Лъаратӏа районалъул Гъебгъуда росулъа, росдал колхозалъул председателасул 9 лъималазда гьоркьов ункъабилев вас философлъун вахъиналда гӏажаиблъи гьабизе бегьула. Амма Рамазан лъикӏ лъалел чагӏаз гьелда щибниги гӏажаиблъи гьабуларо. Рикӏкӏадал мугӏрузда гӏурав, мугӏрузул кьварараб хасият жиндие насиблъарав гӏолиласул рекӏел тӏиналда гьитӏинаб къоялдаса нахъе бахчун букӏана гӏакъиллъиялдеги, све- рухъ бугеб дуниялалъул — мугӏрузулги зоб-ракьалъулги, гъутӏбузулги, инсанасулги гъваридаб цӏех-рех гьабизе бугеб шавкъ. Щибаб цӏияб къоялъ сверухълъиялъ жиндие рагьулел ругел гӏаламатазул балъголъаби лъазе кӏудияб гъира букӏана гьесул.

Философия динлъун лъугьине рес буго: масала-конфуцианство. Дин ккола философиялъул тайпабазул цояб. Гьелъул авторги ккола живго Бетӏергьан. Бетӏергьан ккола инсанас живго кӏодо гьавизе ургъараб нилъер «тӏох», живго гӏодовегӏанги гьавун — тӏокӏав щивниги кӏодо гьавичӏого вукӏине ва лъиениги живго гӏодовегӏан гьавизе рес кьечӏого букӏине. Дагъистан гӏемерисез рикӏкӏуна «Суфистазул ватӏанлъун». Гьеб буго исламалъул нух, классикияб исламалъул философиялъул аслияб мазгьаб. Гьелъ тӏибитӏизабула аскетизмги рухӏияб рахъги. Гьеб щущан ун, мугӏрузул гьаваялда гъорлъ босун буго, гьеб буго гӏадамазул гьоркьоблъиялда гъорлъги, гьелъ рихьизарула чанго гӏасрабазул тарих бугел рухӏиял магӏданалги гьезул кӏвар бугел мурадалгун масъалабиги.

Бечедаб рухӏияб рахъалъ инсан ахӏула гӏакъиллъиялде, гьеб ракӏалдаго гьечӏого тӏатуна, гьитӏинаб къоялдаса нахъе хасал лъугьа-бахъиназдеги гӏадамаздеги гьоркьове ккарав инсанасулъ. «Хӏакъикъат цӏехезе бугеб гучаб шавкъалъги хӏасраталъги» тӏамуна жеги рагьичӏел балъголъабазул цӏех-рех гьабизе. Мугӏрул… Гӏицӏго мугӏруз куцана ккараб бакӏалда хӏукму гьабизе ва цебе лъураб масъалаялъухъе ине таваккалги хӏинкъи гьечӏолъиги.

Дун цӏализе лъугьана ДГУялъул историкияб факультеталде. Армиялда хъулухъ тӏубалаго, медицинаялъул хъулухъалъул старшина университеталде цӏализе лъугьунищ? Бокьарав чиясул ботӏролъе бачӏунаро гьединаб пикру. Дун цӏализе лъугьана заочно, факультетги цебеккараб гуро тӏаса бищун букӏараб. Гьеб заманалдехун дица тӏадчӏун гӏезегӏан гӏакъилал тӏахьал цӏалун рукӏана. Гьез къватӏибе гьурщараб гӏакъиллъиялъ дир жанисеб дунял цӏезабулеб ва дида битӏараб нух малъулеб букӏана. «Тарих — гӏумруялъул насихӏатчи ккола», — ян абулеб букӏун буго Цицероница. «Цебе букӏаралъул цӏехрех гьабулаго цӏиябги лъала», — ян рикӏкӏунеб букӏун буго япониязги. Гегелица абун буго «тарих гьечӏого я инсаният, я тӏабигӏат бичӏчӏизе рес гьечӏин». Дир гучаб гъира букӏана щив кколев инсан ва сундуе гьев вижун вугевали бичӏчӏизе. Амма, дир пикруялда, цӏаларабщиналдасан гьеб бичӏчӏизе рес букӏана гьеб кинабго мухӏканго тартибалда лъураб мехалъ. Амма гьеб рес кьолаан тарихалъги философиялъги. Хадубккун бичӏчӏана маданияталъги кьолеблъи.

Дир рекӏелъ даим хутӏана инсул гьадинаб насихӏат: «Гьекъолдиялъ инсанасул бетӏер гӏадаллъизабула, цӏалдеялъ — гӏакъилаблъун гьабула. Гӏелмуялъул бищун борхатаб тӏогьиве вахинчӏого мун чӏоге. Дур цӏалуде гъира бугелъул, кӏудияв гӏалимчилъун вахъинегӏан, мун цӏалде. Гьабизе байбихьараб иш рехун тоге. Дур лъайги гӏумруги гӏадатиял гӏадамазе мугъчӏвалеб хӏубилъун букӏине биччай. Дуда гӏумруги гӏадамалги лъикӏ ричӏчӏула, гьезул къварилъаби-ургъалабазулги дуе ургъел букӏуна. Гьединлъидал дур лъикӏав нухмалъулев лъугьине вуго», — ян.

Аспирантураялде лъугьинин абураб пикру тӏоцебе ботӏролъе бачӏана, тарихчиясул дипломги щун, партиялъул райкомалда хӏалтӏулеб мехалъ. Дир ракьцоязда гьединаб тӏадегӏанаб лъаялъул кадраби хӏадур гьарулеб къагӏида букӏинцин лъалароан. Гьеб мехалдаго дун тӏуванго машгъуллъун вукӏана хӏалтӏи-ишалде. Амма гьеб заманалда дида хӏалтӏулъ гӏемерал захӏмалъаби дандчӏвана, дир пикрабиги мурадалги церетӏеялъе квалквал гьабизе байбихьана. Амма дие бокьарабги гӏемер букӏана — киналго хӏикмалъизаризеги, дунялго кодобе босизеги, дирго талихӏ батизеги. Амма гӏадада гуреблъидалха гьитӏинаб къоялдаса нахъе киб батарабги гӏакъиллъи дирго чорхолъе биччалеб букӏараб. «Гӏакъиллъи талихӏалъул кумекчи ккола», — ян абураб кици буго Кавказалъул халкъалъул. Бищунго дие бокьун букӏана дирго инсуда цеве дунго кӏудияв гӏезе.

Дир хъвай-хъвагӏаязул даптаралда бищунго хӏурматияб, бихьулеб бакӏалда рукӏана гьал рагӏаби: «Лъай тӏалаб гьабизе бугеб хӏасратги гъираги — бищунго лъикӏал хасиятазул цояб буго», — ян.

Амма цӏализе инеги бажари букӏине кколаан — заман букӏана гье- динаб. Гьедин, гӏемер ургъичӏого дун къватӏиве вахъана Махӏачхъалаялде, мацӏалъул, тарихалъул ва адабияталъул институталъул директор Хӏажи Хӏамзатовасухъе. Дида дандчӏвай гьабуна цӏодорав ва гӏакъилав инсанас. Лъаларо, киса дилъе гьединаб бахӏарчилъиги ракӏчӏейги бачӏарабали, жаниве лъу гьунаго абуна: «Хӏажи Хӏамзатович, дие гӏоло я кӏал кӏалъазе духъе витӏизе чи, я ришваталъе кьезе ша- гьи-пара дир чвантиниб гьечӏо, амма кӏудияб гъира буго аспирантураял- да цӏализе», — ян. Гьев цо лахӏзаталъ вуцӏцӏухӏунги чӏун, валагьун чӏана дихъ, хадуб, гьимизеги гьимун, абу- на: «Гьедин тавакалго, чӏванкъотӏун дида аскӏове вачӏарав чи ккечӏо жеги. Мун вачӏана унго-унгояв бихьинчи гӏадин, дицаги, бихьинчияс гӏадин, дуе аспирантураялда бакӏ балагьи- ла», — ян.

Гьелдаса нахъе бащдаб гӏасругӏан заман аниги, щиб гьелъие гӏиллалъун ккарабилан дида абизе кӏоларо, амма гьеб къоялдаса нахъе дица кидаго гьедин гьабулаан. Кӏиго-лъабго моцӏидасан Хӏажи Хӏамзатович кӏалъан вачӏана ва абуна Ленингра- далъул университеталъул философияб факультеталда бакӏ бугилан.

Дида гьев инсан киданиги кӏочон толаро — гьединал гӏадамаз ккун бугин инсанияталъул гӏумруялъул гӏуцӏиян абизе бегьула.

Дида гӏемер гьикъула, щайила мун, тарихчи, аслиябгӏаги философиялъул лъайги гьечӏого, фило- софиялъул аспирантураялде аравилан. Лъабго курс лъугӏидал дица лъай кьеялъул министрасда гьарулеб букӏана дун Москваялъул ялъуни Ленинградалъул университеталде философиялъул факультеталде лъугьинавейилан. Амма гьавичӏо. Философияги историяги цӏакъ цоцазда хурхарал жал руго. Гӏамм гьабун абуни, дир тӏолабго гӏолохъанлъи букӏана философиялъул борхалъабазде лъолеб кӏудияб галилъун. Бищун цебе медицинаялъул хӏалтӏи – «философияги медицинаги цогоял жаллъун» гурищ Демокритица рикӏкӏунеб букӏараб? Жеги лъимерлъудаго рукӏарал шигӏраби хъвазе гьарурал хӏалбихьиялги, хадубккун кечӏ-бакъаналдаги живописалдаги гьарурал цӏех-рехазги дир рекӏелъ тӏабигӏаталъулги хӏакъикъаталъулги расенал угьараб берцинаб сурат лъугьунеб букӏана. Гӏадада гуреблъидалха нилъер ракь гӏакъилал гӏадамазул цӏураб бугеб, хӏакъикъаталдаги, Дагъистан буго суфистазул ватӏан.

Дандекквеха гьанже гучал, кьва- рарал мугӏрулги Неваялда тӏад бугеб, ункъбокӏонал фигурабаздасан гӏуцӏараб шагьарги. Гьединлъидал дир доб мехалъ, рикӏкӏадаб Гъебгъуда росулъа вачӏарав, тӏоцебе Петербургалъул ракьалда хӏетӏе чӏолев вугев гӏолиласул рекӏелъ букӏараб дагьабго хӏинкъиги хаган хутӏиги бичӏчӏизе бегьула. Дица гӏемер абулаан Ленингралда «Петрил шагьарилан». Магӏарухълъиги, хӏатта Махӏачхъалаги гьеб кӏудияб шагьаргун дандеккураб мехалъ, бичӏчӏана дида берцинлъиги батӏибатӏияб букӏунеблъи. Кӏиго батӏияб тӏабгӏалъул чи кигӏан цоцазе гӏагарлъизе бегьулебали бичӏчӏана философияб факультеталда аспирантураялъул отделалъул нухмалъулев Игорь Борисович Вишневский дандчӏвайдал. Цадахъго гьес дарсал кьолел рукӏана кафедраялда ва вукӏана штанга борхиялъул рахъалъ спорталъул мастерлъун. Нижер бачӏинахъего ракӏрагьараб, божараб гьоркьоблъи лъугьана.

Дунги Кавказалда гӏурав чилъидал — тӏоцебесеб сордоялъго дица гьев ахӏана Невский къотӏноб бугеб «Кавказ» рестораналде. Гьелда ниж чӏечӏо, хадубккунги 2-3 нухалъниги ана гьевгун батӏи-батӏиял рестора- назде ва лъикӏал гьудулзабилъун лъугьана. Гьесдасан лъана дида гӏурус ракьалда гӏурал гӏадамазул рекӏел гӏатӏилъи. Гьел рестораназда гӏарац кьезеги виччалароан гьес дун, гьелдаса хадуб жиндихъего рокъовеги ахӏана. Хадусеб къоялъго дие общежитиялда бакӏги щвана, амма бокьараб мехалъ аниги цӏияв гьудуласул рукъалъул нуцӏби дие кидаго рагьарал рукӏана.

