Гьаб ккола академик ва техникиял гӏелмабазул доктор Шамил Гӏалиевасулгун 2004 соналда гьабураб интервью.
Гьелъие гӏиллалъун ккун букӏана доб мехалда Россиялъул президентасул администрациялъул, хӏукуматалъул, хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул ва МВДялъул рахъалдасан академикасе «Ватӏаналъул къолден» абураб орден кьей.
Гьеб шапакъаталъ гьабураб асаралъул бицунаго, магӏарулазул рухӏияб бечелъиялъул къолденлъун вукӏине бокьилаанин жиндиеян абун букӏана Шамил Гӏалиевас.
25 июнь гьев гьавураб къо букӏинги хӏисабалде босун ва академикасда гьебги баркулаго, ракӏалде ккана доб интервью цӏидасан газеталда бахъизе.
Бицен гьабулеб гара-чӏвариялда аслияб куцалда хабар ккун букӏана гӏелмуялдагун искусствоялда ва поэзиялда гьоркьоб бугеб бухьеналда тӏасан.
Хӏакъикъиял гӏелмабазул рахъалъ хъварал, столазда тӏад ричӏун лъурал рикӏкӏен гӏемерал тӏахьазда гъорлъ ругоан Чӏанкӏалги, Махӏмудилги, гьединго ахираб заманалда рахъарал гьанжесел поэтазулги тӏахьал. Хас гьабун автографалги хъван автораз гьесие сайгъат гьарурал тӏахьал ккола гьел.
— Шамил, битӏараб бицани, гьелщинал тӏахьазда гьоркьосаги росун, гьанжесел шигӏрабазул тӏахьал дуца цӏалулел ратилин абураб жоялда щаклъизе бачӏунеб буго.
— Дуда гьедин ккеялда гӏайибго гьечӏо, жалго автораздагицин кколеб мехалда. Масала, доб дуца сайгъат гьабураб тӏехьалда гьадинал мухъаз асар гьабунин диеян абидал, «Вагь, дуца эл кучӏдул цӏализегийищ цӏаларал», — ан чӏваркьун дихъ балагьун чӏана цо поэт.
Дица гьаниб батӏаго бихьизабилаан Мухӏамад Хӏамзаевасул «Цӏуне Аллагь, Дагъистан» абураб тӏехь. Исана соналда жаниб гуребги, ахираб заманалда гъодинаб магӏнаялъулги пасихӏлъиялъулги тӏехь къватӏибе бачӏун букӏинчӏо. Гӏадатго, мухӏканго, чваххулеб лъим гӏадин хъваялъ жакъасеб къоялъул гӏузраби цере рехизе лъаялъ, добе-анибе цӏачӏого рагьун гьезул бицине кӏвеялъ гьеб тӏехь бачӏинахъего рекӏелъе бортулеб буго. Дида ккола гьеб тӏехь тӏадегӏанаб литературияб премиялъе мустахӏикъаб бугилан, гьелъие хӏалтӏи гьабизе ккола.
Дица гьединго рехсела дие асар гьарурал цогидал авторазул тӏахьаздаса мухъалги (киназулго бицине хӏал кӏвелищха). «Дун Ахӏулгохӏалда чӏимихлъун анищ, чӏегӏерал къоязул къисмат бихьараб» — Мухӏамад Гӏисаев. «Тӏогьол михьи цӏулеб хӏатӏал канчӏаб най, хваниги рес гьечӏо мун йихьичӏого» — Махсутӏ Зайнулгӏабидов. «Эбелалъ гьавула ракьалда инсан, йокьулелъ гьавула гьев гьенив тасдикъ» — Гӏирбанил Хӏажияв. «Гӏарцул цӏад балезул зваргъиялда гъоркь дурги дирги гьаракь гьоркьоб къун бугин, къойил шигӏрабазул гӏор чваханиги, гӏадан регӏиладай нилъер кечӏалде» — Гӏайшат Малачиева. «Цӏорон унеб гӏорги гӏенеккичӏодай, тӏупарал мугӏрулги ралагьичӏодай. Гьечӏо дир абизе ургъараб рагӏи, гӏалам божулелда божии гурони» — Сабигат Мухӏамадова.
Гӏезегӏан гъорлъе ваккун цӏалана Рамазан Гӏабдулатӏиповас сайгъат гьабураб анлъабго тӏехьги. Гьенир лъун руго гьесул жиндирго кучӏдулги, гьезие хъварал бакъналги, квералъ рахъарал сураталги, гӏелмуялда ва политикаялда тӏасан хъварал макъалабиги. Бетӏергьанас цо чиясе гьабщинаб гьунар кьун букӏин бихьидал, ракӏалде рачӏана кӏудияб гьунаралдасаги кӏалъазе махщелалдасаги къали бухулел бергьунилан умумуз абулел рукӏарал рагӏаби. «Гӏакълу къварилъундай гӏантлъи боххулеб, махсаро ццидалаб мехалъул лъимер», — ян хъвалеб буго Рамазаница.
Палхӏасил, гьанир цохӏо гьазул цӏарал рехсон таниги, Машидат Гъайирбеговалъулги, Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасулги, Залму Батировалъулги, Баху-Меседо Расуловалъулги цогидазулги творчествоги лъаларев, гьелъ асарги гьабичӏев чийин дунан ракӏалде ккезе бегьуларо.
— Киса-кисаги бечедалщинал чагӏазда гӏарацги кьезабун, гьелги, хӏакимзабиги, депутаталги, гьезда релъаралги реццарал, гьелдаго цадахъ гъварилъиялъул махӏго гьечӏел, бегӏукъал кучӏдуз цӏезарурал тӏахьал риччалел рукӏиналда щибин дуца абулеб?
— Цин гьезие (гьединал авторазе) лъикӏаб букӏинаан Чӏанкӏаги, Махӏмудги, Чӏиркъатӏаса Хӏамзатги, Инхоса Гӏалихӏажиявги, Ругъжаса Элдарилавги, Местӏерухъа Нурмухӏамадги (Чӏанкӏал мугӏалим) щал чагӏи рукӏаралали лъазе тӏалаб гьабуни.
Тӏагӏамабщиналъул тӏорги щун, колотӏа гӏурал гьугьунбачал гӏадин гогьдаризарун руго нилъ, магӏарулал, нилъер цересел шагӏирзабаз. Гьединлъидал гьездаса хадуб шигӏруялдаса нилъеца гӏемер жо тӏалаб гьабулеб букӏиналда гӏайибги гьечӏо. Амма нуцӏа къалеб мехалда рачӏарал пикрабазул авторал, ралъдалъе рехараб гамачӏ кинигин, заманалдасан рилула, кӏочон тола. Гӏадамазе рецц къваригӏун батани, гьебги гьабизе ккола, заманалдаса гьезда гьеб жидедаго чӏалгӏине бегьула. Гьединаб тайпаялъул чагӏи, мичӏчӏида бараб муру гӏадин, гьанже цӏакъго гӏемерлъун руго гӏалимзабазда гъорлъги. Щиб гьабунги, хунги рахъунги, тӏадегӏанал цӏарал щвечӏого чӏоларо гьел, ахиралда нухазда, къватӏазда гьезул цӏаралги лъезарула дозул гӏага-божараз.
Абухъего, церетӏурал къватӏисел пачалихъазда сунда букӏаниги, пуланав чиясул цӏар лъола гӏицӏго гьев чи хун 15-20 соналдасан. Гьеб заманалда жанив гӏадамазда кӏоченчӏого вугищ гьевали халгьабула доба. Палхӏасил, рецц бокьунилан гӏадамал (шагӏирзаби) какичӏого, щибго кӏвар кьечӏого тезе ккола, гьелда тӏад заман хвезабун щай нилъей. Гӏелмуялъулъго гӏадин, поэзиялъулъги кида-къадги тӏатуна къагӏидабиги ххвелалги гьари.
— Муи йокьулеб ххвелги гьабун, Махӏмудицаги инкар гьабулеб букӏун гьечӏин цогидал руччабазул рокьудасайин гурищ абулеб?
