РФялъул экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ министрасул заместитель Сергей Назаровасул рагӏабазда рекъон, гьанадалъун халкъ хьезабун бажарулеб лъабго регион буго СКФОялда. Гьел ккола Ставрополь край, Карачаево-Черкесия, Кабардино-Балкария.

Сергей Назаровас бицаралда божани, гӏадамазе гӏурабгӏан къадаралда гьан чӏезабун нилъер республикаялъухъа бажарулеб гьечӏо. Амма, гьесго бицухъе, рахьдал рахъалъ нилъ цебесеб кьерда рагӏула. Мисалалъе, Северияб Кавказалъул федералияб округалъул регионазда гьоркьоб рахьдал лъабго бутӏа гьабун цо бутӏа нилъер республикаялда бечӏчӏун буго гӏачияздаса – 935 азарго тонна.

«15 вехь къваригӏун вуго дие»

Росдал магӏишат бечед гьабизе цӏиял шартӏал гӏуцӏулел, ресал ралагьулел ругин ва гӏемераб гӏарац биччазе бугин санайил бицуна. Амма гьоркьоб заман бахъиндал ва добго хабар бицине байбихьидал, суал бачӏуна — кирха ругел гьел ресал, щайха цебетӏолеб гьечӏеб республикаялда хурухъанлъи, гӏияхъанлъи, ахихъанлъи? Экономика цебетӏеялъул рахъалъ министрасул заместителас кьураб баяналда бицунеб къагӏидаялъ бугищ иш хӏакъикъаталдаги?

Гьел суалал кьуна дица республикаялъул фермеразулгун хурухъабазул Ассоциациялъул (АФКОД) нухмалъулев Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе. Хурухъанлъиялъул иш лъаларо, гӏи-боцӏул гӏелму гьекъон унеб лъимгӏанги лъикӏ лъалев магӏишатчи вуго гьев. Инсул росулъ Чӏикӏаб жиндирго фермеразул магӏишатги буго гьесул. Гьел суалал кьуна дица республикаялъул фермеразулгун хурухъабазул Ассоциациялъул (АФКОД) нухмалъулев Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе. Хурухъанлъиялъул иш лъаларо, гӏи-боцӏул гӏелму гьекъон унеб лъимгӏанги лъикӏ лъалев магӏишатчи вуго гьев. Инсул росулъ Чӏикӏаб жиндирго фермеразул магӏишатги буго гьесул.

— Рахьдал бачӏиналъул рахъалъ цебесеб кьерда Дагъистан батани, цогидал республикабазда дагьабги нахъе ккараб хӏалалъ батила иш. Дидаги бихьана Назаровас гьабураб лъазаби. Телеграмалда бугеб нижерго къокъаялдеги рехун букӏана гьеб. Амма гьебгощинаб рахь нилъер гӏачияздаса бечӏчӏун батани, кибха гьеб бугеб? Тукабазул полкаби цӏун, къватӏиса бачӏараб, Кубаналъулги, Адыгеялъулги, Белоруссиялъулги фермеразул рахь щиб гьабулебха бугеб цинги? Кибе араб, эдин батани, гьединаб бергьенлъиялда бечӏчӏун нахъе тӏураб аза-азар къали рахьдал? Дун гьелда божуларо.

Кӏиабилеб, гӏиял гьанал хӏакъалъулъ абизе бокьун буго гьадин. Гьабсагӏаталда бугеб хӏаракаталда рекъон гурони гӏи гӏезабулебги, боцӏухъанлъи цебетӏолебги гьечӏони, Сергей Назаровас абураб бакӏалде бачӏинеги буго нилъер иш кватӏичӏого.

Бокьобги тун хъвезе хьихьулев гурони, гӏалахалдеги вахъун, азаазар гӏиял рехъенги цебе къотӏун, вехьлъи гьабизе бокьарав чи жакъа ватулев гьечӏо. Ватулев гьечӏо гьединав цониги гӏолохъанчи, кан бакун валагьаниги! Доб умумузул бицен-кицадулъ абулеб гӏадин, «цӏадалабги гьекъон, бакъулабги хӏехьон» мугӏрулгун щобазда сардалги къоялги тӏамизе таваккал бугев гӏолохъанчи жакъа гьечӏо. Гьезие бокьун буго цӏикӏкӏун гӏарац щолеб хӏалтӏи. Бокьоб, цебе рагӏи-херги бан, радал-къаси кӏалцӏиги кьун хъвезе бугъа хьихьулев вукӏин гурони, гӏоркӏкӏен, чахъу-тӏинчӏ, боцӏи гӏезабулев вукӏине кколин абураб пикру гьабулеб гьечӏо лъицаниги.

— Щай дуца гьедин абулеб? Мисалалъе, дир росулъ (Гьонода) вуго гьабсагӏат гьединав лъабго-ункъониги гӏолохъанчи гӏи-боцӏиги хьихьун…

— Ратани, цӏакъ лъикӏ ккун рагӏулин, дихъеги щай гьел ритӏуларел. 15 вехь къваригӏун вуго жакъа цохӏо дие. Нижер Чӏикӏаб росулъ дир лъимерлъиялъул заманалда 500 вехь вукӏана. 500! Жакъа щуго гурони гьечӏо.

Дица абулеб гьечӏищ, дие чара гьечӏого къваригӏун вуго гӏи хьихьизе 15 чи. Гьединал гӏолохъаби щвани, регизе хинаб рукъги, кваназе тӏагӏамаб квенги, тӏад ретӏине сахаб ретӏелги кьела дица гьезие. Рохун гурони, пашманлъулареб мухьги кьела.

«Люкс» классалъул гьан, Гӏарабиялда бежараб шашлык ва экспорталъул «цо процент»

Амма нилъерго гӏадамазе гьарзаго гӏолареб гьан Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде битӏизе батулеб буго республикаялда. Гьезда цӏакъ цӏакъ берцин бихьун буго Дагъистаналдаса гӏиял гьан. Хӏатта, тукабаздегун базаразде бичизе гуреб, нилъер гьаниса бачӏинахъего кафе-рестораназде щолеб хӏалалъ битӏе гьебилан абун рагӏула гӏарабаз. Амма нилъерго гӏадамазе гьарзаго гӏолареб гьан Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде битӏизе батулеб буго республикаялда. Гьезда цӏакъ цӏакъ берцин бихьун буго Дагъистаналдаса гӏиял гьан. Хӏатта, тукабаздегун базаразде бичизе гуреб, нилъер гьаниса бачӏинахъего кафе-рестораназде щолеб хӏалалъ битӏе гьебилан абун рагӏула гӏарабаз.

Гьединаб лъазаби гьабуна гьал къоязда Руслан Гӏабаскулиевас. Гьев ккола нилъер республикаялъул экспорталъе кверчӏвай гьабулеб Централъул нухмалъулев.

Цебе Австралиялдаса бачӏунеб букӏун буго Эмиратазде гьан. Амма морозильникалъубги лъун цӏеркъараб гьеб гьедигӏанго рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо гӏарабазе, гьелде тӏадеги нилъер гӏадаб тӏагӏамабги букӏун гьечӏин гьебилан бицана Руслан Гӏабаскулиевас. Татуяб букӏиналъ, Дагъистаналдаса бачӏунеб гьан лъабго долларалъ хираго босизеги разилъун буго ОАЭ. Гьедин цо кило микьго долларалде босулеб буго. Цебе Австралиялдаса бачӏунеб букӏун буго Эмиратазде гьан. Амма морозильникалъубги лъун цӏеркъараб гьеб гьедигӏанго рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо гӏарабазе, гьелде тӏадеги нилъер гӏадаб тӏагӏамабги букӏун гьечӏин гьебилан бицана Руслан Гӏабаскулиевас. Татуяб букӏиналъ, Дагъистаналдаса бачӏунеб гьан лъабго долларалъ хираго босизеги разилъун буго ОАЭ. Гьедин цо кило микьго долларалде босулеб буго.

— Нилъер республикаялдаса гӏиял гьан гӏарабазул цогидал пачалихъаздеги битӏулелдаса чанго сон буго, — ян бицана Р. Гӏабаскулиевас. Мисалалъе, Ливан, Сагӏудиязул Гӏарабия гӏадал улкабазде гӏемер унаан гьеб. Гьезул гьениб хӏалбихьун батилаха Эмираталъул чагӏазги гьелъул. Бечедалгӏан чагӏи гурони рачӏунарел чӏухӏарал кафе-рестораназде, гьоболрукъзабахъе (отелал, гостиницаби — авт.) унеб буго нилъер гьаниса гӏиял гьан. «Люкс» классалъул даражаялда рагӏула гьеб Эмиратазда. Гьезул гьениб аслияб къагӏидаялъ варанидул гьан гурони кунеб букӏинчӏелъул, гӏиял гьанал гьабураб шашлык, стейк ва цогидабги тӏагӏам цӏакъ берцин бихьун буго гӏарабазда.

— Гьеб кинабго лъикӏ буго, амма гьедин къватӏибе гьан баччизе байбихьидал, нилъер гьанир ричарухъабаз багьа бахинабилародай гьелъул?

— Дида ккола гьабиларин. Щайилан абуни, Эмиратаздеги цогидал пачалихъаздеги республикаялдаса унеб гьанал экспорталъул къадар цохӏо процент гурони гьечӏо. Нилъерго гьаниб жанисеб базаралда бича-хисулеб гьанал къадаралда рекъон борцани, гьеб цӏакъ гьитӏинаб тарих ккола.

Гъоркьиса 800 азаргогӏан долларалде гьан бичун буго нилъер гьаниса Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде. Исана дагьабги цӏикӏкӏун бичун инин абураб хьулги буго.

Ашахан ЮСУПОВ