Наслабаз адабалда рехсола Багъужал цӏар

Гьесул кӏудияб махщел букӏана бачӏараб балагьалъ кӏвекӏулей эбелалдаги яхӏ гьечӏев такъсирчиясдаги сабуралда кӏалъазе

Цӏияб Лак районалде кӏанцӏун рукӏарал яргъид гӏуцӏарал хъачагъазе суд гьабулаго, Пятигорск шагьаралъул судалъул залалда, 2003 соналъул 17 июналда къадаралде щвана ДРялъул Верховный судалъул судияв Багъужа Гӏонжолов. Доб заманалда гьев лъаларев, гьесул цӏар рагӏичӏев чи Дагъистаналда къанагӏатги вукӏун ватиларо. Бокьун буго, гьев лъикӏав инсанги ракӏалдещвезавун, цоги нухалда гьесул хӏакъалъулъ дагьабго калам гьабизе.

Багъужалгун дир лъай-хъвай ккана мачӏадисезул рохьоб. Хохолчакмаялги, хӏалтӏул ретӏелги ретӏун, басриябго шляпаги лъун, кодоб гӏаштӏигун Дагъистаналъул Верховный судалъул судияв Гӏонжолов вихьидал, дун гӏажаиблъун хутӏана. Дида бугеб хӏал бичӏчӏараб гӏадин, гьес абуна: «Кутакалин чӏарал хӏакимзаби ва дирго ишцоял отпускалъ курортазде уна. Гьидерил тӏалъиги гӏагараб росдал тӏабигӏатги дие сундасаго хирияб буго. Гьаниб щола дие лазатги рахӏатги», — ян. Мачӏадисез бицунебго рагӏун букӏана отпускалъул заманалда Багъужа росулъе вачӏунин ва щибаб къойил гьев вихьулин рохьов цӏул къотӏулевги гамачӏ данде гьабулевги.

Анкьго сон бан букӏана Багъужаца эмен рагъде индал. Кӏиго соналдасан гьесул эбелалъухъе бачӏана магӏу бахъараб кагъатги. Дол соназда кинавго чи вукӏана къварилъиялда, амма Багъужада букӏараб хӏалалъул бицунеб цо мисал бачина. Хасалил квачалъул махӏчӏвалеб кватӏараб хаслихълъи букӏана доб. Багъужа, лъилалиго тӏадкъай тӏубазе, цого-цо бугеб горде-тӏажуялъулъ аскӏоб бугеб росулъе унев вукӏана. Магӏалъа абулеб бакӏалда гьесда дандчӏвана кӏудадал имгӏал — Магӏазило. «Гьадин толохӏочго мун эбелалъгӏаги кин виччарав, дир вас», — ан абуна гьес ва, жиндасаго бахъун, гьесда квасквасул куртка ретӏана. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ Багъужаца гӏемер бицунаан ва абулаан: «Гьеб куртка букӏана дие гӏумруялъ щвараб бищунго къиматаб сайгъат, гьелъ жакъаги дир черхги ракӏги хинлъизабула», — ян.

Багъужал эбел йикӏана гӏакъилай, гьаюдизе лъалей гӏадан. Кьварарал гӏадатазда рекъон тарбия кьун гӏезавуна гьелъ цо вугев вас. Цӏализе витӏана учительлъун, жигар бахъана гьев гӏадамалъе вахъинавизе. Дол соназда росабалъ учительзабиги тохтурзабиги хӏурматиял чагӏилъун рикӏкӏунаан, цоги махщел букӏунеблъиги гӏемерисезда лъалароан. Багъу-

жаца бергьенлъиялда лъугӏизабуна Буйнакскалъул педучилище ва ракӏбацӏцӏадго кьуна гӏагараб росдал лъималазе гӏумруялъе чара гьечӏел лъикӏлъиялъул, гӏаданлъиялъул ва захӏмат бокьиялъул дарсал. Гьел соназда Багъужа къамартӏго хӏатӏазда эхетана ва хӏукму гьабуна цебегосеб анищ гӏумруялде бахъинабизе, ай судиявлъун цӏализе ине. Саратовалъул юридикияб институтги лъугӏизабун вачӏарав Багъужа тӏамуна Советский районалъул прокуратураялъул следовательлъун. Районалъул тӏалъиялъ мустахӏикъаб къимат кьуна гьесул жигараб хӏалтӏуе ва кватӏичӏого гӏолохъанав юрист тӏамуна районалъул судиявлъун. Хадуб букӏана республикаялъул Верховный суд. Хехго лъукъулеб ва асар гьабулеб гьесул рекӏелъан ана щибаб дело, щибаб къисмат, щибаб магӏил горо. Гӏонжоловасул лъай-махщалие ва ритӏухълъиялъе мукӏурлъилъун рикӏкӏине ккола террорист С. Радуевасе ва гьесул гьалмагълъиялъе гьабулеб судалъе нухмалъи гьаби гьесда тӏадкъай.

Гьеб судалдаса хадуб «Народная газеталда» бахъараб «Приговор Радуеву — предупреждение всем террористам» абураб диргун букӏараб гара-чӏвариялда «Гьединаб судалъе председательлъи гьабизе тӏадкъай, гьайгьай, кӏудияб божилъи ккола. Щай мун тӏасавищарав?» — ан абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьун букӏана: «Нухмалъиялъ гьеб судалъул иш дида тӏадкъана. Гьединабго хӏасилалда гьеб тӏубазабилаан бокьарав дир ишцоясги», — ян.

— Судалъул заманалда дуе кинабгӏаги хӏинкъи кьеялъул хӏужа кканищ? Мун лъикӏ

цӏунулев ватила?

— Дица суд гьабиялъул рахъалъ лъилниги дагӏба букӏинчӏо, чачаназул боевиказул ра-

хъалдасан хӏинкъикьейги ккечӏо. Дун цӏунула, амма бищунго ракӏчӏараб куцалъ дун Аллагьас цӏунула.

Багъужал бетӏерлъиялда гъоркь гӏемерал такъсирчагӏазе гьаруна судал. Амма бищунго хӏалуцараблъун рикӏкӏуна Буйнакскалда гӏемертӏалаяб мина кьвагьизабиялъул ва Махӏач-

хъалаялъул Пархоменкол къотӏноб гьабураб теракталъул гӏадал, дунялалдаго ахӏи бахъи-набурал судазул заседаниял. Гьел рукӏана цӏакъ захӏматал. Багъужаца гьел тӏокӏлъиялда, тӏад рагӏи абизе кӏолареб хӏалалда тӏоритӏана. Я Россиялъул генпрокурорасул, я судалде ккарасул рахъалдасан гьесдехун щибго дагӏбаги букӏинчӏо.

Вас чӏварай эбелалдехунги такъсир гьабуразул гӏагарлъиялдехунги Багъужа адабалда ва хӏурматалда вукӏунаан. Амма судалъул гӏадлу хвезабулев чиясда гьес гурхӏел гьабулароан. Верховный судалъ хӏукму гьабун жанив тӏамурав чанго чи гьес тамихӏалдаса эркенги гьавуна. Гьев витӏаравги вукӏунаан. РФялъул судалъул бищунго тӏадегӏанаб инстанциялъги рахъкколаан гьес къотӏараб хӏукмуялъул.

Хӏукуматалъги мустахӏикъаб къимат кьуна гьесул ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе. Гьесие щварал орденал-медалал рикӏкӏинчӏого, Багъужа Гӏонжоловасе кьуна гьадинал шапакъатал: РФялъул мустахӏикъав юрист (1998 сон), «Лъагӏалил инсан» абураб цӏар (2001 сон), Хӏурматалъул орден (2003 сон), ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Хӏурматалъулаб грамота (1999 сон) ва цогидалги.

Кӏикъого чияс лъикӏав чи вукӏанин нугӏлъи гьабуни, бусурбанчи алжаналде унин абула. Багъужал хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб рагӏиго рагӏичӏо. Цо-цо чагӏаз гьесие гьадинаб къиматги кьолеб буго:

Имам Яралиев, ДРялъул прокурорлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Багъужа вукӏана Халикъасго судиялъи гьабизе, ай ритӏухълъи цӏунизе тӏасавищарав чи».

Анвар Мухӏамадов, ДРялъул Верховный судалъул председательлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Гьесда тӏадкъалаан бищунго захӏматал ишал, щайгурелъул Багъужада гӏадин берцинго, ритӏухълъи цӏунун гьел тӏоритӏун цогидазухъа лъугьунароан. Верховный судалда хӏалтӏараб 20 соналда жаниб Багъужае цониги бадибчӏвай щвечӏо. Радуевасе гьес гьабураб судалъул бицунаго, РФялъул Генералияв прокурорас «высший пилотаж» абураб къимат кьуна ва, тӏад цӏарги хъван, гьесие Макаровасул таманча сайгъат гьабуна».

Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов, ДРялъул Верховный Судалъул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Лъикӏаб лъай, Аллагьасго кьураб гьунар букӏиналъ ва умумузул гӏадатал цӏуниялъ кумек гьабулаан гьесие судазда битӏарал хӏукмаби къотӏизе. Бачӏараб балагьалъ кӏвекӏулей эбелалдаги, яхӏ гьечӏев такъсирчиясдаги сабуралда кӏалъазе гьесул кӏудияб махщел букӏана».

Суракъат Асиятилов, Халкъияб Собраниялъул депутат: «Багъужада гъваридго лъалаан жиндирго хӏалтӏи, гьес ракӏбацӏцӏадго хъулухъ гьабуна халкъалъе, ритӏухълъиялъе ва законалъе, ай къиматалда цӏунана судиясул цӏар».

Ибрагьим Хӏажиев, Шамил районалъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник: «Багъужа вукӏана ракӏалда бугеб жо абулев, абураб гьабулев чи. Дунгун цадахъ гьев цӏалана Буйнакскалъул педучилищеялда, хӏалтӏана школалда. Гьев вукӏана художествиял тӏахьал цӏалиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏ ккурав чи. Гьезул баракаталдалъун щвана гьесие лъикӏаб гӏакълу ва гӏумругун гӏадамал ричӏчӏиги».

Рамазан Гӏабдулатӏипов, Дагъистаналъул вукӏарав бетӏер: «Лъаратӏа районалъул прокуратураялъул следовательлъун хӏалтӏулев вукӏана гьев. Багъужал лъикӏлъиги, гӏаданлъиги, ритӏухълъиги бихьун, Хӏебда ва Махӏачхъалаялда гьев хӏалтӏулеб мехалъги, лъаратӏисел къваригӏелалъ гьесухъе унаан. Гьесул букӏинчӏо кӏудияб бечелъи, чӏухӏарал кӏалгӏаби, секциялда гӏумру гьабун букӏана машгьурав судиясул кӏудияб хъизан. Гьелъги гӏемераб жоялъул хӏакъалъулъ бицуна».

Кӏудияб чӏалгӏенгун кӏудияв вас Мухӏамадица бицана жидее эмен вукӏанила нух бихьизабулеб канаб цӏвалъун, жидеца жигар бахъулаанила гьесда релълъине, жидедаса гьев чӏухӏулеб хӏалалда гӏумру гьабизе. Берцин бихьулаанила гьесул хъулухъ, гӏадамазулъ гьесул бугеб къадру, гьесдаса цогидазе щолеб кумек. Гьединлъидал ниж, ай васал хӏалтӏизе анила ихтиярал цӏунулел идарабазде, хӏалтӏулелги ругила ахираталдаса валагьарав эмен жидедаса чӏухӏулеб хӏалалда.

Багъужал бищун кӏудияв вас Мухӏамад ккола юридикиял гӏелмабазул кандидат, профессор, подполковник, Махӏачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул судияв, нотариаталъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул преподаватель. Ахӏмад хӏалтӏулев вуго таможняялда, Ибрагьим ва Хӏасан — милициялда, Хӏусен — судалъул пристав.

Багъужал гӏамал-хасияталъулъ букӏана гӏадатги гӏадамалги кӏодо гьабулеб рахъги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Жакъасеб модаялда рекъон гӏемерисез, росабалъа ун, шагьаразда жидерго лъималазе бертаби гьарулеб заманалда, Багъужаца жиндирго анлъавго васасе бертин росулъ гьабуна. Гьесул анищ букӏана, пенсиялде аравго, росулъе вуссинеги. Пайда щиб, Аллагьас жиндихъего вачун ана лъикӏав инсан.

Багъужаца жиндирго рекӏелъан биччалаан Дагъистаналда ва Россиялда лъугьунебщинаб гӏалагъважа. Гьесда хӏехьезе кӏолароан улкаялъе гьабулеб бугеб инжитлъи, бахӏарчиял умумузул ирсилаз гӏадатал хӏатӏикь мерхьунел рукӏин, гӏемерисел дагъистанияз, гӏарцуда, бечелъиялда хадур лъугьун, яхӏ-намус бичулеб букӏин. Ракӏунтун бицунаан ихтиярал цӏунулел идарабазул хӏалтӏулъ ругел чӏахӏиял гӏунгутӏабазул, гьел хисизаризе жиндирго гӏолареб къуваталъул.

Батӏи-батӏиял газетазда ва журналазда гӏемер хъвана ва бицана Багъужал хӏакъалъулъ. Росдал школалда лъуна гьесул цӏар. Амма цебего заман щун бугониги, жеги гьечӏо гьесул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь. Гьединаб тӏехь букӏинаан гьев ракӏалдещвеялъе бараб памятниклъун ва гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъе унго-унгояб квербакъилъун.

Багъужаде хъварал гӏемерал кучӏдузда гьоркьоб шагӏир Залму Мухӏамадовалъул гьаб кечӏ берцин бихьана дида, цӏалдолезеги гьеб бокьилин абураб хьулалъ бахъулеб буго газеталдаги:

Инсул азбаралда кьибил гӏарцул гъветӏ

Кьолболъа бахъараб, рагӏанищ васал,

Кьолбода нур бараб меседил матӏу

Бекун гӏодоб лъураб, лъанищ Дагъистан.

Цохӏо васазейищ эмен камурав,

Кинабго Дагъистан чӏегӏербан бугин,

Цо мачӏадиселищ мунан угьдулел,

Ритӏухълъи хӏажатаз ахӏулин дур цӏар.

Рагӏиги магӏнаяв, гӏакълу камилав,

Мун къваригӏун вуго къобахъанагӏан.

Гӏадлуги битӏарав ритӏухъав инсан,

Мун хӏажалъун вуго хӏукму къотӏизе.

Гӏарцуца бичулеб чамгӏалаб заман,

Загьрулъун сверана дуе, Багъужа,

Тӏаса амру бачӏун, къотӏулеб хӏукму,

Дур ритӏухъаб судалъ тасдикъ гьабичӏо.

Законазул тӏахьал рекӏехъе лъалев,

Лъица мун хисилев Дагъистаналъе.

Ахирисеб рекӏел кӏутӏи чӏезегӏан,

Россиялъе хъулухъ гьабуна дуца.

Чӏухӏигун рехсела мун наслабаца,

Мисаллъун букӏина халкъалъе дур цӏар.

Меседил лъалкӏ тана дуца ракьалда,

Кьижа хӏасраталда, хӏасратав инсан.

Нури Нуриев