъул агентствоялъ ижараялъе кьураб Таргъу мегӏералъул гъулдул батӏияб мурадалъе гӏоло хӏалтӏизарулел рукӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьединал суалал, тӏоцебесеб иргаялда, жибго муниципалитеталда тӏаде кколин, амма гьез кӏвар кьолеб гьечӏони гурони, жидеца хал гьабуларин жаваб кьуна Макашовас. Хадубго гьесул заместителас тӏаде жубана дагьалъ цебегӏан жидер хӏалтӏухъабаз гьанжегӏагар хал гьабунила Рохьил магӏишаталъул агентствоялъ гьелги цогидалги ракьал гӏадамазухъе кьезе мекъи гьарурал къотӏи-къаязул. Гьеб суал жеги мухӏканлъизабилин рагӏи кьуна М. Макашовас.

З. ХӏАЖИЕВА