— Цохӏо Муиги йокьун, гьел рокьул кучӏдул хъвазе ресго букӏинчӏо, гуребани гьеб мекъи букӏинаан, цинги гьесул шигӏруги гӏорхъичӏвараб букӏунаан. Рокьул чанго батӏияб даража буго. Киналго гӏадамаз цебе чӏезабулеб жо гуро рокьи кколеб. Хӏакъикъаталда гьеб буго (бихьинчиясул мисалалда абуни) бокьараб ригьалъул чӏужугӏаданалъулъ бугеб хаслъи батун, гьелдаса рохизе лъай. Гӏолохъанал ясазухъго гӏадин, нусго сон барай кӏодохъги ккезе бегьула рокьи. Амма гьеб батӏияб рокьи букӏуна (дол гӏолохъанал ясазул улбузул цояй хӏисабалда бижараб рокьи).
— Гӏелмуялъулги искусствоялъулги бухьен щиб?
— Искусство гьелъулъин бугеб. Искусство унго-унгоги бичӏчӏизе къваригӏани, математикаллъун рукӏине ккола. Масала, гьединав вукӏана къокъаб заманалда жанив машгьурлъарав академик А. Сахаров. Нилъеда берда цебе лъун бихьулеб жо искусство батани, математика ккола батӏи-батӏиял дандекквеяздалъун, жура-гъураяздалъун гьеб нилъеда сверухъ бугеб хӏакъикъат тарихаздалъун хъвалеб искусство.
— Моцӏроде роржиналда хурхараб уравнениялъулъ поэзия кибха бугеб?
— Гьенибгоха, поэзия батӏи-батӏияб къагӏидаялда хъвазе бегьула. Гӏицӏго рагӏабаздалъун гуреб, рекӏел хӏалалдалъун бичӏчӏизе ккола гьеб. Цо заманалда музыка рикӏкӏунаан математикаялъул цо бутӏалъун. Амма хадуб баянлъана музыка гьелдасаги тӏадегӏанаб букӏин. Поль Валерица хъвалеб буго кьурдулей гӏаданалъул гьеб кьурдудехун щибго бухьен букӏине кколарилан. Ай, кьурдулеб мехалда жийго щияли гьелъ хӏисаб гьабулеб бугони, гьей кьурдухъан кколаро. Валерица абухъе, хӏакъикъаталда гьелъул кьурди ккола черх гьаваялда хъва-хъвадизаби (размазывание тела в пространстве).
Амма гӏелмуялъ жеги лъикӏалан лъазабун гьечӏо магӏаби гьаризе бугеб махщел. Хвел букъулеб параялъго ракӏалдеги рачӏуна гьел, щибаб нухалда батӏи-батӏиялги рукӏуна. Магӏихъабазда цогидав чиясул къварилъи жиндирго гӏадин бичӏчӏизе кӏвеялда хӏикмалъизе бачӏуна. Гьаб асаралъ чи Аллагьасдеги гӏагар гьавула. Цебе магӏарухъ Бахул Гӏайшатицаги Чӏанкӏал яцалъги магӏаби гьарулеб мехалда ракӏ тӏутӏун унеб асар гьабулаанилан бицуна кудиял чагӏаз. Гьебго заманалда магӏабаз гӏадамазе мадарги лъугьинабуларищха. Гьанже лъугӏун-тагӏун унел руго гьел, хасго гьанир, шагьаразда.
Абухъего, шагьаралда чиясул гӏамал-хасият тӏадеялдаса тӏаде мукъсанлъулеб буго. Берцинго херлъизе толел гьечӏо гьанир гӏадамал. Шагьаралда херав чи довго ахӏмакъ вукӏуна. Росулъин абуни херасул къадру-къимат букӏуна, гьесул рагӏи гӏинде босула. Гьаниб, гьитӏинлъи-кӏодолъи цӏехечӏого, киназего къваригӏун букӏуна киназдаго тӏасан кӏанцӏизе.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ.