Москваялъул Петр Чайковскиясул цӏаралда бугеб консерваториялда тӏобитӏана «Россия – вселенная звука» абураб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб фестиваль. Гьелда гӏахьаллъана Муртазагӏали Гӏалиевас нухмалъи гьабулеб «Кочӏолаб Чӏарада» абураб Дагъистаналъул пачалихъияб бихьиназул хорги. Гьезул концерт букӏана консерваториялъул Рахманиновасул цӏаралда бугеб залалда. Гьелъул аргъанчи, машгьурав композитор Ахӏмад Гӏамирхановасулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.

— Дагъистаналда гӏемер руго кочӏол ва кьурдул коллективал. Гьезда гьоркьоса «Кочӏолаб Чӏарада» кин ккараб Москваялде?

— Ниж гьенире ритӏиялъе сабаблъун ккана Татам Мурадовасул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул филармониялъул художествияй нухмалъулей Ирина Нахтигаль. Долъ битӏана конкурсалъул гӏуцӏиялъул комитеталде нижер хоралъул хӏакъалъулъ баянал ва загьир гьабуна фестивалалда нижги гӏахьал гьареян абураб пикру. Добе битӏизе кколаан фольклорияб репертуар бугеб, умумузул бакъназда кучӏдул ахӏулеб коллектив. Гьеб кинабго бугоха нижер хоралда.

Гьеб фестивалалда Дагъистаналдаса гӏахьаллъараб ункъабилеб коллектив буго чӏарадисезул хор.

— Москваялде иналде лъикӏаб хӏадурлъи гьабизе ккун батила…

— Доба бегьулароан фонограммаялда гъоркь ахӏулеб кечӏ. Музыкалиял алаталги рукӏине кколаан чӏагоял. Гьединлъидал мухӏканго хӏадурлъизе ккана. Цоязда кочӏол рагӏаби лъалароан. Гьанир цере рахъунеб мехалда хӏалтӏизабулаан фонограмма ва рагӏаби лъангутӏиялъул квекӏен кколароан. Доба щибаб кечӏ лъазе ккола щивасда.

Нижер буго лъабго гьаракьалъ кечӏ ахӏулеб хор. Цониги чи нахъецеве ккани, биххула хор. Гьеб рахъ роцӏинабиялда тӏадчӏезе ккана.

Миллиял инструментал цӏикӏкӏинариялъул мурадалда нижеца цадахъ ячун йикӏана Хунзахъ районалъул Гӏахьалчӏиса Давудова Рахӏмат. Гьей йиго консерватория лъугӏарай, скрипкаялда бакънал рачуней гӏадан. Гьелъ бакънал рачана кеманчаялда. Нижер жеги букӏана хъумуз, къали ва кӏиго аргъанги.

— Нужер буго пачалихъияб хор. Гьелъул репетициял тӏоритӏулеб хасаб бакӏ бугищ?

— Нижго бетӏергьанаб бакӏ гьечӏо. Цере ниж рукӏана Авар театралъул минаялда. Гьелъул нухмалъи хисидал къватӏир хутӏана. Гьанже, культураялъул министралъул буюрухъалда рекъон, нижее рес щун буго кӏиго сагӏаталъ репетиция гьабизе «Лезгинка» абураб кьурдулгун кочӏол ансамблялъул минаялда. Бесдалал гӏадин руго ниж. Гьечӏо нижго бетӏергьанаб транспортги. — Репертуаралде кинал тӏалабал рукӏарал фестивалалда?

— Гӏахьалчагӏазул ихтияр буго жидее бокьухъе репертуар гӏуцӏизе. Нижеца ахӏана магӏарул, лезгиязул, даргиязул ва тумазул мацӏазда кучӏдул. Ахӏана сагӏатгун бащдалъ. Аслияб къагӏидаялда ахӏана магӏарул кучӏдул. Батӏиял халкъазул кучӏдул репертуаралда гъорлъе рачана Тӏагьир Къурачевасул бажариялдалъун. «Нилъер хор пачалихъиябги бугелъул, Дагъистаналда гӏумру гьабунги ругелъул, рачӏа цогидал халкъазулги кучӏдул ахӏизе», — ян абуна гьес. Гьабсагӏаталда хӏадурулел руго чачаназул, эрмениязул, гӏурус мацӏазда кучӏдулги. Кавказалъулго халкъазул вакилзаби хӏисабалда церерахъине ракӏалда буго.

-Москваялда гӏумру гьабулел дагъистаниял рачӏун рукӏанищ концерталде?

— Занкӏун цӏун букӏана зал. Амма магӏарулал ва цогидал дагъистаниял цӏакъ дагь рукӏана. Нижехъ гӏенеккизе рачӏана дагъистаниязул музыкалияб ва кочӏолаб культура кинаб бугебали лъазе гъира бугел гӏадамал. Кӏудияб асар гьабуна Москваялда гӏумру гьабулев машгьурав тохтур, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Мухӏамад Гӏабдулхабировасул кӏалъаялъ. Нижер концерт лъугӏун хадуб, гьев вахана сценаялде, бицана нижер хоралъул хӏакъалъулъ ва баркала кьуна гьелъухъ балагьизе рачӏаразе. Церерахъиналъул ахир кин гьабилебали лъаларого рукӏана ниж. Гьеб масъала кутакалда гӏакъилго, берцинго ва тартибалда тӏубазабуна Гӏабдулхабировас. Гьесие ракӏ-ракӏалъулаб баркалаги буго. Концерталъул ахиралда ахӏана Дагъистаналъул гимн. Гьеб байбихьилалде Тӏагьирица абуна, цадахъ кечӏ ахӏизе бокьарав чи сценаялде вахине бегьулин абун. Нилъер мацӏ лъалев, бичӏчӏулевщинав чи вачӏана сценаялде ва, гимн ахӏун хадуб, бахъана киналго цадахъ чӏараб суратги.

Нижер церерахъиналъ кӏудияб асар гьабун батила, нахъисеб къоялъ фестивалалъул гӏуцӏарухъабаз ниж рачана ВДНХялде ва гьенибги ахӏана цо-кӏиго кечӏ.

— Добе-нахъе сапаралъухъги, дора рарал сардал-къоязухъги харж лъица гьабураб?

— Киналъулго жаваб кьуна фестивалалъул гӏуцӏарухъабаз. Проекталъул автор ккола Маргарита Каратагина. Гостиницаялъухъги, кванихъги, самолеталъухъги – киналъухъго гӏарац доз кьуна. Тӏолгодунялалъул фестиваль бугелъул гьаб, бокьараб миллат цебе бахъуна гьениб. Нижедаса цебе концерт бихьизабуна Чукоткаялъул вакилзабаз. Хадуб букӏана Монголиялъул, Ираналъул церерахъинал.

— Дагъистаналда рукӏунищ нужер концертал?

— Советияб заманалда хоралъ ахӏулаан партиялъул дандеруссиназда. Гьединлъидалищали, лъаларо, хоралъул концертин абураб мехалда гӏадамал рачӏунаро. Нижер аслияб мурад буго халкъиял кучӏдул, умумузул бакънал цӏуни. Нижеца гьел ракӏарула, Тӏагьир Къурачевас нотаби хъвала ва хоралъ ахӏизе хӏадурула. Хоралъ кечӏ ахӏи лъугьун буго къанагӏатаб искусстволъун.

Нижеда гьоркьор руго гьунар тӏокӏал солисталги: Гӏабдула Мухӏамадмирзаев, Рамазан Гӏабдулгъаниев, Шамхал, Хизри Хирамухӏамадов, Гӏумар Тахиев. Гьезги кучӏдул ахӏула концертазда. Нижее гӏолареб жо буго реклама. Нижеда гьоркьор руго гьунар тӏокӏал солисталги: Гӏабдула Мухӏамадмирзаев, Рамазан Гӏабдулгъаниев, Шамхал, Хизри Хирамухӏамадов, Гӏумар Тахиев. Гьезги кучӏдул ахӏула концертазда. Нижее гӏолареб жо буго реклама.

Лъабго гьаракьалда хоралъ кечӏ ахӏизе нотаби хъван бажарулев композитор Тӏагьир Къурачев гурони гьечӏо. Щибаб кечӏ, лъабго гьаракьалдеги бикьун, щибаб гьаракьалъе нотабиги хъван, рекъезарун гьаркьалги байбихьула кечӏ лъазабизе. Гьелда тӏад уна кӏигониги моцӏ. Тӏагьир гьечӏевани, щиб нижеца гьабилеб букӏарабали, лъаларо. Хоралъе кечӏ хъвалев композиторго хутӏун гьечӏо нилъер. Бокьун буго баркала кьезе Тӏагьир Къурачевасе – ниж куцаралъухъ. Гьев вуго нижер учитель гӏадав чи, дос абураб жоялдаса кьуруларо ниж. Дос малъухъе хӏалтӏани, хӏасил лъикӏаб ккола. Гьес хӏадурана нотаби. Цо нота мекъи кканиги, хор лъугьунаро. Гьединлъидал Тӏагьирил буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи.

Тӏоцебесеб нухалда чӏарадисезул хор Москваялде щвана 1960 соналда – Дагъистаналъул адабияталъулги искусствоялъулги декада тӏобитӏулеб мехалда. Гьениб магӏарул мацӏалда ахӏун букӏана кӏиго кечӏ. 62 соналдасан чӏарадисезул кочӏохъабаз — «Кочӏолаб Чӏарада» ансамблялъ – та- крар гьабуна гьеб гьунар: сагӏатгун бащдалъ ахӏана Дагъистаналъул халкъазул батӏи-батӏиял мацӏазда кучӏдул.

Гара-чӏвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ.