Исана 25-абилеб нухалда тӏобитӏараб Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда (ПМЭФ-2022) Дагъистаналъ 16 батӏияб къотӏи-къай гьабуна туризмалда,

Сбербанкалда, ВТБялда, гӏелмуялда, экологиялда, нухазул магӏишаталда ва цогидалда хурхун.

ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 20 июналда ДРялъул нухмалъиялда

тӏобитӏараб данделъиялда Сергей Меликовасбицана, масала, ВТБялъулгун гьабураб къотӏи-

къаялда рекъон, республикаялда цебетӏелин къарзалъе гӏарац кьеялъул къагӏида, рес щвелин

банкалъул цогидал хъулухъаздаса пайда босизе.

Гьединго РЭОялъулгун (Россиялъул экологиялъул оператор) хъвараб къотӏи-къай сабаблъун 10 млрд гъурущ харж гьабизе буго республикаялда рищни-къул бакӏарулел, гьеб бацӏцӏад

гьабулел объектал раялда тӏад.

Россиялъул Гӏелмабазул академиялъулгун гьабураб къотӏи сабаблъун рес буго нилъер росдал

магӏишаталъеги ракьулъа магӏданал рахъиялъеги пайда бугел гӏелмиял цӏех-рехал цӏикӏкӏун

гьаризе, Терек гӏоралда хурхун раккулел суалал тӏуразе.

Гьединго гьанжегӏагар Сергей Меликовас журналистазе пресс-конференцияги кьуна ПМЭФалъул

хӏасилалги гьарун.

Гьесул пикруялда рекъон, нилъер регионалдехун «Газпром» гӏадал чӏахӏи-чӏахӏиял компаниязул кӏвар букӏиналъул магӏна ккола республикаялъул росабалъегун шагьаразде газ бачун бахъинабизе улкаялъул президент Владимир Путиница цебе лъураб масъалаги.

Гьеб форумалда къотӏи ккана республикаялда газомоторнияб абулеб цӏатариялъул комплексал церетӏезаризеги. Азербайжаналдегун Ираналде къайи-цӏа баччулеб нух нилъер гьанисан бугеб мехалда гьединаб цӏатариялъул кӏвар цӏикӏкӏараб букӏина.

Гьеб киналдаго гьоркьосан форумалда бищун гӏемер бицана нилъер республикаялда, гьединго

улкаялда туризм цебетӏезабизе ккеялъул хӏакъалъулъ.

Гьелда хурхун ПМЭФалда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул бетӏер Меликовас абуна ковид

тӏибитӏаралдаса, дунялалда политикаялда сверухъ ахӏвал-хӏал хисаралдаса нахъе нилъерго улкаялда жанисеб туризм цебетӏеялъе нухал рагьанила, гьединлъидал рачӏайила къватӏисел

пачалихъаздаса нахъе къачӏел шартӏал нилъерго гьанирги гӏуцӏизе. Гьедин гьес рехсана

тӏабигӏаталъул, рагъул тарихалъул ва цогидаб рахъалъги туризм цебетӏезабизе бегьулел Камчаткаги,Севастопольги, Калмыкияги.

Дагъистаналда кванил нигӏматазул къварилъи гьечӏо

Сергей Меликовасда цадахъ ПМЭФалде ун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председатель

Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги.

Масала, гьев гӏахьаллъараб цо данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана гьабсагӏаталда дунялалда лъугьараб политикиябгун жамгӏияб ахӏвал-хӏалалда бан кванил нигӏматазул нахърател гӏураб бугищ-гьечӏищ абураб суал.

Нилъер премьерас бицухъе, чара гьечӏого хӏажатал кванил нигӏматал цо-цо улкабазда хиралъун руго 70-80 проценталъ. Гьелда бан рахӏатхвей загьир гьабун буго Индия, Бразилия, Сенегал ва цогидал улкабазул вакилзабаз. Тӏадежоялъе, Россиялдаги Украинаялдаги логистикаялъе квалквалал ккеялъ 52 улкаялде баччичӏого хутӏулеб буго ролъ.

Цо талихӏалъ, Дагъистаналъе гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏин абуна Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас:

– Гӏемерисел нигӏматал нилъер гьанирго гӏезарулел ругелъул, ролъги чакарги хутӏизегӏан. Амма Ставрополь,Краснодар краяздаса бизнесчагӏазулгун ругел къотӏи-къаязда рекъон, гьеб кӏиябго нигӏмат камунги дагъистаниял хутӏиларин гӏодоре риччазарулел руго премьерас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, Дагъистаналда гӏезабулеб буго пихъилгун пастӏабазул нигӏматазул 1, 5 млн тонна. Гӏемер заманаялъ гьел жанир цӏунун тезе бакӏал гьечӏолъиялъ, цо заманалда (ихдал, хасало) нилъехъе гьел цогидал улкабаздасаги рачӏуна. Гьедин чияр нигӏматал росичӏого рукӏинелъун гьанже республикаялда ралел руго пихъилгун пастӏабазул нигӏматал жанир

цӏунулел бакӏал. Дагьалъ цебе Гъизляралдаги Гъизилюрталдаги бан бахъана гьединаб лъабго бакӏ. Гьедин гьабуни, тӏубараб лъагӏалицаго нигӏматазухъ цого багьа букӏунин абуна Гӏабдулмуслимовас.