Аспирантураялъул суалги тӏубазабун, лъикӏал къиматазда экзаменалги кьун, дун ана ракьцоязулгун къо-лъикӏ гьабизе. Ва гьале дун — Гъебгъуда. Киназулгун къо-лъикӏ гьабулеб лахӏзат… Партиялъул райкомалъ дида щибго абичӏо — дирго гьениб букӏараб отделалъул нухмалъулесул заместительлъиги тун аспирантураялде лъугьине ин битӏараб ишлъун рикӏкӏунеб букӏинчӏо гье- ниб. Палхӏасил, жахӏда гьабулев чи ккечӏо, гьеб лъикӏги ккана. Гӏагараб росулъги ракьцоясул хӏукмуялда раз- илъулев чи гӏемер ккечӏо. Гьедин, дир рукъалъул кӏалтӏа гӏодов чӏун вукӏаго, аскӏовеги вачӏун вехь Сахратулаца абуна: «Дуца лъугӏизабуна институт, хӏалтӏулев вуго партиялъул райкомалда, живго колхозалъул председательгицин хӏинкъулев вуго дукьа. Мунилан абуни, кинабалиго аспирантураялде лъугьинехъин вуго. Щай дуе гьеб цӏали, дуе бокьун бугеб жого щиб? Мунго балагье, дирги дурги релълъарал носкаби руго», — ян. Гьединал лъугьа-бахъиназул хӏисабги гьабун, дица дагьаб хадуб гьадинал алфазалги хъвана: «Жиндирго жа- гьиллъиялъулгун гӏадаб рекъелги дандеккейги инсанасул гьаб ракьалда сундулго букӏунаро», — ян.

Ленинградалде вачӏиндал, дун ана аспирантураялъул отделалде. Гьениве щведал, жаниве восиялъул буюрухъалда дирго фамилиялда тӏад цоги батӏияб чӏван бихьана. Кьварарай аспирантураялъул нухмалъулелъ абуна, тӏокӏлъиялдалъун философиялъул факультет лъугӏизабурав щуго студент, ректорасул бихьиза- биялда рекъон аспирантураялде восун вугин. «Дуе, партиялъул чиясе, жеги тӏаде бакӏ кьезе ккола. Исана кьечӏони, тӏадеялъулгӏаги кьезе ба- тила», — ян. Дун ццидахана. «Дуца бицунеб щиб? Гъебгъуда Ленинград гуро. Дун тӏолабго районалъго нуха регӏана гьаниве. Киназдаго лъала дун цӏализе аравлъи. Дица гьезда кин бичӏчӏизабилеб, жидецаго ахӏун арав дир цӏаралда тӏад цоги отличникасул цӏар седон батаниланищ абилеб?» — ан гьикъана гьелда. «Дун гуро гьелъул тӏалаб гьабизе кколей чӏужу. Дие гьелъул щибго ургъелги гьечӏо», — ян кьуна гьелъги жаваб. Ленинградалде вачӏиндал, дун ана аспирантураялъул отделалде. Гьениве щведал, жаниве восиялъул буюрухъалда дирго фамилиялда тӏад цоги батӏияб чӏван бихьана. Кьварарай аспирантураялъул нухмалъулелъ абуна, тӏокӏлъиялдалъун философиялъул факультет лъугӏизабурав щуго студент, ректорасул бихьиза- биялда рекъон аспирантураялде восун вугин. «Дуе, партиялъул чиясе, жеги тӏаде бакӏ кьезе ккола. Исана кьечӏони, тӏадеялъулгӏаги кьезе ба- тила», — ян. Дун ццидахана. «Дуца бицунеб щиб? Гъебгъуда Ленинград гуро. Дун тӏолабго районалъго нуха регӏана гьаниве. Киназдаго лъала дун цӏализе аравлъи. Дица гьезда кин бичӏчӏизабилеб, жидецаго ахӏун арав дир цӏаралда тӏад цоги отличникасул цӏар седон батаниланищ абилеб?» — ан гьикъана гьелда. «Дун гуро гьелъул тӏалаб гьабизе кколей чӏужу. Дие гьелъул щибго ургъелги гьечӏо», — ян кьуна гьелъги жаваб.

Гьелъулгун ккараб гарачӏвариялдаса хадуб, жанахӏалъусан унаго, битӏахъе магӏил гарал гьулчун рачӏунел рукӏана къватӏире. Киве инев, щиб гьабилеб? Амма ккана «тӏадчӏун хӏалтӏарасе гурого икъбал гьимуларо» абураб гӏурусазул кициялда рекъон. Дир пикру ккана КПССалъул ЦКялда хӏалтӏулей лъалей гӏаданалъухъе кумек гьарун кӏалъазе. Хъизаналгун цадахъ санаториялде хӏухьбахъи гьабизе индал ккун букӏана нижер лъай-хъвай. Гӏемер вихха-хочиялъ ккараб жогицин бицун бажаруларого вукӏана дун. Ва рагӏана: «Москваялде вачӏа», — ян абулеб.

Александра Глебовна йикӏана ЦКялъул гӏелмуялъул ва лъай кьеялъул идарабазул завотделасул заместителасул секретарь. Гьелъ нухмалъулесе дир ккара-тараб бицана. Гьеб параялъго гьес гьеб суалги тӏубазабуна. Ленинградалде дун щвелалде дида хадуб ахӏи бахъун, дун валагьулел ратана. Хӏатта Дагъистаналдегицин кӏалъан руго. Вачӏун вахъиналде, хъата-масан аспирантураялде ахӏана. Гьений дида, гьурмал кьерги тӏун, дандчӏвана отделалъул нухмалъулей. Гьелда лъазабун буго хӏалтӏул къо лъугӏилалде Гӏабдулатӏипов жаниве восанин абураб буюрухъ хӏадур гьабичӏони, хӏалтӏудаса нахъе рехизе йигин.

Къо бихьун аспирантураялде нух бахъун хадуб, диде тӏаде бегана аслияб захӏмалъи. Тарихчи-заочник, щиб гьабунги, улкаялъул бищунго лъикӏазул цояблъун рикӏкӏунеб университет тӏокӏлъиялда лъугӏизабурал выпускниказда хадув гъезе кколаан. «Гӏелмуялъул бетӏер — гӏакълу, гӏакълуялъул бетӏер – сабру», — ян абула дагъистанияз. Дица диего гьадинаб низам чӏезабуна: радал ичӏго тӏубаралдаса къаси ичӏго тӏубазегӏан Салтыков-Щедринил цӏаралда бугеб библиотекаялдеги ун, дидаго тӏад хӏалтӏизе, цӏалдезе. Низам дагьаб чучлъизе биччалеб букӏана шамат къоялъ: радал ичӏгоялдаса къаси анлъго тӏубазегӏан. Кафедраялъул данделъабиги лекциялги хӏисабалдеги росичӏого. Дие кӏудияб асар гьабулаан цояздаса цоял лъикӏал гӏалимзабазул гӏакъилаб каламалъ. Цо рагӏи гъоркь течӏого, дир рекӏелъ даим бикӏун хутӏана гьез бицараб- щинаб.

Амма библиотекаялда тӏоритӏулел тӏубаралго къояз дир психикаялда лъикӏаб кьаби щвезабуна. 12 сагӏат тӏахьазда нахъа рехулев дица, рекӏел тӏиналде хъамуна эркенав магӏаруласул рухӏги хӏалги. Цо-цо мехалъ тӏахьазда нахъаго кьижун ккун ватулаан, цо-цойин абуни, хӏалицаго жаниб хӏебтӏун чӏезабулаан, рескъотӏиялъ къватӏибе борчӏизехъин букӏараб гьаракь. Гьеб мехалъ хӏажатханаялдеги ун, дун биччан гьаракьгун хъегӏулаан, «унти» нахъе хъамулеб киниги. Гьелъул дагьабго кумекги кколаан. Гьединлъидал, «къобихьичӏого гӏелму гьечӏо» абураб кици дида цӏалун гуреб, бихьун бичӏчӏана. Гӏумруялъ дида гӏурусазул хъвадарухъан Лев Толстоясул рагӏабиги ричӏчӏизаруна: «Щиб букӏаниги кӏудияб жо гьабизе ккани, кинабго рухӏги хӏалги цо рахъалдехун буссинабизе ккола», — ян абураб.

Цоги, дие рекӏеде вачӏине кумек гьабулеб жо букӏана волейбол. Университеталъул тӏаса бищараб командаялъе гӏоло анкьида жаниб кӏицӏул тату хвезегӏан хӏалаан дун. Библио- текаялъулгун волейболалъул низамалда рекъон хӏалтӏана кӏиго соналъ. Гьеб мехалдехун лъикӏаб хӏасилги бихьизабуна — хъван бахъунеб диссертацияги, кӏиго монографиялъе хӏадурараб материалги букӏана. Ро- сулъа васасе гьеб гӏезегӏан лъикӏаб бергьенлъи букӏана. Амма дие гьеб бергьенлъи щвезе ресго букӏинчӏо гӏажаибай чӏужугӏадан Татьяна Бур- мистрова дандчӏвачӏейани. Гьей йикӏана кутакалда берцинай, ракӏ лъикӏай чӏужу. Аскӏор ругезецин къватӏибе гьурщун бачӏунаан гьелъулъ бугеб лъикӏлъиги, къуватги, гӏакъиллъиги. Гьелъие доб мехалъ букӏана 60 сон. Гьелъул дидехун — Кавказалдаса вачӏарав аспирантасдехун букӏана васасдехун гӏадаб хинаб бербалагьи. Гьелъ дида Рамазанчикилан гурого абулароан.

Гьелъухъе гьоболлъухъе щведал, кваназе столалда нахъа, жиндирго росгун гӏодов чӏезавулаан дун. Хадуб гурого байбихьулароан гӏелмуялда тӏасан гара-чӏвари. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида Кавказалъул халкъазул гӏадаб гьоболлъи цогидазеги хасиятаб букӏин.

Бурмистрова йикӏана халкъазул гьоркьоблъиялъул кӏудияй махщелчӏужу. Дагъистаналдаса вачӏарав дие гьеб рахъ байбихьудасанго мухӏканлъана. Дица байбихьудаго абуна дирго гӏелмияв нухмалъулесда дир гьелда тӏад хӏалтӏизе кӏудияб гъираго гьечӏилан. Дие бокьун букӏана живго инсанасда хурхараб суалалъул цӏех-рех гьабизе, «щив чи кколев инсан?» абураб суалалъе жаваб балагьулев вукӏана. Щиб дуда бажарулеб? Татьяна Юрьевнагун цадахъ лъугьун нижеца цӏияб тема ургъана – «Халкъазул гьоркьоблъиялъул гӏуцӏиялда гьоркьов инсан» абураб. Гьеб букӏана доб заманалда цӏакъ интересаб суал. Гьеб темаялда тӏасан цохӏо Бакуялдаса Афранла Дашдамировас хъвараб «Инсанги миллатги» абураб тӏехь гурого биччан букӏинчӏо. Хадуб Дашдамиров хӏалтӏулев вукӏана дица нухмалъи гьабулеб Москваялда бугеб президентасда цебе гӏуцӏараб пачалихъияб хъулухъалъул академиялъул кафедраялда.

Дица хъвараб диссертация бихьидал Татьяна Юрьевнаялъ абуна: «Гьез мун кванан лъугӏизавичӏониха, Рамазанчик. Ахирияб 20 соналъ заман щвелелдего лъицаниги цӏунун букӏинчӏо нижер гьаниб диссертация», — ян. Амма Гӏабдулатӏипов пицӏгӏанги тӏаса вичӏулев вукӏинчӏо, ва гьеб мехалъ гьелъ текст кьуна кафедраялъул нухмалъулев Белых Аккат Калистратовичасухъе. Гьев кутакалда гӏажаиблъун хутӏана заочно вузги лъугӏизабун вачӏарав росулъа вас киназдасаго цеве ккараб мехалъ. Гьес абуна, гьев хӏадурун ватани, диссертация цӏунизе виччайилан. Диссертациялда тӏасан бахӏс гьабуна кафедраялдаги проблемнияб группаялдаги. Къватӏибе кьабун кьуна авторефератги «гӏадатияв гурев» аспирантги вахъана жинцаго хъвараб диссертация цӏунизе. Дица диссертация цӏунулеб мехалъ, курсцоязда гьоркьоса цохӏо Борис Соболевский гурого вачӏинчӏо. Гьев ккола полковник, гӏелмабазул кандидат Игорь Собо- левскиясул эмен. Гьесие дун цӏакъ вокьулаан, сундулъго кверчӏвайги гьабулаан. Бигьаго букӏинчӏо дис- сертация цӏунизе. Амма диссерта- ция цӏунулеб мехалъ квекӏенал гьа- рулел чагӏи камичӏониги, ВАКалъ дир диссертация тасдикъ гьабуна, кафедраялъул ассистентлъун тана. Гьеб мехалда дица дарсал кьолаан университеталъул юридикияб факультеталда. Гьебго заманалда гьенив цӏалулев вукӏана В. В. Путинги. Амма дун хӏалтӏулаан Чехословакиялдаса студентазул къокъагун, гьединлъидал, улкаялъул вукӏинесев бетӏерасулгун доб заманалдаго лъайхъвай букӏанилан рецц-бакъ гьабизе дида кӏвеларо. Тӏоцебе гьениб щвараб лъикӏаб хӏалбихьиялдаса хадуб, нилъер пачалихъалъулги къватӏисел пачалихъазулги анцӏанцӏ лъикӏа-лъикӏал университетазда лекциял цӏализе рес щвана дие. Батӏи-батӏиял соназда нухмалъи гьабуна батӏи-батӏиял кафедрабазе ва Культураялъул университеталъе. Амма Ленинградалъул университеталде жаниве лъугьиндал, дир черхалда гъаргъар бала. Дие гьеб буго цӏакъ рекӏее гӏагараб бакӏги, кӏудияб гӏелмуялъул къебелъиги, чанги машгьурал, кӏудиял гӏадамазул нухалъе кьучӏ лъураб кӏалгӏаги.

1979 соналда, дун – гӏолохъанав философиял гӏелмабазул кандидат Махӏачхъалаялде тӏад вуссана. Дандчӏвана цебегоялдаса нахъе диргун лъай-хъвай букӏарав педагогикияб университеталъул ректор Ахӏмад Мухӏамадович Ахӏмадовгун. Гьес дица гьенир гьарурал ишазе лъикӏаб къимат кьуна ва абуна сентябралдехун кӏудияв преподавателасул хъулухъ кьелилан. 25 августалдехун дица кинабго хӏадур гьабуна: планги, лекциялги, семинаралги. Ахӏмад Мухӏамадовичас дун кӏудияв преподавательлъун тӏамураб мехалъ дида битӏахъе куркьбал рижана. Ракӏалде кколеб букӏана гӏумру тӏегьалеб за- вал бугин: гӏагараб Ватӏаналде тӏад вуссинги, церехун ругел хӏалтӏулги творчествоялъулги борхалъабазде тӏавап гьабизе хиялазда вугев дунги…Амма кинабго батӏайиса ккана — институтазда киналго хъулхъал рикьун рахъун ратана. Квартира щвезеги рес букӏинчӏо, хӏатта Махӏачхъалаялда прописка гьаби- зецин кӏвечӏо. Цинги къасд ккана Мурманскиялъул тӏадегӏанаб ралъдал инженериялъул училищеялде философиялъулгун гӏелмияб коммунизмалъул кафедраялъул доцентасул бакӏалде гьабулеб конкурсалда гӏахьаллъи гьабизе. Вячеслав Масловасул кверчӏваялдалъун дун гьениве ворчӏана ва таваккалго цӏияб гӏумруялде гали лъуна.

(Рамазан Гӏабдулатӏиповасул ракӏалде щвеяздаса)