Республикаялда къо гьоркьоб бахъун кколел лъикӏалгун квешал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб нилъее киназего гӏахьалаб, амма бусурбабилъун рукӏаниги, чанги чияс кӏварги гьабичӏого тараб цо баркатаб къоги букӏана анкьил байбихьуда. Дица бицунеб буго Гӏашурадул къоялъул. Мухӏаррам моцӏалъул анцӏабилеб къолъун кколеб гьелда жаниб гӏемерал лъикӏлъабиги баракатги буго Аллагьас кьун.

«Бусурбабилъун рукӏаниги, гӏемерав чияс кӏвар гьабичӏого тарал» абун гьал дир мухъал цӏалидал, цо-цо чагӏазда мекъи бихьизеги рес буго, гӏадамазде гӏайиб-гъвел гьабизе гьасул ихтияр щибилан, квеш бихьун лъугьинеги бегьила. Амма дица абулеб жоялда жаниб гӏураб ритӏухълъи буго. Бусурбабиян кӏалалъ абуниги, нужецаго хӏисаб гьабеха, чан чиясда лъалеб батулеб Гӏашурадул къоян гьелда щай абулебалиги, гьелъул тарихги, щай гьеб къоялъ мугь балебалиги?

Гӏашурадул къоялъ тӏоцебе мугь бикьизе гьелъие байбихьи лъурав чи ккола Нухӏ авараг (гӏ.с). Тӏупанги тӏун, дунял лъеда гъоркь гӏанкъилалде, жиндаго божулел гӏадамалги, Аллагьас бижараб, рухӏ бугеб жоялъул цо бихьинабги цо цӏуябги цадахъ бачун, гамитӏе гьев вахинги, ахирги цо магӏарда гьеб лъалхъиялъулги къиса киназдаго рагӏун батила.

Рагӏичӏес цӏализе бегьула Чӏикӏаса Сагӏид-афандиясул «Къисасул анбияъ» абураб тӏехь. Кутакалда пасихӏго, гьоркьор рикӏкӏен гӏемерал гӏараб рагӏаби хӏалтӏизаруниги, цӏализе гъира баледухъ, шигӏруялдалъун хъвараб асар буго.

Жиндир баракат киназего щваяв къутӏбу, Сагӏид-афандияс гьеб шигӏруялъул ахиралда абулеб буго Гӏашурадул къоялъ Аллагьасе гӏололъун кӏал ккурав чиясе – азарго хӏежгун гӏумра гьабурав чиясе гӏадаб кириги хъвалин, азарго лагъ тархъан гьавурав чи гӏадинги вукӏунин, гьединго азарго шагьидасул кириги гьесие кьолин абун. Гьедигӏанги хирияб рагӏула Гӏашурадул къоялъ кӏал кквезе. Хиралъиги лъикӏлъиги гуреб жо исламалда чиясе гьечӏо, гьеб бичӏчӏулеллъун лъугьаги нилъ, Амин.

* * *

Шагьаралда гӏумру гьабун ругониги, нилъер гӏемерисел магӏарухъа рачӏана ва киназдаго ракӏалда батила гьитӏинаб заманалъ Гӏашурадул къоялде мугь белъунеб букӏараб куц. Гьелъул букӏараб тӏагӏам. Цӏоросаролъги, багӏаргьологи, чӏегӏергӏологи, ролъги жубан гьабураб мугь. Хасго гьоркьобе рехизе заман барал, бакъвараб гьанал хьалбалги, гъорлъе гъаран-пурчги жубан гьабураб мугьалдаса букӏунеб тӏагӏам нужер щивасул кӏалдиб батила.

Дун гьитӏинаб заманалда росдал хьагалги лъун, белъунаан гьеб. Хасго «метер нижер авалалда кӏудиял хьагалги ран мугь базе буго» абураб пикруялъ рекӏелъе рохел рещтӏинабулаан. Цо нухалъ, ракӏалда буго, школалдецин инчӏо дун гьеб къоялъ. Рохел букӏана. Гӏаммаб ишалда гьоркьов гӏахьаллъизе бугеб гъираялъ дида цогидаб жо кӏоченабуна. Чӏилидахъ лъурал чӏахӏиял хьагазул цоялда жаниб цӏоросаролъ, цогидазухъ — багӏаргьоло, гьоло, ялъуни ролъ. Бицунеб чӏагояб хабарги, цоцазе гьабулеб махсараги — гӏураб аваданлъи букӏунаан.

Умумузул заманалдаги мугь букӏана бищун къиматаб квенлъун. Хасго ракъул заманалда чан чиясул рухӏ хвасар гьабураб гьелъ. Гьарзаго мугь белъине цӏоросаролъги цогидабги киса доб мехалъ щолеб букӏараб? Дангъура цӏураб цӏоросаролъги, гьелъул гъурудги гьабун ракъи хӏехьана нилъер умумуца.

Ункъо бесдалал жиндего тӏаде ккарай дир росулъа гӏадамалъ (Зайнаб букӏана гьелда цӏар) гьабулеб букӏун буго хъизамалъе дол ракъул соназда гъуруд.

«Къаси кьижидал, рухӏ къваригӏунаро, дир лъимал, тӏаса тӏокӏкӏелги ххун, те къаси. Жибго гъуруд метер кванай, къад нужедаго хӏалтӏизе рухӏ букӏине», — ян абулаанин гьелъ жидедаян бицуна жакъаги дир мадугьал Ашаханил Мухӏамадил Патӏиматица. Жакъаги чвахун бачӏуна гьелъул магӏу дол захӏматал соналги, кӏодоэбелалъ жидедаго абурал рагӏабиги ракӏалде щвезарулаго.

Гьанже гӏадин, гьарзаго мугь базе цӏоросаролъ щолароанин цебейилан бицана дир мадугьал Мухӏамадрасулил Мухӏамадил Хӏасибатица.

— 1942 соналъ гьаюрай чӏужу ккола дун. Рагъул заманалъул лъимер. Ракъул заманалъул кьогӏлъи бихьана дидаги. Кӏудияб хъизамги букӏана, гӏорцӏизегӏан кваназе квен кисаха щолеб, щолароан. Дида ракӏалда буго, садакъаде цӏоросаролъ бикьулеб бугин росдацаян гӏакӏа ахӏулеб рагӏун, эбел гьелда хадуй ин ва дангъура цӏураб цӏоросаролъги босун, рокъое ячӏараб куцги. Микьгоял рукӏана нижер лъималазул. Гьеб дангъура цӏураб цӏоросаролъги цӏетӏа гьалулеб хьагинибе бан, гьеб белъиналъухъ балагьун, сабру хун ругел нижги — гьеб сурат хутӏана рекӏелъ. Гьелда гӏейги гьабун тӏубалаан бог.

Гӏашурадул къоялдеги балаанха дун гьитӏинаб мехалъги мугь, амма гьанже гӏадин росдал хьагал цӏун, белъине гӏураб къадаралда гьеб щолароан. Рокъо-рокъоб белъинабун, хадур киналго дандеги ракӏарун, росдада бикьулеб букӏун батилаха гьеб. Амма ункъо-щуго мугьги цадахъ белъун, гьоркьоб бугеб беэнлъиги жубараб гьелъул букӏараб тӏагӏам жеги бугин дир кӏалдибилан ккола. Гьединаб къимат букӏана цебе кунеб жоялъул. Гьанже щиб бокьаниги буго кваназе, амма гьелъул къимат гьабизе лъалеб гьечӏо гӏелалда. Азда ракъи бихьичӏо, бихьарав чиясда гурони, ракъул захӏмалъиялъул кьогӏлъиги, чадил кесекалъул бугеб мегӏергӏан кӏудияб къиматги бичӏчӏуларо, — ян бицана дир мадугьал Хӏасибатица.

Гьедин абулеб буго гӏумруги бихьарал, захӏмат гӏакъубаги къулчӏарал чагӏаз. Бихьарасда дунялги гьелъул къварилъиги гӏатӏилъиги лъала. Заман цо бакӏалда чӏун гьечӏо. Букӏана нилъер тарихалда рикӏкӏен гӏемерал рагъалги, ракъул заманги, гӏуруги гьанкӏун, хурзал рекьарал умумулги. Анкьумумузул заманалда бачӏун, щвараб буго нилъехъеги Гӏашурадул къоги, гьеб къоялъ белъунеб мугьги. Баркат лъеги гьелда. Гьелъул тӏагӏамаб махӏги, черхалъе гьелъ кьолеб татуги нилъее жеги гӏемер мехалъ камугеги.

Ашахан Юсупов