Гьал къоязда Дагъистаналъул экспорталъе квербакъиялъул централъул нухмалъулев Руслан Гӏабаскулиевас журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда бицана республикаялъул къайи къватӏисел пачалихъазе бичиялъул хӏасилалда ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ.
«2020 соналда республикаялъ къватӏисел улкабазе бичун букӏана 54 миллион долларалде къайи. 2021 соналда — 68 миллион долларалде. Гьелдаго гьоркьоб ичӏго миллион долларалде къайи бичулаан Украинаялде. Аслияб къагӏидаялъ цӏорол тахтаби. Исана январь моцӏалда къватӏибе бичана 2,7 миллион долларалъ цӏикӏкӏун къайи», — ян бицана Р. Гӏабаскулиевас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабсагӏаталда аслияблъун кколеб буго экспорталъул къайиялъул къадар гъоркьиса бичаралдаса гӏодобе ккезе тунгутӏи.