Гьал къоязда ДРялъул Ветеринариялъул комитеталда тӏобитӏараб данделъиялда дандрана лъагӏалил тӏоцебесеб бащалъиялъул хӏасилал. Данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Нариман Гӏабдулмутӏалибов, комитеталъул председатель Мухӏамад Шапиев, районазул ветеринариял управлениязул нухмалъулел, гьебго хъулухъалъул батӏи-батӏиял идарабазул хӏалтӏухъаби.

Гьениб Мухӏамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кӏваралъул, церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда цӏунизе кӏвана ящур, сибирская язва, гӏиял оспа, батӏи-батӏиял гриппалъул тайпаби, туберкулез гӏадал унтабаздаса. Гьеб хӏужаялъги рес кьуна кӏудияб ками ккечӏого гӏи-боцӏиялъ хасел нухда тӏамизе. Гьебго заманалда руго хӏинкъи бугел, тӏурачӏого рес гьечӏел масъалабиги — гӏадамазде ва гӏи-боцӏуде бахунеб бруццелез ва чӏегӏербоцӏул лейкоз унтаби. Гьес мухӏканаб баян кьуна Москваялдаса республикаялде рачӏун рукӏарал «Центр ветеринарий» гӏуцӏиялъул специалистаз гьаниб гьабураб хӏалтӏул, хасго федералияб централъ чӏорого риччалел дараби пайдаялда хӏалтӏизариялда сверухъ бугеб хӏалалъе. Хӏасил гьабиялъул къалъайгун цеве вахъарав Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ракӏалде щвезабуна гӏицӏцӏаназул къадаралъул рахъалъ Дагъистан, Россиялъул регионазда гьоркьоб, тӏоцебесеб бакӏалда ва чӏегӏербоцӏул рахъалъ цебесеб кьерда букӏин. Бицана гьеб киналдаго ветеринарияб хъулухъалъ лъолеб бугеб бутӏаялъул хӏакъалъулъги. Гьениб Мухӏамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кӏваралъул, церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда цӏунизе кӏвана ящур, сибирская язва, гӏиял оспа, батӏи-батӏиял гриппалъул тайпаби, туберкулез гӏадал унтабаздаса. Гьеб хӏужаялъги рес кьуна кӏудияб ками ккечӏого гӏи-боцӏиялъ хасел нухда тӏамизе. Гьебго заманалда руго хӏинкъи бугел, тӏурачӏого рес гьечӏел масъалабиги — гӏадамазде ва гӏи-боцӏуде бахунеб бруццелез ва чӏегӏербоцӏул лейкоз унтаби. Гьес мухӏканаб баян кьуна Москваялдаса республикаялде рачӏун рукӏарал «Центр ветеринарий» гӏуцӏиялъул специалистаз гьаниб гьабураб хӏалтӏул, хасго федералияб централъ чӏорого риччалел дараби пайдаялда хӏалтӏизариялда сверухъ бугеб хӏалалъе. Хӏасил гьабиялъул къалъайгун цеве вахъарав Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ракӏалде щвезабуна гӏицӏцӏаназул къадаралъул рахъалъ Дагъистан, Россиялъул регионазда гьоркьоб, тӏоцебесеб бакӏалда ва чӏегӏербоцӏул рахъалъ цебесеб кьерда букӏин. Бицана гьеб киналдаго ветеринарияб хъулухъалъ лъолеб бугеб бутӏаялъул хӏакъалъулъги.

– ДРялъул хӏукуматалъги гьабула комитеталъе кумек, – ан абуна Н. Гӏабдулмутӏалибовас. — Масала, ахираб кӏиго соналда жаниб биччана лабораториябгун диагностикияб хӏалтӏи тӏубазе ресал ругеб кӏиго машина босизе гӏарац. Босана цӏияб тайпаялъул лабораторияб къайи, капиталияб къагӏидаялда къачӏана 30 ветеринарияб учреждение, цӏикӏкӏинабуна специалистазе щолел харжал.

Палхӏасил, лъикӏаб къимат кьуна комитеталъул хӏалтӏул гӏуцӏиялъе, ветеринариял хӏалтӏухъабазе загьир гьабуна баркала.