«Лълъурдузда нахги бахун, гӏури тӏутӏулел оцал», — гьедин цебе чӏезабулеб буго захӏматал рагъул соназда тӏощел гӏезабулаго нилъер умумузда бихьараб къоялъул сипат, магӏарулазул гьунар бугев шагӏир Гӏабдулмажид Хачаловас.

Гьаниб хьибилалда лъун бугеб, Гӏашурадул къоялъул хиралъиялъул хӏакъалъулъ дица хъвараб макъалаялда жаниб бицухъе, нилъер умумуз гӏемераб гӏакъуба-къварилъи къулчӏизе ккана рагъул соназ. Гьезда ракъи бихьана. Ракъи абуни, кутакалда захӏматаб жо буго. Гьабсагӏат нужеда ракӏалде ккезе бегьила, цӏакъ гӏемерав вакъун, къечон дунялалда къоял тӏамурав чияс гӏадин бицунеб бугин дица. Битӏараб буго, умумузда гӏадин ракъул соназул захӏмалъи дида бихьичӏо, бихьичӏо гьеб дир гӏелцояздаги, бихьизе хъванги батугеги. Амма бугелда бугин абуни, дидаги гьитӏинго лъана чадил къиматги, бекьараб хуралъ гурони, тӏощел кьолареблъиги.

Букӏана дир лъимерлъиялдаги рокъоса ролъ, чакар ва цогидабги нигӏмат лъугӏараб мехалъ. Хӏабургъарал 1990 абилел соназул лъимер вукӏиндал, цояца дунял чункулеб, цогидаз чехьалда рачел къазе ккарал соназул нугӏлъун вукӏана дунги.

Амма кигӏан хӏабургъарал рукӏаниги, жакъасеб къоялде дандеккун балагьани, чӏаголъи бугел, аваданал соналги рукӏана гьел, гьереси щай. Доб мехалъ хурзалги рекьулаан, херги бецулаан. Росулъ чӏаголъи букӏанаан. Гьанжейин абуни…

Исана гӏадаб гьава-бакъги рекъараб, тӏабигӏатги беричаб рии цоги букӏинчӏин жидер гӏумруялдаян абулел чагӏи гӏемер руго. Киданиги хер бижичӏел, «кьварул ракь бугин» абулеб бакӏалдацин бижун буго гьеб магъилъ. Хӏатта, ганчӏидацин баккун буго гӏурччинхер.

Гьабсагӏатги гьал мухъал нужее дица хъвалел руго отпускалъул заманалда росулъ вугев чияс. Магӏарухъ тӏадбан буго рии. Август моцӏ магӏарухъ кидаго букӏана харил гӏужлъун. Гьеб бецулел, бакъвазабулел, хӏамузда лъун рокъобе баччулел – доб дун гьитӏинаб мехалъ букӏараб чӏагояб сурат гьечӏо росулъ. Бечӏан буго сверухълъи…

Гьадигӏан бечедаб рии гӏадада биччалароанин жидеца, пайда щибхаян, угьун биччалел руго хӏалтӏун ругьунал, гьанже махӏабазда унти ккун, магъилъе рахъине кӏоларел ригь арал чагӏи.

Амма дида киданиги ракӏалде ккелароан гьадинабги заман бачӏинилан. Дир лъимерлъиялъул бищун талихӏал соналлъун хутӏана хурив-хариниве хьвадулеб заман. Бецараб харил махӏ, хур бекьулел оцазул гӏедегӏинчӏеб рилълъин, умумул хьвадараб сухъмахънух, нухлул яги ссанул ракьанда батулеб цӏорораб ицц.

Квербацӏцӏалда тӏадги къан, хурибе цӏадахъ босараб кванидаса букӏунеб букӏараб берцинаб махӏ. Хурул ракьандаги кун хӏанчӏараб чадил тӏагӏамго батӏияб букӏана.

Гьеб кинабго букӏана нилъер гӏумрудулъ. Долго хурзалги, долго харибакӏалги жакъаги руго магӏарухъ, амма гьел чияхъго руго жакъа… Гьел гӏадамазда ракӏги хун, ялгъузго хутӏун руго…