Салул авлахъаздасагун

саранчаялдаса кин цӏунилел?

Форумалда Калмыкиялъул бетӏер Бату Хасиковасгун Сергей Меликовас гъулбасана Дагъистанги гьеб республикаги цадахъ рекъон хӏалтӏизе.

Масала, кӏиязго цадахъ лъугьун туризм цебетӏезабизе, гьелъие махщелчагӏи хӏадуризе, цадахъал ярмаркаби, лъай кьеялъул олимпиадаби, семинарал тӏоритӏизе. Гьединго росдал магӏишаталда хурхарал тадбирал гӏуцӏизе. Масала, гӏи-боцӏи хьихьулел бакӏал салул авлахъазде

сверунгутӏиялъе хӏалтӏаби гьаризе.

ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул рагӏабазда рекъон, мучӏдул

салул авлахъазде свери кӏиябго республикаялъе гӏахьалаб масъала ккола. Нилъер гьаниб Нугъай районалда руго гьединал ракьал. Советияб заманалда Калмыкиялда рагьараб фитоцентралда тӏаде кколеб букӏун буго гӏи-боцӏи кваналел бакӏал салул авлахъазде сверизе риччангутӏиялъул

тӏалаб. Нугъай районалдаги букӏана хасаб питомник. Гьенир гӏезарулаан джузгун, терескен абурал гӏисинал гъутӏби.

Гьаб ахираб заманалда Нугъай районалдаги гьелъулгун гӏорхъода бугеб Калмыкиялъул ракьалдаги

гьава-бакъги буго багӏарун, тӏокӏалъ чӏечӏого гьуралги руго рахъунел, ракьалъе хӏалхьи кьечӏого, тӏубарал лъагӏелаз гӏиги буго гьениб кваназе

толеб. Гьединлъидал бугеб-гьечӏеб гъветӏ-хер кьолболъанго бахъун, тӏагӏинабун, чӏегӏераб къо чӏезабулеб буго гьел ракьазда.

1952 соналда абуни улкаялъул нухмалъиялъ хӏукму гьабун букӏун буго гьел ракьал рекьизе (гьениб бугеб гьава-бакъалда данде кколел нигӏматалги хьан).

Амма тӏасияб гъатги бекьун, рехун тун буго гьеб. Цинги улкаялъул нухмалъиги хисун, гьел ракьазда бан гьабураб хӏукмуги кӏочон тун буго.

Гӏабдулмуслимовасул пикруялда рекъон, тӏад хер бижулеб тӏасияб

гъат тӏагӏинабун бугоан доб мехалда.

Гьанже Россиялъул нухмалъулел гьеб суалалде тӏадруссун ругин

бицана Гӏ. Гӏабдулмуслимовас.

Волгоградалда бугеб Тӏолгороссиялъул агролесомелиорациялъул цӏех-рехазул

институталда гъорлъе унеб фитоцентрги гӏуцӏун, лъазарулел ругила мучӏдул салул авлахъалде свериялъе гӏиллабиги хадубккун гьеб масъала нахъчӏваялъе ресалги.

Амма бухӏараб гьава-бакъалда дандечӏезе кӏолеб джузгун гӏадаб гъветӏ-хер, заз-хъарахъ гьениб гӏезабичӏого, батӏияб куцалда гьеб суал тӏубазе кӏвеялда щаклъи буго премьерасул. Щайин абуни чамалиго метралъ ракьул гъварилъуде кьибилги ун, жиндиего лъим балагьулила гьелъ. Гьединлъидал гьелъул кьалбаз ккун чӏезабулила ракьги. Гӏабдулмуслимовасул

рагӏабазда рекъон, ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб пачалихъалъ субсидиялги кьун, ра-

кьул бетӏергьабазда кӏун буго гьел ракьазул 17 азарго гектар цӏи гьабизе.

Салудаса мучӏдул хвасар гьари гуребги, Калмыкиялъгун Дагъистаналъ цадахъаб хӏалтӏи гьабизе ккола саранчаялда дандеги.

«2018 соналда (дун росдал магӏишаталъул министрлъун вугеб мех букӏана гьеб) нилъеца нилъерго гьаниса тӏагӏинабулаан саранча.

Чанго сагӏаталдасан цӏидасан гъобго жо лъугьунаан Калмыкиялдасагун Ставрополь краялдаса роржун рачӏун гьезул тӏелалгун. Гьелдаса хадуб нижеца Нефтекумскалда хехаб куцалда данделъи тӏобитӏун букӏана гьеб суалги гьоркьоб лъун», — илан

ракӏалде щвезабуна Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.

Калмыкиялъгун Дагъистаналъ тӏубазе кколеб цогидаб суал ккола Каспий ралъдал рагӏаллъи кӏиязулго экономикаялъе пайдаяб куцалда хӏалтӏизаби.

Гьединго кӏиялго ургъизе руго гӏиял тайпаби камил гьариялда тӏадги. Гьелъие квербакъизе буго

Калмыкиялъулгун Дагъистаналъул аграриял гӏелмиял центразги.

Бищун машгьурал дагъистаниял – Расулги Хӏабибги

ПМЭФалда гӏахьаллъана нилъер тележурналисталги — «Дагъистан» РГВКялъул информациялъул отделалъул шеф-редактор Раисат Юсуповаги «Дагъистан» ГТРКялъул журналистка Виктория Кубаеваги.

Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалъ гьабураб асаралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Раисат Юсуповалъ «Хӏакъикъат» газеталъе:

«Дунго дое щвезегӏан, гьададигӏанго кутакаб хӏалалда, кӏодого, Петербургалъул экономикияб форум тӏобитӏулеб батилилан ккезего кколароан. Балагьун бер щолареб, дунялгӏанасеб экспо-центр, цо метргицин нахъе хутӏичӏого, кьабун цӏезабун букӏана гӏахьалчагӏазул стендаз. Гьелги рукӏана цоцалъ къец бан къачӏарал гӏадал, гьанже заманалъул тӏалабазда рекъон гӏуцӏа-къарал. Масала, «Газпромалъ» бугоан 3D-технологиялги хӏалтӏизарун, хӏадурараб гӏажаибго берцинаб инсталляция – экраналда рихьизарулел рухӏчӏаголъаби рукӏана чӏагоял жал гӏадин, цӏорол гӏеркъазукьа къватӏире раккулел, гьанже гурел гьанже видеоялдаса къватӏире кӏанцӏун рачӏинехъин ругилан ракӏалде кколел гӏадал.

«ВКонтакте» абураб социалияб сеталъул стендалъги гьабуна лъикӏабасар. Гьанже улкаялда Фейсбукги Инстаграмги гьукъун хадуса гьеб сеталъе машгьурлъи щолеб бугелъул, кигӏан кӏваниги гӏемер чиясул кӏвар буссинабизеги ккеларищха «ВКялъ» жиндехунго.

Нилъер республикаялъул стендалъул бицунеб бугони, гьеб букӏана Дербенталъул ганчӏил къадал гьабураб Нарин-хъала гӏадаб, меседил салул кьерги тӏад чӏвараб. Каспи ралъдал рагӏалда бугеб салул магӏна кколаан гьеб.

Гӏезегӏан чагӏи рачӏунел рукӏана гьенире. Хасго туризмалъул кӏвар бугоан гьезие – гастротуризм батаниги, этно яги экстремалияб батаниги. Гьаб риидал жал чара гьечӏого нужехъе щвезе кколин, жидеда Дагъистаналъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунебрагӏанилан рукӏана гьел. Туризмалда хурхун хӏадурарал буклеталги рикьулел рукӏана гьенир.

Гьаниб баян гьабизе ккола, цересел соназда нилъер республикаялдаса вакилзаби гӏицӏго гӏахьалчагӏи хӏисабалда унаан ПМЭФалде. Исана гурони хас гьабун Дагъистаналъулстенд лъечӏо гьениб.

Гьебин абуни тӏубан батӏияб даража ккола.

Гьединго Ростуризмалъул площадкаялдаги рихьизе бегьулаан Дагъистан ракӏалде щвезабулел жал

– гьениб гьалбадерие нилъер урбагун цадахъ мугӏрул хурдузул чай кьолеб букӏана. Тӏоцебе гьеб урбадул хӏалбихьарал чагӏи рукӏана риххун хутӏун, сундул гьабулеб тӏагӏам гьаб

абун. Цинги Ростуризмалъул вакилзабаз бицунеб рагӏулаан гьеб кколин умумулъанго дагъистанияз гьабулеб батараб кванил нигӏматилан. Жидерго рокъосезе яги гьудул-гьалмагъзабазе сайгъат гьабизеян, пластикалъул контейнеразда жанибе чӏванги унеб букӏана гӏадамаз урба цадахъ босун.

Дагъистаналъул хабар ккедал, бищун машгьурал дагъистаниял щал нужеда лъалелин гьикъидал, гьеб форумалда абулеб букӏана аслияб куцалда кӏиго чиясул цӏар — Расул Хӏамзатовасулги Хӏабиб Нурмухӏамадовасулги».

З. Хӏажиева