Рамазан Гӏабдулатӏипов. Дипломат. Философ. Дагъистаналъе бетӏерлъи гьабураб магӏарулав. Гьесул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял гӏадамазул руго батӏи-батӏиял пикрабиги. Гьитӏинаб хъизамалдагицин киназулго пикраби цолъулареб мехалда, гӏажаиблъи гьа- бизе ккараб жо гуро гьесул хӏакъалъулъ бицунеб жоги батӏи-батӏияб букӏиналда. Гьаниб дица хъвалеб буго гӏицӏго дирго пикру. Дир гӏумруялъул ахӏилъун ккола инсанасулъ бищун цебе гьесул лъикӏал рахъал рихьизе хӏаракат бахъи. Кинабха букӏараб Дагъистан гьесул нухмалъиялда?
Тӏоцебесеб иргаялда, нилъ тӏад руссана умумузул гъасде ва годекӏанире. Цӏидасанги дандчӏвана миллиял гӏадаталгун ва гӏамалалгун. Миллияб ратӏлил къимат борхана. Рекӏелъ кӏудияб рохел ва миллаталдаса чӏухӏи рещтӏунаан дихъе, миллиял байрамазда миллияб партал ретӏарал бихьиналги руччабиги рихьараб мехалда. Гьев живгоги вачӏунаан магӏарул бихьинчиясда цӏакъ рекъон букӏунеб бухариги лъун. Гьединабго ретӏелги ретӏун, данделъабазде рачӏунаан хӏакимзабиги. Гьеб букӏана Дагъистаналъул халкъазул хаслъиялъул цо гӏаркьел – миллияб партал.
Кӏиабилеб иргаялда, дагъистаниязул рухӏияб бечелъиялъулъ кӏудияб бакӏ ккуна Махӏачхъалаялда Р. Хӏамзатовасул проспекталда Р. Гӏабдулатӏиповас рагьараб Поэзиялъул театралъ. Гьенир гьанже тӏоритӏула дагъистаниязул рухӏияб ирсалъул тӏадегӏанлъи борцунел батӏи-батӏиял тадбирал. Хӏатта бертадул къоялъ бахӏаралгицин рещтӏуна гьенир, суратал рахъизе.
Гьебго проспекталда щибаб шаматалъ ва гьатӏаналъ машинабазе нухал къалаан, лъималазул ва гьезул эбел-инсул рес букӏана хӏухьбахъиялъе рачӏине.
Цо лахӏзаталъ гьеб гьитӏинабго нухлул бутӏа сверулаан лъималазул майданалде.
Гьенисанго гьитӏинабго сапар гьабилин республикаялъул тахшаралъул аслияб майданалда бугеб Гьудуллъиялъул рукъалде. Гьединаб берцинаб цӏар гьелъие кьолагоги, гьесда ракӏалда букӏун батила дагъистаниязул гъасде рачӏарал гьалбалги жалго дагъистаниялги гьеб цӏаралъги цолъизарилин абураб. Гьеб чӏухӏараб минаялъуб жакъаги тӏоритӏула тӏадегӏанаб даражаялъул тадбирал. Гьенисанго гьитӏинабго сапар гьабилин республикаялъул тахшаралъул аслияб майданалда бугеб Гьудуллъиялъул рукъалде. Гьединаб берцинаб цӏар гьелъие кьолагоги, гьесда ракӏалда букӏун батила дагъистаниязул гъасде рачӏарал гьалбалги жалго дагъистаниялги гьеб цӏаралъги цолъизарилин абураб. Гьеб чӏухӏараб минаялъуб жакъаги тӏоритӏула тӏадегӏанаб даражаялъул тадбирал.
Дагъистаниязул рухӏияб рахъ цебетӏеялъе кӏудияб квербакъи гьабулеб байрамлъун букӏана «Цӏамаури» фестиваль. Гьединаб берцинаб, гьудуллъиялъул гьуинаб махӏалъул цӏураб байрам щай жакъаги гьабизе бегьулеб букӏинчӏеб? Батӏалъи щиб букӏараб нилъее, кинаб районалда гьеб гьабуниги. Рорхатал мугӏрузги, гӏажаибго берцинаб тӏабигӏаталъги, берцинал гӏадатазги, хӏасратаб гьудуллъиялъги хӏайран гьарун рукӏинчӏищ нилъ.
Лъил квербакъиялдалъун тӏуни щиб, мугӏрузул нухазде хъил тӏейгицин гъалатӏлъун бихьана цоцоязда. Гьесги миллат гьабичӏого тун букӏарабани, щивха регӏизе вукӏарав. Дагъистаналде? Гьес бетӏерлъи гьабулеб заманалда гурищ, Гӏалибег Гӏалиевасул цӏар «хехаб кумекилан» машгьурлъараб Дагъистаналда. Гьев магӏарулав хӏадурав вукӏана, щиб миллаталъул чияс ахӏаниги, кумекалъулаб квер бегьизе. Махӏниги кӏвахӏаллъичӏого, унаан гьев Дагъистаналъул бищунго рикӏкӏада бугеб районалдеги.
Р. Гӏабдулатӏипов бетӏерлъуде вачӏиналдаго цадахъ дагъистаниязухъе тӏад буссана парахалъиги. Гӏабдулатӏиповасул хӏалтӏул бицунаго, цохӏо мисалгицин гӏелаан – КОР, ай Октябралъул цӏаралда бугеб канал бацӏцӏад гьаби. Доб мехалда бицунго бахъунеб букӏинчӏо гьениб батараб чороклъиялъул хӏакъалъулъ.
Жакъаги цӏалулел руго дица гьесул тӏахьал – рагӏул магӏнаги, гъварилъиги, гӏакъиллъиги. Нилъер гӏадамазул гӏадат буго, тӏоцебесеб иргаялда, инсанасулъ гъалатӏалги гӏунгутӏабиги хъирщизе лъугьунел. Ратила гьел Рамазанилги.
Амма гьесул хӏалтӏул бицунелъул, дида цоги ракӏалде щолеб жо – «Где удобно, остановите», – йилан ахӏдолел рукӏарал нилъги маршруткабазул водительзабиги низамалде рачана. Гьединал мисалаздасан гурищ кӏудиялдеги рачӏунел ва рачунел. Нилъеда киназдаго лъала Дагъистаналда ОГЭ ва ЕГЭ тӏоритӏулел рукӏараб куц. Гьеб тартибалде бачана Рамазаница. Учительзабазулгицин лъай борцунеб низамги чӏезабун букӏана гьес.
Гьанибго рехсечӏого гӏоларо «Россия – моя история» абураб тарихияб парк. Гьебги Гӏабдулатӏиповасул квербакъиялдалъун бараб буго ва гьанже гьебги ккола республикаялъулго чӏухӏилъун.
Гьединго ракӏалде щвезабизе бокьун буго Ахӏулгохӏда бараб мемориалияб комплекс. Ахӏулгохӏде щвезе унелъул, гьениреги цӏала нилъ. Щиб мурадалда бараб гьеб букӏун батаниги, жибго комплекс хутӏизе буго. Гьебги букӏине буго Ахӏулгохӏалъул бахӏарчияб тарихалъул гьитӏинабго бутӏалъун…
Дие Рамазан Гӏабдулатӏипов хутӏизе вуго лъикӏав ва гӏакъилав инсанлъун.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА.