Гьал къоязда Дагъистаналъул бищун лъикӏал педагогазе кьуна шапакъатал. Гьеб тадбир тӏобитӏана Гӏурус театралда. Гьенире ахӏун рукӏана «Лъагӏалил учитель – 2022» абураб тӏолгороссиялъул конкурсалъул республикаялъулаб бутӏаялда бергьарал ва призераллъун рахъарал учительзаби.

Исана конкурсалда гӏахьаллъана 545 учитель. Регионалияб бутӏаялда бергьенлъи щвана 55 чиясе. Гьезда гьоркьоса республикаялъулаб бутӏаялда тӏаса вищана щуго финалистги номинациязда чӏел босарал учительзабиги.

Дагъистаналъул бищун лъикӏай учительлъун яхъана Каспийскиялъул №14 гӏемеррахъазулаб лицеялъул гӏурус мацӏалъул учительница Олеся Петрова; призераллъун – Фатима Мухӏамадова (химик-биолог, Гъаякент район), Асият Кабукаева (ИЗО, Махӏачхъала), Рашия Гӏусманова (ингилис мацӏ, Буйнакск) ва Шугӏайнат Хаштӏихова (ингилис мацӏ, Махӏачхъала).

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул

министерствоялъул пресс-хъулухъ